Авторизация

Ле, нилъ!

«Дирго рекIел тIинде ваккула дун щибаб радакь… ВорчIаравго дица хIисаб гьабула цебесеб къоялъ кканщинаб жоялъул… Цо гьитIинаб, гIажаибго бацIадаб, щибали лъалареб жо бачIуна рекIел тIиналдасан баккун…НамусгIаги батила. Гьеб жо лъугьуна дие мекъдаризе…», - илан хъвана мунагьал чураяв ГъалбацIовас цо макъалаялда.Чан чи ваккулев жиндирго рекIел тIиналде? Чан чияс гIин тIамулеб гьеб «гьитIинаб, гIажаибго бацIадаб» жоялъухъ? ХIал бихьея цо.Дир хириял магIарулал!
Нилъ рукIингицин гьечIищ кIудияб талихI? Щукру АлхIамдулиллагь! РукIинчIого рукIинеги бегьулаан гури. БичIчIулеб бугищ нилъеда нилъ рукIин талихI букIин?
Аслияб, гьабсагIат магIаруласда бичIчIизе къваригIараб жо буго, нилъ миллаталдасаги чIухIани (нилъер тарихалда чIухIизе жо гIемер буго), миллат нилъер щивасдасаги чIухIани (чIухIизе хIужжаги букIунха), кинабго битIа-бишун рекъа-решон кколеблъи.
Дагъистаналда нилъ магIарулал бищун гIемерал руго. Бищун гIемерал гIакъилал, гIамал берцинал, къадруял чагIиги руго нилъер, бищун гIемерал гIабдалзабиги ругоха.  Бугеб жоялда бугин абизе ккола.
Нилъер шагIир СайгидахIмад Ахмаднабиевасул руго гьадинал мухъал:
Цоял цIумаллъун руго,
Роржанхъулел цIвабзазулъ.
Цоял борхьаллъун руго,
Хьирхьидулел хьуцIазулъ, - илан.
ГьабсагIат, кIварабгIан жоги роццукь лъун, гIинзунир килщалги къазарун, доба борхалъудаги рукIун пиштIи-наку бачунел тIадчагIиги руго. Дозда рагIизего рагIулареб бакIалдаги рукIун, мекъдарилеб халкъги буго… ЯхI гьечIолъи бихьуларищила дозул, яхI-намусги бичун, щвараб жоялъухъ хъалаги бан, дора тIаса рахчун чIчIун ругила… КIвезегIаги кканийила…
Ничалъул асар бугев,
Инсан данде чIваларо.
Намусалъул тIанкIалде,
ТIаде ккезе кIоларо, - ян хъвана довго СайгидахIмадица
БитIараб буго. Кутакалда квеш буго яхI-намус гIарцухъ бичи. МагIаруласдаяли щай гурин, гIурусасдацин рекъараб гIамал гуро гьеб. Амма, чан чиясдай инкар гьабилеб яхI-намус бичизе, гьадал тIад ругезе щолебгIанасеб багьа кьолеб бугони? Чанас хъулухъалдасаги, депутатлъиялдасаги, хIакимлъиялдасаги инкар гьабилеб? Яги чан чияс, цохIо хIукуматалъ кьураб харжалда, хIалалго бацIцIадго, хIарам гъорлъе биччачIого, гьабилеб гьеб хIакимлъи? (Лъиданиги рагIулареб вихьулареб бакIалдеги ун, хIал бихье цо дурго рекIел тIиналде ваккизе). Лъаларо. Амма лъала, жеги гьединал нилъеда данд чIвачIолъи. ТалихI буго хьулгIаги халаааатаб жо букIин.
... Гьал цIумахъе хIалел хIелказул гIегIей,
ХIакимлъуде унел бачазул вечер,
Ричун гьаркьал росун рищиялги хIан,
ХIукумат кIутIизе кIанцIулел васал, - илан хъвана МухIамад Гунащевас.
ГьечIищха гьедин? Лъил васал дол? Нилъер васал. Нилъер тарбия. Нилъ лъикIал рукIаралани, нилъер хIакимзабиги лъикIал рукIунаан.
ГIарцуца чи хвезавулин абула нилъеца. Хваравго гьечIони, хвезавуларо. Дол хIакимзаби какулеб мехалъги, гIемерисел яхIалъул тIалабалда гурелъул рукIунел, жахIдаялъ кунел рукIуна. Гьединлъидал, хIакимлъуде рорчIараз, абурабги рагIичIого букIине, турабги щвечIого букIине, хьамурабги рецинчIого букIине, къварабгIан халкъалдаса рикIкIалъизе хIаракат бахъула, доб яхIилан абураб гьитIинаб жоги, тIад кIудияб къоноги чIван, бахчун тола, квал-квал гьабичIого букIине.
Гьеле нилъ. ЧIагого хварал. Хвараз кьураб тарбияги хвараб букIинарищха. Хвараб тарбия щварал нилъер наслабиги чIагоялищха рукIинел…
Гьаб чIагого нилъ хвезарулеб унтуе дару буго чара гьечIого хIажат!
Пикру гьабулев чиясе расги бигьаяб заман гуро нилъер заман. Гьезул рекIее буго бищун захIматго, гьаб сверун бугеб яхIгьечIолъи, ритIухълъи гьечIолъи, хIалихьалъи хIехьезе… Гьеб ахIвал-хIал къватIибе кьолеб буго нилъер шагIирзабазги
Чанги чи вигьинавизе, кантIизавизе, жиндаго барахщичIого гIумру Авартеатралъе кьурав режисер ХIайбула ГIабдугъапуровасул унтараб рекIел ахIи буго гьаб кечIги:
                          Ле, нуж!
Ле, нуж, хIел-хIедиялъ хIакимлъи шварал,
Швезе мустахIикъал гIарац кьун чIварал.
Ле, нуж, ияхI-намус сан гьабичIого,
Сундулъго макраби тIаса рищарал.
Нуж, гIакъу загIипал, сихIру гьарзаял,
Бечелъи гьабизе гьунар бергьарал.
Ле, нуж, гужби гIадин, квешалгун цолъун,
Цоцаца реццизе гIуцIаби ругел.
Лъай-махшел чагIазе къоралги гъун нуж,
Рищабалъ бергьине бажари гIолел.
ЖахIдаялъ мехтарал, ришват хириял,
ГIадамазда гьоркьор цIакъалин чIарал.
Хъулухъалъе гIоло, чиналъе гIоло,
Чилъи щибжояли кIочон тун чIарал.
Нуж хъулбузда ругел, кепаз гIорцIарал,
Кида ниж гIадинан хIалтIизе ругел?!
Ригьинареги! КантIизареги!

Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook