Авторизация

МагIарулазул кицаби ва абиял


Iадаса ХIамзатил драмаялъулал асараздаса)


("КIОДОЛАСУЛ РИГЬИНПЬЕСАЯЛДАСА)


МагIу хун хинкI кванаялдаса ракъунго лъикIила.

Пашманлъиялдаса хадуб рохелги бачIунила.

Къварилъиялда хадуб гIатIилъиги камуларила.

РагIал гьечIеб байдан букIунарила.

КигIан щущан баниги, цIадул лъим цо рахънибе кколила.

ХIамида охцер квине щиб лъалебила.

Йиччан тун хадуб гурони лъаларила лъадул къимат.

Беццаб даран беццараб гьечIила.

Жидейго берзуй гIурав чи руччабазда хехго лъалевила.

Релълъаразе рекъарабила.

Йо-цоязе гьаб дунял нухтIа бараб тIех бугила.

Киб гъугъаниги Гъуниб магIардейила.

Риидал борохь бихьарав хасало гIарщикьа хIинкъулевила.

ЦIа босизе арай гьолокьей росасе арайила.

БетIергьанасул чехь унтичIого, чияр мугъ унтуларебила.

Магъил ургъел гьабулагойила хIанчIил бох тIеренлъараб.

Беццавлъун жаниве лъугьайила, гIинкъавлъун къватIив вахъайила.

РагIанищ? - РагIичIила. Бихьанищ? - БихьичIила.

Балагь бачIараб гуребги, бачарабги букIунила.

Бихъарас букъулила къохьол зоб.

БахIарайгIан кIалъагейила, кIал ккурабгIан кванагейила.

Цоял риххичIого, цоял руцIцIуларила.

Гьари рекъарабила, бикъи сурарабила.

РетIине камугегийила, квине тIагIунгегийила.

Гьаб басрияб, нусго цIиябила.

Рохьдохъанасул чакмаял кидаго басриял рукIунила.

Руччабазул магIу баккарабго гIадин хехгоги бакъвалила.

Малъараб гьабейила, гьикъараб бицейила.


(«МИРЗА ВА РОЗА" ПЬЕСАЯЛДАСА)


БачIинахъего лълъар кквечIони, лъутун унаго рачIчI кквезе кIоларила.

ГIор щун букIаго цIул бахъейила.

БетIер мокърокь тункичIесул лага тункулеб бакI гIемерлъулила.

Бугес лъолеб, гьечIес босулеб бакI камун хутIуларила.

КIулал гIемераб гъамсил бетIергьабиги гIемерал рукIунила.

Щивав чи жиндирго яхIалъул бетIергьан вукIунила.

Мохмохалда хьул лъурав хьалбал щвечIого хIутIулила.

БетIергьан хвараб бакIалда хвезабизе бегьулареб боцIи букIунарила.

БачIараб бакI лъалареб араб бакI лъачIого унила.

РагIи бадибейила, тIил мугъзадайила.


Автор: РитIун рачIана ЧIарада мухъалдаса МухIамадхан МухIамадовас.

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook