Авторизация

Цин божун… цин божичIого…

Заирбег Г1алихановасул пьесаялда рекъон, Х1айбула Г1абдугъапуровас Авартеатралда лъураб «Муг1рузул Г1али» спектакль бихьич1ев чиясда, щиб бицунейдай ай йигейиланги ккела… Бук1аниги, бицинч1ого ч1езе к1олеб х1ал гьеч1о.

Бич1ч1ич1ев, бихьизе а.

Азарабго баркала буго нилъер Авартеатралъул нухмалъулезе, режисеразе, сценаристазе, гьенир х1алт1улел артистазе ва цойгидалги киналго, нилъее г1оло, нилъ роххизаризе, хинлъизаризе, нилъеца мекъаб-т1екъалда т1ад пикру гьабизе, квеш-лъик1алъухъ ралагьизе, бащадабгицин ц1еч1еб залалда цереги рахъун нилъее театр бихьизабилилан лъугьарал.

Чанц1ул бицаниги щиб, долго, фонограммаги биччан, бихъилеб х1алалъ к1алги гьак1к1ан (нилъеда умаб жойилан ккезе) цере рахъунел, «рожа кракадилия», - йиланги жоги ах1улел чаг1азул концерталда гьебго зал бук1уна жагацин г1одобе бортилареб х1алалъ ц1ун. Щайдай?

Гьел пикрабиги рач1ун, гьадал нилъеда цереги рахъун, ункъго-щуго чиясе театр х1алел ругел артистазукьаги нечон, гьабилеб жоги т1аг1ун йик1ана дун.

Унго-унгояб маг1арул мац1! Мац1алъул пасих1лъи… Раг1абазул гъварилъи… Гьелъул г1ажаибаб гугьар! Унго-унгояб маг1арул рет1ел-хьит! Унго-унгояб маг1арул рук1а-рахъин… рукъ-бак1… къайи-свери… кеч1-бакъан! Бак1ит1ерахъин! Машааллагь, киналъго рек1ее гьабулеб асар!!! Лъицаг1аги гьазухъе гьадинаб ихтияр кьурабали, махщел бугел артистаз бокьа-бокьараб гьабулеб бук1ана ралагьаразул рек1ее… Релъизарун, роххизарун, ч1ух1изарун, пашманлъизарун, г1одизарун, ццидаххинарун… Гьедин гьабизеги ккола. Божизаризе ккола жидецаго бихьизабулелда.

Амма, цо-цо бак1алда дун божулей йик1инч1о.

Артист х1алев вуго, амма дун божулей гьеч1о. Г1алица Зада йокьулилан абулеб буго… Божуларо! Кинха божилей, дида берда цеве вуго къого-къоло щуго сон баравг1адав г1олохъанчи Г1алиги, досдаса г1езег1ан к1удияйг1адай Задаги - гьанжего гьанже анц1ила микьго сон барай ясалъг1адал жал гьарулей. Киг1ан х1аракат бахъаниги, божизе к1веч1о дида. Божич1ониги божараб ххвелги гьабун ялагьана… Цин божун, цин божич1ого… щвана, Г1алихъе мац1ихъабиги рач1ун, Г1алил ццин гьалаглъараб бак1алде.

Муг1рул рагъарана, зобал гъугъана, 

Гъаргъар щварав Г1алил кьер босун ана… - ян хъван буго халкъияб кеч1алда.

Киг1ан гьалагаб ццинха бук1ине ккелеб Г1алил, бер къапич1ого гьададиг1ан йокьулей лъади ч1вазе ккани…

Хьондаса гирараб гьорчо г1адинан,

Гьорца хъамураб т1амах кинигин,

Муг1рул регулаго, г1ор бахунаго… киг1ан векераниги, чи ч1валеб даражаялде кинго бахинч1о Г1алил ццин.

Маг1ардаса рокъове щвейгун цин эбелалалда гаргадана Г1али. «Муг1рузул Г1али» кеч1алда, лъадуда ханжар къазабун хадуб гурони гьев эбелалухъе вилълъунаро. Гьес гурищ эбелалда абулеб:

- Хъун тарабин, эбел, цо гьардараб ц1е,

Ц1а гьалагаб баке, хьаг к1удияб лъе.

Хъвезехъинги бугин микьбагьаб дег1ен,

Г1агарал-г1унт1арал рач1аян абе…, - йилан.

Хадув лъадуда гаргадана… Ч1уч1адилев вук1ин гурони, ццидал бихьулеб жоги бук1инч1о. Хадубги цо х1обода къвалги бан г1одана… циндаго вахъун ханжарги къазабуна. Божич1о!!! Ва киданиги божиларо! Гьадаб ццидаца чи ч1валаро! Гьединабго жо бук1ана жиндаго ханжар къазабиги.

Коч1олъ буго:

Цилъун гъулгъудана, бац1лъун хичана,

Хехаб цциналъ Г1алил г1акълу босана, - илан. Гьаниб, щибго ццинги бахъинч1ого къазабуна лъадуда ханжар. Махсаро батилилан ккана дида.

Кирха ругел дол Г1алил раг1аби:

- Асалам г1алайкум, ячурай лъади,

Дунищ к1очон тарав, тавбуйищ хвараб?

Хабалъеги цадахъ босзе гьабураб,

Гьудул лъик1ав щунищ, къот1и биххараб?

 

… Дур каранда балеб гьулияб маргъал 

Лъил чвантинибали бице дидаги,

Рукьалда рекъараб микьг1арцул курхьен

Кинав багьадурас хонжрода ккураб?

Лъадул:

- Каранда бук1араб гьулияб маргъал,

Мун росулъ гьеч1ого баларин абун,

Багьа т1адег1анаб хараялда гъорлъ,

Гъансил к1улал рич1ун жаниб лъун буго.

Рукьалда кенч1олеб микьг1арцел курхьен,

Мун тун бат1иясе кенч1еч1о, Г1али,

Мун рокъов гьеч1ого баларин абун,

Къаданиб жо борхун гъоркь биччан буго…

Кидадай гьел раг1аби раг1илаян гьак1к1ан к1алгун йик1арай дун… данде эбги бачун ч1езе ккана. Раг1улеб жоялъулги бук1ана цо санаг1алъи гьеч1олъи. Микрофоналде аск1оре ккарал раг1аби раг1ун, ккеч1ел – раг1ич1ого.

Г1исси-бикъинал жалазул бицуней ч1ужуги дун гуро… Амма, гьел дандеккунгут1ияз ва «бажарич1оха азухъа дун божизайизе», - йилан абураб пикруялъ дие рах1ат бук1инч1о. Божич1ониги, дун гурони гьенив г1одулев чиги дида вихьич1о. Унго-унгоги рук1арал чаг1илъидал дов Г1алиги лъадиги… долги рак1алде щун, ц1акъ рак1 бакъвана. Мунагьал чурадал(((

Цойги квеш ккараб жо буго нилъеда гьанже ругел артистазул ц1арал лъангут1и. Цере лъалаан гури киналго. Дида ц1арал лъалел рук1аралани, ц1ар-ц1ар ккун рехселаан г1олохъанал, махщел бугел артисталги… Баркала релъизаруралъухъ, роххизаруралъухъ, ч1ух1изаруралъухъ, пашманлъизаруралъухъ, г1одизаруралъухъ, ццидаххинаруралъухъ…

Дида лъалаха рокъоса бак1алги росун театралде унеб заманаги… Щибдай нилъее ккараб?

Амма, «ч1ух1арай Бахуда» кутакалда божана!)

24.11.15.


Автор: Баху МухIидинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • -1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook