Авторизация

Авария

Зодор ругел цIцIаназе, хIорде рачун, цIам кьурав


Авария 


(Маргьуяб къиса)


ТIоцебесеб каву. ГIакълумагIарда бугеб Лъайдулхъала


Хьалбал ччукIкIизегIан буснив геверганхъданиги, Найихъанил ЦIвайихъаниде макьу щолеб букIинчIо. Махлукъаталъул ургъалабаз цIанкун цIун букIана гьев машгьарав гIалимчиясул гIадалнах. Бищунго ЦIвайихъан тIадчIараб рахъ астрономия букIаниги, дунял-гIаламалъул батIи-батIиял балъголъабазда гъорлъе ваккарав,  гъваридаб лъайгун бичIчIиялъул чи вукIана гьев. Кьурулъ бикIун гьабун букIана гьес зодил мацI лъазабулеб рукъ (обсерватория). Гьебго нохъода букIана миллиардал тIахьал жанир ругеб электронияб библиотека, гIалимчиясул ва гьесул махщелцоязул рукъзал. Гьенибго гIумру гьабулаан гьезул руччаби-лъималазги. ЦIакъго лъикIилан ккани, тира-сверизе къватIиреги унаан гьел.


ГIакълумугIрул тIогьиб эхетараб гIатIидаб Чаранкьурулъ буго магIарулазул гIалимзабазул шагьар – Лъайдулхъала. ХIикматаб хъала буго гьеб. РагIа-ракьанде щун гьелъул сипат-сурат гьабизе ккани, я къалам,  я щакъи, я бищунго къуватал компьютеразул «гIадалнах» сунтIизе гIеларо. Дагьа-дагьабккун бажарухъе цебечIезабила гьеб тамашаяб шагьаралъул тIабигIат-гIамал. ЦIакъго хIалккарабго, гьенир ругел гIалимзабазе кантIизариял гьарула ГIакълумегIералъги Чаранкьуруялъги. МагIарулазул гIундул цIунцIудичIого рукIине, щурун малъула гьез гIалимзабазда лъалареб жо.


Кьурулъ гIанлъун гьарурал, бицатаб цIер ккурал гордаздехун валагьана кватIараб сардилъ ЦIвайихъан. МоцIги гьечIеб, зирхун роцIцIараб сордо бугоан къватIиб. Хасаб пульталда ишаракилищги чIван, цояб гордал цIер хьибилалде харцIана Найихъанилас. Роол заман букIаниги, цIорораб, ралъдал матIуялдаса микьазарго натIалъ эхеде араб ГIукълумегIералъул лазатаб квач гьулчун бачIана цIех-рехчиясул рокъобе. ГIарахъмагIардаса лъаларо, ГIадалла-шух-гел-магIардаса лъаларо, Кьили-магIардаса лъаларо, цо къамартIаб гьури речIчIана ЦIвайихъанида.


МагIаруллъиялдаса зодобе буссинабуна гIалимчияс балагьи. ГIажаибго берцинго, цо батIияб гугьаргун ва тIадегIанлъигун бихьана гьесда космос. БотIролъ жендизе лъугьарал аза-азар пикрабаз хIалхьи течIев ЦIвайихъан зодил дурнавазухъе (телескопалъухъе) хъетана. Гьел дурнабазухъан валагьун, сардил зоб хъирщизе лъугьана Найихъанилав. ХIикмалъиялда жаниб – хIикмалъи, балъголъиялда нахъа – балъголъи, рагьизе захIматал, рагьанагIан цIи-цIиял рагьизе гъира базабулел зодил каваби…  Бакъудаса гIезегIан рикIкIад бугеб цоги цIваялда гIагарлъухъ, батIияб галактикаялда цо гIажаибаб планетаялда бер речIчIана ЦIвайихъанил. Зодил дурнавазул бугебги гьечIебги бажариги хIалтIизабун, гьеб планета кIодого бихьулеб куц гьабуна гIалимчияс. МугIрулги руго, гIатIилъабиги руго, гIоралги руго, ралъадалги руго… Валагьун гIорцIуларого вукIана Найихъанилав.


Жинда батараб цIияб планетаялдаса вохарав ЦIвайихъан цо лахIзаталда хаган хутIана: магIарулазул миллияб ретIел ретIарал гIадамаз гIумру гьабулеб бугоан гьениб. ЛъикI гьабун валагьидал, цо хъизан магIарул гIатIахинкIазда ва гьанада кьабулел рихьана. Зодил дурнавазул хасаб гIекги цIан, гьез бицунелъухъ гIенеккидал, бацIцIадаб болмацIалда кIалъалел ругоан. Гьезул рукъалъул къеда чIвараб игIланалда хъван букIана: «Аваразул калам, гьелъул камиллъи!» - абун. Гьебги магIарулазул хасаб алфавиталда бугоан. Тепси-сурпаялда нахъа гара-чIварулезул хабаралдасан лъана ЦIвайихъанида гьенир кинал рагIаби хъван ругелали. Кванан лъугIидал, батIи-батIиял суалазда тIасан гара-чIваризе журана цIирагьараб планетаялъул гIадамал. Гьезул накъиталдасан ЦIвайихъанида бичIчIана жинда батараб планетаялде цIар Авария кколеблъи ва гьениб магIарулаз гIумру-яшав гьабун букIин. Венера, Марс, Меркурий. Юпитер, Сатурн, Нептун, Плутон гIадал, Дунялалъул чагIаз, румазул хъанчазул росун, лъурал цIараздаса, жалго планетаялъул хважаинзабаз абулеб цIар тей лъикIаб букIинилан, ЦIвайихъаница зодил картаялде босана цIияб планета - Авария. Гьеб батиялдаса вохарав гьес, гIодовги чIун гIатIалхинкIалги гьанги квана, цадахъ гьагIуги ххуна, тIаде мучаридул гьалунлъимги гьекъана.


2012 сон

Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +84
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook