Авторизация

Икъраъ


Икъраъ


Зодиб накIкI биццалъани, бецIлъула тIолго дунял


Кинабниги махлукъалда гьоркьов  инсан тIокI гьавун, кIодо гьавун вуго. Камилаб гIакълуги, гIелму-лъайги насиб гьабун буго гьесие. Амма ургъунго хIайванлъиялде живго сверизавуравги чанги лоти дандчIвала.


Инсанлъи борцунел гIемерал рахъал, хасиятал, гIаламатал руго. Гьезда гъорлъ цебесеб кьерда руго чиясулъ гIелмуги, гIакълъуги, гIамалги  цоцазулъ рекъей. ЦIияб жо лъазе, махщел щвезе, жиндирго бажари бугеб рахъалдасан гIадамазе пайдаявлъун вукIине бокьуларев чиясда:  «Чийищ мун?» - илан абизе бегьула, ЦIадаса Расулихъего.


Инсанасул рекIел дунялалъул, рухIияб гIумруялъул балъголъаби рагьулел гIемерал мухъал тана гIакъилзабаз. Бергьараб гъварилъиги, психологизмги, сундехунго бугеб хIайранаб бербалагьиги загьирлъула гьединал пикриял парчахIазул рагIабаздасан.

Кицабиял алпазазда Инхоса ГIали-хIажияс хъвалеб буго: «Зодиб накIкI биццалъани, бецIлъула тIолго дунял, Дур гIелму камиллъани, кибго бецIлъи тIагIуна», - абун. КIудияв гIурус философ Пушкиницаги хъвана: «ШигIру, чIахъаги мун, чIахъаги гIакълу!... Бакъ, чIахъун таги мун, лъугIаги бецIлъи!» - абун.


Дунялалъул цоги диназалдасаги гIемерго цIикIкIун тIалаб гьабулеб буго исламалъ бусурбанаб умматалдаса гIелмаби лъазари, батIи-батIиял мащхелал дурус гьари, сверухъ ругезе хIажаталлъун рукIин. Хирияв МухIаммад аварагасде ( с.т.гI.в.) тIоцебе рещтIараб аяталъул авалаб рагIи букIана : «Икъраъ» - «ЦIале», - абураб.


Бусурбаби цIалдолел рукIаралгIан гIасрабаз гьезухъ дунялги букIана, ахиратги букIана. Гьанжейин абуни, бусурбабазул цIаралда сверухъ питнаби рекьулел руго. Нужерго ракьазда гьабейин нужеего бокьараб тартиб, нижер ватIан исламияб гIадлуялда тейилан суал лъезе кIолеб хIалалда хутIичIо бусурбабаз гIумру гьабулеб цониги пачалихъ.


Нилъ гIадамаллъун рижун ругелъул, щекъералда тIадехун бетIерги гвангвараялда жаниб гIадалнахги бугелъул, пикру гьабичIого, гIелмаби цIаличIого, дунялалда кколелда хадуб хъаравуллъи кквечIого, кинго нилъ тIураларо. Цинги цIидасанги «КватIана, мун, Дагъистан, дунялалда цIакъ гIемер» абулеб кечI ахIулел хутIила нилъ.


Дие хирияб цо назмуялда Инхоса ГIали-хIажияс гьадин хъвалеб буго: «ХIамий сарин ахIун мун сверданиги, Дур сариналъ хIамил хIал хисиларо. ХIеренаб кечI ахIун, мун кьурданиги, Данде кьурдиларо рокьи гьечIеб панз»,  - абун. ТIехьги, цIалиги, лъай босиги телефоназда ва интернеталда жанир хъирщардиялъ хисуларо. Гьел технологиялги руго жакъа цIакъ къваригIарал ва инсанасе пайда бугел жал, амма академическияб цIали гьез хисуларо. Кагътил ва тIахьазул гIасраби тIаса унел ругилан цо-цоял ахIданиги, щибниги бахунаро гьез кьолеб татуялде ва информациялде.


Школазул цIалдохъаби куцазе ккола цIалдезе, гьезулъ тIахьазде ва басмабазде рокьи тIирщизабизе ккола. Гьединаб хинаб асар литератураялдехун дилъ бижизабуна ва дунялалъул адабият цIалиялде щуабилеб классалда дун гьесизавуна нижер Гьарадирихъ гьоркьохъеб школалъул гIурус мацIалъул ва литератураялъул учитель ГIабид МухIамадовас. ЦIалдохъабазе рухIияб ва лъаялъул кьучI тIоцебесеб классалдасаго тIамизе кколеблъи бичIчIарав гьев ахирал соназда Гъоркьа Гьарадерихъ росулъ байбихьул классазе дарсал кьолев вуго. РакIалде бачIуна гьес дарсал лъолеб гьитIинаб мех:


«Лъимерлъидухъ урхъун вуго гьанже дун, Гьоболлъухъе щола гьеб дихъе гIемер. ГIумру цебе бугин, анищазда ракI, ГIащикъго цIалулел Жюль Вернил тIахьал. Дун – хасалил лъимер. Бокьула дий гьеб. Гьайбатлъи цо хъахIаб хъван балеб гIаздал! Дий, гьелъухъ валагьун, букIунеб асар, РекIелъе лъугьунеб сагьвилаб хIалхьи! ТIадбуссинчIони щиб араб лъимерлъи, ЛъалкIал цIигьарила гьелъул каранда. Бакараб почода аскIовги кIусун, Хасалил сардазда цIалила Жюль Верн».


 Культура буго цIакъго кIудияб магIнаялъул, цивилизациялго жанире рачунеб рагIи. ЦIалдолел гIадамал гьечIони, нилъ нахъе ккезе руго. Гьаб колонкаялъул ахиралда абила :  - Нужеца «Миллат» казияталъе, гьединго литературияб «Гьудуллъи» журналалъе подписка гьабуни, гьел басмабазул гьурмазда цIализе ракI балел материалал камизе гьечIо. Гьеб кIиябго басма гIуцIулезул кьеразулъ вуго дун. Гьел басмабаз квербакъулеб буго нилъер миллияб мацIги цIарги цIуниялъе.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +67
  • Нравится
Оставить комментарий
Бит1араб буго ,дуца бицулеб Х1амзат амма жакъасел цо-цо "рух1аниял церехъабаз"г1аксалда г1адамал адабияталдаса,ва цоги светияб г1умруялдаса дорег1ан гьарулел руго...


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook