Авторизация

ТалихI кьун рохаял, кьоге тарбия, нужер тарбияялъ турулел ругин…

Къого-лъеберго соналъ тарбия къваригIинего къваригIунарилан добехун гелдизабун тана. Тарбия гьечIеб бакIалда букIун бажаруларин жиндихъан яхIги ана анибехун. Тарбияги яхIги гьечIеб бакIалда намусалъулги квал-квал гуреб жо букIунарелъул, гьелда тIадги бакIал къанал чIвана, бетIер тIаде борхичIого букIине… Гьедин рачIинаго кIала-гъоркье чIвана аб дуниял. Доб ях1-намус бакIаб жо букIунелъул, яхI гьечIал тIад росана, гьеб кибего биччачIел - тIинде ана. БитIун бицани, риди тIаде ккана, тIорахь гъоркье ккана.

 

ЯхI гьечIазул рагъа-ракариги гьединабго яхI-нич гьечIеб  букIунелъул, вай, Аллагь, цебе букIараб лъикIила, рукIарал лъикIал гIадамалила, цоцазул букIараб къадру-къиматила… тарбия кьезе кколила гьаб гIун бачIунеб гIелалъейилан зурзудизе лъугьана нилъ. Тарбияги, яхIги ничги гьечIониги, бетIер хIалтIулеб бугелъулха. ТалихIалъ.

Гьазда лъалеб жого гьечIила, я кIудияв вачIани тIаде рахъине лъаларила, чIахIиязул адаб гьабизе лъаларила, гIисиназе кумек гьабизе лъаларилан лъималазда рекъоларогун, школалъгIагийищила тарбия кьолареб, эбел-эменги магIишаталдаса сундего регIараб заман гьечIелъулилан мекъдарана…

Заманалъул гьоко, лъалхъе цо дагьалъ
Дие бокьун буго гъоркье рещтIине.
Дур чIамучIаб къири, чIобогояб кечI
ЧIалгIана гIагараб, гIайиб гьабуге.

ГIагараб Дагъистан, барщана мунгун,
Боржин дуца тедал, тана мун ракIалъ.
Тана къункърабаца хаслил зоб гIадин,
Загъалаб хераб гъветI, тIамхаца гIадин.

Дур кIийиде бикьи, кIигьумерчилъи,
КIолеб гьечIо дида тIокIалъ хIехьезе.
Дур хIакимзабазе хIелхIелчагIаца
Кьабулел хъатаца хъарсун буго ракI
– илан хъвана ХIабиб Давудовас.

Гьедин зигардилаго нилъ ралагьулел руго цере рукIаразухъги, гIун бачIунеб гIелалъухъги. Гьезул бугеб кIудияб батIалъиги бихьулеб буго.

Нилъехъго ралагьулел гьечIо, нилъго рихьулел гьечIо. ГIайибалъул бутIрул нилъголъидал! Нилъее, лъица тарбия кьунги, гьаб гIун бачIунеб гIел, дол нилъер умумузда релъине бокьун буго. Гьел тарбия щварал лъугьине бокьун буго. Амма, лъималазда цере нилъ гурони гьечIо. Нилъедаса мисалги босулеб буго.

Гьаб сверун бихьулеб, рагIулеб, лъугьунеб бугеб щинаб жо гурищ гIун бачIунеб гIелалъе тарбия? Гьеле нилъер лъималаз унго-унгоги росулел дарсал. Школазда партаязда нахъаги рукIинарун, бадире килщалги регьун бицараб гуро босулеб, нилъеца гьабулеб бихьараб щинаб босула. Бищун цебе нилъеего кьезе ккола тарбия! Гьеб мехалъ лъималги лъугьуна тарбия щварал.

Щиб гьабулелха нилъ ругел? Нилъ руго бикъунги, хъамунги, гьерсал рицунги, хIелхIедунги нилъеего гIарацги рахIатги балагьулел. Гьебго заманаялъ, нилъеца бицунеб буго, нилъ нилъерго умумуздаса мисал босун хьвадизе кколила, дол гIадинал ритIухъал, бахIарчиял, лъиего бетIер къулуларел рукIине кколилан.

Гьеб буго лъугьинего лъугьунареб жо. БукIинего букIунареб жо. Нилъер умумузги нилъецаги къимат гьабулел жал руго батIи-батIиял. Умумузе бечелъилъун букIана яхI, ясбер гIадин цIунараб намус, борхатго ккураб цIар, гIелму, гIамал, бахIарчилъи… ХIасил-калам, бичун босун бажарулареб щинаб жо. Гьелъ лъималги куцалел рукIана, батIиял рукIине бегьулеблъицин лъалеб букIинчIо гьезда.

Нилъеца хвезабунаха кинабго.  Нилъер бечелъи буго гIарац ва гIарцухъ бичун босун бажарулеб щинаб жо. Амма, гьелдаги нилъ чIчIечIо.  Нилъеца чIван чIобого бичана, нилъер умумуз, гIумру кьуниги кьолареб букIараб, бичун босун бажарулареб щинаб рухIияб бечелъи. ЦIакъ учузго бичана. Нилъер мисалги берда цебе тун, нилъер лъималаз умумуздаса мисал босуларо! Гьезиеги нилъер бечелъи бокьула, дозул бокьуларо.

ХIабибица абухъе:

РукIана гIадамал, букIана гIумру,
ГIаданлъи цIунарал цIвабзаз гвангъараб.
РукIана росаби, ясаз харцица,
Харида пандур хъван ахIулел кучIдул.

Кинабго букIараб бикъана, чIвана,
ЧIегIерал нак1к1аца рахчана зобал.
Роржунелщиналде бана гIарада,
ГIисинлъи босана, борхалъи бичун.

Гьанже щиб дир угьди, дир чIалгIен дир кечI-
Карачелабалъе тIинкIараб магIу.
МугIрузде лъутулел дир хиялазда
Хурхарал анищаз угьараб хIухьел.

Дун гъоркье рештIина, мун цебехун а,
Ццидалаб, хIинкъараб, къабихIаб заман.
Дуе зани чIвараб заман бачIани,
ВачIина тIадвуссун, чIаго хутIани.

Огь, гIаздалъ хутIараб, хирияб тIалъи,
ТIадго буссинебдай духъе араб их.

КигIандай гIодизе ккелел, чанцIулдай керен ххачазе ккелеб?!


Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook