Авторизация

РакI унтун, мугъ бекун…

ЦебегIанго дица «Миллат» газеталда цIалун букIана ГъалбацIовасул «Гьабил хIакъалъулъ…» - илан абураб макъала. Гьениб ГъалбацIовас хъвалеб буго «Цо пуланаб росулъ руго гIадамал. ВачIун цо цIоробералги рарав гIакъилавин рикIкIунев чияс гIакIа ахIулеб буго, нуж цолъизе кколи­лан. Щиб гьеб росулъ ругел гIадамаз гьабизе кколеб? Кин гьезда бичIчIизе кколеб, «цолъи нуж» – ин абураб рагIи? КигIан кутакаб гьа­ракьги гьабун, щибаб къойил ахIданиги щиб гьадав гIакъилав чи «цолъе нуж» – илан, щиб гьабизе кколебали лъалеб гьечIони.

Амма, гьебго росдада аскIоб лъар бу­геб бакIалда цо гьобо базе кколин, рахъа къатIире – ян цохIо нухалда гIакIа ахIани, гIадан хутIичIого къватIиреги рахъуна ва гьеб гьобоги бала. ХIасил, гIадамал цолъизарула гIаммаб ишалъ. ГIадамал жалго цолъула цо щиб бу­гониги гьабизе. Цолъизеги цолъун магIарулаз щиб гьабизе кколебали малъулев чи гьечIого вуго нилъер. Щиб гьабизе гIоло цолъизе кко­лебали бицунев чи гьечIого вуго. Гьобо базе къватIире рахъаян абулев чи гьечIого руго. Гьобо базе кколебищ кколаребищалицин бичIчIулеб гьечIо» - илан.

Гьединаб ахIвал хIалалда рукIарал нилъеда Аллагь гурхIун, нилъер вахъун вуго цевехъан – Сайгидпаша ГIумаханов. Гьес нилъеда малъулебги буго сунда сверун ракIарилел, кинан щиб цIунилеб, «гьобо» киб ва щай балебали ва сундуе гIоло цолъилелали.

Гьединан, Сайгидпашал нухмалъиялда гъоркь Авар автономиялъги Авартеатралъги бараб «гьобо» бихьизейилан, яхъана дунги къватIие, Бичас биччани…

Гьаб ахираб заманаялъ Авартеатралъул хIалти цIакъ цебетIун буго. Анкьи-анкьие магIарулал театралдеги ахIулел руго, гьоркьоб заманаялъ мугIрул росабалъе щун, гьелги рохизарулел руго, цIиял гIолохъанал артисталги рачIун руго, гьезги, гъоркь рукIаразги цоцакьа къечIого кучIдулги ахIулел руго. Амма, гьадаб Хасавюрталда 6 маялъ «Бергьенлъиялъул ихх» илан цIарги лъун балеб букIараб «гьабил» щиб ккарабали дида тIубан бичIчIичIо. Дагьа-макъабниги жо бичIчIичIогоги букIинищха, тIубанго гIантайги гьечIелъул.

Дида бичIчIанихъе Авар автономиялъул нухмалъулес жиндирго мугъ чIвалев, ракI гъолевщинав чиги ахIун абун батула, гьалмагъзаби, тIаде щолеб буго нилъераз фашизмалда тIад бергьенлъи босаралдаса 70 сон тIубай. Гьелъул хIурматалда нилъеца гьабун лъикI гьадинаб тадбир. БахIарчиял рагъул гIахьалчагIиги ракIалде щун, ракълие гIоло гIумру кьуразул хIурматги гьабун, гьанже нилъеда аскIор хутIарал кIиго-лъабго рагъул гIахьалчагIиги кIодо гьарун, гьаб нилъер миллатги данде бакIарун, цо берцинаб горсвери. Гьеб гьабулаго унеб шагьи-параялъулги ургъел гьабугейин. Нилъер миллаталъул кIодолъиги, ахIаралъуре рортизе бугеб тирилъиги хIисабалде босун, гьеб горсвери щуазаргогIанасев чи жанив гьунеб Стадионалда гьабизеги ракIалде ккун батула. Кинавго чи ахIани гьинчIого рукIинегицин бегьулилан хIинкъицин букIун батула.

Кинабго Дагъистаналъулго бокIо-бокIоналде щвезабун бугелъул хабар, гьединаб берцинаб тадбиралде рачIайилан, гьаний бакьулъа гIебедего йигей дихъеги щвеларищха. Гьудул-гьалмагълъиги буго тIокIа чIчIечIого кIалъалел, кибалиго Газель бугила гIадамал рачун рилъунеб, кинабалиго машинаялда цо бакI бугила, добцояб машинаялда кIиго бакI букIине рес бугила, хутIарал машинаби могьол хьагал гIадин цIун ругила…

Вабабай, нилъ ругел цIакъал гIадамалила, рохизеги лъалел, гIодизеги лъалелилан кечI ахIизе лъугьана циндаго ракIги.

Квеш-лъикI щвана Хасавюрталде. ЦIакъ чIухIун къачIан стадион буго, гIин тIуниги бетIер тIаде борхулареб хIалалъ сценариялде тIаде къулун тадбир бачунелги руго, кварал цоцалъ ралел цо саперал гIадинал чагIиги руго… кьеркьерал шарикалцин руго гьаваялде роржун инчIого рукIине рухьун чIезарун. Жанире рачIунелъуб къед цIун ран нилъер машгьурав художник ГIамирхан МухIамадовасул ралагьарал хIайран гьарулел сураталги руго. Бащадалдасаги эхеде ун цIун стадионги буго.

Цереги рачIун, гьаб нилъер КIудияб ВатIанияб рагъги лъугIун, фашистазда тIад бергьенлъи босараб къоялдаса 70 сон тIубаялда хурхараб концерт байбихьулеб бугилан абуна нилъер магIарул халкъго чIухIарал МуртазгIали МухIамадовас ва Зайнаб ГIалимирзаевалъ. Кутакалда тIад рекъараб нилъерго умумузул ретIелалъги, цIакъ махщалида гьабураб кIалъаялъги гьез стадионгу кодобе босана. Авартеатралъ бихьизабураб ГIабдулмажид Хачаловасул «Аманат» спектаклялъул кесекалъги кIудияб асар гьабуна киназего. Гьелдаса хадуб байбихьана кечI-бакъанги.

Концерт байбихьигун дагь-дагьккун хIал хисулеб букIана дир. Нилъер концерт гIуцIулезда бичIчIулеб букIун гьечIо Авартеатралда гьабулебги стадионалда гьабулебги концерталъул батIалъи. Стадион цIурал чагIазул ракIазда квал-квадизе ккани, мугIрул росабазул клубазда бихьизабулеб репертуаралъул жо кколереблъиги, 8 марталда бихьизабулебги, бергьенлъиялъул къо баркун бихьизабулеб концертги батIи-батIияб жо букIинги. ЦIцIиризабун гьаракьгун мустахIикъай артисталъ кечI ахIизе байбихьарабго рахъун тIадегун къватIире ана цо къапила… Кьеркьерал гурдалги ретIун ункъайго мустахIикъай цее рахъаралго, ана цойги къапила, меседил гордеги ретIун цо гучаб кечI байбихьарабго сверу-хъверун рукIаралщиналги къватIире ун, нижер хутIана цо гьитIинаб чIинкIиллъи. Додинго дир хIалги букIана хисулеб… Щибжодайилан ургъараб мехалъ, нечон ятана.

Кидалго аваданал концерт бачунел МуртазгIалиги Зайнабгицин рукIана цIакъ пашманго. Рохелгун пашманлъи жубараб байрам бугелъул рукIун ратизеги бегьула… амма дунго гIадин нечонарун ругодайиланги гьабуна хIисаб.

ТалихIалъ цебе бачIана Хасавюрталъул «МугIрузул дандерижи» - йилан абураб кьурдул ансамбль. Гьез бихьизабунаха унго-унгояб, тIубараб рагIа-ракьанде щвараб спектаклялъцин бихьизабулареб гIадаб, кIудияб магIна жаниб бугеб, бичIчIулев чиясда кинабго бичIчIулеб кьурди. Кьижулел рукIаралги рорчIана, цо-цо къватIире аралцин тIад руссана. Гьез бихьизабуна рагъ щиб жоялиги, рекъел щибжоялиги, роххел щибжоялиги, къварилъи щибжоялиги, бахIарчилъи щибжоялиги, церехъаби щалалиги, бихьинчи кинав вукIинев кколевалиги, руччаби кинал чагIиялиги… Гьадаб кьурди бихьизабизе букIарабани гьал нилъер школлъималазда, лъагIалица кIуди-кIудиял гьаркьалги гьарун, бади-бадире килщалги регьун кьураб тарбиялдаса бергьинаанилан ккола. Цойгидал лъаларо, дун цо метраялъул манзилалъ ракьалдаса эххеде йосизаюна гьез нилъер миллаталдаса чIухIиялъ.

Гьений гьаваялдаса гIебеде йикIарай дун, чвархъан йортана гъоркье гьанжеги добго Авартеатралъул гIолохъанав, амма нилъер кIудияб хьул бугев артистас кечI ахIизе байбихьарабго. ГIолхъаналги, берциналги, гьунар бугелги, хьул бугелги артистал рокьуларей чIужу гуро дун. Районаздаги, росабалъги, хIатта Авартеатралъул сценаялдацин кигIанги лъикI ахIизеги ахIула, асарги гьабула гьез. Амма стадионалъе чарра гьечIого къваригIуна кутакалда махщелги бугел, жив-жив чиясул рекIеда квалквадизеги лъалел, халкъалъеги рокьулел артистал. Гьединаздасан гьенир рукIана Абакар ГIумархIажиев, Абакар Джамалудинов ва ГIабдула МухIамадмирзоев. Гьадинаб къоялъги аскIор гьечIел щай нилъее ал цIар рагIарал артистал. Щай йикIинчIей МухIамадтIамир Синдикъов, Хадижат Джамалудинова, АхIмад Закариев, Зайнаб Махаева, ХIажилав ХIажилаев… Гьез ахIула гурищ рагъулги, кьалулги, бахIарчилъиялъулги, ВатIан бокьиялъулги хIакъалъулъ кучIдул. Гьадинаб миллат данде гьабураб къоялъгIаги киналго гъункун цадахъ цере рахъине артистазеги бокьулеб гьечIони, гьезухъ гIенеккизеги, хваралги, чIагоялги, бахIарчиял умумул ракIалде щвезеги, цоцазда рихьун гьуинлъизеги данделъизе миллаталъеги бокьулеб гьечIони, аб, гьаниб гIанкIилан доба церилан… цолъейила, гъункейила, нилъерго мацI бицейила бицунел чагIи, ГъалбацIовас абухъе, жалго рихьизарулел чагIи рукIун руго гурищха. Гьеб миллат данделъараб бакIалда гьезулги букIинчIо рагIадцин. Рокъорги рукIун миллат данде гьабулеб хассаб къагIида ургъулел рукIун ратизеги бегьула. Гьаб байрам баркун Сайгидпашаца жидеего шапакъаталгун сайгъатал кьолелгицин ратичIо рачIун. Нечон хвана дун.

Амма, рагъул гIахьалчагIи рукIана къарал букIдул гIадин гIодор чIун, абизе ккаралъул рагIиги абуна, гьаб кинабго нилъер тадбиралъул багьаяб. Кьурдизе рахъинарун рукIаралани, кьурдизеги кьурдилаан, лъикьаго къечIого.

Гьебгощинаб жоялъул тIалабалда дун йикIаго дагьабги чIобоголъун батана стадион. Гьанже хутIун ругоан гьаб тадбир гIуцIаразулги гьаб бачунезулги адаб гьабун, дунго гIадин нечарал чагIи.

Гьанже рахъана цере «МугIрузул гIолохъанлъи» - илан абураб кьурдул ансамбль. Гьезги гьабуна кутак. ГIандадерие щибха гьададигIан берцинал чахтIалги буртабиги ругелиланцин ккана дида ракIалде. ЦIакъ берцинго, рекIее асар гьабулеб кьурди гьабуна гьез. Гьеб тадбиралда рукIарал кьурдухъабазул ретIел бихьарав щивасда ккун батила, бухIизе лъикIан площадь бакьулъ цIаги гъун гьаб костюм-тIажуги, мини-юбкаги, ищляпагиян. Гьададинаб ретIелги ретIун бокьаниги бажариларо чиясухъа квешлъи гьабун. Чухъаги ретIарав ханжар-рачелги барав бихьинчиясухъа киданиги бажаруларо гIиссинлъун, хIалихьатаб иш гьабун, хъабалоги ретIарай берцинаб шалги чIварай чIужугIаданалъухъаги бажаруларо гьаракь борхун, адаб тун кIалъазеги, бихьинчигIадин лъугьинеги. Гьаб хIабургъараб дунялалда гьелъулги гурищ гьабизе кколеб бугеб ургъел.

Гьел кьурдухъабаз бахъинабуна кIалагъоркье чIван инеб букIараб концертги, хадур киналго цадахъ цере рахъун ахIараб нилъерго «Гуро гьитIинаб гьечIо, гьудулзаби, Дагъистан» - алъги, тIад ретIараб кутакалда берцинаб ретIелалъги, кьер-кьерал байрахъазги, кинабго лъикI анин абулеб букIана. Гьебги бихьичIого цудунго къватIире аразда ракIцин гурхIана дир.

ХIасил, нагагь «гьобо» базе кканиги жоги, ракIги гъезе, мугъги чIвазе чи гьечIого хутIугеги нилъ.

I4.05.I5.


Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook