Авторизация

Киредай рачинел нилъ аб гьороца?


Цо гIала-гъважа гIадинаб жоги бихьун, тIуркIун йорчIана макьидаса. Вай, Аллагь, гьабгIаги сундуе бихьараб жодайилан, яккана интернеталде… Бугоха чIахIахатIалъ хъван, Дагъистаналдайила цIалдохъанасул эбелалъ учительница юхун йигилан. Гьанже хвана кинабго! ГIурусаз гьединаб жо гьабулилан рагIунцин ракI унтун йикIарай дууун… Гьабилеб дарман щиб?!

Цере рукIарал учительзабазул къадру-къимат гьабулаанила, гьанже гьабулеб гьечIилан гаргадула нилъ. Гьеб лъил гIайиб? ЦIалдохъабазул гIайибищ? Учительзабазул гIайибищ? Эбел-инсул гIайибищ?

Дир хIисабалда, гьаб бакIалда бищунго гьитIинаб гIайиб буго цIалдохъанасда.


ЦIалдохъанасул бицани…


Лъица малъун ва киб бихьун гьев гъаримасда лъалеб, учителасул букIаниги, мадугьаласул букIаниги, эбел-инсул букIаниги, жиндаса кIудияв чиясул адаб-хъатир гьабизе кколеблъи? Рокъобищ гьесда гьеб бихьулеб бугеб? КъватIибищ гьесда гьеб бихьулеб бугеб? Лъица гьесда гьеб малъулебгIаги бугеб? Щив регIун вугев гьеб малъизе? Малъаниги, малъараб жойищ лъималаз босулеб яги бихьарабищ… бихьулеб гьелъул гIаксалда бугони?


Эбел-инсул бицани…


Щиб гьабулелха ругел гьанжесел лъималазул эбел-эмен? Гьел руго, доб Совет хIукуматалъул идеологияги биххараб, жеги исламалдеги рачIинчIеб, ракъуца хвелилан хIинкъун, гIарцуда хадуб гIалам бекерулеб заманаялъ, я гIакълу, я тарбия кьезе щивниги чиги регIичIого, гIун бачIараб гIел. Гьезда ккана, системаялъ ккезеги гьабуна, гIарцудаса кIвар бугеб жо дунялалда щибниги гьечIилан. Гьеле гьеб гIарац, гIарац, гIарацилан абураб гурони, тIокIаб батIияб пикру бетIералда жаниб сверуларел, гьеб заманалъул лъимал гIуна кIудиял ва гьез кьолеб буго гьанже жедерго лъималазе, гьабсагIат школазда ругел цIалдохъабазе, тарбия. Тарбияги кьолеб буго жедерго мисалалдалъун. Лъималги гIантал гьечIелъул, - «гьереси бицунге, бабал вас», - илан эбелалъ абуни, - «дуцаго щайха, баба, бицунеб, расги унтичIоноги хIукуматги махсароде ккун, мунги дунги инвалидал ругилан, гIарац бачIуна гури нилъее», - илан бадивеги валагьун абизехъин буго васас. «Бикъи-хъами кутакалда сурараб жо бугоха, дадал» - илан инсуца абуни, - «ваааа, дада, нижер учительницаялъе цIияб пальто босизецин гIоларо аб харж, бищун кIудияб Джип босизе кинха дур гIураб, мунги эбго школалъул бухгалтерлъидал», - илан абизехъин буго ясалъ... Дагьалги кIудиял хIакимзаби лъималазда рихьизецин рихьуларо… РегIуларо. ТалихIалъ. Чан санагIалъи гьечIеб суалалъедай жаваб кьезе ккезе букIараб?


Школалда, рахьдал мацIазул дарсазде лъимал рикьизе лъугьаралго, лъала гIемерисел цIалдохъабазда, щиб миллаталъул вакилзаби жалгояли ва жедерго мацI букIин, тарих букIин, гIадат-гIамал букIин. Гьеб бакIалдаги рекерун рачIана улбул, - «эркен гьаве дир вас гьеб рахьдал мацIалъул дарсидаса, щибизе къваригIараб жо асие аб «лишнийнагрузка», гIурусалъ бицани бичIчIуларогойищ бугеб», - илан вас хвасар гьавизе. Сундаса? Гьеб дарсидагIаги щвезе бегьулеб букIараб тарбиялдаса! ГьенибгIаги кьезе гьебулеб букIараб гIакълуялдаса! ГьенибгIаги гьабизе бегьулеб букIараб пикруялдаса! 


Учителасул бицани…


ГIемерисел, хасго гIолохъанал учительзабигиха гьебго заманаялъул «продуктал». ГIолохъаназе хIалтIичIого гIарац бокьун буго, чIахIиял гьечIеб ритIухълъи бихьун свакан руго.

Учителасе бугищ цIалдохъанасда дарс лъан букIаниги, къиямасеб къо чIезегIан лъачIого букIаниги, ургъел? Тарбияялъулали бицинего бицинарин… ГьечIо. Гьелда бараб жоги гьечIо гьесул. Учителасул харж бараб буго дов цIалдохъанасе щвараб къиматалда. Гьединлъидал, гьарзаго, расги барахщичIого, рикьулелги руго. ХIакимасул вас ватани, щибго жиндиего щолеб гьечIониги, понцIозарула къиматал, цо кидал букIаниги кумекалъе ватилин хьулгIаги букIунеб батила. Берцинаб мацI бицине рачIаразе гьорозарула, сайгъат-саламат босун рачIаразе тIаде журала, гIарцудалъун кумек гьабулев чи ккани, кьарияб щуйил къимат лъун течIого, конкурсазде олимпиадабазде витIун, гьенибги кIвараб хIалалъ гьункьизавула эхеде гьодораб бетIералъул цIалдохъан…


Кинабго лъималазда бихьулебги буго. Гьеб щуйил къиматалда бащадаб лъай жиндир бугин абураб жо гьереси букIинги бичIчIулеб буго. БукIаниги вохулевги вуго. Гьерсал рицин букIунеб бугеб санагIатаб жо, бегьулареб букIарабани кIудиязги рицинароанин ракIалдеги кколеб буго.

Щивха гIайибияв? Лъималищ? ЧIахIиялищ?


Школалъулги бицани… 


БукIине кколеб хIалалъ, хIалтIизеги хIалтIун, хIалалго-бацIадго рачIаха гьаризе гьел киналго, категорял рукIаниги, цIарал рукIаниги, шапакъатал рукIаниги, гьезухъ харжиде тIаде тIинкIулел стимулирующиял рукIаниги, санагIалъиялин абуни, гъоркье кIанцIизе рахъунел руго учительзаби. Жиндир гIака бечIчIизе тIад къазе чи гьечIила, рос бер тIаса босун тезе бегьуларила, лъимал гIисинго ругилан, азарго багьанаги батун, лъай-хъвай, гIарац кьезе чи валагьулев вуго дунял сверунги… лъазеги гьабун, курсаздаги цIалун, букIине кколеб хIалалъ лъай ва гьелъухъ щолеб шапакъат тIалаб гьабиялдаса… Къо бихьун жо гьабизегIан, хIарамалъулги щибго бегьунгутIи гьечIо.

Гьикъани, кутакал диналъул хIубалгиха тIадежоялъе, жиб-жиб гали тIамулаго, бер балагьулаго, къула-ворхулаго рикIкIине кколел жалги лъала лъим гIадин. Амма, лъималазе тарбияги лъайги цадахъ кьуни гурони, учительлъун хIалтIун щвараб гIарац хIалалаб букIунареблъи лъаларо. ГIемераб жойищ жедее щолебиланги абила. ГIемерисел учительзабаз лъималазе кьолеб бугеб «абразаваниялъухъ» ралагьани, гIунги тIокI, тIасан чвахунцин кьолеб буго. Гьоболасул хIама хIортIеги нахъеги бачаралъухъги, хIортIе бачун течIого, гьекъезеги гьабун, чед-хинкIги кьун, лъикIаб мацIги бицун, тIад кверги бахъун гьеб рокъобе бачаралъухъги цого харж букIин буго, хIехьезе кIолареб хIалалъ, квеш букIунеб жо.


Гьеб квеш букIуна дол, дагьал ругониги, унго-унгоял учительзабазда. Гьелъ ракIги унтун, давлениеги бахун, заман щвелалде херлъизеги херлъун, гьелги цIакъ дагь хутIулел руго нилъер школазда. Руго учительзаби, я бачIунеб мукъсанаб харжалде, я бихьулеб къоялде рачIинчIого, хIукуматалъ чIезарун гьечIел шартIазухъ ралагьичIого, кIвараб жо жедецагоги гьабун, рухI кьун, цIалдохъабазе тарбияги лъайги кьолел. Гьединал учительзабазе кьезе кколаан дол депутатазе гIадинал харжал ва гьел лъазе кколаан халкъалдаги. Пайда щибха!

Гьаб макъалаялда дица хъварал чагIи руго, кигIан нужеда квеш букIаниги, гIемерисел нилъер учительзабиги, улбулги, лъималги. Макъала цIаларабго жив-живасда бичIчIула, жиндир хIакъалъулъ хъвараб жойищ гьаб, чияр хIакъалъулъ хъвараб жойищали. Жинцаго жиндирго яхI-намусалда цебе кьеха жаваб, дун щив ва щиб гьабулев вугев абураб суалалъе.


Бокьилаан пикруги гьабуни, гьаб гьерсилгун гьорол чодаги рекIун, кире щвезегIан нилъ инелали.


Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "ХIакъикъат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +5
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook