Авторизация

Лълъарни кквечIин, рачIчIгIаги ккве…

Лълъарни кквечIин, рачIчIгIаги ккве…Шамат къо… Хъах1лъи балеб заман… Т1урана макьу… Ч1ван лъуна пикрабаз…

Жакъа Маг1арулазул миллиябгун маданияб автономиялъ рахьдал мац1алъул учительзаби данде гьарулел ругила, гьение яч1айилан ругьел бач1индал, гьабгощинаб жо сверана дир бет1ералда жаниб:

Бищунго квеш ккараб жо буго нилъеда нилъерго мац1аллъулги, гьеб мац1 лъималазда лъаялъулги к1вар бич1ч1унгут1и. Гьанже г1адамал хун ругила, нилъер рук1арал ц1акъал г1акъилал умумулилан бицунеб киназдаго раг1ун батила. Щай дол додинал рук1арал? Щай нилъ гьадинал ругел? Нилъер, маг1арулазул (бат1иязулги гьединго бук1ун батила, амма жакъа нилъеца нилъерго бицунеб буго), г1одосса т1адего батараб г1адат буго бихьинчияс жиндирго рукъалъулги, рокъор ругел хъизан-лъималазулги кинабго рахъалъ жаваб кьей, рукъ тун къват1ибехун гьабулеб щинаб х1алт1иги гьаби, гьеб рукъалъеги, рокъор ругезеги къвариг1араб щинабги ч1езаби. Гьев вук1ана гьеб рукъалъул хважаин, ва киналго гьесухъ г1енеккулаан ва кутакалда адабги гьабулаан. Ч1ужуг1аданалъ т1убалаан рокъо жаниб гьабулеб щинаб х1алт1иги, гьарулаан лъималги, кьолаан гьезие тарбияги. - Ле, гьаниве вач1ая цо, дица дуе тарбия кьезе буго гьабсаг1ат – иланги абун гуро тарбия кьолеб бук1араб. Эбелалъ малъулаан квешабги лъик1абги бат1а гьабизе, ч1ах1иязул адаб гьабизе, г1исиназе кумек гьабизе, х1алт1и бокьизе, Ват1ан бокьизе, мекълъи-т1екълъиялде данде ч1езе.  Тарбия кьей бук1ана лъималазе гьавураб къоялдаса нахъе эбелалъ кинидахъ ах1араб кеч1, рицарал маргьаби, кицаби, бицанк1аби. Кидаго лъималазда т1ад кверги лъун аск1ой йик1ана эбел.

Лълъарни кквечIин, рачIчIгIаги ккве… Гьанже, яхъун цо Цеткинилан абурай г1аданалъ ягъун-семун рахъун руго нилъее, руччабазе, бихьиназда ращадал ихтиярал… х1алт1изе. Г1адаллъи бихьуларищ цо г1аданалъул. «Нормальный» чиясухъа к1иго х1алт1и цого х1алалъ лъик1 гьабун бажаруларелъул, х1алт1и гьабич1ого «тунеядецлъун» Совет х1укуматалъги толарелъул, рукъалъул ишги, лъималги, гьезие тарбияги хъушт1ана к1одоэбелазде. Дир г1елалдаги, дагьал ч1ах1ияздаги лъимерлъи рак1алде щвезабуни, цох1о к1одоги к1удадаги гурони, эбел-эмен цере ч1оларо. Гьел рук1ана къасилъи гурого къадлъи гурого х1алт1илел. Цоцакьа къеч1ого. К1одоэбел йик1ана лъималазда аск1ой. Гьелъ ах1улаан ва ц1алулаан к1уч1дул, рицунаан маргьабиги, т1амулаан кицаби, кьолаан бицанк1аби. К1одоэбелалъ малъулаан  адаб-хъатир кин гьабизе кколебали, гьелъ бицунаан киг1ан бах1арчиял чаг1и рук1арал нилъер умумулали, унго-унгояв бихьинчи кинав вук1ине кколевалиги, унго-унгояй ч1ужуг1адан кинай йик1ине кколеялиги. Гьанже дол к1одоэбелалги гьеч1о, херал чаг1иги гьеч1о, киналго руго хъулухъалда… Лъималазе тарбия кьезе, гьезулгун рак1 рагьун хабар бицине, гьезда рак1алда бугеб лъазе, гьезда аск1ов вук1ине рег1арав чиги нилъер гьеч1о. Маг1ишат гьабулел руго. Телефоналъ к1алъан «ты где?» «поел?» «делай уроки» - иланги абула, гьелдалъун тарбияги лъуг1ула. Гьеле нилъер нилъерго лъималазулгун гара-ч1вари.

Кир ругел нилъер лъимал? Лъица нилъер лъималазе тарибия кьолеб бугеб? Лъик1аб гьудул-гьалмагълъи ккани - лъик1ал лъугьинехъин руго нилъер лъимал, квешаб гьудул-гьалмагълъи ккани –квешал лъугьинехъин руго.  Лъик1аб-квешаб бат1а бахъизе лъицаниги малъун гьеч1елъул, гьури пулеб къоялъ х1елкил рач1 г1адин, рача-рачаралъуй унел руго нилъер лъимал. Аллагьас ц1унагиха т1убанго къвариг1ел гьеч1ел чаг1азда гъорлъе гьел ккезе,  гьеб мехалъ т1убанго г1адада лъималги хола… - вай!!! гьабилеб дарман!!! – бачунел нилъги хут1ула. Гьанже к1иябго квералъ къан бет1ерги ккун, лъугьуна улбул, доб къасилъи гьеч1ого къадлъи гьеч1ого гьабураб маг1ишатги ч1ван ч1обого бичун, вас яги яс хвассар гьаризе, г1адамазулъе рахъинаризе. Бажаруларо. Кватун ккола доб бекаяб бет1ер. Росулъ бищунго бечедал, рес бугел жалила, Дагъистаналдаго ц1ар раг1араб лъик1аб тухумила, Надир-Шагь щущахъ виххизавизе бищунго к1удияб квер бакъарал умумузул ирсилалила, к1иго «выщий абразование» бугев эменила, жиндаго машинацин бачине лъалей эбелила…  кинила рес бугеб жедер гьадинаб рижи лъугьинейила…

Х1урматиял улбул! Лъица бицараб нужер лъималазда нилъ щалали, киса рач1аралали, кинаб тухумалъул, кинаб тарихалъул чаг1ияли, кин гьеб тухумалъулги, росдалги, Дагъистаналъулги къадру ц1унизе кколебали? Лъица гьезда малъараб дун маг1арулав вугилан абураб т1адег1анаб ц1ар борхатго кин кквелебали? Лъица гьабулеб бихьун гьезда лъалеб рокъор кин хьвадизе кколел, къват1ир кин хьвадизе кколебали? Лъица гьезие ц1аларал кинидахъ куч1дул, маргьаби, бицарал Х1ожол Х1ожол, Ражбадинил, Хочбарил, Шамил имамасул, Х1ажимурадил… Лъалищ гьезда нилъер ц1ар раг1арал шаг1ирзабазул, хъвадарухъабазул, г1акъилал чаг1азул гъваридал пикраби?

 Лълъарни нилъеца кквеч1о, амма рач1ги борч1ун ани – хванаха нилъер х1алт1и. Гьеб рач1 буго гьанже нилъер рахьдал мац1алъул учительзабазухъ. Гьел руго гьанже дол нилъер к1одоэбелазул ирсилал, гьезде буго гьанже аманат. Аманат – нилъер лъимал. Гьел учительзабаз малъани, лъазехъин буго нилъер лъималазда г1адамаллъун рук1ине, гурони бук1инесеб нилъеда жиб-жиб къойил бихьулебги буго, раг1улебги буго. Нилъерго лъималазда рахьдал мац1алъ к1алъазецин рег1ун гьеч1о нилъ - лъик1аб-квешаб бицинеяли щиб гурин... Ц1одорал жал рук1аралани, нилъ к1иябго накуги цебе ч1ван гьардолаан рахьдал мац1алъул учителасда: «Аллагьасе г1оло, х1урматияв муг1алим, маг1арул мац1ги малъе, маг1арул г1адат-г1амалги малъе, г1аданлъун вук1инеги малъе гьаб дир рижиялда, к1вараб кумек дицаги гьабила, х1алт1и лъуг1арабго» – ян. Гьелъул бак1алда нилъер улбуз абулеб раг1ула, гьеб мац1али лъач1ониги к1варич1ин, гьадаб цо ЕГЭ кьезе математика русский лъаралдаса нахъе йилан…

Цо пикруялъул гъварилъи. ЕГЭги кьун «престижный» вузалде ворч1аралдаса нахъе, добаги «гьав дир вас цодагьав г1антав вугилан дуца гьеб ведомосталда гъулбас гьабе, ма  гьелъухъ дуего г1арацги» - йилан щуябго соналъ эменги хадув хьвадун, щвела диплом. Г1арцуда барахщич1они баг1арабгицин щвезе ресги бугелъул. Эбел-инсуда жужах1алъул г1акъубаги бихьун ЕГЭги кьун, институтги лъуг1ун, чвантиниб дипломги лъун диваналда вегун вугев «тухумалъул ч1ух1и» - ясда щиб гьабилеб? Гьанже х1алт1иги босизе ккеларищ бичун… цо килищ хъванги х1алт1изеги кколареб, к1удииииияб харжги щолеб. Кидаллъаг1анха ав телев вегун, хирияб диванги х1улизабун. Гьанже хадуб дица халат гьабиларо, гьелъул гвала-рахас нужеда дидасаги лъик1 лъалелъул. Гьадабгощинаб жо гьабич1ого, гьав маулх1аятасе бук1ине кколеб маг1аруласе кьезе кколеб тарбия кьун бук1арабани, дос кинабго жо жинцаго гьабулаан, бет1ерги саг1ат г1адин х1алт1улаан, эбел-менги х1алт1ич1ого хьихьулаан, курортаздеги жоги рит1ун, г1умруялъ жужах1алъул г1акъуба бихьун гьабураб маг1ишатги рокъоб хут1улаан.

Гьалмагъзаби, гьанже нилъее гъанкъулев чиясе гъанц1а-къич1 г1адинаб жо буго рахьдал мац1алъул учительзаби. Нилъеца гьезие ч1езаризе ккола киналго шарт1алги, гьабизе ккола к1вараб кумекги, гьезда цадахъ нилъеца нилъедагоги лъималаздаги бич1ч1изабизе ккола гьелъул бугеб к1варги, гьезда цадахъ лъугьун лъазабизе ккола мац1ги… рокъор лъималазда нилъерго мац1 бицунг1аги нилъехъаги бажарулелъул. Рокъор рихьулел гьеч1они, телефоналдасанг1агиха…

Гьединал пикрабаз кодое йосун, рак1алдаго гьеч1ого щун батана къват1ие яхъине заман. Тирщун т1адеги яхъун, хьваг1ун квергун ине рекъон бук1инарилан цо ич1го-анц1го т1анчида хъварал дирго пикрабиги росун, екерана Миллияб библиотекаялде. Дихъ ралагьун ч1ун рук1арал г1адин ратана киналго. Цо дагьа-макъал, дираздасаги г1емерал пикраби бот1ролъ сверулел чаг1и хут1изег1ан, киналго ругоан гьенир. Гьа, хадур хварал хадур рукъилиланги абун Маркъоца рагьана мажлис. Гьикъа-бакъарана учительзабизун, рак1алда ругел мурадал рицана… цо-цо дида цере ругел кагътазухъ берги бук1ана реч1ч1изабулеб. Циндаго вуго вахъунев, яхъайила Баху, бицейила щибги босун мун гьание йилъараяли... Рес щиб? Яхъанаха… Нечон холаго… Бицанаха… Ц1аланаха… Бицанаха… Ц1аланаха… Сваказег1ан.

Рак1 унтун бугелъул, бицинч1ого кин телеб? Учительзабазда бицараб щинаб жо дица гьаниб бицинищха… Нужей бицана, гьадаб макьуги щоларого йигей мехалъ гьарурал пикрабазул. Амма, цо гьит1инаб жог1аги бицинч1ого ч1езеги к1везехъин гьеч1о. Гьале гьеб:

«…Бищунго х1ажат буго гьел учительзабазе х1алт1уе шарт1ал ч1езаризе, кабинетал, т1ахьал, дарсие кумекалъул алатал, харжалде т1адеги гьезул гъира базабизе цодагьабго г1арац (нилъер лъималазе тарбия кьуралъухъ гьеб киг1ан кьуниги бегьиларищ). Цойги к1удияб масъала рахьдал мац1алъул дарсил бугеб к1вар нухмалъулездаги бич1ч1изабизе, дагьалги т1адег1ан ругел органаздаги, х1ата бищунго т1ад вугевасдацин…»

Г1емерав чи вахъана к1алъазе, ва г1ажаибго релъарал пикраби ратана киназулго. Гьабизе кколеб жоги лъалеб батана, гьабизе х1адурал чаг1иги ратана. Х1асил-калам, гьенибго г1уц1ана «Маг1арул муг1алимзабазул цолъи» ва хъата-масан гьелъул г1оркьги кьуна дихъе кквезе. Гьай г1емер гаргадилей йигин, х1алт1изе кинайдай йигейилан, дир х1ал бихьизе кьураб жоги батизе бегьула.

Аллагьас лъик1аб хъван батаги.

29.04.15


Автор: Баху МухIидинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook