Авторизация

ГIумаханил къануналдаса

ГIумаханил къануналдаса ГIумаханил къанунал абун тарихалда жаниб машгьураб, къимат тIокIаб, гIелмияб, политикияб ва социалияб кодекс, бицанихъе, нилъеда кодобе щун буго 1946 абилеб соналда Шамил районалъул Гьандихъ росулъ цо некIсияб гIараб тIехьалда гьоркьоб батун. Гьеб хъван буго гIараб мацIалъ ва гьелда бихьизеги гьабун буго закон жинца данде гьабурав кIудияб гIелмуялъул ва гIакълуялъул бетIергьан Хунзахъа ГIумахан хвараб заман гьижраялъул 1044 абилеб, цIияб къагIидаялдалъун 1634 абилеб сон кколилан. Балагьараб мехалъ, гьеб букIине ккола XVI гIасруялъул ахир ва XVII гIасруялъул авал.

БотIрода ялъуни чохьода ругъун лъун бугони, гьеб ботIрода лъураб ругъун гIадал нахуде щун бугони, ялъуни чохьода лъураб ругъун бакьазда хъван бугони, ругъун лъурасухьа бахъизе 66 чахъу- кьегIер.

Рагъулаго цояс цогидасул кIиябго бер бахъани, гIайибасухъа бахъизе 200 чахъу, цояб бер бахъани -I00 чахъу.

КIиябго квер къотIани, яги гIажизлъизабуни, гIайибасухъа бахъи­зе 200 чахъу. Цояб квер къотIани, яги гIажизлъизабуни бахъизе I00 чахъу.

Гьединабго гIакIа бахъ­изе, бохдул къотIани яги гьел гIажизлъизаруни.

Цояб гIин къотIани, гIайибиясухъа обществоялъе пайдаялъе бахъизе 50 чахъу ва гIин къотIарасе кьезе чIезабураб роценалда гIакIа. КIиябго гIин къотIани, бахъизе I00 чахъу.

Нилъер ракьалъул чияс чияр ракьалдаса вачIарав чIвани, чIварасул гIагарлъиялъ чIвадарухъан хIисабалда гьев вихьизавулев вугиланги рагIун, балъго гъоркьан гьесухъе рекъел тIалаб гьабизе чиги ритIун, гьез чIвадарухъан цогидав вугилан вихьизавуни, ва гьел­да ханасул диванчагIи щаклъулелги ругони, гьедизе ккола чIварасул I0 гIагарав чи. Гьел гьедулел ругони, иш гьелдалъун лъугIизе тола, гьедизе инкар гьабуни, щаклъи бугесдаса бахъизе рецIелалъул бащдаб.

Цо лъица бугониги гIайиб гьечIеб чияр гьве чIвани, гьеб чIварасухъа бахъизе  гьединабго гьве ва цо чахъу, нагагь гьве чIван бугони цо кинаб бугониги гIайиб ккун, гьеб ме­халъ бахъизе гьединабго гьве ялъуни цо чахъу.

Гьвел бетIергьанас чIезабулеб бугони, гьве гIайиб гьечIого чIван бугин, гIайибиявги чIун вугони гьве гIайиб ккун чIванилан, гьеб мехалъ гIайибияв гьедизе ккола Къуръаналда кверги хъвачIого. Гьедизе бегьула кIудияв чиги, балугълъиялде вахинчIевги. Гьедулев гьечIони, гьесухъа бахъула гIакIа.

Кету чIвани, бахъизе гьединаб­го кету. ХIелеко чIвани, бахъизе хIелеко, гIанкIу чIвани, бахъизе гIанкIу.

Рагъизе ккараб бакIалда щив вугониги чIван вугони гIайибиявги лъалев гьечIони, амма чIварасул гIагарлъиялъул щаклъиги цо лъиде бугониги  ккун бугони , гьев щаклъи ккарав гьедизе ккола 10 чигун цадахъ.

Нагагь гьединабго хIалалда цо щив вугониги лъукъун вугони, щаклъи ккарав гьедизе ккола 3 чигун цадахъ.

Килищ къотIаралъухъ бахъ­изе 15 чахъу. Гьединабго багьа щибаб къотIараб килщихъ.

Нагагь лъукъун вугони, гIайибиявги лъалев гьечIони, лъукъарасул гIагарлъиялъ 3 къоялда жаниб жидерго щаклъи ккараб бакI бицинчIони, гьезухъа бахъула 1/4 ратIал гьацIул.

Лъида бугониги жанибе багьараб ругъун лъунани, гьеб ругъ­ун борцуна гьоркьохъеб бицалъиялъул килщаз, гIеблъухъе. Щибаб килищ рикIкIун гIайибиясухъа бахъула цо чахъу. Ругъун борцине килщазул къадар цIикIкIарабгIан, цIикIкIуна гIайибиясухъа рахъулел чахъабазул къадарги.

Хонжроца яги нус кьабун лъу­раб ругъунги борцуна гьоркьохъеб бицалъиялъул килщаз ва килищалъул гIеблъи бугеб ругънахъ бахъула бащ­даб чахъу, кIиго килищ гIеблъуда бугеб ругъун бугони чахъу.

ДагIба-рагъ гьечIого чи лъукъани, борцине ккола ругъун. Ругънал багьа кIиго чахъдадаса цIикIкIунеб гьечIони, щаклъи бугес живго вацIцIад гьавизе бегьула гьедиялдалъун. Ругъ­нал багьа лъабго чахъдада бащалъани, щаклъи ккарасда цадахъ гьедизе ккола цоги чи. Ругънал багьа цIикIкIанагIан, цIикIкIуна гьедизе кколезул къадарги.

Лъица бугониги цогиясул хIатIилхинкI бекани, гIайибиясухъа бахъула 10 чахъу. Гьелъул цо бутIа бекарасухъа бахъула 5 чахъу.

БотIрода ругъун лъун бугони, гьеб ругъунги ботIрол тIоцебесеб хъалалда хъвалеб бугони гIайибиясухъа бахъула I чахъу-кьегIер, ругъун ботIрол кIиабилеб хъалалда хъвалеб бугони - 2 чахъу - кьегIер, нагагь ругъун ботIрол ракьаялда хъвалеб бугони -I0 чахъу-кьегIер.

Чи лъукъун вугони ва лъукъарасухъе тохтур ахIизе ккелин кIиго чиясги абулеб бугони, гIайибияс жиндирго чвантиниса гIарацги кьун ахIизе ккола тохтур, амма гьев тохтур ахIизе гIедегIулев гьечIони, гьесдаса бахъула 1/4 ратIал гьацIул.

КIалдиб зар кьабгIун яги кин бу­гониги гIусалъе зарал гьабун бугони, гIайибиясухъа бахъула I0 чахъу.

Цо хьабалахъгIучI бекун буго­ни ва гьениб ругъун лъун бугони гIайибиясухъа бахъула 5 чахъу. Масала, ругъун лъугьун гьечIони - 3 чахъу. Ялъуни гьезда гьоркьоб дагIба ккани, хьабалахъгIучI яги ракьа бекун гьечIони, гьеб мехалъ гIайибиясул гIагарлъияльул чагIи гьедизе ккола бихьизабураб бакI бекун гьечIилан.

Гьод бекани, гIайибиясухъа бахъула 5 чахъу.

КIигояв вагъизеги ккун, цоцада кьабгIун бугони, тIоцебе жо кьабурасдаса бахъула 2 чахъу, дандиясги кьабун бугони, гьесдаса бахъула чахъу. Нагагьлъун цонигиясе хIалай вахъарасги жо кьабани, гьесдаса бахъизе 3 чахъу.

Хунжрул рахъун цоцазе хIинкъаби кьолел ругони, щивасдаса цо-цо чахъу бахъула.

ДагIба гьабизелъун ярагъ бан бугони, гьеб ярагъ хIалтIизе гьабичIониги гьесдаса бахъула I чахъу.

ГодекIаниб кIигояв вагъани, тIоцебе кьабарасдаса бахъула 2 оцол багьаяб гIакIа.

Лъимаде йигей чIужу чIвани, чIварасухъа бахъизе кIиго нухалъ цIикIкIун рецIел. Лъимаде йикIин бахчун батани, бахъун те рецIелги I0 чахъуги.

Чи чIварас 10 къоялда жаниб росу тезе ккола. РецIел бихьизабураб заманалда кьолеб гьечIони, гьеб кьезегIан щибаб къоялъ цо чахъу бахъ­ула. ГIайибиязухъа рецIел тIалаб гьабула жамагIаталъ тIамурав 6 чияс.

Жидерго бидулав лъабго сон иналде чIварас рецIелги цоги харжалги тIад руссинарула ва гьев чи росу тун ине ккола.

ЧIварасул гIагарлъиялъ биду­лав росулъе вачIине изну кьун хадув чIванани, гьев чIварасухъа бахъула рецIел ва цогидал харжал ва гьев росулъа къватIиве гъола.

ЧIварасул гIагарлъиялъ, рекъел гьабилелде, бидуласул мина бухIани, гьезухъа рецIел бахъуларо.

Гьедизе вихьизавурав анцIгоясул цояс инкар гьабулеб бугони гьесул бакIалда тIамула кIиго чIужугIадан.

ЧIварасул (лъукъарасул) гIагарлъиялъ яги ирсилаз цо яги кIиго нухалъ бидуласул гIагарлъиялъухъе чи витIани ва гьел гьелъие мукIурлъулел гьечIони, хадусел къояз мукIурлъи рикIкIунаро.

Бидуласул гIагарлъиялъ яги ирсилаз абуни бидулав рокъов гьечIин ва гьесул цIар бицани, изну кьола 3 къоялъ ралагьун чIезе. Гьев рокъове вачIани ва мукIурлъани, иш тIубала гIаммаб къагIидаялъ, ай рецIелги бахъун.

Цояс цояв лъукъани ва гIайибияв гьелъие мукIурлъани, амма ругъуналъул роценалда тIасан гьезда гьоркьоб дагIба ккани: масала, гIайибияс абуни, ругъун тIоцебесеб хъалалде щвезегIан гурони гьечIилан, гьев гьедизе ккола цо гIагарав чигун. КIиабилеб хъалалде тун бугилан абуни  гьедула кIиго гIагарав чигун, ботIрол ракьаялде ругъун щун бугилан абуни лъабго гIагарав чигун. Гьединго тIубала дагIба цогидал ругъназул рахъалъанги.

Росулъа къватIиве гъурав бидулас, чIезе бихьизабураб бакI хисани, гьесухъа бахъула ратIал гьацIул. МукIурлъичIони гьев гьедизе ккола лъадуда цIарги тIамун.

БатIияб ракьалъул чияс нилъер ракьалъул чиясе къварилъи гьабун бугони ва гьеб гьабиялъулъ нилъер ракьалъул чиясги гIахьаллъи гьабун букIиналда щаклъи бугони, гьедизе ккола гьесул росулъа къадру гьабулев лъабго чи. Гьел гьедани, гьев гIайиб гьечIевлъун рикIкIуна, гьедичIони, нилъер ракьалъул гIадаталда рекъон гьесухъа бахъула гьацIул кIиго ратIал.

Чахъу бикъун бугони ва щак­лъи ккарав мукIурлъулев гьечIони, гьев гIайиб гьечIевлъун рикIкIуна, чахъдал бетIергьанас цIар чIварав чигун цадахъ гьедани. Hyгlac гьедизе инкар гьабуни, цIогьорас лъабго нухалъ цIикIкIараб рецIел кьезе ккола.

Рокъоса къайи бикъун бугони ва щаклъи ккарас гьелъие инкар гьабу­ни, цIогь тIад чIезабураблъун рикIкIуна, росулъа чияс гьеб ритIухъ гьабуни. Гьеб мехалъ щаклъи ккарас вацIцIадав вукIин чIезабизелъун жиндаго цадахъ гьедизавизе ккола 6 гIагарав чи. Нагагь, щаклъи ккарас гьедизе инкар гьа­буни, жиндир гьади-гьадинаб къайи гьев чияс бикъанилан, цадахъ лъабго чиги вачун гьедизе ккола къварилъи ккарав чи. Бикъараб жо ратIалалдаса бакIаб батичIони, гIакIаги бахъичIого, бикъаралъ рецIел босун тезе бегьула. Нагагь росулъ, гьеб цIогь гьабулев вихьанилан абулев чи ватичIони, цIогь гьаби ритIухъ гьабун гьа базе ккола, цадахъ цо гIагарав чиги вачун, рукъалъул бетIергьанас. Росулъа 6 чигун ца­дахъ цIогь чIарав гьедани, гьев гIайиб гьечIевлъун рикIкIуна.

Чу, гIорцIен яги гIала бикъани яги чIвани, ва бетIергьанчияс щак­лъи ккарав вихьизавуни, гьев 6 чигун цадахъ гьедизе ккола. Гьел гьедулел чагIиги рукIине ккола бетIергьанчияс цIар чIварал; гьедизе инкар гьабу­ни, цIогьорас бецIизе ккола росулъа 3 ритIухъав чияс абураб къадаралда бикъаралъул багьа. ДагIба цогидаб боцIуда тIаса ккун бугони, гьедулезул къадар чIезабула: оц бикъани - 4, гIака бикъани - 3, натIихI бикъани - 2, бече бикъани - 3 чи. Гьез гьедизе инкар гьа­буни гIайибияс бецIизе ккола росулъа 3 ритIухъав чияс абураб къадаралда бикъаралъул багьа.

Чахъу бикъани ва гьеб бикъиялъе цIогьор мукIурлъани, гье­сухъа бахъула гIицIго чахъу ва цIогьодиялъе гIоло гIакIа. Къайиялъул щиб букIаниги жо бикъун буго­ни ва гьелъул хIакъалъулъ ханасда гIицIго лъагIалидасан гурони лъазабун гьечIони гьесул гIарза хал гьабичIого тола.

Лъица букIаниги цогидасда цIогь чIван бугони ва щаклъи ккарас дандеги лъазабуни, жиндие цIогь чIварас яги гьесул гIагарлъиялъ жиндирги жо бикъун бугилан, гьесул гIарза лъабго моцI инегIан къабул гьабуларо.

Хуриса хIама цIурал гулал рикъун ругилан лъазабуни ва щаклъи ккарав гьелъие мукIурлъулев гьечIони, гьев вацIцIалъула цо чигун цадахъ гьеда­ни, хIамидаса дагьаб жо букIун батани, живго гьедани гIола. Гьединго тIубала хер бикъиялда тIасан ккараб дагIбаги.

КIиго яги цIикIкIун чи рекъон чахъу, куй, яги цIцIе бикъун бугони ва гьел цIогьалъе мукIурлъани, гьезухъа бахъула бикъараб цоялъухъ 3 бетIер. Гьелде тIадеги щивасухъа гIакIадуе бахъула I,5 ратIал гьацIулги. Амма гьел цIогьалъе мукIурлъулел гьечIони бетIергьанчиясе ихтияр кьола гьезул цоясде гIайиб гIунтIизабизе, инкар гьабулеб бугони, вацIцIалъизелъун гьев гьедизе ккола. Цо чахъу бикъун бугони - живго, кIиго бикъун бугони - гьесул гIагарал чагIигун. ГIагарлъи гьедулеб гьечIони ва бетIергьанчиясе зарал тIад буссинабизе кколеб бугони, гьесул их­тияр буго цадахъ рукIаразда рецIел кьеялъулъ гIахьаллъи гьабеян абизе. Гьел разилъани, рецIел киназго цадахъ кьо­ла, инкар гьабулеб бугони, гьелги гье­дизе ккола жидеца цIогьалъулъ кинаб бугониги гIахьаллъи гьабичIилан ва гьан кваначIилан. Гьедулел гьечIони, гьелги цIогь гьабураллъун рикIкIуна ва бащадго жавабги кьезе ккола.

Цого рокъоб кIиго сордоялъ тIатIала цIогь гьабун бугони ва цIогьорги кIиабилеб сордоялъ гурони кквезе щвечIони, гьесде тIаде бачIуна тIоцебесеб гьабураб цIогьги.

ХIалица рокъовеги вачIун, гьениса щиб букIаниги босани, гIайибиясухъа бахъула гьес босараб жоги гIакIаялъе цо чахъуги. ГIакIа уна ханасул рагъухъабазе. Рокъовеги лъугьун, щибниги жо босун гьечIони, гье­сухъа бахъула гIакIа цо чахъу. Гьеб ишалъулъ чанго чияс гIахьаллъи гьа­бун бугони, гьезул щивасухъа дагIба лъугIизегIан щибаб къоялъ бахъула гIакIа цо-цо чахьу.

Нилъер ракьалъул чиясе батIияб ракьалъул чияс кьарз кьезе инкар гьабулеб батани, гьес гIарз ханасде бахъизе ккола. Гьев къарз босизе батIияб ракьалде ани, гьенибги гIарз ханасде бахъизе ккола.

Цо бакIалда хIакимзабилъун эмен ва вас, кIиго вац яги кIиго вацгIал тIамизе гьукъула. Нагагьлъун тIамун ратани, тIадехун  ругел  хIакимзабаз гьезул гьитIинав хIалтIудаса ватIа гьавизе ккола.

Лъица бугониги цогидасе, жиндирго буголъи кьолеб бугони, гьеб заманалда вачIарав лъабабилес абуни, гьеб буголъи жиндие кьун букIанин, ва гьелъие рачун рачIарал нугIзаз муфтиясда цебе шаригIаталъул законалда рекъон, гьеб ритIухъ гьабуни, цинги муфтияс гьсз бицараб битIараб буги­лан абуни, буголъи лъабабилев чиясе уна. Гьеб ритIухъ гьабизе кIвечIони, бу­голъи гьелъул бетIергьанас кьурасе уна.

Лъица букIаниги жидерго боцIи чияр гIалахалде балагьизабун ва гьез боцIи нахъе гъолаго тIаде рачIарал бетIергьаби рагъизе лъугьани, гьенив гIахьаллъарав щивасухъа гIакIадуе бахъула щу-щу чахъу. БоцIуда гIалахалъе гьабураб зарал цо чахъдал багьаялдаса цIикIкIараб бугони, боцIул бетIергьанабаз рецIел кьезе ккола яги гьезул цояв гьедизе ккола гIалахалъе зарал гьабичIилан.

Цоязе шаригIаталда, цогидазе гIадаталда рекъон дагIба тIубазе бокьун бугони, гьеб суал тIубазабизе ккола гьенир гIумру гьабулезул цIикIкIарасезул пикруялда рекъон.

Нухмалъулезул тIалабалда рекъон кинаб букIаниги росдаца вакил витIулев гьечIони, гьеб росдадаса гIакIаде бахъула 10 чахъу.

Налъулас заманалда, ишкал кквелалде   къарз   нахъбуссинабулеб гьечIони, гьесде къотIула гIакIа: масала, лъица бугониги ратI бакIлъи бугеб жо цIараб болжалалдаса лъагIел ингун нахъ буссинабулеб бугони, кьезе ккола 1,5 ратIал, къалиялъухъ - 1,5 къали, гIабасиялъухъ - гIабасиги цо драхмаги.

РитIухъ гьабун, дагIба къотIизабун хадуб гъоркьлъалие лъураб жо нахъ буссинабичIони, гьеб бецIизе ккола.

Ханасул изну гьечIого тIамизе бегьуларо росабазул диванчагIиги магъущалги.

Жиндие кьураб тIадкъай тIубазабизе гIедегIулел гьечIони, ин­кар гьабулеб бугони. ялъуни жиндир бакIалда цоги чи витIулев вугони, гьев чиясдаса бахъула гьацIул цо ратIалги, гьелъул ункъо бутIа гьабун цо бутIаги.

ГIилла гьечIого ахIулъе вахъинчIев щивасухъа бахъула цо-цо чахъу. ГIиллалъун рикIкIуна - унти, херлъи, санаде вахинчIолъи- 20 сон тIубачIолъи ва лъилгун букIаниги тушманлъи 6укIин.

Рекъел гьабилелде бидулав чIвани, гIадлу гьабуларо. Гьединго гIадлу гьабуларо бидуласул хъизаналъул чи чIвани.

Бидулав росулъа къватIиве витIун хадув, гьесул гIагарав чи чIвани, чи чIварасухъа бахъула 100 чахъу. Гьелде тIадеги гьес нахъ буссинабизе ккола жиндие бидулас кьун букIараб рецIел, ва гьесул тIолабго хъизан, тIад руссине ихтиярги гьечIого, кидагоялъе росулъа къватIире гъола.

Жиндирго буголъиги гьородахъ биччан лъутанхъулев вугев цIогъор чIвани, гьесул бидухъ лъицаниги жаваб кьезе кколаро.

Жиндирго буголъи гьечIев чи­ясе лъицаниги щиб букIаниги бичани, гьесул гIагарлъиялдаса къарз тIалаб гьабизе гьукъула.

Лъутанхъулев чIварав чиясе кьезе ккола I0 чахъу. Гьев чIварав чиясухъа рецIелги бахъуларо. Лъица букIаниги гьединав цIогьор гIагарлъиялъухъе кьуни, гьесухъа I00 чахъу бахъула. Амма гьес чIезабуни жиндир гьав кквезе рес букIинчIилан гьесухъа щибго бахъуларо. Гьелда щак­лъи кколеб бугони, гьев 3 гIагарав чи­гун цадахъ гьедизе ккола. ГIагарлъиялъ жидехъе кьурав цIогьор чIвани, гьелдалъун кинабго жо лъугIула. ЧIвачIони воеводствоялъул кIудияз гьезда абизе ккола: «Нужеца гьев чIвай, чIвазе бокьун гьечIони, бецIе гьес гьабунщинаб зарал, гьеб бецIизе гIураб бечелъи нужер батичIони,  гьев цIогьорасда хадур нижер ракь тун а, ниж нужерги гуро, нуж нижерги гуро», - ян. ЦIогьор гIагарлъиялъухъе кьун  гьечIони гьез гьесул жаваб кьезе кколаро.  

Лъил букIаниги чахъу яги куй бикъани ва гьелъул бетIергьанчияс абулеб бугони, куялъул багьа ункъо хух кколин, чахъдал багьа лъабго кколин - гьединаб багьа аби битIараблъун рикIкIине бегьуларо, щайгурелъул куялъухъ лъабго хух, чахъуялъухъ цо чахъу-кьегIер гурони кьоларо.

Росуцоял жидер ракьалде боцIи биччаразул ишкал кквезе рахъани ва гьениб ккараб рагъулъ кIиябго рахъалъ чIварав яги лъукъарав чи ватани, ругъуналъухъ яги чи чIваралъухъ рецIел тIолабго росдаца кьезе ккола.

Лъил букIаниги боцIуца цогиясул харибакI яги хур хвезабун батани ва гьабураб заралалда тIасан гьезда гьоркьоб дагIба ккани гIайибияв, бетIергьанчияс вихьизавурав лъабго чигун цадахъ, гьедизе ккола.

Гьедизе рачунаро: дибир, будун, гьа баларилан гьедарав чи, лагъ ва рагьтIател. Гьа баларилан гьедаравлъун рикIкIуна гIакаги бачун воеводствоялъул кIудиязухъе арав, гьезие гьебги сайигъат гьабурав ва гьез гьесда хадуб гьединаб ихтияр букIинги лъазабурав чи.

Воеводствоялъул кIудиязе цо соналъул болжалалда росабалъе диванчагIи тIамизе бокьани, гьел тIамизе ккола жидеца гIайибиязул гIакIабиги рахъизе ругин, гIайиб гьечIезе тамихIги гьабиларин, законалдасаги кьуриларин гьедизе. Гьезда гьоркьосан цонигиясе гьедизе бокьичIони, гьесда тIад мухъ цIала ва гьесухъа цо чахъуги бахъула, гьесул бакIалде цоги чиги вихьизавула. ХутIараз, жидедаго гьоркьове гьа бачIев чи виччан ватани, гьездасан бахъула цо чахъу.

Нилъер ракьалъул чияс, цогидаб бакIалда чиясухъа къайи бахъун яги бикъун батани ва гьев чияс тIадаб идараялде гIарз бахъани, гIайибиясухъа бахъула гьес гьабураб зарал ва гьелде тIадеги бахъула ратIал гьацIулги.

Лъица бугониги цогидав чиясе щиб букIаниги бичани ва гьоркьоб заман индал гьев чи вачIани, бичараб къайи жиндир гуреб, дир чIужуялъул букIанилан ва даран биххейилан гьарун, гьединаб гIарз къабул гьабуларо.

Нагагь, цо росдал гIадамал яги гьезул цо къукъа цогидаб росдал гIадамазде яги къукъаялде тIадеги кIанцIун, гьезул боцIи гъурани, рукъалъул буголъи хвезабуни, гIайибиязухъа бахъула гьез гьабураб зарал ва щивасдаса щу-щу чахъу. Гьа­бураб заралалъул къадар чIезабула гьеб росдал 3 ритIухъав чияс.

Кьенсер ва Рис гIоразда гьоркьор ругел ракьазулгун къотIи ккун буго, жив цIунеян лъутун вачIарав хIалихьатав чи виччачIого, вахчичIого ва кумек гьабичIого тезе. Лъица буго­ниги, я тIолабго росдаца гьеб къотIи хвезабуни, гIакIадуе бахъула 30 чахъу. Гьединго, 30 чахъу бахъула лъутун вачIарасдасаги.

БакIалъулал тIадчагIаздаса изнуги гьечIого ханасухъе гIарзалъ арав чиясухъа бахъула 30 чахъу.

Лъица букIаниги яс абуни, яги ячани ва гьелъул инсуца, яги кIудияв инсуца лъазабуни, гьей цогидасул магьариги лъурай чIужу йигилан, гьей ячарасда къотIула гIакIа - 30 чахъу.

Кинаб букIаниги росдаца моцIида жаниб гIадлу-низам хвезабулеб бугони, гьеб росдадаса, гIадлу лъугьинегIан, щибаб къоялъ бахъула цо-цо чахъу.

МоцIида жаниб росу дибирги гьечIого хутIани, гьев тIамизегIан гьеб росдадаса щибаб къоялъ цо-цо чахъу бахъула.

Воеводствоялъул кIудиязе гIалимазул данделъи ахIизе бокьани, ирга щварал росабазул гIадамаз, Генуса бахъараб Илълъабе щвезегIан, гьел данде гьаризе ккола. Данде гьаризе кIвахIаллъаразухъа ва ахIун рачIинчIезухъа бахъула анцI-анцI чахьу.

ЧIварасул гIагарлъиялъ бидуласул гIагарлъиялъул мал-мулк хъамал гьабуни, рокъоса къватIире рахъине риччачIого гьезие гIакъуба кьуни, гIайибиязухъа бахъула гьез гьабураб зарал ва жамагIаталда цере рахъун жидеца гьабуралдаса ракI бухIанин абизегIан, щибаб къоялъ цо-цо чахъ­уги.

Цо росдал гIадамаз, ракьалъул гIадатги законги хвезабун, цоги рос­дал гIадамазул харибакIал ва хурзал ккуни, мадугьалихъ ругел росабазул гIадамаз кумек гьабизе ккола тIаде кIанцIарал нахъе гъезе. Гьез гьединаб кумек гьабичIони, щибаб росдадаса бахъула анцI-анцI чахъу.

Цо росдал гIадамал цоги росулъ чи хвараб бакIалде зигара базе ани ва хварасулгун гье­зул цинагIаллъиялдаса гьоркьехун гIагарлъи букIун батани, яги гьев гьобол вукIун ватичIони, щивасухъа бахъула цо-цо чахъу.

Лагъ яги мухьдахъ хIалтIизе ккурав, бетIергьанчиясул изнуги гьечIого чотIа, гIалаялтIа яги гIорцIеналтIа рекIун кьенсерухъезул ракь тун довегIан ун ватани, гьесухъа бахъула цо гIака яги 4 чахъу. Гьеб­ги кьола гьесул бетIергьанасе. Гьеб гIорхъуде гьев щун ватичIони, бахъу­ла 2 чахъу.

Лъица бугониги гъоркьлъалие чияр боцIи росулъе яги жиндирго бакIалде бачун бачIани, гьесухъа щибаб къоялъ бахъула бечIчIулеб гIакдахъ, гIорцIеналъухъ, чохъ, гIалаялъухъ - цо гIабаси, хIамихъ ва оцалъухъ - 2 диргьам, хIораб гIакдахъ, басиялъухъ, бачихъ, чахъдахъ, куялъ­ухъ, цIеялъухъ ва дагIнихъ -I диргьам. ДагIба гьабулеб бугони, гьев гьедизе ккола 2 чиги цадахъ вачун.

Къаси яги къад цо чи, хIалгьабун цогидасухъеги ун, гьесие зарал гьабуни, гьев тIамула за­рал бецIизе. Гьес жив гьенив вукIинчIилан инкар гьабуни, воеводствоялъул кIудиязул ихтияр буго рос­дал гIадамал гьедизаризе. Гьедулезул къадар бараб буго гьабураб заралалда. КигIан кIудияб гьеб бугониги, гьедулезул къадар I0 чиясдаса цIикIкIине бегьуларо. Гьедизе бегьуларо: рос-рукъалде инчIел васал ва ясал, цо рокъоса кIиго чи. Гьедизего виччаларо тархъан гьавурав вугониги лагъ.

Узденчияс лагъ чIвани, лагъасул бетIергьанасе гьес кьезе ккола гIицIго узденчияс кьезе кколеб рецIел.

Лагъас узденчи чIвани, гьесул бетIергьанчиясухъа бахъула рецIел ва гьев лъабго соналъ бид виххун къватIиве витIула. Гьединабго гIадлу гьабула лагъас лагъ чIваниги.

Ихдал магьари лъун кьола 5 хух, хаслихъе - 5 цIцIе.

ХIалихьатаб пикругун лъица букIаниги чIужугIаданалда квер хъвани, гьесухъа бахъула 2 оц, рецIелалъул бащдаб ва гьев лъагIелгун бащдалъ росулъа къватIиве гъола. Нагагьлъун, гьеб бакIалда чIужугIадан чIвани, чIвазе ккола гьелда квер хъварав чиги.

Цо росдал гIадамал цогидаб росдаде тIаде кIанцIани, гьезухъа бахъула 30 чахъу, цо-кIиго чи кIанцIани, щивасухъа бахъула щу-щу чахъу, гьелги махIрум гьарула ГIарахъ магIардаса ва Тамаш магIардаса кьолел мучIдузул бутIабаздаса.

Лъица букIаниги чол, гIаладул, гIорцIеналъул рачI яги гIин къотIани, гьезухъа гIакIадуе бахъула цо оц ва хIайвалъул бетIергьанасе I0 чахъу.

Гьоркьоб тушманлъи букIиналъ лъицаниги мина бухIани, гIайибиясухъа гIакIадуе бахъула I00 чахъу ва бецIизабула ккараб зарал. Жиндир гIайибалъе мукIурлъулев гьечIони, гьев 50 чигун цадахъ гьеди­зе ккола.

Лъица букIаниги магIардаса боцIи хъамуни ва гьеб лъиданиги бихьичIони, гIайибиясе боцIи тIад буссинабизе ккола, бетIергьаби гьеб боцIи хъамунилан гьеданиги.

 Лъица букIаниги ГучутIа магIардаса бикъизелъун яги ишкил гьабизелъун   боцIи   хъамуни,  гьес гIакIадуе кьезе ккола 5 чахъу ва тIад буссинабизе ккола хъамураб боцIи.

Автор: ФатIимат МухIамадова

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook