Авторизация

ШтангачIужу

ШтангачIужу ХIакимзабаца хIукуматалъул гIарацги кьун гьарурал хIалтIаби, бергьараб жо гьабураб гIадин, зодире рахинарун хъвалел макъалаби, яги кучIдул рукIунаро дир. Амма, гьунарги, махщелги бугей, адабги намусги цIунарай, кидаго гьудулзабазе кумекалъеги хIадурай, Казбек мухъалъул Буртунай росулъа Булачова Зайнабилгун лъай-хъвай ккаралдаса, гьей гIаданалъул хIакъалъулъ казият цIалулезда бицинчIого ракIго букIинчIо.


Гьелъулгун букIараб дандчIваялда, гьадин бицана гьелъ:


— Гьаюна Буртунай росулъ, гьенийго цIалана школалде. ХIалтIана колхозалъул гIачиязул пермаялдаги. Росасе ун, кIиго лъимерги гьабун хадуб, 30 сонил гIумруялда йигей чIужу, 2005 соналъ заочно цIализе лъугьана Хасавюрталъул педколледжалъул физкультурияб факультеталде. Гьениб лъай-хъвай ккана бакIаб атлетикаялъул тренер Олхузур Эльмурзаевасулгун ва гьесда цере ругьунлъабазде хьвадулел васалазулгун. Гьезул залалде щведал, хIалбихьизего гIадин, дагьабго цIайи бугеб штанга борхизе йиччана. Росулъ бакIал хIалтIаби гьарун ругьунай дица гьеб бигьаго борхана. Хадуб, тIаде цойги цIайги жубан кьурабги борхана. Гьеб къоялдаса нахъе дун гьезул залалде ругьунлъабазде хьвадизе байбихьана. Къо анагIан, хIасилалги лъикIал кколел рукIана. Тренерасги дида тIадчIей гьабуна. ЛъагIел гIанасеб заман иналде дун Дагъистаналъул чемпионаталде 58 кг. цIайиялда цее яхъун, дица гьениб тIоцебесеб бакI ккуна. Гьебго соналъ дун Шималияб (Северный) Кавказалъул къецазда гIахьаллъана, гьениб дие лъабабилеб бакI щвана.


Гьелдаса хадуй дун, сон гьоркьоб биччачIого, жеги анцIго нухалъ Дагъистаналъул чемпионкалъун яхъана.


— Россиялъул чемпионатазда гIахьаллъичIищ мун? 


— ГIахьаллъана. Дир гIумрудул сонал 35 –лъе рахиндал, 2010 соналъ гIахьаллъана Тольяттиялда ветераназул къецазда, гьенийги, нахъисеб соналъ — Архангельскиялдаги, 2013 соналъ – Санкт-Петербургалдаги, 2014 соналъ Нижний Новгородалдаги — дун, ункъабго нухалъ ветераназул, дир гIелалъул руччабазда гьоркьой чемпионкалъун яхъана.


— Гьел чемпионатазда гуреб, цойги къецазулъ гIахьаллъичIищ мун?

 

— 2012 соналъ Черкесскиялда рукIарал Кавказалъул хIаязда (Кавказские игры) жидер рахъалдасан гIахьаллъеян абуна чачаназ доеги ахIун. Гьений бергьиндал, Р. Къадировас 200 азарго гъурущги кьуна сайгъаталъе. Гьеб спорталъул тайпа хадусел соназ гьел хIаязда гьоркьоса бахъана.


— Цойгидал спортивиял тадбиразде ахIулищ мун?

 

— 2014 соналъ Сочиялде рукIарал олимпиадаялъул хIаязда, цIа босун векерулев 67 чи вугеб къокъаялда гьоркьойги йикIана дун. Гьенир гIахьаллъарал киназего, В. Путиница гъул басарал грамотабиги, ракIалде щвеялъе медалалги кьуна.


— Ветераназда гьоркьой йикIаниги 11 нухалъ Россиялъул чемпионкалъун яхъарай чIужу дунялалъул чемпионатазде щайха инчIей? 


— Ветераназул чемпионатазде къватIисел пачалихъазде унел чагIазе спорталъул министерствоялъ доре ине гIарцудалъун кумек гьабуларо. Дирго гьений ине гIарацги букIинчIо, гьеб гьаризе чидахъе дунги инчIо.


— ВахI, дуе кумек гьабулев чигойищха вукIунарев? 


— Хасавюрталъул кирпич гьабулеб заводалъул директор — лъарагIав, Абакар абурав чияс, жиндихъеги ахIун, жинца цойгидалги спортсменазе кумек гьабулилан, диеги 20 азарго кирпич кьунаха, цойги дие жо кьолев чи ккечIо.


— Тамаша, Сайгидпаша ГIумахановас гьунар бугел гIолилазе, кисан рес батунги кумек гьабулаан гурищ, мун киндай гьоркьой тарай?

 

— Ниж цо росулъа чагIилъидал, жидерго гIадамазе квербакъулев вукIунин чидаца абилин тун ятилаха. Дунго гьесда аскIой жо гьарунги инчIо.


— Щиб хIалтIи-пишаялде мун гьанже йикIуней?

 

— Гостиница цIунулел гIолохъабазда гьоркьой хIалтIула, къо гьоркьоб тун. Лъимал-хъизаналдаса регIидал, ХIамидовасул цIаралда бугеб стадионалде, Сиражудин Вагьабовасул нухмалъиялда гъоркь, ругьунлъабаздеги хьвадула. Дир 15 сон барав васги 17 сон барай ясги ругелъул, гьезиеги хIажалъула заман.


— Гьезул бугищ спорталдехун хурхен? 


-Яс дзюдоялде, вас – каратеялде хьвадула. ГьабсагIатго гьезул щал бергьенлъабиха рукIинел?


— Хадубккун щиб гьабизе ракIалдаха бугеб дуда?

 

— Щиб дица батIаго гьабилеб, 40 сонил гIумруялдеги яхун йигони. БукIаниги, диего сахлъиялъеги лъикI букIинилан, ругьунабго ишги бугелъул, спортзалалде инчIого чIезеги кIоларо.


— Ругищ гьеб штанга борхиялде машгъуллъарал ясал нилъер гьанир цойги?

 

— Руго, гIемер гьечIоха. Дуда лъаларищха, нилъер гьанир руччаби росабазе арабго гьединал жалазде регIулареблъи.

 

  1. P. S. Гьединаб хабар ккана дирги, гьеб магIарул руччабазе ругьунаб гуреб спорталде машгъуллъарай гIаданалъулги. Гъварилъуде раккун ралагьани, нилъер руччабазухъ гьечIеб гьунар батулеб гьечIо. 

 Гьел, хIеренал улбулги, адаб бугел яцалги ясалги рукIин гуребги, кIудиял гьунаразул бетIергьабиги руго, Ма шаЛЛАГЬ.

Сахлъиги, гIумруги, хъизаналъул талихIги кьеги гьезие. 


Автор: СайгидахIмад АхIмаднабиев

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
blush Лъик1аб гара-ч1вари буго sunglasses 


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook