Авторизация

Къасиги - афишал… Авартеатр…


Маданияб дард


Къасиги - афишал… Авартеатр…


Ункъоабилеб театралияб сон


 2014 соналъул 29 октябралда ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб  магIарулазул музыкалиябгун драмаялъулаб театралъ байбихьана цIияб театралияб сон (сезон). Гьеб ккола ункъоабилеб, юбилеялъулаб театралияб лъагIел. Гьеле гьеб лъугьа-бахъин Авартеатралъ кIодо гьабуна, Расул ХIамзатовасул «МагIарулай» пьесаялда рекъон лъураб спектакль бихьизабиялдалъун. 

Ункъоабилеб театралияб сон тIаде гIунтIи баркун, Авартеатралде кагътал хъван рачIун руго Россиялъул президентасул маданияв мирза Владимир Толстояс, режиссер ва актер Никита Высоцкияс, Шималияб Къавкъазалъул цоги театраз ва цогидазги.


Гьел баркиязулги театралъул тарихалъулги, жакъасеб къоялъулги, хадубккун гьабизесеб хIалтIулги бицун, спектаклялъул пардав рагьилелде, кIалъаял гьаруна Авартеатралъул директор МухIамадрасул МухIамадрасуловас ва бетIерав режиссер ХIайбула Гъабдулгъапуровас. Гьединго гьениб баркиялъул калам гьабуна лъарагI театралъул бетIерав режиссер Айгум Айгумовас, Дагъистаналъул гIурус театралъул вакилзабаз ва гь.ц. ГIезегIан магIнаял рагIаби абуна Айгумовас, Дагъистаналда миллатчилъиги букIине кколарила, Авартеатралде рачIунел магIарулазул бихьинчиял гьурмаз жиндие лъикIаб асар гьабулила, лъарагI театралъе цIияб мина базегIан, жалги Авартеатралъул минаялъур рукIанила.


Гьанже «МагIарулай» спектакль хIалел актерал ва актрисаби квешал гьечIо. ЦохIо Сидрат Мажидовалъул (ГIашура) цIар рехсани, гIела. ГIурус маданияталда жанир жидер бицунел «кIудиял кIудабазул» гIадаб макъам буго гьелъул гьунаралъул. Гьединго лъикIаб хIай буго спектаклялда шагIирасул роль хIалев ХIусен Казиевасул, Зайнаб ХIамзатовалъул (Асиятил эбел Хадижат), ГIабдулхаликъ ГIабдулхаликъовасул (бухгалтер ГIусман), Ибрагьим МухIамадовасул (ГIусманил эмен Салман), ГIашура ИмангIалиевалъул (Асият) ва цогидазулги.


Кагътида ва къануназда хъвавухъе чвахуларо гIумру. ГIунгутIаби камураб жамгIиятги букIунаро. Гьединал гIунгутIаби къватIир чIвазарулел руго Расул ХIамзатовасул «МагIарулай» поэмаялъги, гьелда рекъон, лъураб спектаклялъги. ГIадада гуро гьеб асар байбихьулеб бугеб «Дир кечI, дур тIулил яц юхулей йиго» абурал Николай Некрасовасул мухъаздасан. ЧIужугIаданалде бугеб бербалагьиялъ ворцунила чиян абула. Улбузул хIатIикь бугин алжанилан хIадисги буго. Ясалдаги гьикъичIого, боцIи-мал гIадин, гьей гIарцухъ росасе йичи сурукъаб ва квешаб жо букIин бихьизабулеб буго гьеб асаралъ. Гьеб гуребги, цоги гIемерал суалалги рорхулел руго унго-унгояб шедеврлъун рикIкIине бегьулеб гьеб поэмаялъ. Кутакалда бечедаб, кицабазда буцараб, унго-унгояб магIарул мацIги буго гьениб. Цо къадаралда «магIарул гIумруялъул энциклопедияйилан» абизе бегьула «МагIарулай» поэмаялде.


ЦIакъ рекъон ккун буго гьениб аслияй героиняялда кIалъалев ХъахIабросулъа МахIмудил сипатги. «Цо панаяб хIухьел бухIулеб рекIел» абун жиндирго машгьураб кочIол  («Мариям») авалги ахIун, «лълъар бекараб оцое унге, Асият, - абун гIакълъу кьолеб буго гьес. Исламалъги гьукъула ясалда гьикъичIого гьелъул къисмат къотIи. Гьединаб хIамабагьадурлъиялъин хадурккун ригьналги риххулел, бесдалалги цIикIкIунел, жамгIияб парахалъиги тартадулеб.


Гьединал ва гьелда релълъарал цоги кIвар бугел суалал рорхараб Расул ХIамзатовасул «МагIарулай» Авартеатралъул репертуаралда букIин цIакъ лъикI буго. Амма, магIарул театралъул жиндирго хаслъи жеги гвангъун загьир гьабиялъе, магIарул темабазда жеги гIемер спектаклял лъезе ккезе руго.  Церехун лъурал магIарул авторазул асараздасан хIадурарал спектаклял щай магIарул театралъул репертуаралда гьечIелалиги бичIчIулеб гьечIо. Гагиевасул асаралдасан лъураб «Москваялдаса бахIарасдаса» Авартеатралъул сценаялда гIемерго рекъелаан гьеб театралъе жиндир цIар кьурав ЦIадаса ХIамзатил героял. «КIодоласул ригьин» гурони, цоги пьесаби рукIинчIищ гьесул? РукIанагури!

Заирбег ГIалихановас, «МугIрузул ГIали» гуребги, «ЧIикь къиямасеб къо» ва цоги пьесабиги хъван рукIана. Гьелги кIочене бегьиларо. ГIабасил МахIамадил «ХъахIабросулъа МахIмуд» трагедиялъе кьун букIана ДАССРалъул республикаялъулаб ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб премия. Исана нусго сон тIубала МахIмудги гIахьаллъараб ТIоцебесеб Дунялалъул рагъ багъараралдаса. Живго МахIмудицаги 140 сон тIубала. Гьеб трагедиялдасан лъураб спектакльги мустахIикъаб буго Авартеатралъул репертуаралда букIине. ГIабасиласул цоги пьесабазде кIвар кьуниги, мекъи ккеларо.


МагIарул театралъул директор МухIамадрасул МухIамадрасуловас абуна нилъер халкъалъ гIумру гьабулел Азербайжаналде ва Турциялде сапарал рухьине ругин Авартеатралъул труппаялъилан. Гьединал сапаразулги кIудияб кIвар буго нилъер халкъ цолъизабиялъеги, магIарул мацIги цIарги цIуниялъеги. Расул ХIамзатовас жиндирго рахъалъ хъвана, «Авартеатр, дур суфлер вуго дунял тирулеван». Нилъер кьурдухъабаз сверулеб буго дунял, живго Магелланица гIадин. Актералги къватIире рахъун лъикI.


ХадурагIи

«Миллат» басмаялъул редколлегиялъ ва цIалдолез Авартеатралда баркула ункъоабилеб театралияб сон тIаде щвей. Гьарула творчествоялъулъ бергьенлъаби ва миллияб гъанситоялда даим цIа сунгутIи!


2014 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +72
  • Нравится
Оставить комментарий
Театр-миллаталъул мат1ц буго,Дагъистаналъул театразда гьоркьоб бечедаб тарихги,жидерго мустах1икъаб бак1 буго,авар театралъулги.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook