Авторизация

Жанаваралги хIайваналги

 Кинаб бугониги рукъ балеб бугони, ялъуни цойгиги кинаб бугониги бак1 балеб бугони бищунго цебе гьеб сверун къала. Росабалъ гьедин гьабулеб батич1ониги шагьаразда, цин ц1и балеб бак1, борхатаб чалиялъ сверун къала. Дида ккола гьеб ургъунго г1олохъабазе т1ад жидерго хъвай-хъваг1аял гьаризе балеб чали бугилан. Нилъеца киназго гьел хъва-хъваг1аял ц1ализеги ц1алула. Гьел ц1ализеги ккола — бокьараб т1ехьалдасаги, бокьараб спектаклалдасаги, бокьараб киноялдасаги, телевидениялдасаги гьел хъвай-хъваг1аяз бицуна нилъер обществоялъул бугеб ах1вал-х1ал, нилъер обществоялда г1олохъабазул бугеб даража, сундул пикрабазда гьел ругелали. 

Г1олохъабазул даража борхулеб буго. 

Дун гьит1инаб мехалда къадазда хъвалаан чорокал раг1аби. «Мага + Патя = Любовь» - иланги хъвалаан, чорокал раг1абиги хъвалаан. Бат1иял пикраби рук1унароан, бат1иял пикраби рук1унаан Коммунист партиялъул. Партияги хъвадарулаан къадазда, баг1араб ххамида. «Чахъа партия!» - ян хъвалаан, «ум, честь» -илан хъвалаан, «вперед» - илан хъвалаан. Гьел хъва-хъваг1аязда цадахъ рук1унаан «Мага + Патя = Любовьги», чорокал раг1абиги. Гьанже гьеч1о, гьанже чорокал жал хъвалел гьеч1о. Г1олохъабазул даража борхулеб буго.

«Даража борхулеб буго» — ян абураб раг1ул маг1на кколаро къадазда абиялги кицабиги хъвалел ругилан абураб. Чорокал жал хъвалел гьеч1олъиго буго даража борхи.

«Мага -зверь!» - илан хъвараб жо ц1алана Мах1ачхъалаялда цо къадада. Гьеб ц1аларав чиясда бич1ч1изе ккола пуланав Мух1амадин абурав чи кутакав чи вук1ин. «Зверь!» - илан абулеб раг1и кколеб буго г1олохъабазул мац1алда лъик1аб раг1и. Къуватги бугев, х1инкъи-къайги гьеч1ев, цеве ккарав чи т1у-т1ут1ун вазеги к1олев чи ккола «зверь». Жанавар. «Мага — жанавар!»

«Мага — х1айван!» - илан хъван бук1арабани гьев Мух1амадин абулев чияс вач1ун гьеб къед биххизеги биххун цойгидаб къед балаан гьеб бак1алда, хъва-хъваг1ай нахъе гьабизе г1оло. Ц1унаги «Мага» — ян хъвараб раг1уда хадуб «х1айван» — илан хъвазе! Сурула. Жанавар — илан хъвани «это другое дело», гьеб кколеб буго рецц-бакъ, х1айван — илан хъвани сурулев вуго Мага.

Аб щай г1олохъабазе жанавар бокьулеб бугеб, хайван бокьулеб гьеч1еб? Гьезул бат1алъи щиб?

Жанаваралъул инсанасе кинаб бугониги хайир гьеч1о, инсанасе гуребги гьеч1о жанаваралъул лъиениги хайир. Жанаварал руго жидеего г1оло г1умру гьабулел жал, цебе ккараб рух1ч1аголъиги т1у-т1ун бан. Х1айванал руго чияе г1оло г1умру гьабулел жал гьез рахьги кьола, нахги кьола, квасги кьола, гьанги кьола. Гьел кколел руго квешал жал, лъиениги щибниги кьоларел жанаварал кколел руго лъик1ал жал.

Г1олохъабазда берцин бихьулеб буго цо бак1алъ реч1ч1ун т1езаби, берцин бихьулеб буго къуват, берцин бихьулеб буго хъач1лъи, заг1ипав инжит гьави, берцин бихьулеб буго жиндиеего г1амал гьабизе лъай, берцин бихьулеб буго бат1иясухъа гьесул буголъи бахъи. «Дун х1айван гуро, дун вуго жанавар!»

Терракатал щайдила гьарулел ругел, расги г1айиб гьеч1ел г1адамал щайдила ч1валел ругел... Щибха жанаварас гьабизе кколеб?! Жанаварал рук1инч1ого нилъ х1айванал рук1аралани цониги террактги бук1унароан, цониги г1айибго ккеч1ев чиги ч1валароан. Нилъ х1айванал рук1аралани цоцазе кумек гьабулел рук1унаан, цоцаз ч1валел рук1унароан. Бокьарав чиясда абе мун х1айван вугилан, гьеб раг1иги квеш бук1ун ч1вазе вахъуна, жанавар вугилан абуни цо к1удияб къварилъи бук1унаро, г1олохъабазе бокьизехъинцин буго жанаварин абизе. «Мага — зверь!»

Нилъер киназулго бот1ролъ бессун бугеб гьеб пикру лъица ва кин хисизабулеб? Гьеб пикру хисизабич1они нилъер республика кибе кколеб? Гьабсаг1ат ккун бугеб бак1алдаса къват1ибе кин брч1улеб?

Разе бегьила ц1и-ц1иял заводал хайир гуреб жо гьезул гьеч1о, рахъизе бегьила нухал нилъер республикаялдаса нухал х1ажатаб бак1ал кибниги батиларо, разе бегьила к1алг1аби бечедаб г1умру квешаб жо гуро, цебе т1езабизе бегьила экономика ракъун ч1езе бегьиларо... Жив «зверь» вугилан ч1ух1арав Магада щиб гьабилеб? Х1айваналлъун рук1иналдасан жанавараллъун рук1ине бокьараб нилъедаго щиб гьабилеб?

Магаги вуго «зверь», Аликги вуго «зверь», Тамикги вуго «зверь», Русикги вуго «зверь»... Ал киналго жанаварал цох1о республикаялда рак1арараб мехалда щиб кколеб? Х1айванал ругеб бак1алде къват1ире рахъине ккола. Х1айван гьеч1еб бак1алда жанаваралъе квен щоларо, киналго жанаварал рак1арараб бак1алда бак1 къварилъула гьезие. Рахъине ккола къват1ире, г1урус ракьалде. Г1урусаз адаб-хъатирги гьабула, г1урус ракьалда дуе х1алт1иги кьола, рищватал росизеги гьезда лъаларо, дуца бицарабщиналдаги гьел божула — лъик1ал чаг1и руго... х1айваналха. Киса кирего, нилъер республика тун къват1ирехун киналго х1айванал руго, нилъ жанаварал руго — къват1ире рахъине ккола.

Жанаварал рук1ин бихьунлъидал нилъ Москваялда рокьулел гьеч1ел.

Лъиениги бокьуларо къезе. Нилъер вас къват1ив вагъун къун вач1ани квеш бук1уна, дуца гьурмалъ жо щай досул бач1еб, ч1ван щай рехич1ев, мун щай х1инкъарав — илан ц1идасан рокъовги вухула гьев. Гьеле нилъеца кьолеб тарбия. Къезе бокьуларо.

Нилъер Аварагас квенч1елда кьижун бук1араб кету борч1изабич1о, живго т1аде вахъине г1оло гьес къот1ун квенч1елгун гьелда т1ад бугеб кету добег1ан лъуна. Гьединаб бицен буго. Гьеб бицен киназдаго лъала. Кету ккола «зверь», жанавар. Гьелъ г1унк1к1 т1ут1ун бала. Аварагасул квенч1елда бук1араб катил ихтияр буго жиндикьа х1инкъун Аварагас квенч1ел къот1изе кканин абизе.

 «Дикьа х1инкъана Дов, дун буго зверь, дир макьу хвезабизе бегьуларо, лъан бук1а киназдаго!» - гьеле катица гьабизе бегьулеб пикру. «Магада» гьикъани гьес абизехъин буго кету бергьанилан. «Авараг катикьа х1инкъана, гьесда к1веч1о кету борч1изабизе, гьев жиндирго квенч1ел къот1изецин т1амуна катица». «Магал» пикруялда рекъон гьеб буго бергьенлъи. Авараг къуна, гьес квенч1ел къот1ун нахъе рехизе ккана.

Нилъеца бицун бук1ана х1айваналъул инсансе хайир бугин гьелъ рахьги, нахги, х1анги, квасги, гьанги кьолилан. Амма х1айвана жиндиеего бокьун кьолеб жо гуро гьеб, гьелда жиндиего бокьун лъик1лъи гьабизе лъаларо. Жанаваралъ киданиги гьабич1о лъик1лъи, гьелдаги лъик1лъи щиб жоялицин бич1ч1уларо. Лъик1лъи щиб жояли бич1ч1изе ккани къвариг1уна г1адан, я жанавар гуро, я х1айван гуро — г1адан. Дунялалда бижараб рух1ч1аголъиялъул цох1о инсанасда гурони лъаларо жиндаго бич1ч1ун, жиндиеего зарал гьабунги лъик1лъи гьабизе, инсансда гурони к1оларо т1ад кету кьижараб квенч1ел къот1изе.

Я жанаврал гуро нилъ, я х1айванал гуро. Нилъ руго г1адамал. Гьеб бич1ч1ич1они нилъер республикаги хисуларо киг1ан ц1акъ президент гаргадилев вугониги.

«Мага — зверь!» - илан хъвараб жо къададаса чуризе бегьила, гьеб раг1уда нахъа лъун бугеб ч1ух1араб ах1ул ишара бот1ролъа кин чурилеб? Гьеле нилъер республикаялда ч1ван бугеб цойгиги унти.


Автор: Гъазимух1амад Гъалбац1ов

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий


ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook