Авторизация

Марзигат


ХIасратаб рокьи! Дур хабар бицанагIан халалъула ва гьуинлъула. 

Сахав чияс гьеб цоцIул бицуна, амма абадиялъего хирияблъунги, кида ракIалде щваниги ракI хIеккунеблъунги хутIула. ГIумруялда жаниб махщел щун хадуб халат бахъине течIого щивав бихьинчияс лъади ячун жиндирго магIишат гIуцIизе ккола. 


1906 соналъул хаслихъе ЧIиркъатIа ГIабдулкаримие ПатIимат ячунеб бертин гьабулеб букIана. Бихьинал - васал, руччаби - ясаз ахIулеб букIун руччаби ахIизе бахIарасул яц Разиятида тIадкъан букIана.


Эбел-лъималахъе гIагарлъиялъухъе сверулаго гьалда дандчIвала чIагIдаца мехатарал гIолохъабазул къокъа. Разиятие нухги ккун гьез абула берталъе жал щай ахIуларелан. Нечарай ва мехтарал гIолохъабакьа хIинкъарай Разиятица нуж рачIаха ян къокъ гьабула. Бихьинал - бихьиназ ахIулелъул, Разиятида гьел рачIинарин ккун букIун буго. Амма бихьиназ ахIичIониги, гьел рачIун руго.


АхIичIого рачIарал гьалбал берталъ гIадлу гьабизе тараз нахъе ритIула. Гьеб квеш букIарал гIоркьилаз бахIарав викъула. Лъарахъеги вачун лъелъ къазавула ва кватIизегIан рокъове виччаларо. Росу рагIалда бугеб Чалабил рокъовеги лъугьун, ГIабдулкаримица биччараб ретIелги бахъун, бакъвараб ретIуна ва жиндирго бахIаралъухъе уна. Рокъор гьесда цIакъго цебесеб гIагарлъиялъул дагьалго чагIи ратула. Ккараб жоялъул хIакъикъат тIубан баянлъичIого, гьез бахIарасе хIалхьи толаро. Нахъисеб къоялъ бахIаралъул къайи битIула ва тIаде ккараб къо борхизе хIукму гьабула.


Гьел гIоркьилазул къапилаялъул бищун дуе зулму гьабурав, бищун дур ццим бугев щивин гьикъидал, ГIалисултанги Адалил ГIалиги вукIанин абула ГIабдулкаримица. Гьел чIвазе хIукму къотIула тухмуалъул кIудияс. Байбихьуда ГIалисултанида хадуб чан. Гьесул рухIалъе рикIкIарал къоял хутIана. Цо пуланаб къоялъ ГIалисултан хIамулги рачун рохьове цIуладе аравлъи. Гьев гьениса тIадвуссун вачIунев вукIана сордо бащалъараб заманаялъ. ГъоркьчIел гьабун чIун вукIарав ГIабдулкаримица аскIовегIан щвезегIанги тун, ГIалисултанил ботIоролъ туманкI речIчIула. ГIинда нахъа гулла щварав ГIалисултан, щапун гIодов кканиги. ХвечIого хутIизе гурин гьеван, векерун лъукъарасда аскIовегун, КIациял МухIамадица хъун рехула.


Киналго рагъазулъ тIоцебесеб ругъун эбелалъул каранда щолин абула. Сардил бецIлъуда росулъ бахъараб тункIил кьвагьиги дандерижабаца цоцахъе кьун лъугIун букIинчIо ГIалисултанил эбел Хъарачил Рузмай хIатIида гIицIго къватIхаласа васасда хадуй екеризе лъугьиндал. Жаназаялда къвалги бан, хурхун хачадулей гьелъул ракI бекараб магIил гьаракь хьиндалазул кIкIалабахъ тIибитIун букIана. КъотIноб ганчIазда гьоркьоб бетизе лъугьунеб васасул би гьелъ хъат цIун гьекъола. Гьедин гьабуни васасухъ бугеб рухIел хIехьезе бигьалъулин абураб бицен рагIун букIун.


РецIел босун рогьо чурараблъи лъайдал, ГIабдулкаримил эбел Уллубил ПатIиматица тIохдеги яхун ахIанила:

«Босун кванай Рузмай гIамал кIудиязе рекъараб тамихI». 


Чи чIвараб бакIалъан керен бухIараб гIодиялъги ракIбекарал магIил рагIабазги ПатIиматил калам гьоркьоб къотIизабула. 

Судалъ ГIабдулкарим Тулаялде туснахъалде витIана. Амма ГIабдулкаримил Адалил ГIалида бахъараб ццим чучун букIинчIо. ЧIаго хутIани, туснахъалдаса вачIиндалги гьесдеги ирга щвелебин вукIанин ГIабдулкаримилан бицунаан гIадамаз. РецIел босичIого хутIарав Адалил ГIалида хадуб чIун букIана ГIабдулкаримил гIагарлъи.


Гьезул цевесев чи ХIамзатил Ибрагьимида цо къоялъ рохьове унаго цеве-цеве унев ГIалил сипат лъанила. ЦIакъ ишан босун речIчIанила Ибрагьимица ГIалида туманкI. Цо кьвагьаралъ ГIалил кIиябго бох лъукъула. Судалде кьун жанив тIамизавейин Ибрагьимин абулаанила гIадамаз ГIалида. Гьесги жаваб кьолаанила жинда гIайиб букIиндал, кин гьев судалде кьелевин.

Пикру гьабун бихье, хирияв цIалдохъан. Жакъа гьединаб ишалда сверухъ кинаб гьересиги хIиллагидай букIинаан?

Гьединал рукIана нилъер умумул. Ругънал берцинго сахлъун унел рукIанила. Амма цо заманалдасан, ракIалдего гьечIого гьелги рагъарун, ГIали къокъидго хола. ХIамзатил Ибрагьимил хIакъалъулъ гьаниб рехсезе гIадаб цойги бицен буго росулъ.

ЧIикIаса Парзуласулги асулги кканин бицуна гьадинаб хабар. Ибрагьимица Парзуласда гьикъарабила жиндир бугила щунусго гIиги щуго васги. Живги мунги киналин бечедалин. Парзуласги абурабила жиндир 40 000 гIиги кIиго ясги ругин. Амма васал гьечIев жиндие бечелъи щибизейин. Мун жиндаса бечедав вугин, вац Ибрагьим.


ГIабдулкаримил гIагарлъиялъул 5-6 цIараки, жидер бугеб магIишатги бичун, Ахакье гочуна тушманлъи бугезда цере хьвади гьезул адаб тараб жо бугин абун. Гьел ккола КIациял МухIамад, КIациял Ибрагьим, ХIамзатил Ибрагьим, КIациял Ибрагьимил вас МуртазагIали ва цогидалги. ГIагарлъиялъ ГIабдулкаримиде бачIараб къварилъи жидедего бачIараб гIадин гIахьал гьабула.

Туснахъ гьавун Тулаялда вугев ГIабдулкаримида хадув, гьев чIваялда хIинкъи букIун, гьесда хадур уна вацал ГIусман ва Малик. ГIурус мацI лъалев ГIаливалица Нуцалхан нахъе ахIун, Тулаялда бан буго щуго сон.


Цо нухалъ къотIносан унев ГIусманида рихьун руго хIарщулъ хъирщадулел, щибалиго балагьулел гIадамал. Дагьав довегIан щварав ГIусманида нухда бихьула бакъаул канлъухъе кенчIолеб цо жо. ТIаса хIарщ чурун балагьидал, гьев бугила цIакъ чIухIараб нагIлиги бугеб, къиматаб меседил баргъич. Гьесда батараб къиматаб тIагIел бихьараз абула баргъич бичун щвараб гIарцуца мун гIумруялъ кваназавизе рес бугин. Кинги ГIусманида лъала дол хIарщулъ хъирщадулел чагIи гьеб баргъич балагьулел рукIараллъи. Ва баргъичги Тулаялъул губернаторасул чIужуялъул букIин. РакIбацIцIадав магIарулас баргъич бетIергьабазухъе кьола. Йоххарай гьей барыня рокъое жаниеги ун, росги вачун ячIуна ва къвалги бан, магIаруласда баула.


Шагьаралда хехго тIибитIула вацал-магIарулазул ракIбацIцIалъиялъул хабар. 


Гьерсица, хIиллаялъ, хъантIиялъ чи лъикIалде вачунареблъиялъе мисалал гIемерал ругониги, цо гIарабазул къисаги рехсезе бокьун буго.

Рагъаз тIубанго биххараб шагьар къотIун унев вукIанила лъабго рекIарав. Чодул щинкIил тункидал, биххараб къадал жагъаллъараб хутIел щущан анила. Цебе рехун бачIанила къадалъ бахчун букIараб меседил лъабго къотIел.

КигIан хъирщаданиги, рекIаразда гьениб тIокIаб щибго къиматаб жо батичIила. Гьезул цояс дугIа гьабунила. Щукру дуе бугин, БетIергьан Аллагьилан. Дуца нижее рикъзи бащад гьабунин нижеда гьоркьоб илбис ккечIого букIине гIолойин.

Щвараб давлаялдаса разиял рекIарал жидерго сапаралъ цнел рукIана. Кодоса кванил сурсаталги лъугIун, ракъарал гьаз хIукму гьабула жидедаго гьоркьоса бищун гьитIинав нухда батараб росулъе кванида хадув витIизе. Гьас абуни, лъабабго меседил къотIелалде бугеб хьулалъ, цин гIорцIизегIан живго кванан, хутIараб кванилъе загьру жубан буго. Квен босун гьалмагъ вачIиналде, гьев чIвазе хIукмуги гьабун, гьал кIиялгоги рукIанила. Гьев тIаде щварабго, жидерго хIукмуги тIубан, гьал хъантIун, кваниде тIаделъанила. Кванан рахъиналде гьазул рухIалги зобалалде анила. Лъабабго меседил къотIелги, дунялалъул боцIудаса гIорцIуларезул лъабабго жаназаялъ ахираталде инчIого, панаяб дунялалда танила.


ГIусманил рекIкI гьечIолъиялъ ва ритIухълъиялъ асир гьавурав губернаторас гьав живго цIунулел чагIалъе хъвала. Гьасухъе кьола сахаб айгъир, чIухIараб кьили-ярагъгун, цIурмал-фонаралгун.

Киве губернатор унев вугониги, ГIусман гьесул фаэтоналда цеве-цеве чуги кьурдизабулаго, гьунаралги гьарулаго унаан. ГIурусазеги асар гьабулаанила кьурдулеб чода рекIарав, лахIчIегIерав михъазул, Кавказалъул форма ретIарав магIаруласул сипаталъ. ЛъикIго гIурус мацIги бицунаанила ГIусманица.

Гьебго заманалда туснахъалда болжал лъугIизегIан жанив вугев ГIабдулкаримил рокьи ккола гIурус яс Машахъ. Жанир тIамурал чагIи доб заманалда гьанже гIадин кIуликь рукIунароан. Жакъаялда данде ккун гIемер эркенлъиялда рукIунаан. Машае магIарулавги вокьула. Гьаз рос-лъадилъун рахъун, цIияб хъизан гIуцIула. Машада цIар хисула Марзигатилан. Гьезие гьаюла тIоцеесей яс. ЦIарги ПатIимат лъола. Уна сонал, замана щола ГIабдулкаримие рокъове тIадвуссине. Гьес Марзигатида абула жив цин Дагъистаналде щун вачIинила, хадуй ячинила мун. Гьаб нухалда мун аний тезе кколей йигила.


Марзигат кинго гьелда разилъуларо. ГIабдулкаримица абула жиндир бидул тушбабаз  жиндие рекIараб ханжар, я тIохьидул гулла хIадурун батулин. МугIрузде щваравго росги чIван, дуца чIегIер базе ккезе гурилан хIинкъун вугин живилан. Амма Марзигатица, щиб бицунги, ГIабдулкарим рази гьавула хъизангун цадахъ Дагъистаналде тIадруссине. Рахъуна къватIире. Бухьуна сапар Дагъистаналде.

ЧIиркъатIе руссинчIо гьел. Ана гIагарлъи гочараб Ахакье. Марзигатица къабул гьабуна бусурман дин. Бицунаан бацIцIадго магIарул мацI. ЦIакъ берцинаб гьаракьалъ цIалулаан Къуръан. ПатIиматида хадур, ГIабдулкаримиеги Марзигатиеги гьарула ясал Муслимат ва Зайнаб. Щияй ясалда гьоркьоб ункъо сон букIана.


ЧIахIияб гIелалда ракIалда ругоан Марзигатица жиндирго лъималазе кинидахъ ахIулел рукIарал кочIол мухъал:


Жакъа байрам буго доб Россиялда

Пачагун жандарма тIасаги реххун,

Кьижа мун, дир лъимер, цIвайил канлъухъе,

Балагьарал берал дандеги рачун.


Марзигатица роцIцIараб гьаракьалъ Къуръан цIалулеб яги мавлид ахIулеб мехалъ хIайранлъарал гIенеккараз цоцаздаса балъго рацIцIунаан магIил гарал.


Амма ахакьезул дибирас жаназа хабалъа бахъизе изну кьечIо. ГIиллалъунги гьес рехсола кIиязулго васият букIанин жал ахакьдерил хабалалъ цоцада аскIор рукъеян.

Марзигатил хобалда нур чIун бихьарал чагIиги ругин жидер росулъи абула дибирас. Гьелъул жаназа хабалъа бахъизе тани, жидер росдадаса баракат унин.



ГIабдулкарим туснахъалдаса вачIун, Ахакь вугин рагIидал, гьев чIвазе нигатгун гьенибе сапар бухьуна чIварав ГIалисултанил вац ГIумарица. Цо къоялъ рохьоса росулъе тIадвуссунев ГIабдулкаримида гIоркьчIел гьабун, вахчаралъуса лъикI ишанги босун, таманча речIчIанила ГIумарица. Амма гьеб, кьвагьичIого, чвархъун чIанила.

КIиабизеги хIалбихьанила. Гьебго хIасил кканила. ГIабдулкаримида аскIовеги ун, ГIумарица абунила жиндие чIахIиял чагIаз бицунаанила дуда гIайиб гьечIилан. Амма жакъа кIиябго нухалъ дир алхунареб таманча чвархъун чIедал гурони, жив гьелда божичIин. Мун Аллагьас жиндир квералдасан хвезе хъван букIун гьечIин. Жив дуда тIаса лъугьарав вугин. Мун жинда тIасаги лъугьаян, ГIумарица ГIабдулкаримида къвал бала. Ва кIиявго бидул тушманас рекъел гьабула. Бидул вацлъиги рагIизабула.

Бид риххун росу тараб ГIабдулкаримил гIагарлъи гъираялда рокъоре тIадруссуна. ГIицIго ГIабдулкаримица инкар гьабула росулъе вуссине, бидул вацлъи рагIизабурав ГIумарил адаб цIунун. Гьесда вихьизе нечон лъади Марзигатгун цадахъ Ахакьго чIола.

БачIана замана ГIабдулкаримил къоял лъугIараб. Васияталда рекъон, гьев вукъана Ахакь. Гьесул лъабайго яс ЧIиркъатIе ригьнаде ун рукIана. 


Рос хун гIемер заман балалде, Марзигатги ЧIиркъатIе гочана. Росдал школалда дарсал кьолаан гьелъ. Амма кин бугониги, жиндир къоял лъугIулел рукIин лъарабгIанги, Марзигат хвезе Ахакье уна.


Эние щун заман бахъилалде гьалда тIаде щола паризаяб хвел ва росасда аскIой юкъула. Гьей хванин рагIидал, Сулейманил МухIамадил гьокьо-оцалги рачун, Марзигатил кIиявго дурц Ахакье уна жаназа росулъе босизе. Росдал баракат лъезе гьей росдал хабалалъ юкъун лъикIаб букIинин хIукму гьабун букIана чIиркъдерил жамагIаталъ. Амма ахакьезул дибирас жаназа хабалъа бахъизе изну кьечIо. ГIиллалъунги гьес рехсола кIиязулго васият букIанин жал ахакьдерил хабалалъ цоцада аскIор рукъеян.

Марзигатил хобалда нур чIун бихьарал чагIиги ругин жидер росулъи абула дибирас. Гьелъул жаназа хабалъа бахъизе тани, жидер росдадаса баракат унин.


ГIабдулкаримилги Марзигатилги букIараб хурги минаги буго Ахакь росу рагIалда хабалазда аскIор. Гьенир хIалтIулаго цIакъ регьел бугеб ракь батун букIун буго рос-лъадиялда. Гьез дагьабги бухъидал, гьенисан баккун буго цIорораб, гIажаибго тIагIамаб лъим. Марзигатил иццин цIарги лъун, жакъаги хIалтIизабулеб буго гьеб ицц. Росу бакьулъан лъар чваххулеб бугониги, ахакьдерица Марзигатил иццухъан лъим цIолила. Хасго кIалккул моцIалъ.


Cураталда: Ахакь росдал лъар. Марзигатил иццги гьенибе чваххулеб батизе бегьула…

  


Автор: Ибрагьим Ибрагьимов, ЧIиркъатIа

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook