Авторизация

БЕЦIЛЪУКЬЕ ТIАМУРАБ ГАЛИ

БЕЦIЛЪУКЬЕ ТIАМУРАБ ГАЛИ                               

Гьел рукIана хасалихълъиялъул къоял. Радалго ворчIун, берал рагьаралго, МухIамадида, къадада бан букIараб календаралда бихьулеб букIана октябрь моцIалъул тIамач. Гьесул ворчIиги букIана захIматаб, къваридаб, рекIелъ рохел гьечIеб. Гьев, диваналда мугъги чIван, сверухъе валагьана. Институт лъугIаралдаса нахъе чанго сон букIана МухIамадил гьаб гьитIинабго рукъ ккун, гьанив гIумру гьабун вугелдаса. Гьениб бугеб къайи-цIаги букIана хвараб, цIияб мехалда кинаб кьералъул букIарабали лъалареб; хIул-хIулараб, бакI-бакIалда хъалияналъ рухIун, картIал рахъараб диванги, гIемерал сонал раялъ хъарс-хъарсараб, тIад багIараб клеёнкаги тIамураб, къокъал бохдузул столги ва, бищунго МухIамадие къваригIунеб, ракI чучулеб, гьасул янгъизлъиялъул гьалмагъ, гьитIинабго телевизорги. Гьев гордухъа къватIиве валагьана. «Гьаб дунялгIаги роцIунеб букIарабани, дие квешезего гIадин, дир ракI жеги пашманлъизего гIадин, гIодоб цун буго накIкIги, щенолеб буго къотIиго гьечIеб, чIамучIаб цIадги…»

                                                ***

МухIамадида тIоцее Дайгьанат йихьана цIияб хIалтIуде вачIараб къоялъго. Начальникас, щибаб къоялъ гIадин, радал сагIат ичIгоялда киналго ракIарулаан жиндирго кабинетаздаса дагьабго кIудияб залалда. МухIамадил хIукму ккана лъихъниги валагьичIого, жиндегоги лъилниги бер щолареб бакIалда гIодовги чIун, хIакимасухъ гIенеккизе.

МухIамадида хьолбохъ гIодой чIун йикIана цо гIолохъанай яс. ХIакимас бицунелде кIварги кьечIого, гордухъа къватIиеги ялагьун, жиндирго пикрабазде гъапуллъун йикIана гьей. Цинги, данделъиги лъугIун, цо-цоккун къватIире, жиде-жидер кабинетазде унаго, ясалъулги МухIамадилги балагьи данде ккана. Гьей щибго гьурмалъаги хисичIого, гьасде кинабгIаги кIварги кьечIого цеехун ана. Амма…амма МухIамадида ракIалде ккана, циндаго, бухIараб цIулал хIенехI ургьимесалъубе бортанилан. Йохъ, ясалги лъаларев, гьезиеги рекIее гIоларев чи гуро гьав вукIарав. Институталда цIалулеб мехалъги рукIана гьасие рекIее гIолелги, гIезегIанго гьав рекIее гIолелги ясал. Амма Дайгьанат… Гьей батIияй йигин ккана МухIамадида. Гьелъул букIана, алжаналдаса ячIарай хIурулгIиналъул гIадаб, хIеренлъиги, нечейги жубараб, гIажаибго берцинаб гьумер.  Гьелъул тIокIкIарал гIурччинал берал гIадамасухъ ралагьулел рукIана, космосалдаса рачIарал, тIоцере рихьулел чагIазухъ гIадин, цо тамашаго. Гьезул гъварилъуда букIана бацIцIалъиги, жеги гIумруялъ хъублъизабичIеб роцIиги. Расги кьунсрулги цого кьералъул букIана; чIегIераб гуреб, тIулакьераб букIанин ккола гьеб. МегIер букIана гьитIинаб, ясикIоялъул гIадаб, кинабгIаги чIвазе багьана гьечIеб; багIарал тIеренал кIутIби гьитIинаб лъимадул гIадал, тIеренал рукIана. Амма… амма бищунго гьей берцин гьаюлеб жо букIанин ккола гьелъул гьурмал кьер – гьеб букIана гIазухъахIаб, жаниса канлъи бихьулеб гIадаб, лъагIел бараб лъимадул гIадаб, гIанабазда лъалеб-лъалареб багIарлъиги кIутIараб.

МухIамад вукIана гьоркьохъеб черхалъул, чIахIиял, чIегIерал, гъварилъуда цо кинабалиго, лъидаго бичIчIулареб балъголъиялъул пашманлъиги рекIарал, берцинал беразул; чIегIераб ризаб расалъул, бищунго рорхатал мугIрузда гIурав вукIиндал батилилан жинцаго махсаро гьабулеб, бакьулъа цодагьабго гохIккараб гьумералъул, цIакъго тамахаб ва хIеренаб гIамалалъул, 27 сон балев гIолохъанчи.

Гьев кутакалда хирияв вукIана гьудул-гьалмагълъиялъе. МухIамад веццулаан росуцоязги. Гьес эбелалъул гьабулеб хIурматги бихьун, гьелъие гьабулеб кумекги бихьун, адабги бихьун, гьез абулаан, МухIамад гIадал лъугьагийин киналго васалилан.

 

                                                   ***

Гьанже щибаб къоялъ радал хIалтIуде унаго, МухIамад къадада бараб гьитIинабго матIуялъуве нусго нухалда валагьулаан. Доб къоялдаса нахъе гьесул цIалеб хIухьелги, тIамулебщинаб галиги, абулеб рагIиги, ботIролъ женжедулел пикрабиги –  киналго рукIана Дайгьанатги рекIелъ ккун. Амма гьес гьелда цониги рагIи абичIо. Киноялде букIаниги, паркалде букIаниги, гьадинго шагьаралъул къватIахъ тира-сверизе букIаниги, киениги цадахъ йилълъайилан гьаричIо. Гьасие гIун букIана гьей ракьалда йикIин, гIун букIана гьей гьесда щибаб къоялъ йихьулей йикIин, гIун букIана гьелъухъ валагьизе, анищал гьаризе рес щолеб букIин.

Цо къоялъ, ракIалдаго гьечIого, шагьаралда дандчIвана гьал. Гьеб букIана киназего гIахьалаб шагьаралъулкъо гьабулеб байрам. Хинал сентябралъул къоял рукIана гьел. Гьединаб къоялъ живго рокъов вукIинеги бокьичIого МухIамад гьудуласухъе ана. Гьел кIиялго цадахъ рилълъана ралъдал рагIалда бугеб ахикье. Гьенир тIоритIулел рукIана районазул концертал. Абизе бегьула, гьеб къоялъ кинабго халкъ гьенибе бакIарун букIанилан, рокъов чиго хутIун вукIун ватиларин. МухIамадги гьесул гьудулги мороженоеги кваналаго, ралъдал гьелчолел карачелазухъги ралагьун, хабар-кIалалда рукIана. Циндаго нахъасан ячIун цо ясалъ гьалмагъасул беразда хъатал чIвана:

–  Воре, дир очкаби рекизе гурин дуца, Мадина, –  ян гьимана гьалмагъ.

–  Балагье, унго, битIун бицана. Гьанже божула дун дуда, –  ян елъанхъана гIолохъанай яс.

–  Мун, Мадина гьаний цохIо мунгойищ, яги… –  ян, очкабиги гьурмада рекъезарулаго, добехун-гьанибехун буссинабуна гьес бетIер.

–  Гьудулги йиго цадахъ, доле ячIуней? – янги абун гьелъ ричарулел гIадамал ругеб рахъалдехун квер битIана.

Гьелъ квер битIараб рахъалдехун валагьарав МухIамад цIорон хутIана, гьазда аскIое гIагарлъулей йикIана Дайгьанат. Гьев гIащикъго гьелъухъ валагьун хутIана. Гьаниб, ралъдал рагIалда, гьаб байрамкъоялъ гьанир ракIарарал гIадамазда гьоркьой жеги гьайбатго, чалухго ва берцинго йихьана гьасда Дайгьанат. МухIамадил ракI хехго кьабизе лъугьана. Гьесда лъалеб букIинчIо щиб гьелда абилеб ва кин живго вукIине кколевали.

–  Баркула нужеда байрамкъо, –  ян гьимана гьей, жиндирго роцIараб, лъидаго релълъинчIеб гьимиялъ.

Гьей цодагьайго йихханин ккола МухIамадида берчIварабго. Гьелъул гIанабазда лъалеб-лъалареб багIарлъи кIутIана. Амма гьелъ хехго жийго якIа-яхарана.

–  МухIамад, мунгийищ гьанив?..

МухIамадица гьалмагъасул Дайгьанатилгун лъай-хъвай гьабуна:

–  Гьай Дайгьанат йиго… Ниж цадахъ хIалтIулел руго…

МухIамадие кумекалъе талихIалъго ватана гьалмагъ. Гьес абуна:

–  РачIа цадахъ тира-сверизе, нуж рази ратаниха, –  гьев Мадинахъ валагьун чIана, гьелъ кинаб жавабдай кьелаян.

–  Ниж разиял руго, –  ян абуна гьелъ гьурмаде гьимиги рехун, цинги гьалмагъалъухъ ялагьана. Дайгьанатица щибго абичIо, гьелъ гъуждул рикIкIинаруна, жийги разияй йигилан абулеб магIнаялда.

МухIамад кутакалда вохиялъ, гьеб гьезда бихьизе гурилан ралъдахъехун вуссана…

Доб къоялъ кватIизегIан цадахъ рукIана гьел. Дайгьанат хIалтIулеб бакIалда гIадинай йикIинчIо гьеб къоялъ. Гьей йикIана хIеренай ва гIадатияй. Гьелъ бицана жиндирго хIакъалъулъги, эбел-инсулги, цогидалъулги. Гьанже МухIамадида кколеб букIинчIо гьезда гьоркьоб гъваридаб кIкIал бугилан, гьел гIезегIанго цоцаде гIагарлъана гьеб къоялъ. ГIемер кIалъачIониги, гьесул берзул балагьиялъги намуслъиялъги бицунеб букIана рагIабаздасаги цIикIкIун.

Бакъанида, жиде-жидер рокъоре ине рахъ-рахъалде рикьулаго, гьалмагъас абуна жив Мадина рокъое щвезайизе унев вугилан. МухIамадида лъалаан, кигIан жиндие бокьун букIаниги, жив Дайгьанат рокъое щвезайизе ине бегьулареблъи, гьей чияр абурай йикIиндалха. Гьел цо лахIзаталъ цоцахъ ралагьун хутIана. Гьеб балагьи гIадатияб букIинчIо. Берзул балагьиялъ гIемераб жоялъул бицуна гьеб бичIчIулесда, рагIабаздалъун абизе кIвечIебги, бегьуларебги.  Цинги гьел, хIеренго, намусго, цоцазе гьимана.

–  Метер хIалтIуда рихьилаха, –  ян абуна Дайгьанатица…

 Гьанже гьал рукIинчIо цоцае чиярал чагIи. РукIана цадахъ хIалтIулел гьалмагъзаби. МухIамадида лъалаан Дайгьанат цогиясе абун йикIинги, гьей ресалда ругел эбел-инсул яс йикIинги ва гьей батIияб миллаталъул йикIинги. Гьел кIияздаго гьоркьоб букIана, гали тIамун рахунареб, кIанцIун щолареб, гъваридаб кIкIал. Гьеб гьедин букIаниги щиб…кин рекIее кьелеб гIадлу… кире рехилел анищал…киве ворчIилев хьулазул цIурал гIолохъанчиясул пикрабаздаса.

Ракъван гIодоре рортулел тIогьилал тIанхазулъ бихьулеб букIана гьасда гьанже гIажаибаб, цебехун хал гьабулеб букIинчIеб берцинлъи. Шагьаралъул къватIал къотIун, автобусалда рекIун, хIалтIуде унагоги, бакъанида хIалтIудаса рокъове вуссунагоги, батIи-батIиял гIадамалгун дандчIвалаго, гьезул хал гьабидал, гьасда гьел рихьулел рукIинчIо цере гIадин цо куцалъул, цо гьумералъул, чиярал, рикIкIадаса чагIилъун. Циндаго киналго гIагараллъун, берциналлъун лъугьана, щивасе цо кинаб букIаниги лъикIлъи гьабизе бокьун букIана. Жаниб ракIги гIадалнахги – киналго рокьуца цIун рукIана.

                                                    ***    

Унел рукIана къоял, гьел рукIана цоял цоязда релълъаралги, рукIана релълъинчIел, цо-цо лъугьа-бахъинал кколелги. МухIамадида лъалеб букIана цо щиб бугониги жинца ургъичIони, гьабичIони, зодоса гIодобе рехун талихI жиндихъе бачIине гьечIеблъи. Гьесда ракIчIун лъалеб букIана Дайгьанатица тIоцебе жинда данде галиги тIамун, рокьи загьир гьабизе гьечIеблъи. Гьей чияр абурай йикIана, кIиабизеги – гьелда бихьулеб букIана жий МухIамадие рекIее гIун йигеблъи.

Къойидаса къойиде цIикIкIунеб букIана МухIамадил рекIелъ гьелдехун цIай. Гьасда ракIалдецин кколеб букIинчIо гьей тун цогияй ясалъ, цо кида бугониги, жиндир рекIелъ бакI кквелилан. «ВахI, гъой чияр абурай йикIаниги щиб, ячарай гьечIелъул, –  абун живго жиндицаго гIодовиччазавулев вукIана цо-цо мехалъ гьес. – Дун батIаго цогияздаса къуравищ вугев, куц-мохъ гьечIевищ вугев, магIна-гIорхъи гьечIевищ вугев? ГьечIоха дир бечелъи. Щиб гурин гьабилеб, дунги вукIинаро гури кидаго мискинго.  ЙикIаниги щиб батIияб миллаталъул, дагьалищ рачунел батIияб миллаталъул ясалги, гIезегIан талихIаб гIумруялда руго дида лъалелщинал гьединал. Гьаб хIалалъ, щай дица диего гIакъуба кьолеб? Щиб лъалеб…хIалбихьичIони, гIумруялъго рекIекълъизе бегьула гури дун… Аллагьасул хъвай батичIони – гьеб мехалда балагьила щиб хадубккун кколищали гьаб гIумруялъул… Гьанже…гьанже дун вуцIцIухIун чIани, дойги абурасе ина, килщал рукъулев дунги хутIила…», –  МухIамадица цо лахIзаталъ цебечIезабуна цойги чIужугIадангун цадахъ ине бугеб жиндирго гIумру. Гьесда ракIалде ккана гьеб гьесул гIумру букIинарин, гьевги МухIамад вукIинарин, гьесул рагIад гIадав чи вукIинин. Цинги херлъараб къоялъ гьес пикруги гьабилин, жиндирго анищги хабалъ букъун, чияр гIумру гьабулаго анин жиндир соналилан. Гьелдаса пашманаб жо щибха букIинеб.  «Дайгьанат… Гьей йикIина гIумруялъго цогиявгун, цогиясе гьарила лъималги… Йохъ, гьеб букIине бегьулеб жо гуро. Дица гьелда жакъаго абила, цинги кватIун букIине бегьула… Гурони, сунцаниги вохизавиларо дун, щибго къваригIинаро дие. Къварилъахъдилаго гIумруги ина, гьединав чиясул чIужуги талихI бугейлъун йикIинаро, лъималги талихIал рукIинаро…»

Пикрабалъ, ургъалилъ тIерхьун, вас-васдилаго, бусада довехун-анивехун сверун, макьу щоларого рогьунеб букIана МухIамадица сордо. Кинго кьижизе кIолеб букIинчIо. Радал хIалтIудеги ине кколелъулха. Рогьалилъ гьев жиндаго лъачIого гъапуллъун ватана. Макьилъ бихьаралъ хIинкъизавун, тIуркIун ворчIана. Берал рагьана, цинги жеги къанщана. «Щайдай дида гьадаб макьу бихьараб?.. Цо жо ккезехъин буго. Дида церехунги рихьулаан макьаби, гьел гIемерисел тIуралелги рукIана. СундуегIагидай бихьараб? Эбел унтун ятани?..»

МухIамадида макьилъ бихьана кIудияб, берцинаб мина. Гьеб минаялъул цо гордухъан яккун ячIана Дайгьанат. Гьесие бокьун букIана гьелъухъе нух бахъизе, амма нуцIа щулаго рахан букIана, гьенир кIудиял кIулал ран рукIана. МухIамад рукъ сверун вилълъана жанибе нух балагьулаго. Гьесул хьул букIана Дайгьанат гъоркье ячIинин ва гьелъ гьесие нуцIа рагьилин. Нахъойги эхеде ворхарав гьесда тIаса гIодоре жиндихъ ралагьун рихьана Дайгьанатил эбелги эменги. Гьел гьасухъ ралагьун рукIана кваназе жо къваригIун жанибе нух балагьулев мискинав, пакъирав гьардухъанасухъ гIадин. МухIамадица нахъойги нуцIа рагьизе хIалбихьана, амма гьеб цIакъ щулаго къан букIана. Чара хварав чи гьев, гьеб бакIалда гIодовги чIун гIодана. Гьесда бичIчIана жинда кинго жанибе нух бахъизе кIвезе гьечIеблъи, жив лъицаниги жаниве виччазе гьечIеблъи, жив къваригIарал чагIи гьанир гьечIеллъи… Циндаго дунял бецIлъун ана, кутакалда цIад базе лъугьана. ТIадеги вахъун, гьениса нахъе ине бокьун букIана МухIамадие. Амма гьесда кинго кIолеб букIинчIо тIаде вахъине, гьев ракьалда рекIун гIадин хутIун вукIана. Циндаго тIаде кIанцIун бачIана чIегIераб, гъугъараб, хIабургъараб лъар. Гьелъ восун унев гьасда рихьана хаду-хадур рекерулел, ахIдолел Дайгьанатги гьасул жиндирго эбелги. МухIамадица хIалбихьана лъедезе кIолищали. Гьесие бокьун букIана рагIалде ворчIизе, амма циндаго тIаде гьулчун бачIараб залимаб карачелалъ гьав гъварилъуде цIан ана…

МухIамад ворчIана жиндирго талихIкъараб, хIалуцараб гьаркьихъе. Гьев, унго-унголъунги векерулев вукIарав чи гIадин, гIетIалъ виччун вукIана, свакаялъ рухI лъугIун, тату гьечIого, унтарав чи гIадин, вагъаричIого вегун вукIана. Цо жеги лъалареб, бичIчIулареб, амма жинда нахъе гъезе кIолареб, гIассияб балагь тIаде бачIунеб букIин бичIчIана гьесда. Циндаго дуниял чIегIерлъун, чIобоголъун ана. Гьев тартадилаго тIаде вахъана, чайцин гьекъечIого, гIедегIун хIалтIуде векерана.

 

                                                     ***

ХIалтIул къо лъугIун хадуса МухIамад рокъове киданиги гIедегIулароан. Гьеб къоялъги гIедегIулев вукIинчIо. Бихьараб макьуялъги кьогIал пикрабазги чIобогояб, янгъизаб рокъове инеги бокьуларого, кабинеталъул гордухъа къватIиве валагьун хутIун вукIана. Циндаго нуцIа рагьана. Дайгьанатил, бадиве валагьизе барахщилеб берцинлъиялъул гьумер жанибе баккун бачIана. Гьелда лъан букIун батилаха МухIамад гьенив вугеблъи, гьей гIажаиблъичIо гьев цохIо живго кабинеталъув ватидал.

–   МухIамад, тIасалъугьа, нижер кабинеталъуб телефон хIалтIулеб гьечIо. Дие гIемераб бакIалде ахIизе къваригIун буго… Дур заман батани, валагьиларищ гьелъухъ, киналгоги ун цохIо дунго хутIанин.

МухIамадил ракI кутакалда кьабиялъ, гьанже гуреб гьанже къватIибе кIанцIун ун, гьелда цебе гIодоб речIчIилин ккараб хIалалда букIана. Гьев гIисинккун сородана. Цо лахIзаталъ рагIи абизеги кIвечIого, гьалгъан гьелъухъ валагьун хутIана. Цинги бакъвараб гьаракьалъ, гьес, хIалицаго, абуна:

–  Валагьила, узухъда, валагьила…

Телефоналъул квар тIун батана. МухIамадица бигьаго къачIана гьеб. Жиндирго сороди Дайгьанатида бихьизе гурилан, халатбахъун, цIакъ гIодове виччан гьабуна гьес гьеб хIалтIи. Цадахъго гьаб-добалъул бицун гара-чIварулелги рукIана гьел. Амма рекIел кIутIи кинго гIодоцунеб букIинчIо. «Гьанже буго бегьулеб лахIзат, гьанже абичIони, тIокIалъ киданиги дида гьеб абизе кIвезе гьечIо… Аллагьас кумек гьабулеб буго дие…»

–  Дайгьанат, –  ян абуна гьес, цо лъалхъиги гьабун, цинги тIадеги жубана: –  Дуе дурго абурав вокьулищ? Нуж цоцазе рокьунищ абун ругел? Яги…

–  Гьев ккола инсул гьудуласул вас. Гьесул эменги дир эменги руго цо бизнесалъул хважаинал. Дун гьесие ячани, щибго кIийиде бикьизе кколаро. Кинабго нижее хутIула. Дир абурав Москваялда аспирантураялда вуго. Ахираб заманаялъ гIемер цоцахъе кIалъаларо, кагъталги хъваларо, досул заман батиларин дица гьесие квалквал гьабуларо. Гьанирги ниж гIемер рихьулароан цоцазда. Рихьизеги щайха нижее гIумру цадахъ ине бугел чагIазе, хадур чIалгIинеги бегьула гури цоцада, –  ян гьимана гьей. – Дурги ятилаха абурай яс магIарухъ. Эбелалъ абун ятила, уйищ? – ян гьей гьимулаго гьесул бадие ялагьун чIана.

«Дида бичIчIулебани гьалъул гьими…щиб гьелъулъ бахчун бугебали…Нагагь дица мун дие рекIее гIолин абуни, гьей дида тIад елъанхъани, щиб гьабизе бугеб дица? Кин дун гьелдаса хадув гьелъул бадиве валагьизе вугев? Кин ниж цадахъ хIалтIизе ругел? Гьей кидаго, дун вихьанщинахъе, рекIелъго дида тIад елъанхъулей йикIина гури… ВуцIцIухIун чIун лъикI, доб макьуги гIадада бихьараб жо батиларо…».  МухIамад вуцIцIухIун чIана. Жиндирго пикрабалъ тIерхьун вугев гьесда гьелъ кьураб суалцин кIочана. Гьев къватIиве ине нуцIихъе щвана. «Йохъ, дица абила. Бокьараб бахъаян абе. ТIокIалъ гьадинаб санагIатаб лахIзатги букIинаро гури. Абунго рекIекълъун лъикI, абичIого рекIекълъизегIан… КидаллъизегIан дица диего гьаб гIазаб кьезе бугеб… Ккараб ккела… ЦохIо дунищ йокьулей ясалъ тарав?..»

–  Дайгьанат, –  ян шурана гьес, хIалицаго жиндагоцин рагIулеб гьаракьалъ, –  цебего гьикъизе бокьун букIана, цебего абизе бокьун букIана… дида мун тIоцебесеб къоялдаса нахъего рекIелъ йосана. Мун чияр абурай йигеблъиги лъан, вуцIцIухIун чIана… Мун…дуе вокьулищ дурго абурав, яги…

Дайгьанат йиххичIо ва гIажаиблъичIо гьесул рагIабазда. Гьелъие гьевги гIолаан рекIее, амма гьелъ гьел пикраби рекIелъ ханлъи гьабизе риччалел рукIинчIо. Гьелда лъалаан жий абурасе инчIониги, МухIамадие эбел-инсуца кьоларейлъи. Гьелъул кIудияб хабар-кьалги ккезе бугеблъи, гьезул изну гьечIого, тIамун тIаса галигун жийги унарейлъи. Гьелъие цIакъго-цIакъ хириял рукIана эбел-эмен, гьей гьезие гIоло хвезецин разияй йикIана.

–  МухIамад, дуда лъалищ… –  гьей цо лахIзаталъ гIенеккун чIана, –  гьанже гьелъул бицине цIакъго кватIун бугин ккола… Дир эбел-эмен… дир эбел-инсуца дун дуе кьоларо… Гьанже гьелъул хабар бицун нилъее ккезе жо гьечIо…

Доб къоялъ МухIамад, автобусалдаги рекIинчIого, лъелго вилълъана рокъове шагьар къотIун, гьелъул цо рагIалдасан цогияб рагIалде. Гьесие бокьун букIана рокъове кватIун щвезе, щваравго кьижизе… Ургъизе, пикраби гьаризе заман хутIунгутIизе. Гьев кутакалда свакан вукIана.    

                                   

                                   ***

Ана жеги цо чанго къо. Гьеб букIана октябрь моцIалъул ахир. Хаселги цIоройги тIаде щвелалде магIарухъе эбелалъухъе ваккизе бокьун букIана МухIамадие, гьелъие кьиндалие гIураб цIулги хIадур гьабизе, гьор-бокьги къачIазе, цоги къваригIараб-тарабги лъазе.

БукIана гьатIан къо. Гьав рокъов вукIунеблъиги лъан, гьасухъе ячIана рукъалъул хважаин Муслимат. Гьей батIаго квешай чIужу йикIинчIин ккола, амма МухIамадие гьей йокьулароан. Щибниги квешлъи гьелъ гьасие гьабун букIинчIо, амма цо кинабали лъалареб рокьукълъи букIана гьелдехун, йосулей йикIинчIо рекIелъ. Гьанжеги, нуцIидаги кIутIун, гьей жание яккидал, кигIан яхI гьабизеян лъугьаниги, цо бичIчIулареб рекIеегIечIеблъигун валагьун чIана гьев Муслиматихъ.

–  ВорчIами, МухIамад, –  ан абуна гьелъ гьасдаса бералги рахчулаго. Бихьулеб букIана гьелъие цо жо абизе бокьун букIин ва гьеб кин гьесул ракIхвеларедухъ гьабилебали гьей ургъулей йикIин. – Лъаларо кин дуда абилебалиги, нижее бокьун гьаб рукъ къачIазе, ихдаде васасе чIужу ячине хиял буго. Гьаб моцI лъугIарабго дуца цоги рукъ балагьизе ккела. ГIайиб гьабуге…

Гьеб букIана ракIалда гьечIеб жо. Гьев цодагьалъ вуцIцIухIун чIана гIодобе къулизе бетIерги биччан. Цинги хехго живго кверде восана, вакIа-вахарана.

–  ЛъикI бугоха, Муслимат. Рукъалъул хважаинзаби нуж ругелъул, нужеца абураб дицаги гьабиларищха. Баркала, цоги рукъ балагьизе заман кьуралъухъги. Дицаги жакъаго байбихьила цоги бакI балагьизе, гьудул-гьалмагълъиялда абила.

ТIокIалъ гьей йихьизеги бокьичIого, кидадай гьей нахъе инеян валагьун вукIана МухIамад.

Муслиматидаги гьеб бичIчIун батизе бегьула. Гьей, къо-мехги лъикI гьабун, къватIие ана.

МухIамадица жиндирго ретIел-хьит бакIа-бахарана. Гьесул гIемераб къайи-цIа букIинчIо. Рукъ-бакI бацIцIана. Гьасул жеги тIубараб анкьалъ ихтияр букIана гьанив вукIине, амма гьасие бокьичIо заман бахъизе. Цинги итни къоялъ хIалтIуде щварав гьасда, радалисеб данделъи лъугIарабго, начальникас абуна жиндир кабинеталде ваккейилан.

–  МухIамад, –  ан абуна гьес столалда тIад ругел кагъталги дорехун-гьанирехун лъолаго, гьасул бадивеги валагьичIого, –  добехун-анибехун хабар сверизабун щиб ккелеб, дие абизе бокьун буго дуда, бачIун буго буюрухъ цо чанго чи хIалтIудаса нахъе гьавизе, нилъер гьанир цIикIкIарал хъулухъчагIи рагIула… Дие расги бигьаго букIинчIо гьеб суал рагIалде бахъинабизе. Дида лъала, мун лъикIав васги ракIбацIцIадав хIалтIухъанги вугевлъи, амма мун вуго гьанив ахирисел хIалтIуде росаразул цояв. Мунги кколев вуго нахъе унезул сияхIалде… ТIаса лъугьа… Гьаб моцI лъугIизегIан мун вукIинаха гьанив, цинги… цинги цоги хIалтIи балагьизе ккелаха. Дицаги дидаса бажарараб кумек гьабила дуе, нагагь кибниги бакI бугилан рагIани…

МухIамадида ккана циндаго жинда тIаде кIудияб гьорчо гирун бачIанилан. Гьеб гьорчоялъ живги цадахъ вачун унев вугин, цебе бугеб гъваридаб кIкIалахъе ва, квер базе бакIги щвезехъин гьечIин. Гьев цо лахIзаталъ цIорон хутIана.

–  БичIчIана, Мурад Мусаевич, бичIчIана... Щиб гурин гьабилеб, буюрухъ буго буюрухъ… Баркала дуе киналъухъго. Дица жакъаго байбихьила хIалтIи балагьизе…

Кабинеталде щолев МухIамадида ракIалде ккана цадахъ хIалтIулел жиндихъ кIудияб гурхIелалда ралагьулел ругилан. Гьесие бокьун букIинчIо цIакъго чарахваравлъун живго гьезда вихьизе. Гьес хIал лъазе течIо лъиданиги. Кидаго гIадин сабурго ана жиндирго столалда нахъа гIодов чIезе. БакIги нахъегIан хъурщун, гIодов чIезехъин вукIаго, гьесул бер речIчIана столалда тIад бугеб телефоналъул аппараталда гъоркьа баккараб открыткаялда. ЦебегIанги хъурщун, гьеб цIалулаго, МухIамадил гьурмал кьер хисана ва гьес берал къанщана. Гьелда хъван букIана: «ХIурматияв цадахъхIалтIулев ГIалиев МухIамад, мун ахIулев вуго, бачIунеб гьатIан къоялъ букIине бугеб дир берталъе… Закирова Дайгьанат…» Гъоркь хъван букIана заманги бакIги.

МухIамадида тIокIалъ щибго бихьичIо. НакIкIукьан гIадин рихьана гьесда жиндихъ ралагьарал гьалмагъзабиги, гордухъан валагьидал къватIиб щенолеб, къотIиго гьечIеб гьаб чIамучIаб цIадги. Гьесда ракIалде ккана киналго гIадамалги, балагь бачIунеб бугилан, гьаб дунялалдаса нахъе тIурун, цохIо живго хутIанин янгъизго гьеб тIаде бачIунеб балагьалда цевейилан ва жиндаса талихIкъарав чиго ватиларин гьабсагIаталда тIолабго дуниялалдагойилан. Гьес столалдаса кинабго бакIа-бахарана. Цинги кабинеталъул кIулал кьуна аскIов гIодов чIун вукIарав Зайналихъе

–  Дун цо лъикI гьечIого гIадин вугин ккола, Зайнал. Рокъове ина вегизе. Метериде мадар лъугьине бегьула. Гьале кIулал, духъ толел руго… Дун ана. Къо-мех лъикI…

Гьев къватIиве лъугьана. Кинабго макьилъ бихьулеб жо батилин, гьадин букIине рес гьечIин ургъулев вукIана гьев балеб цIадакь лъелго рокъовехун валагьун унаго. Йохъ, ккураб рукъ нахъе унеб бугилан яги хIалтIудаса нахъе ине кколев вугилан гуро МухIамадил гьедигIан цIакъ чара хун букIараб. Гьев вукIана сахав, институтги лъугIарав гIолохъанчи. Рукъ батизе кIолареб жо гуро, хIалтIи камунги гьав хутIилароан. Гьесул чара хвезабуна, хIатIазда гъоркьа ракь билана Дайгьанат гьадигIан хехго росасе уней йигин абураб хабаралъ. Гьей чияр абурай йикIин лъаниги, гьей жиндие щвей щакаб жо букIаниги, пайда щиб, гьасул ахирисеб лахIзаталде щвезегIан хьул букIана, цо сунцаниги гьезул бертаде квалквал гьабилин, Аллагь жинда гурхIилин, ва ахир-къадги жал данделъилилан. Жакъа жиндирго столалда тIад гьав берталъе ахIараб открытка бихьидал, МухIамадида бичIчIана жиндирго анищал хабалъ рукъулел рукIин, тIокIалъ киданиги гьел чIаголъизе гьечIеллъи, гьезда цадахъго живгоги хабалъе унев вугилан ккана гьасда ракIалде.

Гьав, шагьаралъул къватIал къотIун унаго, дандечIваравщинав чиясул бадиве валагьулев вукIана. Гьезул щивасулъ жиндиего хвасарлъи балагьулев вугев гIадин. «Кирха нуж ругел, гIадамал? Квер кьезе чигойищха гьечIев? Беццалищха ругел? Цонигияс гьикъулеб гьечIо щай дун гьадигIан пашманго вугевилан…

МухIамадида рихьулел рукIана аскIосан унезул ва данде рачIунезул гьурмалъ киналгIаги гIаданлъиялъул гIаламатал гьечIеллъи, гьесде кIвар кьолев чи кколев вукIинчIо, гьезул рукIана беццал бералги, чIорогоял ва вахIщиял ракIалги. Циндаго гьесул хIалимаб рекIелъ бижана гIадамаздехун кутакаб рокьукълъи. Гьасда ракIалде ккана гьездаса вахIщиял, ццидалал, жидерго гурони цоги лъилниги ургъел гьечIел чIагоял жал гьаб ракьалда ратиларилан…

Рокъове щваравго гьес нуцIа щулаго рахана. ТIаса ретIелги бахъун, цIорораб бусада вегана…

Хадусеб къоялъ радалго, киналдасаго ракIбуссарав, лахIчIегIерлъун шагьарги бихьарав, гьениб бугебщинабги рихарав МухIамад нухда вахъана магIарухъе ине. Цадахъ жиндирго ретIел– хьит лъураб сумкаги босана, толеб бакIалда рукъалъул кIулги тана ва тIокIалъ киданиги, гIемераб пашманлъи жинда бихьараб рокъове тIадвуссинарилан щулияб къотIиги гьабуна.

Цебеккунги, цо щиб бугониги ургъел ккараб жо бугони, МухIамад магIарухъе гIедегIулаан. Гьениб гьесул ботIролъе гIакълуги бачIунаан, пикрабиги роцIунаан, рорхатал, кутакалда жиндиего рокьулел мугIрузухъги валагьидал, гьесул рекIелъе сабруги лъугьунаан. Цинги ракIги гIодобе биччан, кин–щиб гьабилебали лъалел хивалазулги цIун, рухIгIан жиндиего хирияй эбелалда къвалги бан, гьав шагьаралде тIадвуссунаан. «Щиб лъалеб, гьаб нухалдаги дие гьавураб рукъалъги дир лъимерлъи жаниб арал къватIазги кумек гьабизе бегьула гури…» –  абун ракIалде ккана гьасда. Амма цо гIемер кIудияб божилъи гьедин ккелилан букIинчIо. Гьединлъидал, кунчIун бачIараб цIадул хIенехI гьебсагIатго сун ана рекIелъ.

                                                ***

Бакъанил гIужалда щвана МухIамад росулъе.

Эбелалъул рохалие гIорхъи букIинчIо. Гьелъ гIедерго печалъуб тIадеги цIулги лъикIаланго ракги лъуна, рукъ хехго хинлъизе. Цинги бищунго васасе рокьулел, гьанги картошкаги журарал цIурачадал гьаризе лъугьана. 

–  Гьа, эбел, кинха мун йигей? Сахлъи кин бугеб дур? Росулъ батIияб-цIияб хабар щиб бугеб?

–  Квеш гьечIо, дир вас, сахлъиги, Аллагьасе рецц, квеш гьечIо. КигIан лъикIха мун жакъа эхеде щварав. Метер нилъеда гIачиязул рохьдода ине ирга буго. ТIад хинаб ретIелги ретIун ине ккелаха, дир вас, дие гьанже захIмалъулеб буго магIарде яхинеги. Мунго кин вугев? ХIалтIи-иш кин бугеб?

–  Кинабго лъикI буго, эбел. Щибго камураб жо гьечIо дие. Хважаиналъ абуна, дица цоги рукъ балагьизе ккезехъин бугин, дун вугеб рокъоб ремонт гьабизе къваригIун бугила, ихдал васасе чIужу ячине. Гьудуласда тIад къан тана, дун вачIиналде рукъ балагьизе. Гьеб цIакъ бигьаяб иш бугелъул…

МухIамад жанивго разилъана эбелалъ гIачиязул ирга тIаде щун бугилан абидал. «Гьеб цIакъ лъикI ккана, метер дун рохьдоде ине ккей. Дие щивго вихьизеги лъидаго кIалъазеги бокьун гьечIо. Байбихьила цIехолдизе щиб-кинилан. Гьоболлъухъ ахIила… Йохъ, дие гьабсагIат гьеб буго захIматаб жо…»

НахъалъизегIан хутIана эбелги васги гъасда гIодорги чIун, гара-чIварулаго. Цинги МухIамад вегизе жиндирго кIудияб рокъове ана. Эбелалъ цебеккунго токалъул печь биччан букIаниги, гьениб квачан букIана.

Радал цудунго ворчIарав МухIамадида, гордухъан къватIиве валагьидал, накIкIги лъураб, цIадги щенолеб къо бихьана

–  Балагьеха, дир вас, гьаб гьава-бакъалъги гьабулеб жо, накIкIги лъураб цIадги балеб къоялъ дуеги расги бигьалъи букIинароха магIарда рехьед хьихьизе…

–  Ургъел ккоге, эбел, гьеб бигьаяб жойин…

МухIамад кванана ва тIад хинаб ретIел ретIана. Эбелалъ цадахъ босизе кодобе кьураб квен жаниб лъураб таргьаги гъажалда бан, кIудияб тIилги босун, гьев рокъоса къватIиве лъугьана.

ГIисинккун балеб цIадалъул кIварги гьабичIого, гIачи цо борхатаб мегIералъул ракьанлъиялда кваналел рукIана. МухIамадица гьел рахъ-рахъалде щущазе риччачIого, цо бакIалда чIезарун рукIана, гIодобнакIкIуца сверухълъиго бацун букIиндалха. Гьел мукIурго, МухIамадица гьабулебги бичIчIун, гьедин букIине кколеблъиги лъан, доре-гьанирехунги инчIого, цо бакIалда чIун рукIана.

ТIилиде тIадеги вегун, гIумру боцIуда арав рохьодохъан киниги, МухIамад, мех-мехалда гIачиязде берги щвезабулаго, нахъойги жиндирго пикрабалъе тIерхьана. Гьасда жеги лъалеб букIинчIо чан къо базе жив росулъе вачIаравали. Эбелалъ гьеб суал кьураб мехалъ, гьелъиеги цо чIванкъотIараб жаваб кьечIо гьес. Щайгурелъул, жиндагоцин гьеб лъалеб букIинчIелъул. Цо анкьищ гьаниб балеб, моцIищ балеб, яги тIубанго гьанивищ чIелевали… Гьесда жеги-жеги цере рачIунел рукIана ахирал къояз ккаралщинал ракIбакъварал лъугьа-бахъинал. Гьанжего гьав шагьаралде тIадвуссани, гьадингоги лъукъараб ракI жеги цIакъ унтизе бегьула, гьелъие цодагьаб заман кьезе ккола сахлъизе, ругъун данде бачIине… МухIамад нахъойги пашманал пикрабаз кодове восана. Нахъойги цебе бачIана Дайгьанатил берцинаб гьумер. Ургьисан бухIараб хIохьел угьана. «Гьардарал гурищ гьал гIадамал, гьезда лъаларелъул гьадинаб бухIи. ЛъачIогогIаги хутIараяни гъой дида, гьадин ургьиб ракI гIодилароан. Рохелго лъугIанин ккола ракьалда… Огь хирияв БетIергьан, кидаха гьаб ругъун сахлъилеб?..» Гьес квен жаниб лъураб таргьа хурул ракьанда букIараб гъотIода бан тана. Кваназе бокьун букIинчIо, гьеб къулчIун эхебе унеб хIал букIинчIо. «Рокъобе босила квенги. Эбелалъе бицине цо щиб бугониги ургъила…».

Бакъанида, рехьедги цебе къотIун, МухIамад росулъе тIадвуссана. Гьес жиндаго тIадаб борч тIубана ва рокъове вилълъана.

Гьесда рокъой эбел ятичIо. Гьей гьорой-бокьой квалквадилей йикIун ятилаха. ТIаса биччараб ретIелги бахъун, гьев хинаб гъастIа гIодов чIана. Печалъубе цIул рехана ва рак лъуна.

Циндаго цо лъицаялиго дваргъан рагьана нуцIа.

–  Мун гьанив хинаб гъастIа рахIаталда гIодов вукIун вихьула, дуда лъалищ дир цого цо бугеб гIака рохьдолъа тIадбуссинчIеблъи?! Мун щиб рахъалда жакъа вукIарав? Кибе дир гIака араб?! – ан ахIдолаго, кIалдиса цIа бурулеб аздагьо гIадин, жание кIанцIун ячIана, росулъ киназего рихарай, кIалквешай йикIиналъ гIадамал жиндаса хIинкъулей, цевего росги хун, лъабго бесдал лъималги хьихьун хутIарай Меседо. – Нуж, гьанжесел гIолилал, шагьаралдаго магIна-гIорхъиги тун рачIуна росулъе! Дуда божун рехьед тарай ахIмакъ дур эбелгиха! Гьале, бецIлъулеб дунялги буго, балеб цIадги буго, кие дун яхъиней гьелда хадуй?! Бокьаралъуса балагье дир гIака. БалагьичIони дур эбелалъухъа кьурун бахъила дица гьеб.

МухIамад кутакалда виха-хочиялъ, щибго бичIчIуларого, гьалгъан гьелъухъ валагьун хутIана. Гьесда щибго лъугьунеб-толеб лъалеб букIинчIо, йихьулей йикIана кIалдиса цIа беролей Меседоги, гьелъул гьанже гурел гьанже къватIире кIанцIун рачIинилан ккарал ццидаца цIурал бералги. Гьелъул кIалдиса къватIибе унеб щибаб рагIи гуллалъун речIчIулеб букIана гьасул гьадингоги лъукъараб рекIелъ. Жеги киданиги щивниги МухIамадиде гьедин хьандон, ахIдон вукIинчIо.

–  Дица балагьила дур гIака. Гьедин ахIдезе кколаро гури… –  ан абуна гьес гIодове виччан. – Мун рокъое а, ургъел ккоге, дун ина тIадвуссун магIарде…

                                   ***

МухIамад тIаде вахъана. Мугъалде басрияб хъабарчаги рехун къватIиве вилълъана. ГIураб квачай букIана къватIиб. Гьев зодове валагьана. ЦIад додинго гIисинккун балеб букIана, гьоркьо-гьоркьоб пирхулеб пириги букIана. «АллагьгIаги гурхIулевани дида. Гьес цо кинаб бугониги гIаламат битIулебани дихъе: яхI гьабе, МухIамад, сабру гьабе дуца. Цо лъикIаб пикругIаги тIинкIулебани дир ботIролъе, дир ракI бохулеб, дун гIодовиччазавулеб. Йохъ, лъиениги къваригIун гьечIо дун, живго цо кIудияб хIакъирлъи гьабурав чи гIадин…»

Гьесда азбаралъуб жинцаго тараб бакIалда батана добго кIудияб тIилги ва гьебги босун магIардехун валагьун вилълъана. «Дица къаси, ракь хъвалхьунги, гIака балагьизе ккола. Нагагь бацIица чIвани? Дагьалищ гьел мугIрузда-рохьазда ругел… Эбелалъул цо бугеб гIака Меседое кьезе биччазе бегьиларо…»

Лъимерлъудаго гIемер живго хьвадарал, рекIехъе лъалел сухъмахъал ккун унаго, МухIамад жакъа жив рехьедгун вукIараб магIарде тIаде вахана. БецIаб сихIкъотIи букIана сверухъ. Гьеб бецIаб, щенон цIадги балеб сордоялъ цо кибалиго магIарда Меседол гIака бати щакаб жо букIана. «Гьеб росулъе щун батила ва цо лъил бугониги ахикье-хурибе кIанцIун батила. Нахъа хутIараб хIайван балагьулаго, мегIер тирулаго, хIайван парахаталда росулъеги бачIун, гьениб цо киб бугониги батула, цинги свакарабго радалиде жиндирго ругьунаб бокьалъул кIалтIа чIола. Дун мегIерги тирун рокъове щвелалде, дидаса цебе гьенибе щун Меседол гIакаги батила…»

Нахъеги цее ячIана Дайгьанат. Вихьана шагьаралъул ахикь гIодов чIарав живго. Гьале аскIосан релъа-рохун унел Дайгьанатги гьелъул росги, гьезул лъималги. Циндаго гьелъул гьасда берчIвала ва росасул гIиндеги къулун, гьав вугеб рахъалдехунги ялагьун, цо жо абула, цинги кIиялго релъанхъула. Гьасда ракIалде ккана гьелъ гьесда абулеб бугин: «Валагье, гьадав скамейкаялда гIодов чIарав пакъир вихьулищ дуда? Дов вуго дихъ рокьи ккарав цо магIарул вас, дов гьанжелъизегIанги дихъ инагьдулев ватилаха, жеги чIужуцин ячун гьечIилан ккола…» МухIамадида цере чIана гIумруялъул пашманал, рохел гьечIел, цоял цоязда релълъарал къоязул лъугIел гьечIеб рахас. Гьес бакIго, угьун хIухьел цIана.

МегIералъул цояб рахъалда букIана рехун тараб, биххараб кули. Гьеб букIана байданлъи лъугIулеб, цо лабалаб ссанда. Цебехун букIана гъваридаб кIкIал, кIкIалахъан чвахулеб хехаб, цIорораб лъарги. МухIамадида ракIалде ккана, гьениб биххичIого хутIараб цо чIунтелалъубе ккун батизеги бегьулин гIакайилан. Гьенирги ратулаан цо-цо хIайванал. Сверухъе дунялги къалъизабун, пирхун бачIараб пириялъ гьесул бераздаса канлъи тIубанго босун анин ккана. Гьанже МухIамадида ракIчIун лъалеб букIинчIо щиб рахъалдехун жив унев вугевали. Таманаб заманаялъ тира-свераниги гьев кулиялде тIаде кколев вукIинчIо. Циндаго бецIлъи жеги цIикIкIанин ккана гьесда. Гьеб букIана гъваридаб кIкIалалъул бецIлъи. МухIамадица цебехун гали тIамуна. Гьес тIамураб гали гIодобе щолеб букIинчIо. Гьесда ракIалде ккана куркьбалги рижун, жив цо кивалиго воржунев вугилан…

                                                  ***

Дайгьанат екерулей йикIана МухIамадил рукъ бугеб рахъалдехун унеб автобус чIолеб бакIалде. Гьелъ тIадагьго ва гIедегIун росулел рукIана галаби. ЦIорораб хаселги ун, хинаб их тIаде щведал бохиялъ гъотIодаса гъотIоде боржун, кечI ахIулеб хIанчIица гIадин, гьелъул ракIалъги ахIулеб букIана цо рохалилаб сарин.

Жакъа радал, жиндирго кабинеталъуеги ахIун, начальникас, МухIамадил рукъалъул адресги гьелъухъе бегьулаго, абуна:

–  Дайгьанат, мун нилъер гьаний бищунго гIолохъанайги гIедерайги йигелъул, дир цо гьари буго, мун а нилъерго ГIалиевасухъе рокъое ва гьесда лъазабе, хIалтIуде тIадвуссаян. Дида кIвана гьесул бакI цIунизе, гьев лъикIав хIалтIухъанги вукIун, дие бокьичIо гьев нахъе витIизе. Гьесул кабинетги, гьев нахъа гIодов чIолеб столги гьесухъ балагьун буго. КIолищ дуда гьеб иш тIубазабизе?

–  Щай кIолареб, Мурад Мусаевич, адресалда рекъон гьев ватизе захIматаб жойищ? – ян жаваб кьуна кутакалда йохарай ясалъ. – Гьес цоги хIалтIи балагьилалде, гьесда рохалилаб хабар бицине гIедегIун лъикI гурищха нилъ.

Гьанже, автобусалдаса гъоркьеги рещтIун, гьесул рукъ бугеб рахъалдехун унаго, Дайгьанат жиндирго пикрабалъ йосун йикIана. Рокъосел гIажаиблъун рукIана, гьелъул абурасул гIурусай чIужуги ва жеги лъагIел балей ясги ратун, гьес гьелъул хIакъалъулъ бертаде къо тIаде щварабго гурони лъиданиги лъазеги биччачIого, балъго гьабун батидал, гьей расниги пашманлъичIелъул. Бертаде кинабго хIадурун букIана, киназдаго лъазабун букIана. Циндаго бачIана хабар, бертин букIине гьечIилан. Ццидахарал ва гьабизе жо тIагIарал эбел-инсухъги ялагьун Дайгьанат жанисанго гьимулей йикIана. Гьелъие кутакалда бокьун букIана гьеб МухIамадида бицине, гьесул гьурмада талихIалъул гьими бихьизе. Ясалъе бокьичIого гьабулеб ригьин гьебги букIун, инсуда, гIайиб ккарав чиясда гIадин, абизе рагIи батулеб букIинчIо.

–  ТIасалъугьа, дир яс, –  ан абуна гьес, гьелъул бадивеги валагьичIого, дида ккун букIана…дие бокьун букIана…Гьадин кканаха…

–  Дада, дуда лъалаха дие гьеб рекIее гIун букIинчIеблъи, дудеги эбелалдеги бугеб адаб-хIурматалъ юцIцIун чIана дун, нужер ракIхвезабизе бокьичIого. Гьанже, дада, дуца инкар гьабиларо гурищ дун дие бокьаралъуе кьезе?

–  Гьабиларо, дир яс, гьабиларо…

                                                ***

–  Дуца дида щай бицинчIеб мун нилъер рукъалъ вугев васасухъе уней йигилан? Щай дида дандбачIеб? Дун дур бетIергьанчилъидал кколев. Дур гьел балъгоял хьвада-чIвадиял чIалгIун руго дида, –  ян ццидалго валагьана чIужуялъухъ ГIабдула.

–  Дида лъалелъулха дуца абизе букIараб. Гьа, те вас гьенив, дуца гьесие квалквал гьабугеян. Дуда рагIичIищ гьанже рукъзал хиралъулел рагIула. МухIамадида цIикIкIун гIарац кьейилан абизе кIвечIо дида, гьединлъидал, гьереси бицине ккана, рукъ къачIазе бокьун бугин, ихдал васасе чIужу ячине, –  ян абуна гIайиб ккараб гIадин Муслиматица.

–  ГIезегIан мекъаб жо гьабун буго дуца. Киса гьанже нилъее щолев гьенив божилъи гьабизе бегьулев чи. Цоял гьекъолел руго, цоял цIогьодулел руго, цоял рокъоре гьудул-гьалмагълъиги бакIарун, ясалги рачун гъалмагъир гьабулел руго. МухIамад кинабго рахъалъ цIакъ лъикIав вас вуго. Дур рукъ батила доб, дуца гIадлу гьабизе ккани, гIарцул гIейго гьечIей гIадан йикIунейищ… –  гьев ццидахун гъулгъудилаго, хъалиянги цабзакь ккун, тIад ретIел ретIине лъугьана. Муслиматида росасул гIамал лъалеб букIана, гIададисеб жо букIана гьесдехун кIалъай гьаби, гьев чIезави. Гьединлъидал, киве гьев уневали бичIчIаниги, гьей юцIцIухIун чIана, ккараб ккелилан.

ГIабдулада рокъов МухIамад ватичIо. Кидаго толеб бакIалдаса кIулги босун гьес нуцIа ричIана. Гьенив вукIарасул цониги къайи-ретIел гьениб батичIеблъидал гьесда кинабго бичIчIана ва гIодовги вукIун хъалиян цIазе лъугьана. Цо лъицаялиго нуцIида кIутIана. Гьес тIадеги вахъун нуцIа рагьана. Гьений яхъун чIарай ясалъул берцинлъиялъ ГIабдула гьалгъан ва гIажаиблъун хутIана. Гьев рекIеда ватилалде ясалъ гьикъана:

–  Дие къваригIун вуго ГIалиев МухIамад, гьев гьанив вукIине ккола. Дуда вихьичIищ гьев жакъа?

–  ВихьичIоха дир яс. Гьев гьаниса тIубанго нахъе ун вугин ккола, дир чIужуялъ нахъе аян лъазабун буго гьесда. Нижер рокъоб лъикIаб гьечIеб хабарги ккана гьев сабаблъун. Дунги гьаниве дагьав цевегIан щварав вуго, бокьун букIана гьесда унгейин гьанисаян абизе, кватIанин ккола дун… Мун щий гьесие кколей? Щай гьев дуе къваригIарав?

–  Ниж цадахъ хIалтIулел руго…рукIана… Гьев хIалтIуде ахIулев вуго начальникас. Нижее гьев къваригIун вукIана…

–  Гьев магIарухъе ун ватилин ккола дида, эбелалъухъе.

Нахъеги нуцIида кIутIана. Жаниве лъугьун вачIана хIалакъав, ворхатав гIолохъанчи. Гьев цин ясалъухъ, цинги ГIабдулахъ валагьана. Цинги гьезие салам кьуна.

–  Дие МухIамад къваригIун вукIана, –  ян абуна гьес суал кьолеб гIадин иргадал гьазухъги валагьун. – Дида лъала гьев магIарухъе аравлъи, вачIунцин гьечIодаян вукIана…

–  Мун гьесул гьалмагъ ватила? – ян гьикъана ГIабдулаца.

–  У, гьалмагъ вуго. Гьес дида гьарун букIана жиндие рукъ балагьеян. Дица гьеб балагьун буго. СанагIатаб бакI батана. Гьеб цогиязухъе иналде дагьалъ гIедегIейилан абизе бокьун букIана гьесда. ТелефонгIаги букIарабани ахIизе, пайда щибха… КIваричIин, дица жакъаго кагъат хъвала гьесухъе. Нилъеда лъаларелъул кигIан мехалъ гьесда магIарухъ вукIине ракIалда бугебали. Дица хважаинасда гьарила цо анкьалъ лъихъениги гьеб рукъ кьогеян. Нужеца гIайиб гьабуге, гьанже дун ине ккола, –  ян абуна гьес гьурмада очкабиги ритIизарулаго ва гьезулгун къо-мех лъикI гьабулаго.

Гьесдаго хадур жиде-жидер ишалъ ана ГIабдулаги Дайгьанатги.

Янгъизаб, пашманаб сихIкъотIиялда хадуб балагьун хутIана МухIамад жанив вукIараб гьитIинабго рукъ. РакIалде кколаан тIокIалъ киданиги лъилниги хинлъиялъ кIвеларин гьеб цIилъизабизеги ва кидаго МухIамадихъ балагьун, къваридго букIинин. Гьеб гьитIинабго рукъ хутIана гIолохъанчиясул анищазулги, ургъелазулги, пикрабазул, макьу щоларел халатал сардазулги даимаб нугIлъун.


Автор: Пат1имат Г1абдурах1манова

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook