Авторизация

ХъахIкъараялъул чIегIераб къо

ХIакъикъияб маргьа


ХъахIкъараялъул чIегIераб къо


( «Нусракь» абураб маргьуяб улкаялъул цо чIинкIиллъи)


ТIоцебесеб си. ЦIадулаб балагь


Бугила Нусракь абураб гучаб, эркенаб пачалихъ. Гьелда сверун, кидаяли китаяз гIадин, къед эхетун гьечIила, хучдуллъун зодор къалел мугIрузул тIогьазда ганчIил сиял ран ругила.


Югалдасан тIаде кIанцIун, цIолболаз рухIанила Нусракьалъул кьурулазул чанго росу. Бищун кIудияб балагь рещтIанила тIоцебе нухда батулеб, габурлъиялда аскIоб, кьурул мегIелабазда рекIун чIараб ХъахIкъара росдада-щулалъиялда.


Тушманас Нусракьалда хIетIе чIанилан лъазарулел цIаяз гьеб кьалулаб хабар киса-кибего рагIизабилелде, тохлъукьего гьужум гьабураб цIолболазул аскаралъ хъвехъанила ХъахIкъараялъул гIадамал, талавур гьабунила гьезул буголъи, цинги росдада цIаги гъунила. Гьединал рукIанила кьалулал къанунал, цIакъго кьварарал ва согIал рагъул соназул гIадатал.


ЦIолболазул бодул бетIер Гиргал ракI бохун букIанила, цIадул мацIаз чIикIулел кьурулазул минабазухъ валагьун. Нусракьалде чабхъен гьабизе хьул лъейго кIудияб бахIарчилъи кколаанила гьесул халкъалъе. ЦIолболазул улка ва гьезул тахшагьар Цахта жидедаса шималияб рахъалда бугеб кьурулазул пачалихъалъ чанцIулго асир гьабун ва тIад гIакIа лъун чIезабун букIанила. Гьеб киналъухъго дагьабниги рецIел босизе кIванилан, дваргъиялда кIетIанила Гиргал ракI.


ХъахIкъараялъул гIемерисел гIадамал, росуги тун, бажарараб боцIи-мал цадахъги бачун, нохъазда рахчанила. Тушбабазе жаваб гьабизе росулъго чIанила нахъе къай щибали лъаларел, цIолболазул би гIемер тIурал рагъул устарзаби. КIиазарго чи вугеб Гиргал къокъаялда данде анила ХъахIкъараялдаса нусго гIолохъанчи.


КIиабилеб си. ГIалимчиясул хIужра


ХъахIкъараялъул цо гьитIинаб колода, кьурулъ бикIараб хIужра-рокъов гIумру гьабун вукIанила ГIакъилдада абурав, рахьгIан хъахIаб, халатаб мегежалъул херав. Гьаб росу бухIараб рогьалилъги тIахьазде къулун вукIанила гьев. ХIужраялъул къваридаб гордухъан бихьулеб букIанила гьесда цIадулъ босараб росу.


ЛахIчIегIераб кIкIуй, зобалазде баханагIан, хъахIлъулеб, накIкIазулъ жубалеб букIанила. Гьале гьеб цолъанила цIадал къатIрабигун ва гIисинккун гIободе щенанила. Росулъа къватIире раччизе заман гIечIел ялъуни гьеб тезе инкар гьабурал хараби чIагого рухIараб махIги гьезул чурхдузул лъугьараб чIегIераб кIкIуйги жура-гъуранила цIорораб мугIрузул гьавагун.


ЦIолболал хъата-масан нахъе лъутун анила, Нусракьалъул бергьун машгьураб, сверухъ тавуш тIибитIараб бо бакIарилелде.

ГIакълудадал рагIабазухъ гIинбан, хъахIкъараялъулаз хехго росу цIигьабунила – мажгитал, мактабал, гьабал, къебелъаби, корал, бокьал, гьорал, рукъзал…


Лъабабилеб си. Заназда хатIал


Тушбабаздаса росу-ракь цIунулаго хвел насиблъарал ХъахIкъараялъул бихьинал росдал некIсиял хабалазул бакъбаккул рахъалда кьерухъе рукъанила. Гьезул заназда хъванила гьарурал ва хварал сонал. Абадияб рокъоре гьел къокъараб къо киналго заназда цого бугила.


«БахIарзазул хобал» абун цIар лъунила халкъалъ гьев нусго рагъухъан вукъараб бакIалда. Гьезул заназухъ даим лъалхъулила нухлулал. Бищун тулакал цIумалги бакънал берцинал хIанчIиги рещтIунила гьезул заназда. Бищун гьайбаталгун гIажаибал тIугьдулги рижулила гьел хобазда. Бищунго регьарал цIадал гаралги хIеренал гIаздал хIулабиги рортулила гьенире. Бищунго хIикматал нуралги чIолила гьел заназда тIад. Бищунго инсаниял инсанзаби рукъун ругила гьеб сверуда. Гьединал гIадамаз цIунулила гIумруялъул магIнаги, гIинги, тIагIамги, тIокIкIинги. Гьедин хъван бугила ГIакълудадаца тарихияб къисаялъул анцIила ункъабилеб тIехьалда.


2014 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Журнал "Гьудулъи". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +104
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook