Авторизация

Бице, магIарулал, нилъерабго мацI!

 

Кинидахъ ахIараб
кечI – магIарул мацI,
МоцIрохъе бицараб
маргьу – рахьдал мацI.

Т.Зургьалова
 
Бисав вуго кIалъалев, майила дуе казияталъул гьумерги, цIалдолезе кIвар бугеб, ракI балеб, цIализе гъира кколеб гIадаб жо хъвайила. Бищунго цIалдолезул цIализе ва бицине гъира кколеб, гьезие кIвар бугеб жо политикаги, кьишни-къулгийищ бугебали, тIокIаб жо рагIулеб гьечIо свера-хъверун. КIиябго цого чороклъи букIиналъги батила.. Амма, щай гIадатиял гIадамазе гьелъул бицун. Жалго те жидедего руссун.
РачIа нилъ унго-унгоял магIарулал ракIалде щвезаризе. Унго-унгояб магIарул мацI бицунелха. Щиб лъалеб, гьелги берцин рихьун, гьединаллъун рукIинилан кIиго чиниги лъугьине бегьулелъул… дир макъалаги цIалун.
Дидани дунго гIолохъанчIужуйилан ккола. Амма гьаб дир гIолохъанаб гIумруялда жанибцин магIарул мацI хисараб куцха. Шагьаралда ругел «аварец» - илан гурони абизе лъаларел магIарулазул гуро бицунеб бугеб. МагIарул росабалъ ругел магIарулазцин гьанже гIурусалъ бицуна магIарул мацI.
Гьале гьадин:
- Йо, Лиана, рокъо йигищ?
- Йиго вала, заходи.
- Дур варотабиги рагьун ратун, яккулей йикIана жание. Васги вугоан дур дворалъув играца гьавулев.
- Садикалдаса вачIаравго, мама, я играца пайдуйилан, цо минуталъ рокъов чIоларо эв, Саседазул лъималгун играца гьавулев вукIуна пака я не пазаву.
- Руслан рейсалдаса вуссинчIищ? Дие памидоразул ящик купийилан цо тысяча рублей кьун букIана эсухъе, сдачаялъухъ крышкабигиха…  Не забыл интересна? На зиму хIадурараб жого гьечIо…
Гьале гьанже гьаб чIанда хабар халалъизабизе бегьула, долго рищиязул, политикаялъул, би
хьараб сериалалъул, базаралда кинабго жо хиралъиялъул, ГIунайзатил бирллиантазул, гIолареб гIарацалъул, лъималазе босичIого чара гьечIеб, амма кутакалда хирияб айфоналъул, МухIумица хIакимлъуде индал приора хисун босараб Мерседесалъул, ХIамидица тIохда ккураб хирияб маххалъул ва гьеб гуреб цойгидабги гIемераб жо бицун. Гьабго, магIарул лъалареб, гIурус лъалареб, мацIалъ.
ГьитIинаб къоялдаса нахъего, ошкол лъугIизегIанги, дун гIемерисеб мехалъ кIудадада, дахIабабада ва дадабабада аскIой йикIунаан.
Доб заманалъул гIадамал рукIана цIакъ кIал пасихIал, пагьму бугел, кутакалда гIенеккизе бокьиледухъ гаргадулел чагIи. Дица кидаго гIажаиблъи гьабулаан, гьезда лъалел щинал кучIдулилан. Бокьараб рагIиялда, чиясда яги ахIвал-хIалалда данде кколеб я кици, я бицен, я кочIол мухъал рукIунаан гьезул кIалалда рухьун. КIудадал, щив жанив вачIаниги, гьесде данде кколел кочIол мухъал ратулаан хIадурун. Халкъияб кIалзул гьунар гьезда рекIехъе лъалаан. Нилъеда лъалароха. Нилъеда лъала, лъалареб жо цIехезе, цо кибалиго килщалги тункун «окейгугал» - илан ахIдезе. Амма, магIарул халкъияб кIалзул гьунар кинабго лъалеб элдагицин лъаларо.
Гьанже рачIа дандекквезе 20-30 соналъ цебе росабалъ бицунеб букIараб магIарул мацIги, гьадаб тIадехун дица бицараб мацIги:
- Йооо, Хадижат, гьардарай-дахIалайха мун, гьедин берцинго нижер Къебедица хьихьун йигей… ЦIорол ясикIойилан ккола, гордухъан яккарайго, - илан жание лъугьун ячIуна ХIалимат.
- Ихдал кьибил куней кьегIер гIадай дун,
Эбелги гIедегIун, гIадада хвана... Досдаса анцIила щуго соналъниги йитIинай йигоха, ХIалимат, дун. Валлагь лъикIавги вуго, Аллагьас гIумру халатав ватагийин
– илан чIухIиги, рокьиги, хIеренлъиги жубараб гьимигун гогьдаризе лъугьуна Хадижат.
- Гьадаб тIингъида къвалал ралеб куц бихьизабизе вачIинин вукIанаха эв… кIочонищ тарабали – илан, пашманал бераз Хадижатихъги ялагьун, жиндирго мурад бицуна ХIалиматица.
- Гьаб дуниялалда цIа рекIаниги
ЦIунизе кIоларо кIалзул рагIаби.
Чармил хвалчабазул сур пунаниги
ХIехьезе кIоларо хIасратаб рокьи….))) ЯчIун йигищ, ХIалимат, щиб бугеб свак-захIмат? Хур бекьарабищ, бокь бахъарабищ? БитIараб бугоха, хасалоялде тIимугъ иххдалго къачIазе ккола
– илан, магжида квералги рахъулаго, нахъа рокъоса къватIиве вачIуна Къебед
- ХъахIилаб зодихъе моцIги холелъул,
Хваниги кIваричIо бицараб рагIи, Къебед. Гьаб росдал жамагIаталъул дуда цIехечIого гьабулеб жоги букIунарелъул, регIун ватуларевлъиги лъала, амма, рес гьечIоха гьадав дир ГIалихIма исана хасалоги тIимугъги гьечIого квачан хвезе…
йиланги абун, хехго хабар батIияб сверуде бачуна ХIалиматица, - Гьа, бицеха, Къебед… магIарде ун вукIаравищ?…
- Борхатаб магIарде багIар гIечул гъветI
Гьебги гъунеб буго дир гъаримлъиялъ.
Гъваридаб кIкIалахъе зум-зумалъул лъим,
Гьебги къунеб буго дир къварилъиялъ
– иланищ йигеяли, ХIалимат?... Валлагь вукIанаха, магIардеги щвана, гIалахги сверана…
МугIрул руго гIодилел
Жал гIазул цIун ругилан,
ГIазу биун тIегь бала,
ТIубала нилъер мурад.
Вуссанаха дирго гIамиркIо Хадижатихъе. Киве аниги, гIажаибго рокъове, цIала ракIалъ.
Авлахъалда тIегь буго,
КIвеладай дида тIезе?
Росулъ меседо йиго,
Вокьиладай дун гьелъий?
– илан, жиндирго рекIелъ бугеб рохалилаб асар бахчизейиланго лъугьунев вукIунаро Къебед.
-  ЩибгIагиха босараб ай дур гIамиркIо Хадижатие сайгъаталъе?
- Дие катан босе, Камалил Башир,
Сверун жалал ккураб, жаниб цIар хъвараб.
Чарчараб кIаз босе, дуй нух битIаяв,
Расен меседилаб, хьухьи гIарцулаб.
ЧохтIуй хара босе, хъергъудул берал,
Нахъ балагьарай дун кIочон течIого
– йилан, ячIун Хадижатица, рухIилаго пурщабазул си цебе лъола ва рилълъиналдалъунгицин загьир гьабулеб букIуна жиндирго рекIел хIал.
- Дуй чилай босила – чед бежун ячIа,
Чилайдул кIаз босла – нух битIун ячIа
– илан, Хадижатие гьимизеги гьимун, Къебедица ХIалиматида аскIобе хъурщизабула бакI ва, – доб нилъер гагадул урбаги босеха, Хадижат, цебе -йилан ахIула, жаниехун арай лъадуде.
- Щиб, ХIалимат, гьаб нижер накъиталъ кепго кьолеб гIадин гьечIо гури дуе… Щай къваридго йигей?
- Дир ракI бакъванилан гIайиб батани,
ГIенекке, дир гьудул, дица бицинин.
Дуего бокьилищ, дир къули берцин,
Дуца кьолораб чу чидад рекIине?... РекIеда гьури бан чан къоялъ тарай дун ГIалихIмаца… Щиб эс гьабуниги, эсда гьури хъвазеги бокьуларо дие. Гьале гьанжеги кидаялиго бачIине бугеб хасало ГIалихIма квачалин хIинкъун, эсул тIингъил тIалабалда йикIана къватIие яхъун. ЦIодорайилан дида лъицаха абилеб…
- Гьанжеги добго гизмаялдейищ жуварав ав нилъер лачен? ТIингъил къвалалали кин рукъаниги рекъела эсда, амма бетIер битIун ккезабичIого рес гьечIоха.
- Гъоркьгоги гьалдолеб гьинал рекIеде,
Гьалун загьру тIуна талихI къадица.
Жибгоги цIадулаб цIилал каралда
Нартил цIа бакана, къагиха талихI
– илан шалил кIалалъ магIу бацIцIуна ХIалиматица
ГьебсагIат тIаде лъугьун вачIуна ГIалихIма, гIумру халатав жогIаги ватила чехьчурад.
- Ассалам ГIалайкум, Къебед… Квешаб хIал бихьуларо нужер… ХIалчIахъаяй, Хадижат, цIурачадалги руго жиндаго релълъарал…
- Ва гIалайкум салам, саламатав чанахъан, вачIая, гIодов чIая…
- БагIар чараб чу рекIун
Чанавеги дун инчIин,
Чанахъанилан абун
Толаро дун гIадамаз.
Чергесаб ретIел ретIун
КъватIахъги дун свердичIин,
Къвалакьа чергесилан
Толаро руччабаца
– илан сихIирго гьимула ГIалихIма.
- Дур чанахъдиялъул гьанже цIар анин,
ЦIцIавуцIцIахъдичIого кваназе жувай
– илан Къебедица урбадул щурун цебегIан хъурщула.
- Гьа, мацI лъаларев цIогьор хваги,
ЦIар лъаларев тушман хваги…, гьадин гIодой йикIун йикIине дир заманищ бугеб, дун яхъина. Дуда абизе жо бугилан вукIанаха, ГIалихIма, Къебед. Нужеца гьанже гIодой риччан хабар бице
– илан ХIалимат тIаде яхъуна.
- Дунги йилъина дуда цадахъ иццухъе лъел цIезе – илан гIеретIил къвал балагьизе Хадижатги лъугьуна.
- Валлагьги, Хадижат, кутакалда тIагIамал рукIана пурщаби…
Кванарав кьаралъаги,
Кьурав бечелъаги.
Гьадинал кIатIахIал
КIалдиса камугеги,
КIудиял рагIал
Нахъаса камугеги.
ГIодоб чIабар чIагIдал цIеги,
ЧIалу-рихьи гьанал цIеги,
Мохмохил тIаргъал лъеги,
ТIатIул гордал ретIаги
– йилан, Хадижатил гIеретIги гъажилда бан, ХIалимат ва гьелдаго хадуй Хадижат къватIире лъугьуна.
Хъата-масан пурщинадул мочIуги кIалдиб къазабун, щиб бицинехъин Къебед вугевали гьаналъ бицараб гIадин, дозда хадувго векерун ГIалихIмаги уна.
Гьаб щиб рагъа-рачарияли бичIчIуларого валагьун хутIарав Къебедиде, къетIасанги ваккун, ГIалихIмаца ахIула:
- Берцинал ясазул цIад баги,
ЦIурахинкIазул гIор щваги
– илан.
 
Кинаб мацIха нужее бокьараб?


Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook