Авторизация

МочIохъ хIорихъа бахъараб чIегIернарт…


Дард


МочIохъ хIорихъа бахъараб чIегIернарт…


Ва ГIарахъмагIарда бараб космодром


БачIунеб гьатIан къо, 2015 соналъул 13 сентябрь, Россиялда рищиязул къо ккола. Кинаб даражаялъул гьел рукIаниги, рищиязда цебе шура-хъури, накъира хъвай, гьаркьазда хадуб чан, ва цогидалги хIикмалъаби камуларелъул, гьеб цирк, театр гIадамазда бихьизабуна гьаб нухалдаги. Рищиязул хIакъалъулъ къанун хисизабун буго, гIадамазул ихтиярал дагь гьарун, тIадчагIазе байдан гIатIид гьабун. ГIадлу-низам биххунгутIизе гьарурал хиса-басиял ругин гьелилан  абулеб буго. Россиялъул гимнлъун «Боже, царя храни» бачIинчIони ва пачалихъ цIидасанги ханлъиялде сверичIони, цогидал гIузраби бигьаял жал ругин, ракI-макI гьабулелги руго.


Дагъистаналдаги тIатарабги бахчарабги гIезегIан багъа-бачари буго, рищиязул къо гIагарлъанагIан, хIалуцунеб. Ахирал моцIазда Дагъистаналда цо-цо тIадчагIазда гьоркьоб гьабураб «чистка», рагьарал делаби ва цогидалги хIужаби рищиял тIоритIулеб къоялъ гьез квалквал гьабичIого букIиналъе билълъанхъизабураб политика кколилан абурал пикрабиги руго.


МагIарулазул ракьаздаги тIоритIулел руго цо-цо районазул ва росабазул бутIрулгун депутатал тIаса рищулел рищиял. ГIадатияб халкъалде гIагарлъарабгIан, тIадчилъиялда сверухъ къеркьей хIалуцуна ва чанги къваригIел гьечIел жалги ккола. Цо-цо «бакIалъулал политологаз» абулеб буго гьел «сачма-депутатал» рищиялдаса захIматаб жого лъаларилан, пачалихъалъул бетIер вищизего бигьаяб букIунила, авалалъул вакиласда цIар чIвазегIан.


XX гIасруялъул 90-абилел соназда рищиязда чакар-конфетал рикьулел рукIарал ратани, гьанже ахIвал-хIал дагьаб батIайиса буго, къагIидаги хIасилги гъолго ругониги. БакьагьечIиса Дацица рищиязул кандидатасул кечIалда гъосул программаялда гъорлъ рехсон букIана МочIохъ хIориниса чIегIернарт бахъи. Гьанже пачалихъ бакъараб ва доллар эхеде бахараб заманалда цIакъго хIажалъи бугоан гьеб мачIхъадерил хIориниса бахъараб бищун камилаб чIегIернартиде. Амма цIиял кандидатаз кьварун лъазабулеб буго, дунялалда нилъее бакI къварилъун бугила, цоги планетаби ралагьизе космосалде роржанхъизе кколила, гьеб программа гIумруялде бахъинабизе ГIарахъмагIарда космодром базе бугилан. Мыс Канавералда бугеб ва Байконур космодромал гьадингоял жалила, жидеца ГIарахъмагIарда базесеб космодромалда данде ккуни.

Гьал рищиял абурал жалаз вац вацасул тушман лъугьинавула, лъудбузда цIар ккезабула ва тIамизабула, хIатта хIайваналцин гаргадизарула ва цоги гIасиял хIикмалъаби загьирлъизарула. Илбисалъул ва шайтIабазул байрам-къоялде сверула чанги гьеб рищиязул къо. Цо-цояз маскаби ххола, «тIагърал лъун хьвадулел рохьил циял» гIадамазе гьоцIо бикьизе журала. Амма гьеб гьоцIо загьруяб батула, рищиязул къоялдаса хадуб гьеб «нигIмат» ургьиб унтула, жаниб беччарула, магIарзухъан къватIибе бачIуна. Гьадинлъидал, хIурматиял магIарулал, ЦIадаса ХIамзатица хъвавухъего, «тIад толел хIакимзаби, хIалкIун, лъикIал ралагье». СагIат лъикIаб батаги.


2015

Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +63
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook