Авторизация

ГьаркIасуниса Асилдар-шайих (XIV-XV гI.)

Шураб районалда бугеб магIарулазул ГьаркIасуни росдада тIадехун, ЦебемугIрул цояб хьибилалда Гъоркьиябхъала абураб некIсияб шагьаралъул хутIелал руго. Гьелдаса тIадегIан руго цоги шагьаралъул жеги щулиял галаназул ва сангаразул чIваднал. Гьеб кIиабилеб шагьаралде бакIалъул гIадамаз ТIасиябхъалайилан абула. Рекъав Тимурил таманал боязда данде рагъулаго, Гъоркьиябхъалаялъ щуго къоялъ дандечIей гьабун бугилан бицуна гьаниса харабаз. НекIсияб ГьаркIасунире цIидасанги магIарулал рачIана 1867 соналда. 1859 соналда ГъунимегIер бахъун хадуб ТIаса-Гъуниб росулъа 33 хъизан гочана (1867 соналда) некIсияб ГьаркIасунибе. Гьеб росдал некIсияб тарихалъул ва гьелда жаниб аслияб бакI кколев шайих Асилдарил хIакъалъулъ буго «Тарихалда лъалкI тарал магIарулал» циклалда бахъулеб гьаб жакъасеб иргадулаб асар.


XIV гIасруялда ГьаркIасуни шагьар

НекIсияб ГьаркIасуни шагьар букIараб бакIалда гьарурал археологиял рухъа-хъваяз рес кьуна рагIа-ракьанде щварал ва чIахIи-махIиял цIех-рехал тIоритIизе. Къилбаялъул рахъалдасан гьанжесеб ГьаркIасуни росдада тIаде балагьараб гIатIилъиялъул лъикIаланго лабалаб хьонлъуда руго ГьаркIасуни шагьаралъул чIваднал. Кваранабги квегIабги рахъаздасан ва цебесан гьеб гIатIилъи сверун ккун буго 50 метр ва жеги цIикIкIун борхалъи бугел кьурабаз. Шагьаралъул сипат-сурат цебечIезабизе квербакъула ралел бакIазул сурсатазул хутIелазги щулалъиялъул къедалъул чIвадназги. Бихьулеб буго шагьар лъабго бутIаялде бикьун букIин. ГIатIилъиялъул бищун борхатаб бакIалда руго жанисеб хъалаялъул хутIелал. Гьеб гIатIилъиялъул тIогьалъулго гIадаб лъаббокIонаб сурат-мухъги гIеблъи-халалъиги (60 -80 метр) буго жанисеб хъалаялъул. Югалдасанги кваранабгун квегIаб рахъаздасанги кьурабаз цIунараб жанисеб хъала ва тIолабго шагьар риццатал къадаз щула гьабун буго севералдасахун. Жанисеб хъалаялдаги хутIараб шагьаралдаги гьоркьобги буго къед. Гьелъул хутIелазда бихьула кIиго метр бугеб кIалтIу букIараб бакIги.

Жанисеб хъалаялда гъоркьехун (севералдехун) букIун буго аслияб шагьар. ГIатIилъунги бачIун, хъалаялдаса рикIкIалъанагIан чIедерлъулеб буго гьеб. Шагьаралъул северияб рахъ къед гьабун жанибе бачун буго. ГьаркIасуни шагьаралъул гьеб кIиабилеб къед жанисеб щулалъиялъул къададаса гIемерго халатаб буго. УнкъбокIонаб анкьго сиги букIун буго кIиабилеб къеда. Гьел кIиабилел къадаздаги нахъа, шагьар бахун къватIирехун, гIатIилъиялъул ахалъуда (гьанжесеб ГьаркIасуни росдада аскIоб) букIун буго базарчагIаз ва махщелчагIаз гIумру гьабулеб бакI (посад). Гьенирги рарал бакIазул хутIелал руго. ГьаркIасуни шагьаралъул гIатIилъи 26 гектар букIун буго.

НекIсияб ГьаркIасуни гьоркьохъел гIасрабазда бищун кIудиял Дагъистаналъул шагьаразул цояб букIанин рикIкIунеб буго археологаз. Гьедин чIезабиялъе гIурал хIужабиги руго: шагьаралъул кIодолъи, гьеб лъабиде бикьун букIин (жанисеб хъала, жибго шагьар ва рабад), цебетIураб щулалъиялъул архитектура, кIалгIабиги диниял рукъзалги рукIин, махщелчилъи тIибитIи ва гь.ц. Шагьар букIана Дагъистаналъул гIемерал нухал цолъулеб бакIалда, даран-базар гьабизе кIудияб санагIалъи букIана некIсиял гьеркIесдерие. Гьеб шагьаралда гIадамаз гIумру гьабун буго гIага-шагарго щуго гIасруялъ  IX – XIV къарнабазда. МагIарулазул тарихияб культураялда гьоркьобе унеб шагьаб букIана гьеб.


«Рекъав Тимурида кIиго моцIалъ бахъизе кIвечIеб хъала»

ГьаркIасуни шагьаралъул жанисеб хъалаялъул щулалъиялъе археологаз кьолеб къимат тасдикъ гьабула тарихиял тIахьазги хъвай-хъвагIаязги. «Иргьаналъул тарих» абун цIех-рехчагIаз цIар кьураб Дагъистаналъул тарихияб тIехьалда «бусурбабаз» (Тимурил бояз) ГьаркIас шагьар бахъиялъул хIакъалъулъги хъван буго. Цин бицунеб буго мадугьалихъ бугеб Къадар бахъиялъул. «Хадуб ГьиркIасалда ккана рагъ, тIубараб анкьалъ халатбахъана гьеб. Росу бахъана, амма росдал тIасияб рахъалда бугеб цо авал мутIигI гьабизе кIолеб букIинчIо, гьенир рахчана гьезул раисал ва эмирал – таватиялги арнахуралги. КIиго моцIалъ кверде босизе кIвечIо бусурбабазда щула гьабураб гьеб авал. Ахирги махлукъаталъул БетIергьан ТIадегIанав Аллагьасул кумекалдалъун гьеб бахъана, ислам босарал чагIи хутIизегIан, гьенир ратаралщинал гIадамал чIвана бусурбабаз».

Гьаб «Иргьаналъул тарих» абураб тIехьалда ГьаркIасуни шагьаралъул нухмалъулезул даража магIарул (авар) рагIабаз бихьизабулеб буго («таватиял» ва «арнахурал»). Гуржияз бегзабазде абулел цIарал («тавади», «азнаури»), авар къагIидаядеги сверизарун, хIалтIизаруна магIарулаз. Гьанир гьел гIемерлъул формаялда кьун руго. Мадугьалихъ бугеб Грузиялъулгун политикиял, маданиял ва гь.ц. хурхенал рукIана гьоркьохъел гIасрабазда магIарулазул. Гьелъул хIасилалда аваразда гьоркьоб православиеги тIибитIун букIана. Амма, магIарул мацIалда рекъон хисизарун, нилъер миллаталъе хасиятаб куцалда машгьурлъулаан гуржи рагIаби. Масала, «батрикI» абураб термин.

ГьаркIасуни шагьаралда байбихьуда насранияб дин букIараблъи чIезабуна археолог Д.М. Атаевас гьарурал рухъа-хъваяз. 1964 соналда гьесда кIиго мажгит батана гьениб. Хал-шал гьабидал, баянлъана гьел килисабаздаса мажгитазде сверизарун рукIин. Археологаз хIасилал гьаруна,  гьенир килисаби XI-XIII гIасрабазда рукIун ругилан, мажгиталлъун лъугьинарун, гьездаса бусурбабаз пайда босун буго XIII-XIV къарнабазда.

Хадубккун хехго ва рагIа-ракьанде щун щулалъун буго ГьаркIасуни шагьаралда ислам. Гьениб кIиго кIудияб мажгит букIиналъги бицунеб буго гьелъул. Цо мажгиталъул хутIелал ратана севериябгун бакътIерхьул рахъалда, шагьаралъул кавуялдаса 12 метралъ жанибегIан. Гьелъул гIеблъи-халалъи ккола 6, 0 – 9, 2 метр. Цогидаб мажгит бугоан шагьаралъул югалъулабгун бакъбаккул рагIалда, жанисеб хъалаялда аскIоб. Гьеб жеги гIатIидаб буго (9-16 метр). Амма тIоцебесеб мажгиталъул кIиго тIала букIун буго, гъоркьа – мадраса, тIаса - как балеб рукъ (михIбаргун цадахъ). ГьаркIасуни шагьаралда жамагIаталъ хьихьарал матагIилзабиги цIалул идараги рукIине рес бугилан рикIкIунеб буго археологаз. Тарихиял тIахьазда хъван буго: «ГьаркIасуни гIумру гьабулев ва ислам билълъанхъизабулев вукIана машгьурав шайих Асилдар (хвана 1404 соналда, вукъун вуго ГьаркIасуни)». Гьоркьохъел гIасрабазда Дагъистаналда мадрасаби рукIанилан хъвалеб буго бусурбабазул тарихчагIаз.


ЩайтIаби хъамулеб Шайихасул бакълъи

Шайих Асилдарил биографиялъул бицунеб буго Назир ад-Дургъели абурав гIалимчиясул «Нузхат ал-азхан фи тараджими гIуламаи Дагъистан» тIехьалда. «Амир Салимхан ал-Гъадари» абурав цоги гIалимчиясул тIехьалде мугъчIвай гьабулеб буго Дургъелиса Назирица. Гъоркьехун кьолел руго Назирил тIехьалдаса мухъал: «Асилдар аль-Хиркаси ад-Дагъистани машгьурав шайих вуго. Хиркас (Аркас, ГьаркIасуни) – ГьитIинаб Гъаздануши (ТIаса Гъаздануши) росдада тIаса бугеб кIудияб мегIер. Гьев Асилдар вукъун вуго гьеб магIарда гъоркь. Ал-амир Салимхан ал-Гъадариясул хатIалъ хъван буго гьадин: «Гьаб хабалъ вукъун вугев шайих Аллагьасул гьудул ал-ХIеж Асилдар ккола, Ата ал-Гъадариясул вас. Гьесул тухум-кьибил Къарачи эмираздасан бачIараб буго. Гьесул эбел ккола Эндиреялдаса Аймисей, салаязул (ай сала-уздензабазул) кьибилалъул гIадан. Асилдарица лъабцIул хIеж борхана. Бицуна гьев къурайшиязул тухумалъул чи вугилан, гьесул умумузул 12 кьери, гIел бусурбаби рукIанилан, анлъабилеб гIел – ШагIбан, анцIабилеб – ГIараб. 49 сон бана гьес. Гьев вукъараб мегIерги Нана абулеб цоги мегIерги гьесул мулк ккола. Гьев хвараб сон -860-абилеб яги 806-абилеб. Бицуна гьесдасан гIемерал караматал загьирлъанилан, шайихлъиялъул кIудияб даражаялъул гIаламатал ккола гьел. Гьесул хоб (назар) машгьараб буго, гьенире рачIуна батIи-батIиял бакIаздаса батIи-батIиял гIелмаби лъалел гIадамал».

Дургъелиса Назирица Асилдарил хIакъалъулъ рехсолел ругел баяназул цIех-рех гьабичIого гIоларо. Унго-унголъунги ГьаркIасуниса Асилдарил хоб кидаго машгьураб букIана. Гьениб росу гьечIел гIасрабазда ракь-мухъ лъазабулеб «игIланлъунги» букIана гьеб. Масала, 1843 соналъул лъугьа-бахъиназул бицунаго, Къарахъа МухIаммад-тIагьирица хъвалеб буго: «Шайих Асилдарил хобалда гIагарлъухъ бугеб Бурандиб хъаладухъе аскар битIана имамас», - илан. Асилдар шайих вукъун вуго гьанжесеб ГьаркIасуни росдадаса севериябгун бакътIерхьул рахъалда, шагьранух бахун тIадехун, «Шайихасул бакълъи» абураб мугIрул ракьанда. Цо-цо биценазда рекъон, лъалхъичIого векерун гьеб мугIрул тIогьиве вахарав чи алжаналъуве кколилан абула. XIX гIасруялъул авторас гьеб гIадат тIубазабулеб куцалъулги хъван буго. XIX гIасруялдаги Къурбан-къоялда цебе боцIи-панз хъолаан гьеб магIарда. ДугIаби цIалулаго, шайихасул хабада сверун лъабцIул тIад тирулаан къади. Гьелдаса хадуб гIадамал цадахъго рекерулаан магIарде. «Гьеб гуребги, магIарулаз рикIкIуна Асилдар шайихасул хабада инсанасулъа щайтIаби хъамизе кIолилан, гьединлъидал унтарав хабада аскIове восула ва чанго къоялъ гьенив тола».


Авар нуцаллъиги Меседил урдуги

КIвар бугеблъун ккола Асилдар шайихасул тухум-кьибилалъул суалги. Гъадариса Салимханиде тIоритIелги гьабун, кIиго гIаксияб, цоцазда данде кколареб баян кьолеб буго Дургъелиса Назирица. Цин хъвалеб буго гьесул эмен къарачиязул чи вукIанин, эбел-салаязул. Хадубин абуни, «бицунаян» цеберагIиги гьабун, гьев гIарабазул къурайшиязул тухумалъул, МухIаммад аварагасдаса бачIараб кьибилалъул, 12 кьери умумузул исламалда рукIарав чи вугилан тIадежубалеб буго. ТIоцебе хъвараб баян кьучIаб букIин бихьулеб буго, кIиабилеб версия авторасги халкъиял харбаздасан бачIараб бугеблъи бичIчIизабулеб буго. Гьеб кIиабилелда релълъарал таватурал (легендаби) гIемер дандчIвала Кавказалда, тухум-кьибил кIодо гьабизелъун тIиритIизарурал. Гьеб суалалъул цIех-рех гьабуна тарихчи Тимур Айтберовас.

Меседил Ордаялъул асар Дагъистаналда цIикIкIарал соназда гIатIиракьалда гIагарлъухъ ругел магIарулазул росабазул цо-цо бутIруз росун рукIана монголалгун татаразул гьеб пачалихъалъ кьолел «къарачиял» абурал цIарал. Амма, гьел хъулухъазухъ балагьичIого, жалго аваразул ханзабазул наслабилъун, хунзлъун рикIкIунаан гьел церехъабаз. Айтберовас рикIкIунеб буго хунздерил къо-асс бугел кьибилазул чагIи XIII – XV гIасрабазда Меседил Ордаялъул рахъалда хъулухъ гьабун рукIанилан. Авариялъул нуцабазул би гъорлъ бугев, Меседил Ордаялъ кIодо гьавун къарачиясул чин кьурав магIаруласул наслу-къедалъул чи кколин Асилдар шайихилан чIезабулеб буго Т.М. Айтберовас. Цоги цIех-рехчагIазул хIалтIабазги ритIухъ гьабулеб буго гьеб пикру.

Шураб районалъул Эрпели, Хъарани, Ишкаталиб, Ахакь росабалъ 1941 соналда Расул МухIамадовас ракIарарал «авлахъалъул баяназ» бихьизабулеб буго къарачи-бегал аваразул нуцабазул чагIи рукIин: «Эрпелисез, ишкаталисез ва хъаранисез жидерго тарихалъул хIакъалъулъ гьадин бицана. Суракъатил ирсилав, Авариялъул кверщелчи, тIоцебе бусурбан дин босарав ва ханасул цIар щварав нуцаласул лъабго васасул рагIи данде кколаро XII гIасруялда. Гьезул цояв ИсмагIил, Авариялдаса нахъе гъурав чи, вац Карлангун цадахъ вачIун чIана Хурбекалда (Хъарани росдада гъоркьехун)».

Россиялъул империялъул бакIалъулал нухмалъиялъул идарабаз гIуцIараб сословиязулаб комиссиялъ (Дагъистан областалъул батIи-батIиял жамгIиял гъатазул рачIинги ихтияралги лъазаризе кколаан гьелъ) къарачи-бегазул рахъалъ гьадинал хIужаби лъазарун руго: «Къарачиязул бегзабаз жал Аваразул ханзабазул наслаби кколилан абулеб буго (чIикIасез бихьизабухъе, гьел Аргъваниса рачIун руго). Аварияги тун, гьал росаби гьез кквеялъул хIакъалъулъ гьадинал биценал хутIун руго. Суракъатил ирсилав, Авариялъул кверщелчи, тIоцебе бусурбан дин босарав ва ханасул цIар щварав нуцаласул лъабго васасул рагIи данде кколаро. Гьезул цояв ИсмагIил, Авариялдаса нахъе гъурав чи, жиндирго рахъккуралги рахьдал-вац Карланги цадахъги рачун, лъилниги кверщел тIад гьечIеб Хурбекалда росуги ккун чIана. ИсмагIил хун хадуб гьесул вас Тели-Будайчица юрт (росу) гьениса Эрпелибе бахъана».

КIвар бугеб материал данде гьабун буго машгьурав краевед Булач ХIажиевас 1956 соналда, къарачи-бегазул наслуялъул чи Герей Гереевасулгун гара-чIвариги гьабун. Гереев гьавун вуго 1860-абилел соназда Эрпели росулъ (гьес 106 сон бана). Гьес бицунеб буго: «Нижер росдае 250 сон гурони гьечIо. Гьеб тарихалдаса некIсияб зани батичIо дида хабалалъ. Гьал бакIазде гIадамал магIарухъа рачIана, мухIканго абуни – ТIануси росулъа». Къарачиял лъугьараб куц гьединабго къагIидаялда баян гьабун буго Булач ХIажиевасе Хъарани росулъги: «Бицуна, аваразул ТIануси росулъа анкьго багьадурасе рекIее гIун бугин гьалъаб гохI ва гьел гьенир гIумру гьабизе лъугьун ругин».


ГIандалги Султан-махIмутIги

Цо-цо биценазда абулеб буго, Асилдар шайих ГьаркIасуниве вачIанила, ислам босизе инкар гьабурав Суракъат-нуцалги чIван, къватIиве вахъарав чи. Инсул рахъалдасан Асилдар шайихсул умумул аваразул нуцаби рукIин бихьулеб буго. Биценазда гIемер дандчIвала живго Суракъатил цIар, амма гьев ХI-XII къарнабазда гIумру гьабун вукIана.

Дургъелиса Назирил тIехьалда хъван буго шайих Асилдарил эбел сала-уздензабазул кьибилалъул гIадан йикIанилан. ХIХ гIасруялъул автор лъарагIав Д.-М. Шихалиевас (1791 соналда гьавурав) сала-уздензаби салатавиязда релълъинарун руго, гьел ГIанди ва РикIкIвани росабалъа рачIарал рукIаниланги хъвалеб буго. Гьел росабалъаги рачIун, гIандадерица чIел ккунила Дилималда аскIосан чвахулеб СалагIорухъ (лъарагI - Саласу). Гьенисаги гьел гочун руго Гелбахъ росулъе. Д.-М. Шихалиевас хъвалеб буго: «Султан-мутI Чирюрталде щведал, гьенир гIумру гьабулел рукIана РикIкIваниса рачIарал чагIи, гьанжесел сала-уздензабазул умумул, цебехун рехсараб хъвай-хъвагIаялдайин абуни (Д.-М. Шихалиевас тIоритIел гьабулеб гIарабалъ ганчIида гьабураб хъвай-хъвагIай) баян гьабулеб буго гьел гIадамал ГIандиса рукIанилан. РикIкIваниги гIандадерил росу кколелъулха». ТIадехун гьевго авторас хъвалеб буго Султан-мутида Чирюрталда салатавияз гIумру гьабулеб батанилан.

Сала-узден ХIажимурадовас сословиязулгун ракьул комиссиялде хъвараб кагътида руго гьадинал мухъал: «Байбихьуда гьанжесеб Хасавюрт округалъул Гелбахъ росулъ гIумру гьабун рукIарал дир умумузул, хIурматиял уздензабазул, ай сала-уздензабазул, наслуялъул чагIазул, цогидал бегзабазулазда ращадал ва гьезда рачIел ихтияралги тIокIлъабиги рукIана, нижер фамилиялъул гIадамазул гьанжеги руго гьел, амма нижеца кьолароан я бегзабазда тIад лъураб гIарац, я пачалихъияб магъало».


ГьеркIесдерил авалал

Шураб районалъул гIадамаз Асилдар шайих рикIкIуна Авариялда, хасго Хунзахъ шагьаралда, ислам тIибитIизабурав чилъун. Дургъелиса Назирица хъвалеб буго Асилдар шайихас 49 сон банилан ва гьев гьижрияб 806 яги 860 соналда къадаралде щванилан. Гьесул баянал Мансур ХIайдарбеговасухъе щваразда данде ккола. «МухIамад НурмухIамадовас хъвалеб буго Асилдар гьижрияб 806 (1403- 1404) соналда хванилан», - абун лъазабулеб буго ХIайдарбеговас. Инквачилас хъвалеб буго гьев 860 (1455-1456 г.) соналда накълулъанилан. ГIемерисел цIех-рехчагIаз тIоцебесеб баян битIараблъун рикIкIунеб буго. Гьедин букIаго, шайих Асилдар гьавун вукIине ккола 1354-1355 соназда.

Гьеб мухъалдаса гIадамаз бицухъе, 1396 соналда Рекъав Тимурил бояз ГьаркIасуни шагьар бахъун хадуб чIаго хутIарал гIадамал (гьезда гьоркьов Асилдарги) гочун руго гьабсагIат Гъоркьа Гъаздануши росу бугеб бакIалде. Гьеб росдал тIасияб авал гьанже бугеб бакIалда тIоцересел минаби ран буго Тимуридаса борчIараб ункъо хъизаналъ. Гьеб авалалда жакъаги гьеркIесдерилилан абула. Гъоркьияб Гъаздануши росулъ байбихьуда хIалтIизабулеб букIана авар мацI. Хадуб гьез дагь-дагьккун лъарагI мацI босана. Северияб Кавказалъул авлахъазда гочарулел рукIарал кипчаказул хутIелал тIаде гьунун, гьез кIкIуна гьениб магIарул мацI. Гьединалго «гьеркIесдерил авалал» руго ТIаса Гъаздануши ва Буглен росабалъги. Гьелги гьаркIасунисез кьучI лъураллъун рикIкIуна. Бугленни Гъоркьа Гъаздануши росададаса лъугьараб буго.

Гьанже лъарагIазуллъун лъугьарал гьел росаби гьеркIесдерица кквеялъул гьадин бицунеб буго XIX гIасруялъул тарихиял документазда: «Цебе ГьаркIасалда кIиго росу букIана, гьанже гьенир чIваднал хутIун руго; некIсиял росабалъа гIадамазул наслабазде «ГьаркIаслар» абула, гьез гьанже гIумру гьабулеб буго КIудиябги ГьитIинабги Гъаздануши ва Буглен росабалъ. ГьаркIасазул некIсиял росабазда гьоркьоб кIиго версталъул манзил букIун буго, цояб росулъ – бусурбаби, цогидалъур – насраниял; гьединлъидал кIиябго росдада гьоркьоб тушманлъи къотIулеб букIун гьечIо: цоцазда тIаде кIанцIулаан, боцIи бахъулаан, лъимал асир гьарулаан ва жиде-жидер дин гьабизе тIамулаан. Гьеб рагъалъ тату хвезабурал бусурбабаз жидерго росулъа Асилдар шайихасда гьарула капурзаби лъагIизаризе кумек гьабейилан».

Гьединал руго ГьаркIасуниса Асилдарил хIакъалъулъ тарихалда хутIарал баянал. ТIадехун бицун букIана Хъарани, Эрпели, Ишкаталиб росаби магIарулаз кквеялъулги.


Автор: ШагIбан ХIапизов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +5
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook