Авторизация

Йоял, баркула нужеда!

Хириял руччаби, нужеда киданиги ракIалде ккезе бегьуларо цохIо 8 марталъ гурони бихьиназе нуж рокьуларилан. Рокьула.

Нижеца киданиги инкар гьабичIо нужее бихьиназда ращадал ихтиярал кьезе ккелин абураб рагIудаса.  Киданиги махIрун гьаричIо нуж суркIа-щурун чуриялдаса, ретIел-кун букъиялдаса, рукъ лъухьиялдаса – ножое бокьа-бокьараб гьабизе риччан тун руго. Кинай чIужугIаданалда абизе кIолеб, рос вачIун вукIанин цогIаги нухалъ гIака бечIчIизе дун виччаян гьарун? ВачIунаро. Бихьиназда цIакъ лъикI бичIчIула нужехъа ихтиярал рахъани, нуж мекъдарулеллъи. Нуж мекъдаризе лъугьани – гIазаналагьха!

Нуж мекъдаризе бегьула 8 марталъ… Нагагьлъун рос вачIани рокъове тIугьдулги росун – мекъдаре. Дуе херги босун вачIине ккани, асда мун щийилан ккарай? Цо-цоялъул рокъове бетIергьанчи вачIине бегьула батIи-батIиял махIал ругел лълъималги росун. «Туда-сюда» - илан тIирун чIа мун, лъикI мекъдаре. Эсали дуда духи бугилан абила… Амма щиб лъалеб щиб эбали? Бихьиналги киналго гуро лъикIал рукIунел, гьезда гъолъги ратула гIинда разе жал росулел, бирллиантал сайгъат гьарулеб «порода».  Нуж къуркьуге! Цо гIилла гьечIого нухде рехун мохмох букIунаро, - ян абун буго цараца, - чIалгIаде дур гIинда цIумур баларо. Кие-кие мун унеяли лъазе бараб батани – лъугIана гурищ дур иш!

ХIасил-калам, 8 март буго,  хириял руччаби, ургъунго илбисалъ нужер хIалал рихьизе кьураб къо. Илбисалъул хIалтIи гуреб батани, щайха гьеб къо, битIун чорхолъ би гьалаглъулеб заманалъ, ихдал кьураб? Нуж къамартIе!

Амма, гьари буго – гьадинаб къоялъ гуреб кида гьарилеб, - микьабилеб марталъ гурони мекъдаруге. ЛъагIалил хутIанщинал къоязда зама-заманалдасан нижги тохлъизарун гьиме, хьандолеб мехалъ квешабщинаб рагIи тIаса бищун абичIого, цо-цо магIна бичIчIулареб рагIиги биччай цадахъ. Росас ццин бахъинабун бугони, гьесул гIадалъ гIеретI балелде, гIертIиниб лъим бугищали хал гьабе… ХIиса-хIисаб гьабе… Росасдаги бокьа-бокьараб жо гуро речIчIизе бегьулеб, кодобе босизе кIолеб букIунилан.

Нужеца абула бихьинал гIантал жал рукIунилан. Ругоха, нижер дагIбаго гьечIо. ГIантал ниж рукIунлъидал нижеца аб къохьол дуниял бихъ-бихъун балеб бугеб – нужеца букъе.  Нужги нижеда релълъун аб бихъ-бихъизе лъугьани, нилъер лъималазе жого хутIиларо гури? Гьеб гуребги, нижеда гIадин махщалида бихъ-бихъун базе нужедаги кIвеларо, нужехъа гIадин бихъарабщинаб бакI букъизе нижехъаги бажариларо. Бажараниги бихьиназда рекъон гьечIо гIемер къеркьон щвараб ихтияр ножехъа бахъизе…

Гьединлъидалин, хириял руччаби, щибаб соналъ бихьиназ, жакъа гIадин, сахабщинабги нужее гьарун, нужее кIудияб баркалаги кьун, гIодор ккезегIан гьекъолеб.

Сахлъи кьеги нужее къохьол дуниял букъизе!

07.03.92 



Автор: Гъазимух1амад Гъалбац1ов

Баяналъул кьучI: Казият "ХIакъикъат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Мунагьал чураясул ,юморалъул гъварилъи,к1арчанлъи,т1ок1лъи,унго щвеч1еб гьунар,бук1инч1о,мунагьал чурадилъ.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook