Авторизация

Дида цо махIцараб махI чIвалеб буго…



Дир гIадин нужергийищ, шагьаралде щведал къолго къваригIелги тIубан тIадруссине ссунареб гъира букIунеб? Цебе букIунароанха гьедин. «Дида цо берцинаб махI чIвалеб буго, МахIачхъалаялде щолел гуродай?»ан гьикъун букIун буго ЦIадаса ХIамзатица жиндирго асаралда. Гьеле гьедин, кидадай каникулазул заманги щун шагьаралъул гьуинал махIазулги, тIогьолал скверазулги, къапIарал гIадамазулги асаралдаса лазат босизе щвелаян рукIунаан ниж, гIадатал магIарул лъимал. ЖамгIияб транспорталда рекIине, гIадлуялда сокIкIарал архитектуриял минабазухъ гъоркьа тIаде ралагьизе, бищун тIагIамаб гормолзаводалъул пломбир кваназе, лъабго капек жанибе рехани цIахIилаб автоматалъ къватIибе бачIунеб газгун гьуинаб лъим гьекъезе-гьеле лъимадулал «анищал». Бищунго чIухIараб гордеги ретIун хIухьбахъиялъул паркалдеинги паризаяб бутIа букIунаан тахшагьаралде сапаралъул. Цо кинабалиго къадруяб ишлъун, хIурматияб шапакъатлъун бихьулаан умумуз ралъдада бугеб шагьаралде рачин.РакIал рагьарал, гIадатлъи-чилъи чорхолъ бессарал рукIана махIачхъалаялъулалги. Сундулъго, магIарухъа рачIарал нижедаса тIадегIанлъицин бихьулаан дун, лъимералда гьезулъ. Лъалареб бакIалде нух цIехани гьеб бихьизабизе жалго рортулел, санагIат гьечIого лъугьарасе кумекалъе гIедегIарал, рази-ракиял гьурмазул гIадамал, сардида цо-кIигоялдацин лъилго щибго мекъаб пикру бижунгутIиялда ракIчIейгун зир-зирун роцIцIараб ралъдахъе чвердезе унел руччабазул руккалаби…

Сверана сонал, хисана дир МахIачил хъалаялъул сипатги, ракIги, гIамалги.МоцIица цебе щведалцин рукIинчIел тукабазгун шаурмаби ричулел кIуназ бахчизабун хIажатаб бакI батидал, гьикъана цо гIала-гъважа бичулей дармихъаналда киб доб букIарабилан. КIалго бичIичIебанищан ккана, жий вачIа-вачIарасе баянал кьезе кколей гIаданги гурила, киналгоги чIалгIанилан гьелъул зирараб гьаркьица. Аман Аллагь. РакI чIун лъала, болжал иналъ ккалаялде ккарал  гьелъул щикалатазеги сакъисазеги дица даран гьабун букIарабани, гьелъул батIияб бербалагьи загьирлъизе букIараблъи. Цеесаян нахъасан тенкеяздаги хIатIал мерхьиналдаги гъоркь щвана дун кIулихъанасухъе щибунги.ЧIобого цо тIанкI течIого рарал объектазда гьоркьосанги кIкIуржун, чи рикIкIун лъаб-лъаб ругел ункъгьакилал рахIатазул канлъи бихьуларел бетIергьабазул «баракаталдаса» хIинкъун   яхана ракъдада тIасан лъураб переходалде. Гьуинлъабаз чороклъарал квералгун гIисинал гьардухъабазул къокъа тIаделъана магIарухъа ячIарай гIантусалде тIаде гьанже. Цебеккун бихьарабщиналъ сабру хварай дица гьаракьалъ росизаруна гьел. Бер кIутIана чIван хIижабгун кIусарай 22-23 сонил ригьалъул гIолохъанчIужуялда. Кодоб букIарабщинаб гIисингIарац гьелъухъе бегьулелъул «Диеги цо гъурущниги хIалтIичIого щвечIин, мун хIалтIизе щай унарей?»-ан гьикъичIого чIезе кIвечIо. ЧIороголъарал бералгун тохалъухъ киниги дихъги ялагьун «Лъаларо»ян щвана гьелъул дурусаб жаваб.« Гьабха дир хIалтIиян»ниги абичIо гъарималъ ракIбацIцIадго. Шагьаралъул рукIа-рахъиналъул хъулухъалъ бер рехичIого тараб  бихъараб канализациялъул махIцелазда тIасанги кIанцIулаго, къахIан квербацIцIалъ мегIерги ккун, гIедегIана ункъгIалалъул дое, цого-цо рокьукъаб сордо шагьаралда базеян. Магъкьил ящикIазул анкьица чIехьечIел гохIазде ран чадил цIурал пакетал рихьидал, бадиб магIу хулана. Цебе гьебги магIарухъе, боцIи бугеб гIагарлъиялъе битIулаан бакъвазеги гьабун. Щолареб макьуги, рогьунареб кIкIурбузе лазатаб сордоги, радал анкьгоялда гурого гьечIеб гьуинаб макьил улка- МагIарухъе транспортги… Кодоб рекIадухъ кьезе жониги хутIун бугодаян яккарана чунтбузухъе регIарай чIужу. Шагьаралда бараб кIиго къоялда жаниб хIурудахъ ун буго моцIил харж.Баракат бахъараб гIатIиракь, кьарияб гъурущ гьечIого гали тIамун бажарулареб! I985 соналъ 25 гъурущги босун шагьаралде ани хIажатабщинабги босун тIадюссунаанин жийилан бицунаан эбелалъ.ХIажатабщинабгун. Щивгунниги ягъичIого. РакI хвечIого. РухIияб рахъалъ свакачIого. I60 соналда жаниб чанцIулдай хисараб гьаб тахшагьар,гьелъул жан, жанир гIадамал, чанцIулдай жеги хисила гьелъул сипат, гIамал? Лъаларо. ГьабсагIат дун гIедегIун уней йиго магIарухъе.Уней йиго нахъюссине ккогегиян гьара-рахьигун ва нигатгун.  Заман 6 сагIатгун 45 минут.

Хунзахъа Камилилай


Автор: Фатима МухIамадова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook