Авторизация

ЦIадаса ХIамзат , "Къарумил наслу-тухум..."

ЦIадаса ХIамзат ЦIадаса ХIамзат  
Халкъалъе къимат хвараб

Къарумил наслу-тухум:

ХинкIазда гIужал ралел,

ГIатIада хIуччал хъвалел,

ГIонкIкIодаса цIунизе

Панкъида сабаб балел,

Къараб квер рагьуларел,

Пудалъ капек цIаларел,

Цаби рикIизе гIучIги

ГIадамазе кьоларел;

Царгъида печать чIварал,

Чвантида кIулал ралал,

Жаниб хъат борлъаниги,

КъватIиб жо баккуларел;

БогIода нацI рекIарал,

ГIарцуда кьаву чIварал,

«Кьеян» гурони жеги

«Маян» абизе лъачIел;

Бугеб гьан-нахги бахчун,

ЧIобогояб чед кунел,

ЧIалда мохмохалги ран,

ХинкIазде цIам хIурулел;

ГIанкIуялъ босараб мугь

МоцIица кIочонарел,

Жаниб бачIараб кету

РечIчIулаго хъамулел;

ВачIарав гьоболасда

Гьумер букIкIун кIалъалел,

Гьес рекIун бачIараб чу

КIалдиса бичIуларел;

Гьан къотIулеб носоца

Цадахъ кверги къотIулел,

КъватIиб реххараб ракьа

Хадур рортун босулел;

РагьтIа гьвел хIапи чIвани,

ХIанчIулеб хинкI бахчулел,

ХIатIил гьаракь бахъани,

Хъаба цIадай чIехьолел;

Лолил къетIа рештIине

Къадако биччаларел,

Къадал магIIида чIчIараб

Милъирщо бачахъулел!

Вай, эбел, Шагьвалил вас

Дие цIакъ вокьуларо,

Кьурса гIодове рехе,

Дун гьесие инаро.

1916


Автор: ЦIадаса ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook