Авторизация

ГьечIила учителасе бизнес гIадаб жо…


ЦIалулеб ххвел гьабулел лъималги ругила, малъулеб ххел гьабулел учительзабиги ругила, малъаралъухъ харж кьолеб ххвел гьабулеб хIукуматги бугилан абун буго цояс, лъица абурабали ракIалда гьечIо. Гьаб нилъеда сверун бугеб ахIвал-хIал бихьулев чияс абун батиялда щаклъи гьечIо…

ГIемераб мехалъ гьедин букIинарин, ххвел гьабун чIечIого, учительзабазул хIалтIул хIукуматалъе бугеб кIварги бичIчIун, мустахIикъаб харж кьезе хIукуматги лъугьинин, гъира-шавкъалда хIалтIизе учительзабиги лъугьинин, цIалдезе лъималги лъугьинин ккун букIана… Лъугьинарила… Лъугьунел тайпаял гуро. Лъугьаниги лъугьинчIониги батIалъи бугел тайпаял гьечIин ккола нилъер бутIрул.

Гьанжеги цо хIарщулъ тIилал кьабараб гIадинал жал рицине лъугьана хIукуматалъул нухмалъулев.  РагIарабищ нилъерго Димитрий Анатолевичас бицараб? ГIарац къваригIун батани, нуж лъималазда малъарилел щиб гьабулелила… Бечелъизе бокьарав, гьеб кьварун бакъвараб учителасул хIалтIиги рехон тун, бизнесалда вазе кколила. Учительлъун хIалтIулагоги, харжихъ валагьун чIечIого, чIинкьа-кIитIун, жиндиего кисандай щибдайилан гIамал гьабизе кколеб рагIула ав пакъирас… Аб щибилан абулеб жодай?... Вореха, гьал дихъе рачIарал гIадал, «ришват» - илан абурал рагIабиги жоги гъорлъ ругел пикраби рачIине гурин нужехъеги. Аллагьас цIунаги!

ГIарац гьечIила, нуж къапIун чIайила… Гьабилеб дарман щиб? Дида бичIчIулареб лъалареб жоги чанги батиларищха аб дунялалда. ГIадада гуро дида инсуца, суалгун аскIой ани, кидаго абулеб букIараб, дуда лъалареб жо рикIкIун цо-цо капек кьолебанийила жиндие, жиндаса бечедав чи вукIинароанила дунялалда. БитIараб жоги батила.

Дида бичIчIанихъе, гIададисеб жо букIун буго аб ошколаги, цIали-къалиги, лъай-гIелмуги.  Учительзабазул хIалтIиги къваригIунеб жого букIун гьечIо. Гьеб букIун буго, хъизан гурел, рукъ гурел, лъимал гурел, жидеегоги я ретIунелъул, я кунелъул ургъел гьечIел, гIагарлъи-божилъиги гьечIел, дунялалдаса ракIги буссарал, чияр лъималазде ахIдон, гьезулги, цIалиялдасаяли щай гурин, дунялалдасагицин ракI буссинабизе, ургъунго, рухI хвассарлъиялъе гIураб жоги кьун, тIамурал чагIазул хIалтIи. Гьединал учительзабазул армиялда гъорлъ, рекIел ахIиялъ жал гьеб хIалтIуде рачарал, лъималги рокьулел, ракI унтун гьезул лъаялдаги тарбиялдаги тIад хIалтIулел учительзаби рукIинги буго кIудияб талихI, Аллагьасул хIалкIолъи. ХIалтIухъ мухьги къваригIунарел, гьава-бакъалъ ккурал, рекIел ахIиялдалъун хIалтIулел учительзабиги школазда тун, цойгидалщинал бизнес гьабизе анани, гIелмуялда хадур щай гурин, хъвай-цIали жубай-бахъиялда хадурцин нилъ Китаялде рилълъине ккезеги бегьула.

Цойги суал? Бизнес гьабулел чагIазе къваригIунарелдай цIали-къали бугев, бетIер хIалтIулев чиго? Ошколалда, «ракъуца хварал» учительзабаз кьураб лъайги тарбияги гIолебдай бизнес гьабулел чагIазе? Пикру гьабураб мехалъ дида лъалеб жого букIун гьечIо. Тарбияни бизнесалъе щай… лъайгIаги гьечIого кин эб гьабулебалиги лъалароха.

ГIантал хваги, гIурсал хвагийилан ругел, дора Маску-Шамахалда ругел чагIазени ургъел гьечIого букIинеги бегьилин нилъерги нилъер гIун бачIунеб гIелалъулги...(лъикIал харжал кьун хьихьунги азие нилъ щай?).  Нилъерго Республикаялъул бутIрузул щиб пикрудай бугеб гьаб суалалда тIасан? Дун божула, жидерго харжал дагь гьарунги, учительзабазе харжал цIикIкIинариялда тIад гьел хIалтIилел ратиялда… ТIаде щолеб сентябирги бугин.

ГьанжесалагIаги дун йитIарай ятагиха. Я Аллагь!



Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook