Авторизация

Ток гьечIони, бугищ магIарухъ гIумру?

ГЭСал цIикIкIанагIан щолареб канлъиги, хасало печ бакуларел чIухIухъабиги, нартичирахъги, умумулги, хасалил сордоги.

«МагIарухълъи кIочонге!» - ян кIалъалев вуго нилъеда кIудияв шагIир киназего цIакъ кIудияб асар гьабулеб кочIолъан. 

«Кида магIарухъе нахъ руссинел нилъ?» -  абун гьикъулеб буго гьес цогидаб шигIруялда. Кида руссунги руссине кколелъул. РукIа-рахъиналъе санагIатал шартIал ругилан кканиги, рохел дагьлъулеб буго нилъее киназего хирияб тахшагьаралда.

Гьелдаса гIемер рикIкIад гьечIого, гьелъул гьитIинаб бац гIадин бугеб Каспийскалда вуго гIумру гьабун гьал мухъазул автор. Шагьаралъул хъудиялъ цIакъго рекIее бакIаб асар гьабизе байбихьидал росулъа сапар бухьуна. Пишацояв ГIизудинил ХIамзатица цо нухалъ абухъе, моцIида жаниб цо нухалъниги магIарухъе щвечIони, рухIияб къечалъ къан ккола щекъер.

Гьаб нухалъ росулъе щвана дунял рукIкIараб гIужалъ. Амма, гIадатлъун батухъе, чирахъаз кунчIизарурал росдал минабазул бакIалда, дида дандчIвана хIунчун рукIкIараб сверухълъи. Ток батана къотIизабун. Тункун восун умумузул заманалде рехараб гIадаб хIисаб лъугьана. Мадугьалихъ Къорода-КьотIа бугеб подстанциялдаса бикьула нижер росулъеги, сверухъ ругел жеги ункъо росулъеги ток. Араб гьат1ан къоялъ гьениб авария ккун бугилан хабар букIана информалатаз тIибитIизабун. Гьал мухъал нужехъе хъвалеб заманалда бачIана, подстанцияги къачIан, росулъе ток.

Кьин тIаде щведал магIарухъ цIилъун рачIунел гIузрабазул аслияблъун ккола токалъул гIунгутIи. Нахъойги тIадруссун такрар гьабуниги, чанго ГЭС бугеб нилъер республикаялда лъилъулареб ругъун гIадин хутIун буго токалъул суал. Щибизе хIажат ругел мискинхалкъалъе гIураб къадаралда канлъи чIезабизе бажаруларел ГЭСал? Гьеб суал цоцазеги, жидехъа жаваб щоларел хIакимзабазеги кьун свакан буго халкъ. «Миллаталъ» чанго нухалъ борхараб тема буго магIарухъан гIодоре чвахулел гIоралги квегъун рарал лъел электростанцияз, магIарул халкъ токалдалъун хьезаризе кIолеб гьечIилан. Гьекъолеб лъим чара гьечIого хIажалъулеб гIадин, токалъулги кIудияб хIажалъи буго халкъалъе, магIарухъ хасго. Цере умумул тIуран рукIана гьебги гьечIого, нахул ва нартил чирахъаз рукъги кунчIизабун, гъансито сверухъе хъизанги бакIарун. Цивилизация цо бакIалда чIун гьечIелъул, щвана гьеб магIарухъеги. Амма цивилизация щваниги, ритIухълъиги, халкъалъул тIалаб-агъазги гъоба кIкIалахъ жаниб хутIун буго.

30 ноябралда тIобитIараб Халкъияб Мажлисалъул сессиялда депутат НурмухIамад ГIалиевас абуна заманалъ республикаялъул бет1ерасул ишал тIуразарулев Владимир Васильевасда х1исабалде росарал ГЭСал рач1ого хут1улел ругин Дагъистаналда, гьел разе квербакъеян.  

Цивилизация цебетIурал къватIир хIукумутазда цебего чIезабун буго лъел электростанциял рай, гьелъул бакIалда гьенир руго бакъул ва гьорол кумекалдалъун ток кьолел станциял. Сейсмологияб рахъалъ хIинкъи бугеб регионазда гъорлъе унеб, цохIо нилъер республикаялда ралел руго гьел ГЭСал. Сундуе? ГIарцуца ццулъараб агьлу жегиги гьеб кIочон тараб куцалъ бечелъизе ва иман къосараллъун лъугьинейищ?

Амма, кин бугониги, цо хайир буго гьеб ток къотIизабиялъул. Гьеб хIужа тасдикъ гьабичIого гIезехъин гьечIо гьаб макъалаялда. ЦIакъго-цIакъ рахIаталде ругьунлъарал нилъер гIадамазда, умумул рукIараб замангIаги ракIалде щвезабизе. Макъалаялъул байбихьуда дица хъвана сардилъ росулъе щварабго ток къотIун батанилан. Рокъоб гвар-гвариялда рекIараб цIаги, хинаб рукъги, нартил чирахъалдаса бугеб берцинаб махIалъги дандчIвай гьабуна дида. КIутIун ракIаде бачIана лъимерлъи, магIарухъ хасел, коронибе картошкаги бан, печалда сверухъ ракIарарал мадугьалзаби, аваданго бицунеб хабар. БукIараб ракIгъей! Сундухъ кьолеб гьеб берцинлъи? Хасало цIаги бакичIони, рукъги хинлъичIони, сунде ракIгъолеб чиясул?

Щай дица гьаб хъвалеб бугеб? Гьеб ток свараб сордоялъ загьирлъана магIарухъ чанги чияс хасало печ бакулареблъи. Токалъ рукъги хинлъизабун тIура-гъуран рукIун руго гьел. Гьеб къотIизабурал  сардаз абуни ратIлилъго регун, юргъаналда гъоркь сириги бан хинлъизе кIоларого рогьун буго гьез сордо. Лъие бокьилеб гьединаб гIумру? Цо хIалчIахъадица абуни, босун къватIибе рехун буго печ, гьалъул кIкIуйги, махIги сунтIун чIалгIанилан. КIкIуйдуца рукъги цIечIеб, нартичирахъги бакичIеб хъизаналда гIурай бика йигелъул гIайиб гьечIо.

Дие, кигIан гIантавилан гьеб тайпаялъ рикIкIаниги, цIаги, кIкIуйги, хинаб рукъги бокьила хасало. РакI-ракIалъ сунтIила ракул кIкIуйдаса бугеб лазатаб махI, дунго магIарухъ вукIиналдаса бугеб рохел к1иго бут1аялъ гьарза гьабизе.


Автор: Ашахан Юсупов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook