Авторизация

Шамил районалде бухьараб сапар…

Циндаго, рокъоб, къватIиб, хIалтIуда, интернеталдасан, телевизоралдасан, газетаздасан дида сверухъ бугеб щинаб жо батана гьаб магIарул мацI холеб бугила, чIахIиязги хвезе толеб бугила, гIиссиназеги гьеб къваригIун гьечIилан ахIделеб. Шагьаралдаго гIадин гIурус мацI бицунеб бугила росабазул къватIахъги лъималаз чIухI-чIухIизеги гьарунилан бицана цо эхеса ячIарай гIаданалъги… Дир мугъ бекизе. ГIинда рагIаралдаса, берда бихьараб лъикIилан, гьеб лъималазда авар мацI лъаялъе кумек гьабизе кколей чIужу дун йигилан цо цIодорав чияс абураб жоялдаги божун, инчIого чарра гьечIилан цо-цо хIалтIуда ругел чагIиги гаргадун, яхъана къватIий.

Щвана ХIебдае. КIиго мегIералда гьоркьобги къан, бакъул канлъиги гIоларого, гIодой биччараб гIурул сасалъ кьижизабураб гIадин батана гьеб росу. Амма, гъутIби тIегьан ругоан.

Гьебго районалъул вакил ГIайшатица гIодоб хIетIе хъвазе течIого шагьаралдаса бахъараб районалъул администрациялъул азбаралъуе щвезегIан нухарегIана. ВахI – илан ккана дида ракIалде…, гьаб щиб шагьаралъул паркалдедай гьалъ дун ячарайилан. ГьедигIанги берцинго къачIараб чIухIараб бакI бугоан гьеб. ГьебсагIатго данде екерун ячIана районалъул газетаялъул бетIерай редактор ГьитIинова ПатIимат, ва мун жиндир гьобол йигила, лъабабго къоялъ цIарцин цIехечIого дур хьобохъ чIелила жийилан лъугьана… ЦIарни дица гьелда цебего бицун букIана, талихIалъ. Гуребани, його йойилан йикIинаан…

Гьанже, ячун жаниегун цо чIухIараб хьонбакIалда кIусизаюна, кьер-кьерал чаял тIуна, цо кьурулелги, кIиго кьурулелги, кьуризего кьурулалел меседил кагътилъ цIакъ берцинго мухIканго жемаралги камитал рачIана, печенабигун цадахъ… Куни-холи-толи жоги букIинарищха, бицинейищ ккелеб… БицинчIогоги кин телеб гьададигIан тIагIамал, кIутIбузда хъваралго кIалдиб риун унел кьер-кьерал Муъминатил пурщабазул… Гьадинго таниги тIубараб анкьалъ инкар букIинареб хIал ккана.

БукIаниги, бегьиларилан дидаго яхIалги гъун, рахъана къватIий. Щвана районалъул цIали-къалиялъул тIалаб гьабулеб идараялде. Ватана гьелъул нухмалъулев ХIажиев Ибрагьим Ибрагьимович. ЦIакъ воххана гьев дун ячIиналдаса. Лъаларо, жиндирго гьудул, дир инсуца битIараб саламалдасаги тIахьаздасаги воххун ватизеги бегьула. Амма, дида ккана Шамил районалъул лъималазда авар мацI лъикI лъалеб бугищали ва гьезда гьеб лъикI малъулеб бугищали хал гьабизе дун ячIиналдаса гьев цIакъ вохханилан. Гьесдасаги цIакъ йоххун дунгоги йикIана, гьанже лъалин дида аб авар мацIалъул кинаб ахIвал-хIал бугеб магIарул районазда, росабалъилан. Кинал суалал, гIунгутIаби, тIад рекъоларел бакIал, лъималазе захIмалъаби ругел гьал нилъерго авар мацIалъул ва адабияталъул тIахьаздаялиги лъазе бокьун букIана. ЦIиял гьаризе кколила программабиги тIахьалги ФГОСалда рекъонилан чIун-чIунги бугелъул тIадчагIазулги.

Гьеб Шамил районалъул ракьалде щварайго, щаялиго Гьидалъе цIана ракIалъ. Дора дол нижерго хундерил гIагарал чагIи Хочбарил наслу-тухум букIиналъгIаги батила. Дихъ валагьарабго бичIчIана Ибрагьимидаги кинал росабалъе, кинал ишколазде дун йитIилеяли. Абизецин ккечIо.

ТIоцере щвана ХIебда росдал ошколалде. Данде ккара-ккарал лъималаз цIакъ нечадго «издравствуйте» - йилан йорчIами кьуна дий. Дунги йоххиларищха, валлагьги «издраствуйте» - илан. ЦIакъ тарбия щварал жал ругоан. Гьениб гьабураб, ва гьениб гуребги ТIидиб школалда, ГьентIаб школалда гьабураб щинаб адаб хIурматалъул бицунеб бугони, аб газетаги тIубанго дие кьезе ккела… Гьединлъидал, гьелъул хадуб бицина…

Кинаб школалде щваниги, «издраствуйтего» «издраствуйтейилан» лъималги рукIана сверун лъугьун. Азда магIарул мацIгойищ лъаларебилан гьикъидал, мунги цо хъахIа-махIай жо йигелъул гIурусайилан ккун ятилилан ракI-макIги гьабуна дие.

Директорас ишан гьабигун, алхIам цIалилалде, рекерун рачIана киналго авар мацIалъул ва адабияталъул учительзаби. Бицана жидерго хIалтIул, гIолел-гIоларел рахъазул, ругел гIунгутIабазул, щай эб эдин бугебалигиха. Кинабго гIайибги азда букIинищха. ГIайибго щиб букIинеб учительзабазда, букIине кколеб къадаралда цIалул тIахьалги щолел гьечIони, щварал тIахьалги программаялде данде кколел гьечIони, учителасе кумекалъе алаталги гьечIони, лъай камиллъизе бокьаразе тIаде цIализе жоги гьечIони… Амма, дарсидеги ун лъималазухъ гIенекараб мехалъ, ракIалъе лъикIго бигьалъи ккана. БацIадго, берцинго бицунеб магIарул мацIалъги, лъималаз дарсазда кьолел жавабазги хIайран гьаюна. Россиялъулго «Учитель года» тIадегIанаб цIар щварав тIидисезул историялъул учитель Ахбердилов Ахбердилоца жиндирго кабинет бихьизабуна. Жание лъугьарайго бичIчIана кутакалда жиндирго хIалтIиги бокьулев, лъималаздаги гьезул лъаялдаги ракI унтарав чи вукIин.

ГьентIасезул 9 классалъул лъимал ратана адабияталъул дарсида Багъатар ХIажиевасул «ЦIадакьа бахчулеб дир чанил бурутI» - алда тIад хIалтIилел. ЦIакъ берцинго мухIканго цоцалъа бахъана лъималаз гьеб. Киналго героязе битIараб къиматги кьуна, лъида релъарал рукIине бокьилеб букIарабали, лъида релъарал рукIине бокьилареб букIараб ва щаялиги бицана. Цо-цо дикьа нечон, лъалареб ххвел гьабулел лъималги рукIана. Лъалареб жого гьечIого долги рукIинищха, лъималлъидал. «Севералда бугеб дир милъирщо» - ги гьевго Багъатарил, гьанжего гьанже рокъобе цIализе кьолеб букIаниги, цо-кIиго чи хутIизегIан кинабго классалъ цIалун батана, чIезего кIвечIого…

Гьанже, яхъун цеегун ГьитIиновалъ, гьале гьев, мунагьал чураяв, Багъатарил яс, «Миллат» газетаялъул бетIерай редактор Зульфия ХIажиевайилан суратги бихьана лъималазда, гьей нижер гьудул йигилан цIакъ чIухIунги кIалъана. Унха, унхайилан, цIацIазабун габургун дунги тIад рекъана. Нахъойги гьейгун цадахъ рачIинин нижилан рагIиги кьуна… Амма, Зульфияда ракIалда бугеб жо щибха лъалеб... Ресги щиб гьелъул, рагIи кьун бугелъул.

Гьай дир гьудул ГьитIиновалъ хъвараб сценариялдаса лъураб, цIакъ лъималазе пайдаяб, гьел лъикIаб-квешаб жоялда ургъизе тIамулеб, ВатIан бокьизе малъулеб театралияб церерахъинги бихьизабуна гьебго школалъул лъималаз. ХIайранлъун, гьелъ гьабураб асаралъ магIил цIун бералгун дунги йикIана…

ГьентIасезул бугоан цIияб цIакъ берцинаб ошкола, гьениб гьабулеб щинабги гьединабго берцинаб букIинарищха.

Учительзабиги ратана дун щварал ошколазда хIалбихьи бугел, жодорго хIалтIи ракI унтун гьабулел, авар мацI цебе тIезе бокьарал, кинаб къваригIаниги диеги кумекалъе хIадурал.

ХIалтIи лъугIигун, рокъой ячун, кваназаюн, кечI ахIун, риидала аниб букIунеб берцинлъиялъул бицун, тIокIай зама-заманалдасан Гьидалъе щвечIого бажарулареб хIалалде ккезаюна гьез дун. Хасго нечезаюна ГьитIинова ПатIиматица. Гьебгощинаб адаб-хIурматалдаса хадубги, гIодоб хIетIе хъвазе биччачIого, машинаялдаги рекIинаюн рокъоецин щвезаюна гьелъ дун. Аллагь разилъаги, сахлъи кьеги.

НекIогоялдаса нахъе хундерил Бахуги ячIинчIого чIалгIун рукIун ратиларищха гьелги…

ХIасил, хIалтIулаго сунде кIвар кьелебали дида гIага-шагарго бичIчIана. Гьадиналго сапарал цойгидал магIарул районазде гьабизеги ракIалда бугелъул, Бичас биччани, кинабго битIун ккела.

Амма, къватIахъ лъималаз магIарул бицунеб бугоан…

20.03.2015


Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook