Авторизация

Алжан буго эбелалъул хIатIакь (нахъраталидаса)

  • 20.11.2016 23:11
  • Дин
  • 2 393
  • 0


ХIурматиял диналъул яцал, цIияб соналде жанире лъугьунаго, хIисаб гьабе нахъа тарал къояз нилъецаго гьарурал лъикIал-квешал гIамалазул. Тавбу гьабун, гьарде Аллагьасде мунагьазда тIаса лъугьаян. Щукругун рецц гьабе БетIергьанасе, лъикIабщинаб гьабизе нилъ рекIеда ратизаруралъухъ. Хирияб моцIалъул къояз тIагIамаб квен-тIех хIадурун, цоцазе сайгъатал, садакъа кьун, рази гьаре рокъосел, гIага-божарал, мадугьалзаби. Руччабазда бараб букIуна гIемерисеб мехалъ рокъобги гIагарлъиялдагун мадугьаллъиялда гьоркьобги ракълилаб, адаб-хIурматалъулаб ахIвал-хIал лъугьинаби. Гьезул гьурмада гьими, рекIелъ бацIцIадаб асар бугебгIан мехалъ, сверухълъиялдаго гьуинлъиги рохелги букIуна.

Киналго диналъул яцазе гьарула тавпикъги, талихIги, икъбалги, иманги исламалъул кьучI лъалеб наслу гIезабизе къуватги.

…Басриял гIадатазул

гIомо бичун хадуса,

дуца чияр куналъищ

дурго гIумру бессараб?..

                        (М. ХIамзаев).

Лагълъиян гуреб цоги батIияб баян батизе захIмат буго Дагъистаналъул жакъасеб жамгIияталъул рукIа-рахъиналъе къимат кьолаго. ХIакъикъаталдаги нилъеца ургъун рахъарал гIадатазе лагълъи гьабулаго гIумруялъул магIна бичIчIулеб хIалалда хутIулеб гьечIо халкъ.

Гьаниб дие рагьизе ва бихьизабизе бокьун буго гьанжесеб ригьин гьабиялъул гIаммаб хIакъикъат.

ГIемер гIатIидго бицинчIониги къанагIат ватиларо жакъасел бертабазул ахIвал-хIал цебе чIезабун бажаруларев, гьел рихьичIев чи: гIатIидал залазда, бечедаб, гьекъел-мехтелалъул, нигIматал гьарзаяб тепси, чIухIарал гьалбал, гьаракь-бакъаналъе гьунар бугел кочIохъаби, кьер-кьераб бакътIерхьул улкабазул халкъазе хасиятаб къагIидаялъ реетIа-къарал руччаби-ясал, кинабго гвангъараб, берцинаб, тIаса бищараб. ГIажаиблъи гьечIищ, талихIаб гьимиялъ гвангъараб гьумер бугев чи гьенив къанагIатги вихьуларо. Хасго гьеб кIудияб тадбир тIобитIулел жалго рукIуна гьимиялъул гъалайги гьурмада бигъун, жанир ургъелаз хIалуцун. Гьезда рагIулелго гьечIин ккола баркиялъул докладал, тамадаяс риччалел рецц-бакъалъул харбал. ХIали-малица налъукье лъугьун, бертин гьабулезул пикру букIинарищха кигIандай гIадамаз бачIана, бугодай налъи бецIизе гIарац данделъун абун. (Гьаниб цIакъго бечедал чагIазул бицунеб гьечIолъи бичIчIулеб батила цIалдолездаги). Гьалбазулги рази-ракияв чи щивха вукIинев, гьелги гьечIелъуса рахъун гъурщалги данде кIутIун рачIунелъулха. РачIинчIого рес щиб, ахIун ругелъул. «Ригьин баракат бугеб батаги, бахIарал цадахъ херлъулел ратаги»,-ян унаан нилъер умумул цоцахъе бертин баркизе. Гьанже гьеб гьара-рахьиялъул бакIалда, милиционерал гIадин, кIалтIа стол лъун, жанире рачIунезул хъаравуллъуда чIаразда аскIоре щвезе ккола шагьи-парагун. Унго гьеб гIадаталъул сурукълъи! Цоцалъ къец бан рес бугесги гьечIесги гьарулел гьел бертаби ботIрол унтилъун лъугьаниги, гьездаса инкар цIакъ нагагь гурони дандги чIваларо.

Лъала руччабаз дида гIайиб чIвазе букIинги, амма гьал киналго квешалщинал гIадатал ургъулел, гьел тIиритIизарулел ва рилъанхъизарулел чагIи нилъ руго. Рецц-бакъалъе, рихьдае гIамал гьаби гIемерисеб мехалъ руччабазул хасият гьечIищха. Гьединлъидал жамгIияталъул аслиял, РухIияб рахъ загIиплъизарулел гIузраби нилъедаса руго.

Нужго ургъун рихье, ясалъул яги васасул ригьин гьабилалде росас гIакълу дандбала чIужуялъулгун, гьелъие бокьичIеб, гьей разияб гуреб гали нагагьги бихьинчияс тIамуларо гьединаб ишалъулъ.

ГIемераб боцIиги хвезабун, гIадамазда цере налъукьеги ккун, гьекъел-мехтел бугеб сухIмат гьабичIого рачIа нилъеца цо сабураб, нилъерго яшавалда, шаргIалда рекъараб тадбир тIобитIизеян руччабаз абулеб бугони, иманги яхIги бугев бихьинчи гIенеккилин ккола жиндир чIужуялъ, эбелалъ, яцалъ бицунелъухъ. Амма нилъер иш гIемерисебго мехалъ гьелъул гIаксалда букIуна- руччабаз лъола шартIал гьабги добги букIине кколин, гьазулалдаса-дозулалдаса нилъер бертин къадараб букIине бегьуларин. Эбел-инсул гъира гьечIониги, жиндие кIудияб бертин гьабеян тIалаб гьабулел лъималги камулел ратиларо. Гьебги гьитIинаб къоялдаса нахъе букIине кколеб бичIчIи лъималазе кьечIолъиялъул гIаламат гьечIищха.

ГIемерал сонал руго Дагъистаналда Европаялъул къагIидаялъ реетIа-къан ясал ригьнаде кьолаго. Байбихьуда гьеб букIана хъахIаб халатаб гурде. Дагь-дагьккун къвалал къокълъун араб гьеб гурдил габур, кIугъуждул бахчулеб бутIацин бортун ана гьанже. Дагьаб цебе цо берталъ сверухъ кьурдулез хIетIе тIад чIун бахIаралъул гурде бортун хIатIаахаде ун буго (гурдеги букIинарищха гъуждуз кколеб чIалалцин гьечIеб, рагьараб). Гьеб бихьарав бахIарас, жинца халкъалда черх бихьарай гIадан ячунаринги абун, инкар гьабун рагIула бахIаралдаса.

Хириял диналъул яцал, хал гьабе жакъа тукабазда ричулел бахIаразул гурдазул, ругищ гьел нилъер гIадаталда, шаргIалда данде карал?! Щай гьел гордал цояздаса цоял рагьарал тIаса рищулел нилъер ясаз?! Гьебги гурищ эбелалъул иманалъул загIиплъи, гьелъул рагIул ясалъ адаб тей. БахIарас яги цогидал аскIосел бихьиназ тIалаб гьабуларо гурищ нужедасан гъеж-керен рагьарал гурдал ясазда реетIеян.

Лъица ургъараб къагIида гьеб? Нилъеца руччабаз! МагIарулазул гIадат букIана бахIаралъул гъеж-кверни киса гурин, гьумерцин бахчулеб. Жакъаги гьеб цо-цо бакIалда цIунунги буго. Гьаниб мисалалъе букIине бицина, шагьаралдаса ячун васасе ячIуней бахIаралда росулъе щведал тIад хъахIаб кверлъин чIваян абун буго васасул эбелалъ. ЧIваларин тIирун чIун йиго жиндир эбелалъ хъахIаб гурдегун, тIад гьединабго шляпаги лъун рокъоса къватIие нуха регIарай бахIарай. МагIарул гIадаталда хIетIе чIарай, тIоцебесеб къоялъго нижер хIурмат гьабичIей, мун дир къавулъе лъугьинарин, дуе нух битIагиян бахIарасул эбелалъ гьей рокъое йиччан гьечIо. Гьедин гьабун бахъиналде биххана гьеб ригьин. Лъил гIайибалда? Руччабазул сабруги гIакълуги гьечIолъиялъ! БахIаралъул эбелалдаги лъазе кколаан жиндир яс магIарухъе уней йикIин, берцинаб хIеренаб рагIудалъун кIвелаан гьелда ясалда бичIчIизабизе росулъе щведалниги кIаз чIваян. Гьединго жиндирго согIлъиялъ ва чIухIиялъ гIолилазул ракI бекизабурай бахIарасул эбелги йитIарай йигищха. Щиялъ гьениб билъанхъизабуна жиндирго нафсалъул согIлъи.

Гьалъие данде кквеялъего бачина цоги мисал. Шагьаралда, машгьурав профессорасул хъизамалда гIурай яс йикIана магIарухъе росасе кьолей дагьал цере соназ. Жиндирго гIадатияб ратIлилъ яс нухда тIойитIулаго эбелалъ абуна: «ЧIахIияз малъухъе йикIа, дир яс, дуе квешаб, нилъер гIадат-гIамалалда данде кколареб гьез дудаса тIалаб гьабуларин». ТIадегIанаб цIалул идараялда бищун лъикIал студентазул мухъилъ йигей гIолилалъеги бокьичIого букIун батиларо хъахIаб гордеги фатаги. Амма гьелъ цо рагIудалъунгIаги хIал лъазе течIо гIадатлъун билълъухъе росулъ бахIаралда реетIунеб жиндирго ракьалъул миллияб ратIлилъ бахIарасул рокъобе гали тIамулаго.

Гьоркьор сонал индал, гьадинаб гара-чIвари ккана нижер гьай магIарулалъулгун. БитIун бице, дуца ракI-ракIалъ къабуллъун реетIанищ доб мехалъ умумузул миллияб форма.

Балъго гьабун щай, цадахъ цIалулел ясазда бичIчIиларин гьелъул магIнаян гурони, цоги вас-васди букIинчIо. Гьелъул гIаксалда, дун жеги йохун, чIухIун йикIана миллияб ратIлидаса. ХъахIаб гурде реетIин-гьеб гьанже гIадатлъун билълъаниги, нилъее хасиятаб жо гуро. Хасго гьел гордал рукIуна прокаталъе кьолел, ай жакъа цоялъ, метер цогидалъ реетIун, анцI-анцI бахIаразухъе щварал. Нилъеда лъаларо гьеб гурде реетIун арай бахIарай талихIай йигищ гьечIищалиги. Дир ракI къалаан гьедин цогидаз реетIараб гурде реетIинеги. Дирин абуни букIана хас гьабун дие букъараб цIияб ретIел. Гьеб цIакъ къиматалда цIунунги буго нахъе.

Дур росасул кинаб бугеб бахIаралъул хъахIаб гордил рахъалъ пикру?

Гьевги вукIуна, къватIисан рачIарал жиндир гьудулзабазе кутакалда рекIее гIунилан жидер гIадат. Гьев дандечIарав гьечIо бахIаралъул хъахIаб ратIлидаги, амма гьеб гъеж-квер, ботIрол рас бахчараб букIине кколин рикIкIуна гьес. Дирго ясалъги гьединаб, нилъер миллияб хаслъи бугеб форма тIаса бищани бокьила. РакIалде ккола гьай кIудияй гIейгун нижехъ гIенеккилин…

БахIаралъул ратIлил бищун кинаб нужеда берцин бихьулебан абураб суал кьун гIолилазда гьоркьоб цIех-рех гьабидал, васазулги ясазулги тIубанго батIияб пикру бугоан. Нагагьги чик кечIо гIолохъабазул жидеда гъеж-квер цебе лъураб бахIаралъул гурде берцин бихьулин абулел. ГIемерисез гьеб рикIкIунеб буго ясазул гогьлъилъун. Руччаби рачарал гIолохъабазе гьеб суал кьедал, цояс абуна берталъ жинда аскIой жиндие йокьун абурай ясго гурей елъа-ежун къачIарай ясикIо йихьидал, ракIго буссанила гьелдасаян. Ясалин абуни тIир-тIириялда чIун руго жидерго пикруги ккун, жал гьеб къоялъ бищунго берцинал рукIине кколила, гьединлъидал жидер изну бугила  бокьараб ретIел ва косметика тIаса бищизе. ХIисаб гьабе, бищун гIадатияб гурде буго кIиазарго гъурщиде (цо къоялъ реетIунеб!) жеги эхедегIан ругезул бицун пайда гьечIо. Керен-гъеж рагьарабгIан берцинаблъун, чIухIараблъун рикIкIунебги буго.

«ГьитIинго яс юхичIей эбелалъ, кIудияй гIейгун накаби рухизе ккола»,-ян аби буго магIарулазул. Чаги эбел йиго жакъа накаби рухулей хутIун, жинцаго ясалъе кьураб эркенлъи гьелъ бадибги кьабун.

Цонигиялъе бокьуларо дуца хвезаюнин Ясин, росас гьабулеб бадибчIвай хIехьезе, кигIанго гьев витIарав вукIин лъалеб бугониги.

Баба, дие тIажу босе, дозулги буго; эбел, дица кIаз чIваларо, гьеб лъицаго чIвалеб гьечIо; дун дискотекалде, киноялде, концертазде йиччай, цадахъ цIалулелги унел руго,-гьал ва цогидал ясазул гьариял-тIалабал тIуразаричIого, кьуру гIадин чIолел улбул гьечIолъиялъ гурищ нилъер Дагъистан чороклъун, гIадатал чамгIаллъун, иман загIиплъун бугеб.

Нижеца цебеги хъван букIана эбелалъул рагIи лъимадуе дугIалъун, аманатлъун букIине кколин. Гьединаб къуватгун гIакълу букIинищ гьаб бичIчIиги лъайги гьечIеб жамгIияталъул гIуцIиялда куцаразул. Институтал, академиял лъугIаниги щиб, исламалъул аслу лъаларел, шаргIалъул нухдаса рикIкIад ругони. Нечараб хIал букIуна, хасго риидал къватIахъ ясазул реетIа-къаялъухъ балагьизе. Саламатаб гIакълу-лъаялъул эбелалъги жийго цее лъугьун босула ясалъе ретIел, заман гьадинаб бугила, щибилаха гьабилеб,-гьале гьезул жаваб. Жеги жидер ясазде рагIаби реххун хIалхьи толарин, гьанжесел васал хIалихьатал ругинги рукIуна зигардилел.

                                     


Баяналъул кьучI: Казият "Ассалам". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook