Авторизация

ВахI! – илан ккана дида ракIалде…

БилбагIарабдипломги, гьелда тIадежоялъе, каранда далун меседил медалги бугев чи вачIаниги…жиндирго цIалиялда рекъон хIалтIун бажариларищха… амма дипломалда хъварабжоялда рекъон хIалтIун бажарулев чи гьечIила… республика свераниги щоларила цорагIа-ракьанде щун хIалтIи гьабун бажарулеб цониги «кадр»-илан руго ал нилъеркиналниги идарабазул нухбалъулел ва тIадчагIи.

Вай,нужер рукъ бакъвараб ролълъул цIеял, нужее азул цIали щай?

Ях-намусбугев чи валагье! ТалихI кьун роххагийин…

ГIакълубугев валагье! ГIумру халалъагийин…

ЯхI-намусгибугев, гIакълуги бугев чиясда кигIан захIматаб ва жавабчияб хIалтIи тIадкъаниги, гьес гьеб гIодо-зодов речIчIунги гьабичIого толаро, жиндиего гIолареблъайги гьес радал-бакъанида Китаялде хьвадунги балагьула… ЯхI-намусалъ толарогьев хIалхьиялда.

Ришваталгиросуларо. ЯхIалъе цIакъ бокьулареб жо рагIула гьеб ришват. Думалъго данде ккечIебилагьезул.

КиссагIагиэв керентурад валагьилевиланги мекъдарилаха нуж дие… Гьеб дидаги лъаларо.

Нилъ,къого-лъеберго соналъ цебего… элде щвезегIангиха… дагь-дагьккун, нилъецагонилъго тIад рукIараб кьуруги биххизабун, нилъ цIакъго церетIурал чагIийилангиабун, нилъерго тарихги, нилъерго гIадат-гIамалги, нилъерго рахьдал мацIги,гьелда хурханщинаб гвала-рахасги, нахъе ккарал, щибго жо бичIчIуларел чагIазулрукIунел жалиланги тун, чияраб кинабгоги берцин бихьун, варххиялда магIарулгъастIа гIурус мацIги бицун рукIана цере рекерулел… Амма, гьадаб гъоркь тараббукIун буго аслияб жо. ГIадада ахIулеб жо букIун гьечIо доб кинидахъ кечI. ГIададамалъулеб жо букIун гьечIо адаб-хIурмат гьаби. ГIадада бицунеб букIун гьечIоумумуз яхI-намус цIунейила ясбер гIадинилан… Гьанже долда хадур тIад руссинеккани, долъие бицунеб мацIги лъалеб гьечIо нилъеда... Лъалелги херлъун руго.

Гьанжегьабилеб дарман?

ЦоГьаракIунисахун гьури пулеб къоялъ ватана нилъеда гьев нилъеца валагьулев вукIаравгIадав яхI-намусги бугев, гIолохъанав, тIад къараб хIалтIиги тIубан бажарулевчи. Толищ гьев нилъеца хIалтIизе? ВичIчIулищ гьев нилъеда? Гьабулищ нилъецагьесие кумек?...

ГьаббакIалда тIанкIан ракIалде бачIана цо кисаналиго рагIун букIараб бицен.

Цоросулъ бугизего бугеб иццухъ лъим чорок гьабун буго цо бахьикъосас. Гьебгьекъа-гьекъарав чи гIадаллъулев вукIун вуго. ГIемераб мехалъ лъимго гьекъечIогоал тIубалищха, лазаталда гьекъон добгун гIадан хутIичIого гIабдалзаби рахъунруго. Цого цо цIакъго яхI бугев чи хутIун вуго цIодорго. Гьанже киналго росдалгIадамал рахъун руго асда данде ав гIабдал вугилан.  Азие ав гIабдал вукIинарищха.

ГьебгоахIвал-хIал буго гьанже нилъерги.

АллагьаслъикIаб хъван батаги.


Автор: Баху МухIидинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook