Авторизация

«Чодасан рагъарал дол гъолодисел»


Миллатцоял


«Чодасан рагъарал дол гъолодисел»


ЦIоралъул  магIарулазул имам Шамилил цIар кьураб гIуцIиялъул  къисмат


Имам Шамилил цIаралда бугеб аваразул жамгIияб идара Азербайжаналъул нухмалъулез къанилан бицана гьеб гIуцIиялъул нухмалъулевлъун вукIарав АсхIабгIали МахIмудовас. Гьесул гражданияб хIаракаталъул хIасилалда ЦIоралъул магIарулазул нус-нус гIолилас лъай босана Дагъистаналда, гьел рахъана батIи-батIиял махщалилалъун. Хъапал цIун магIарул мацIалда хъварал тIахьал жинца Дагъистаналдаса ЦIоралде гIемер раччанилан бицана МахIмудовас. Бакуялъул вакилзабаз авар маданияталъул фестивалал росабалъ тIоритIизе гьукъидал, щибаб соналъ МахIмудовас гIадамал ракIарулел руго шагьранух гьечIеб, некIсияб Гъолода росдал чIвадназухъе.


«Аварав вугилан абизе мустахIикъав гьечIо»


-Имам Шамилил цIар кьураб аваразул цолъи тIагIинабуна Азербайжаналъул тIадчагIаз, - илан бицана АсхIабгIали МахIмудовас. -  Халкъ дида цадахъ буго, амма дица бетIерлъи гьабулеб гьеб цолъиялда цебе цойги идараги гIуцIун, жидеего мутIигIав Шамил Мамедов абурав чи тана гьелъул бетIерлъун. Аваравцин гуро гьев, аварав вугилан абизе гьев мустахIикъав гьечIо. ХIажаталщинал документалги ругеб цолъи буго дир, амма дун хIалтIизе толев гьечIо. ЧIар росулъ имам Шамилие бараб памятникалда аскIоб дирго харжаздалъун мина эхетана дица, бокьун букIана гьениб авар театрги, музейги, бибилиотекаги рагьизе. ЧIахIи-чахIиял рукIана мурадал. Амма гьел гIумруялде рахъинаризе течIо тIадчагIаз.


МахIмудовасул рагIабазда рекъон, Гуржиялъ ругел аваразул ихтиярал гIемерго лъикI цIунун рагIула Азербайжаналда ругел миллатцоязулаздаса, Азербайжаналда халкъалъул хаслъаби лъугIизарулел ругила: «Гьаниб унеб буго кIудияб ассимиляция. ТIадчагIазул зулму буго цIикIкIараб. Квешал, къадарал чагIи руго ал падарал. Имам Шамилил цIаралда бугеб Динчи росдал мажгиталъуб гьабуна нижеца магIарулазул мажлис. Гьединго кIиго соналъ цебе гьебго росулъ гьабизе бажарана авар маданияталъул фестивальги».



«Дир халкъ, дур рахьдал мацI бухулеб буго»


2008 соналъул февралалда ЦIоралде бачIун букIана тарихалда жаниб тIоцебе гьанжесеб Дагъистан Республикаялъул ХIукуматалъул делегация. Гьелъул сапаралъги ахIвал-хIал щибгIаги лъикIлъизабичIилан абуна МахIмудовас. Рихьдае цо-цо классазда авар мацIалъул тIахьал лъун ругониги, хIакъикъаталдаги школазда магIарул мацI кьолеб гьечIила. Дагъистаналда цIалун вачIарав авар мацIалъул цониги махщалилав хIалтIизе восуларила. Азербайжаналъул хасал хъулухъаз хадуб хъаравуллъи кколеб букIиналъ, телефонцин хIалтIизабуларила жиндицаян бицана АсхIабгIалица: «ЦIоралъул магIарулазул къварилъабазул хIакъалъулъ нижеца хъвана Америкаялде, Турциялде, Россиялде. Нижеца кумек гьаричIеб бакI батиларо. Амма гьеб хIалтIиги дица гIей гьечIеблъун рикIкIуна. ХIажат буго унго-унгояб аваразул халкъияб идара гIуцIизе ва хIалтIизе биччазе, школазда авар мацI малъизе. Хъапал цIун учебникал раччулан дица Дагъистаналдаса гьанире. Гьанже гьелги гьечIо, мугIалимзабазда гьоркьор рикьун рукIана, басралъана, щущан ана. Бакуялъги къватIире риччаларо тIахьал. Авар мацIалъе рихьизарула сагIталцин захIматалъул мугIалимас рачунел руго. Динчи росулъ авар маданияталъул фестиваль тIобитIулел рукIана ниж. АскIореги рачIун, тIадчагIаз абуна имам Шамилил ва Дагъистаналъул хIакъалъулъ кучIдул ахIугеян, ахиралдаги авар мацIалда щибниги ахIугеян ва бицугеян лъазабуна. Биххизабуна фестиваль. Нижеда ракIалда буго исанаги июналда магIарда, Гъолода росдал хутIел бугеб бакIалда гьеб байрам гьабизе. Ункъо гектар бугел чIахIиял аваразул хабзалаби руго гьенир. 18 гIасруялда вукIарав кIудияв гIалимчи ва пачалихъияв хIаракатчи МалламухIамммад Гъолодиясул хIурматалда тIобитIула гьеб чIобоголъараб росулъ нижеца щибаб соналъ данделъи. Санайил 27 июлалда гьабула гьесул хабатIе зиярат, ахIула мавлид. 1992-1997 соназда Закатала шагьралда тIобитIулаан авар культураялъул байрамкъо. Амма 1997 соналда, лъималгицин тIилицаги рухулаго, полициялъулаз щущазабуна фестиваль. Гьелдаса тIокIаб гьукъана магIарул мацIги бакъанги».


«Лъабкъого къажарав хъун сонгровги лъун»


Имам Шамилил наиб ХIажимурадил хоб бугеб бакI бихьизабулеб игIланги чанцIул чIваниги хъухъанин азербайжаназилан абуна МахIмудовас. Гьелда хъван букIун буго: «Гьанив вукъун вуго Лев Толстоясги жиндир хIакъалъулъ къиса хъварав ХIажимурад», - илан. Гьесул хоб хIакъир гьабун, зани гъурун, вандализмалъул хIужабиги рукIунила  мех-мехалда.


МагIарул газеталъул хIалтIухъаби щвана наиб ХIажимурадил хабадеги. ХIакъикъаталдаги хоб бихьизабулеб игIланги гьечIоан гьениб, зонода ккураб мармарги гъурун бугоан. Лъалеб букIахъе, ХIажимурадил гвангвара буго Санкт-петербургалда Кунсткамераялъуб. Хабалъ букъизе дагъистанияз гьеб нахъе тIалаб гьабулелдаса 20-30 сон унеб буго, амма суал тIубалеб гьечIо. ГIемерисел аваразе бокьун буго гвангвараги къаркъала букъараб бакIалда Азербайжаналъул ракьалда букъизе. Аваразул халкъияб шигIруялъулъ гьадин хъвалеб буго ХIажимурадил ва гьесул гьудулзабазул ахираб рагъул хIакъалъулъ:


…Радал къалъинегIан тункIид вагъана.

ТуманкI речIчIаралъуб чIортоги бугIун,

Къалъудаса хадув хвалчад вагъана.

Лъабкъого къажарав хъун сонгровги лъун,

Дур рухI босун араб доб Синагъалде.

Сверун зикру буго гъазизабазул

Мун жанив вукъараб Къарби гIоралда.

Алазан туялда, доб Туплисалда.

Гьениса Гъолоде, Гъарабагъалде.

Гъоба ТешлахIариб, бухIаяб Шураб

Хъаравуллъи тоге, ПиргIавнил уммат,

Вилълъанин ракьалде Бичасул вахIи,

Анин алжаналде жан ХIажимурад.


 АсхIабгIали МахIмудовас ва цойги жамгIиял хIаракатчагIаз рицарал хIужабазе баян кьезе инкар гьабуна Закатала мухъалъул нухмалъиялъул вакилзабаз. ЧIегIернарталъ бечелъараб гучаб пачалихъ бугила Азербайжан, тушбабазе гIадлу гьабизе гьелда кIолилан абуна гьел тIадчагIаз.


«Агъалдисеб чакма бидул цIезегIан»


МагIарулазул халкъиял кьалул кучIдузулъ кIудияб бакI ккола ЦIоралъ. «ЧIарахъа ШагIбан» абураб назмуялда бахIарчиял гъолодисезул гьадинаб сипат-сурат кьолеб буго:

-Агъалдисеб чакма бидул цIезегIан,

Чодасан рагъана дол гъолодисел.

Черхалдисеб ярагъ цIед биинегIан,

Гьединги рагъарал ЧIарлъул бахIарзал.

Шекигимо Ширван хвезеги гьабун,

Туплисалде сверун хвалченги хьвагIун,

Гьаб хъизихълъул улка цIа тIамун бухIун,

Азарго гъазияв ЧIарахъаги чIван,

Нахъе руссанила гьел гIолохъаби.

МагIу рагIизабун хIал кIвеларилан,

Щоб-щобалде рахъун салхIал гьаруна.

КьегIер-гIи данд бадал – гъобги жо гуро,

Балай магIил гъуди доба Гъолода.


ГIизудинил ХIамзат,

ЦIилбан – МахIачхъала,

Авторасул суратал,

2011 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +155
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook