Авторизация

Бакълъулазул тарихги Муса Расуловги


Заманаялъул гьоко


Бакълъулазул тарихги Муса Расуловги


Районалъул нухмалъулесул ракIалдещвеял


«ТуманкIуе цIакъал бакълъулал рачун», «чотIасан рагъулел бакълъулал рачун», - гьединал сипатал гьарулел руго имам Шамилил наиб ХIажимурадил бахIарчилъиялъул бицарал халкъиял назмабазулъ бакълъулазе (гьанжесеб Гумбет районалъул гIадамазе). «Шамил хун хадуб гьабураб» къасидаталда генерал Воронцовасул чабхъеналъул хIакъалъулъ ЧIикIаса МухIамадица хъвалеб буго: «Воронцовасул боял ТIаде щвей якъинлъидал, Бакълъулазул жамагIат Алжан босзе къачIана».


«МелъелтIа КъабгIа ХIосен, Кьохъа РашидхIажияв, ТIубаларин нуж ракьулъ, рахъа гьанже къватIире…ИчичIалиса Къади, ГIавухъалъа Гъойтемир, НахъбакIалъа Гъайирбег, нужер хвалчен бекидал, Чехь кIудиял гIулбуца ккун анин имам Шамил. Аргъвани Шамхалкъади, цинги Абакардибир. Даргъиб  ГьоцIомухIума, кIвечIищ яхI бахъизего» (ГьаракIуниса ГIандиял ГIашатил ГIусман, «Гъуниб бахъи»).


«Гъара-Хайдакъ бахъизе ХIажимурад унаго, Имамасул бодаса тIаса вищун вачарав, Чанги мунапикъасда михир бачарав лачен МелъелтIаса Батирбег Табасараналъ хварав…НахъбакIалъа Гъайирбег, Аргъваниса Абакар, Аб дуниял тун индал, хараблъана дин-ислам…ИчичIалиса Къади, Къарахъа НурмухIамад, Къудукь МухIамад-хIажи хIажатал руго жакъа… Инхоса СагIид наиб, НурмухIамад-апанди, Ислам хараблъун бугин, хвалчаби къватIире цIай. Хайбар бахъулев ГIали, боял гъурулеб гъалбацI Балгъатив шагьидлъарав тулпар Данухъа ГьитIин. Гьелгощинал бахIарзал, бода цIар арал васал, Росабалъа камидал, капурлъи бергьинарищ? Балагьун тушман холел, туманкIуе лебалал, Анкьазарго чи вугин гьаниса дица цIалун» (Игьалиса Чупалав, «БахIарзабазде шигIру»).


«Исламияб рукъалъул Рагьу щула гьабизе Шамил жиндир аскаргун Аргъваниве вортула. Тушбабаз бугеб гьури Гьениб буссинабула, Росу сверун цеп тIамун, ТIаде гIарада бала. Гьезда данде жаваб кьун, Жанисан рагъ гьабула, Жидерго намус цIунун, Росуги хIалай чIола. Гьанже ункъабго рахъалъ Къуват жаниб рехула, Мехтизе гьабун солдат Халкъалда тIаде гъола. Хвалчабигун лъугьун аз ЛъабцIул къватIир къотIула, КъвекIаб цIум гъорлъ речIчIидал Гъудул гIадин, хъамула… Гьанже тушбабаз росу жаниб цIа лъун бухIула, Жиндирго богун имам АхIулгохIде вуссуна» (ЦIадаса ХIамзат, «Шамил» поэма).


МагIарулазул цоги жамагIатазда гьоркьоб мустахIикъаб бакI ккола бакълъулаз. «Бараб ахIулъги ахIараб болъги» камичIо гьел. БахIарчиял рагъухъабаздалъун гуребги, камилаб гIакълу-лъаялъул гIалимзабаздалъунги машгьураб буго бакълъулазул ракь. Гьедин гуребани, нилъер халкъиял назмабазулъ гьадинал мухъал рукIинароан: «МутагIиллъун вукIине ГIандивеги витIила, ГIалимчилъун вахъине МелъелтIеги витIила». Васазе ахIулел магIарулазул кинидахъ-кучIдуздаса рагIаби ккола гьел. Аваразул эпосалъул, фольклоралъул тIахьаздеги росун руго гьел мухъал.


МагIарул росабиги фольклорги


1970-1987 соназда Гумбет районалъе нухмалъи гьабурав (райкомалъул тIоцевесев секретарьлъун хIалтIарав) Муса Расуловас къватIире риччарал районалъул тарих рагьулел тIахьазде цIидасанги тIаде къулидал, тIадвуссун цIалана магIарулазул гъазаваталъул шигIраби ва халкъиял кучIдул. Нилъер фольклоралда ва хъвадарухъабазул асаразулъ бакълъулазе лъикIаб къимат кьун буго. Гьеб бихьула макъалаялъул байбихьуда мисалалъе рачарал мухъаздасанги.


Бигьаяб хIалтIи гуро тарихиял цIех-рехал гьари. ГIицIго гIалимзабазде тIамун ватIан бокьиги гьелъул тарих лъазабиги тани, гIемераб хазина кодоса ине бегьула нилъехъа. Ахираб заманалда магIарулазул росабазул хIакъалъулъ тIахьал хъвалел руго. Гьезда гьоркьор руго загIипалги тIадегIанаб гIелмияб даражаялда хъваралги. Районазул тарихалъул бицарал тIахьал басмаялда рахъи наслабазул баркалаялъе мустахIикъаб иш ккола.


ГIачIила байданалда байрам


 «Седой Гумбет – мой край родной» абураб тIехь Расуловас къватIибе биччана 2001 соналда. Дагъистаналъул халкъияв шагIир Расул ХIамзатовас гьелъие хъвараб цеберагIиялда руго гьадинал мухъал: «Муса Расуловасулгун дир лъай-хъвай ккаралдаса анцI-анцI сон сверана. Амма хасго ракIалдаса унареблъун хутIана Гумбет районалъул Игьали тIобитIараб Дагъистаналъул поэзиялъул ва кочIол байрам. 1972 соналъул тIогьолъ босараб рии букIана гьеб. Байрамалъул «рухI», гьеб гIуцIарав чи вукIана Муса. Гьенире рачIана Москваялдасаги МахIачхъалаялдасаги гIемерал гьалбал, тIолабго магIаруллъиялдаса гьунарчагIи».


Исана кIикъого сон тIубала гьеб лъугьа-бахъин ккаралдаса. 1972 соналда ГIачIила байданалда тIобитIараб гьеб шигIрияб байрамалъул гIахьалчагIазул гьелда хурхарал лъикIал ракIалдещвеял руго. ГIумар-хIажи Шахтамановас хъвараб сценариялда рекъон, режиссер Бичуриница гьеб тадбиралъул хIакъалъулъ бахъараб фильм бихьизабуна централияб телевидениялъ. Гьелъухъ ралагьидал, заманаялъул гьокоялъ араб гIасруялъул лъабкъоялда анцIабилел соназде рачуна нилъ. МагIарул гугьар бугел чIахIиял гIадамал гIемер паркъула цере. Бухари-тIагърал, миллияб ретIел. «Фанера» гьечIел, халкъ гуккуларел церерахъинал. Советияб пачалихъ гучалда бугеб гьеб заманалдаго ахIулеб имам Шамил веццараб назму (Расул ХIамзатов, «Щибизе вахарав борхатаб Гъунив»).


1972 соналда ГIачIила букIараб данделъиялъе тIадегIанаб къимат кьолеб буго академик ХIажи ХIамзатовасги: «КIочон толаро 1972 соналда Гумбеталда Муса ХIажимухIамадовичас гIуцIараб «КочIол ва поэзиялъул байрам». Унго-унголъунги халкъияб байрам букIана гьеб. ГIицIго Дагъистаналдаса гурелги, тIолабго Кавказалдасаго махщелчагIи церерахъана гьенир… Республикаялда халкъияб творчество цебетIеялъеги квербакъана гьеб дандеруссиналъ».


Ракьбагъари, гIансал…


Чанги захIмалъабазда дандчIвана Муса Расулов, 17 соналъ районалъе нухмалъи гьабулаго. ХIалхьиялде араб мехалда хъварал жиндирго тIахьазда гьелъул хIакъалъулъ ракIалдещвезабулеб буго гьес. 1971 соналъул ракьбагъари, ХIаригабурлъухъ гIазул гIансал тIей, гIазул кутакалъ гьенир ругел росабазулгун бухьен къотIи, хIалае МЧС ахIизе ккей ва гь.ц.


1974 соналда Дагъистаналде вачIана РФСФСалъул Совминалъул нухмалъулев  Михаил Соломенцев (1983-1988 соназда –КПССалъул ЦКялъул Политбюроялъул член). Гумбет районалъул росабалъе щварав гьев хасало ХIаригабурлъухъан тIадвуссуна. Машинаби тIерхьунеб гIазул гIансалъан бахъараб нух гIумруялъго ракIалда чIун буго гьев хъулухъчиясда. Гьаб сапаралдаса хадуб Соломенцевас Дагъистаналъе гьабулеб кумек цIикIкIанилан бицуна Расуловас.


«ГъветI  пашманго буго…» 


Исана 15 маялда Муса Расуловас бала 80 сон. ГIумруялъ жиндие хасиятаб чIаголъиялда вуго гьев. Рада-радал МахIачхъалаялъул паркалде хьвадиялъ сахлъи цIуниялъе квербакъулилан абула Расуловас. Ахирал соназда риччарал тIахьазда («Седой Гумбет –май край родной», «Гумбет и гумбетовцы», «Дир рекIел асарал», «Пикрабазул матIу») ратула шигIрияб куцалда хъварал гьурмалги. Жив хъвадарухъан гурила, гьединлъидал «кьварун диван гьабугеян» хъвалеб буго «Дир рекIел асарал» абураб тIехьалъе цеберагIиялда авторас. Амма щибаб радалиса паркалда жинда дандчIвай гьабулел гъутIбузул хIакъалъулъ, лъикIав поэтас кинигин, хъван буго гьес: «ГъутIбузда бугеб тIа гIодулеб буго, Хаслихълъи бачIанин, бортулеб бугин. Щибго бокьичIого, цо-цоккун гъуна, ЦIадаца бортула, гьороца уна. ГъветI пашманго буго. Угьун биччала, Жиндир тIанчIи тIаса гъунел ругилан. ГIемер къеркьана дун тIамах тIад кквезе, Кинго къуват гIечIо, бесдал дун тана». Гьединал мухъал цIалидал, Муса Расуловасул тIехьалъе Расул ХIамзатовас хъвараб цеберагIи ракIалде бачIуна: «Партиялъул цоги нухмалъулезул гIадаб чиновникасулаб гуреб, шагIирасул ракI буго гьесул».


Гумбет районалъул тарих бакIариялъулъги жибго тарихалъулъги лъалкI тезе кIвана МелъелтIаса Муса Расуловасда. Баркула гьесда 80 сонилаб юбилей. Гьарула кинабго лъикIабщинаб.


2012 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +71
  • Нравится
Оставить комментарий
Муса Расуловасул т1ахьал дихъги,руго,дицаги гьел ц1алана,ва кутакалда къабул гьаруна,ц1акъ лъик1аб,г1адатияб ,бич1ч1улеб мац1алда хъван ругоан гьес гьел,сахлъи кьеги гьесие! blush 


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook