Авторизация

ХIажи-Мурадил киноялъе политикияб «суннат» гьабиладай?

Россиялда тIоцебе бахъизехъин буго наиб ХIажимурадил хIакъалъулъ кино.

Режиссер Вадим Дубовицкияс исана ноябралда байбихьизе буго гьелда тIад хIалтIизе. Фильм бахъизе буго Кавказалъул рагъул бищунго гIадатияв гурев героясул хIакъалъулъ гIурусазул хъвадарухъан Лев Толстояс хъвараб къисаги кьочIое босун.   

Компьютералъул графикаялъул кумекалдалъун гIезегIан гIемерал рагъул сценабиги рихьизаризе рагIула. Аслиял ролал хIазе ругила гIурусазул актеразго гIадин, кавказиязги. Амма гьезул цIарал жеги балъго гьарулел руго.

Гьеб ккола Лев Толстоясул «ХIажи-Мурад» экраналде «босизе» Россиялда гьабулеб тIоцебесеб хIалбихьи. КъватIир пачалихъаздани гьеб кино цебего бахъун букIана – Германиялда (1930), Италиялда, Югославиялда (1959), Турциялда (1968).

«Киноялдаги вукIинадай довго «Толстой»?»

«Гьел киналго фильмазе гIаммаб жо буго я дов Толстоясул къисаялда, яги тарихалда данде кколеб жо гьезул щибниги гьечIеблъи, - ян бицана «Миллаталъе» тарихиял гIелмабазул кандидат, РАНалъул Бакъбаккул рахъ лъазабиялъул Институталъул кIудияй гIелмияй ПатIимат ТахIнаева».

Гьелъул пикруялда рекъон, жибго гьеб къисаялда руго гIезегIан тарихалда данде кколарел жал.

«ХIакъикъияв герой вукIана кутакалда гIадатияв гурев чи. Гьесул хIакъалъулъ тарихчагIаз жеги хъвараб жого гьечIин абизе бегьула. Амма фильмалъул авторазда ХIажимурад Толстояс вихьизавулеб куцалдацин вихьизавизе кIванани, букIинаан лъикI. Гьединго актеразда ретIунеб ратIлида, къайи-цIаялда ва цо-цо лъугьа-бахъиназда банги буго дир щаклъи – кIвеладай гьеб кинабго доб заман цебе чIезабулеб куцалда бихьизабизеян», - абуна ПатIимат ТахIнаевалъ.

Гьелда цадахъго гьелъул хIинкъи буго, бокьараб тарихияб фильмго гIадин, гьеб киноги политикаялъул асаралда гъоркье ккеладай абун.

Цогидав тарихчи – ХIажимурад Доногъоцайин абуни рикIкIунеб буго Лев Толстоясда кIванин къисаялъулъ ХIажимурадил заман бихьизабизе, гьединлъидал киноялдаги вукIинадайин «додинавго Толстой» абун суал лъолеб буго гьес.

«ХIажи-Мурад вукIана гIадатияв магIарулав, амма гIадатияб гуреб лъалкI тарихалда тарав чи, - ян ракIалде щвезабулеб буго тарихчи Доногъоца. – Гьединлъидал фильм бахъулел чагIаз хIисабалде росизе кколел гIемерал хIужаби руго, амма гьез гьеб кинабго рекIелъе биччалин кколаро дида. Ролал лъикI хIай гуребги, хIажат буго доб заманалъул асарги: ретIел-хьит, къайи-цIа, ярагъ. Бихьизабиладай гьеб кинабго? Щакаб буго».

 «ГIурусазда дандечIараб фильм бахъизе биччаларо дица!»

 

Щайдай Россиялда гьанжелъагIан ХIажи-Мурадил хIакъалъулъ кино бахъичIеб?

«ТIоцебесеб иргаялда, советияб историографиялдаги идеологиялдаги данде кколароан Кавказалъул рагъул тема. «Халкъазул гьудуллъиялда» тIасан хIучч цIалеб гIадаб жо букIана гьеб. Гьанжеги гьедигIан бигьа гьечIо гьелъул бицине», - ян рикIкIунеб буго ПатIимат ТахIнаевалъ.

Амма, кин букIаниги, улкаялда ахIвал-хIал дагьа-макъабго бигьалъизе лъугьарал соназда чанцIулго хIалбихьун букIана гьединабго кино бахъизе. Масала, гьелъул хIакъалъулъ «Миллаталъе» гьадин бицана тарихиял гIелмабазул кандидат ПатIимат ТахIнаевалъ.

1966 соналда сценарист Владимир Огневас хъвала фильмалъул сценарий, амма гьеб къабул гьабуларо. Хадуб гьес гьеб цIидасан хъвала Георгий Данелиягун цадахъ. Соавтор ва консультант хIисабалда ахIун вукIуна Дагъистаналъул халкъияв поэт Расул ХIамзатовги.

Сценарий бачIинахъего къабул гьабула. Цинги байбихьула Дагъистаналъул росабалъе ун, актерал ралагьизе, гьезие ретIел букъизе. Валагьулев вукIуна ХIажимурадил роль хIазе чиги. ЦIакъго гьеб къваригIун букIуна Инокентий Смоктуновскиясе, Вахтанг Кикабидзее.

ТIаса рищун ролал хIазе чагIигун, гьарун декорациялгун, костюмалгун, кино бахъизе хIадурулел рукIуна.

Цо къоялъ Данелияца жиндирго рокъоре ракIарун фильмалда тIад хIалтIулел чагIигун, гIодобчIей гьабулеб букIуна. Гьенив вукIуна кинематографиялъул рахъалъ  Госкомитеталъул председателасул заместитель В. Баскаковги. Гьесулгун Расул ХIамзатовасул дагIба ккола.

Тарихалда тIасан кIалъалаго, Баскаковас имам Шамил хIакъир гьавула. Расулил ццим бахъуна. Гьес Баскаковасда абула: «Мун вуго гьадингосев чиновник. Мун хведал, дудаса хадуб щиб жо хутIизе бугеб? Шамил абуни кутакав чи вуго. Дудаго ващад гьавун гьевгун, хварав Шамилил хIакъалъулъцин рагIи абизе дур ихтияр гьечIо!».

Баскаковасе гьеб захIмалъула. Кьабизабун нуцIагун нахъе уна гьев. КватIичIого гьес лъазабула: «Дица биччазе гьечIо гIурусазда дандечIараб фильм бахъизе!»

Расулица гурин сценарий хъвараб, жинца хъванилан кигIан Владимир Огневас гьев гIодовиччазавизе лъугьаниги, жо ккечIо. Баскаковас рикIкIунеб букIун буго тIубаарб миллаталдаго кIал гьикъараб гIадаб жо бугин гьебилан.

Гьелдаса хадур харбал раккана идейный рахъалъ данде ккечIого чIезабун рагIулин ХIажи-Мурадил хIакъалъулъ бахъулеб фильмилан.

Официалияб куцалда бичIчIизабулеб букIана техникиял гIиллабазда бан чIезе танин гьеб хIалтIиян. Доб заманалда Дагъистаналъул партиялъул ЦКялъул тIоцевесев секретарь ГIабдурахIман Даниялов дандечIун рагIулингицин букIана хабар. Амма гьеб гьереси букIана.

Данелиял рокъоб доб дагIба ккелалдего фильмалъул кIиабилев режиссерлъун тIамун вукIана Данияловасул вас, ВГИК лъугIарав Юсуп Даниялов. ВукIаниги, сценарий тIаде нуцIаги къан тана.

1970 соналда Югославиялъул кинематографалгун цадахъ Владимир Огневас кIиабизеги хIалбихьана гьеб фильм бахъизе. Амма жо ккечIо. Югославазул рес рекъечIо гьелда тIад гIарац харж гьабизе.

1987 соналда Владимир Огневасул сценариялдасан гьебго фильм бахъизе лъугьуна режиссер Суламбек Мамилов. Амма кинематографиялъул комитеталъ нахъбахъула гьеб, гIарац гьечIилан багьанаги батун.

 Хадуб бицунеб букIана ХIажи-Мурадил хIакъалъулъ фильм Грузиялда режиссер Г. Шенгелаяца бахъизе бугин цойги авторасул сценариялда рекъон. Живго Шенгелаяцаги бицун букIана цо интервьюялда гьелъул – Словакиягун ФРГ ва Италиягун цадахъ бахъулеб бугин гьеб, аслияб роль хIазе Роберт де Ниролгун къотIи-къайги гьабулеб бугилан. Амма гьелъулги хIасил ккечIо.

Чанго соналдасан фильмалъул сценарий жиндихъего тIалаб гьабула «Мосфильмалъул» режиссер Владимир Досталица. Гьесиеги квалквал ккола.

«Гьале гьанжеги цойги хIалбихьи гьабизехъин. Амма киназго бицен гьабулеб буго фильмалъул режиссер Вадим Дубовицкиясул, сценариялъул авторасулин абуни рехсараб бакIго гьечIо», - ян абуна тарихчIужу ПатIимат ТахIнаевалъ.  


Автор: Зульфия ХIажиева

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Жо кколаро гьелъул г1ададисеб хьул лъун щибизе,бахъаниги,жидеего къвариг1арал шарт1азда рекъон бахъила эб,жакъасел шарт1алги сиясатияб ах1вал-х1ал х1исабалдеги росун,гьеб кидаго бук1ана  Россиялда,бук1инеги буго unamused 


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook