Авторизация

Банго бахъунареб ухIладерил школа

КьватI-кьватIарал, тIох чвахун, х1арул мохъал рахъал къадал, бакI-бакIалдаса турун, хъарщи бортараб ч1абар, фанера кьабун рацарал гордал - гьеб гуро гIадамал нахъе рахъун чIунтараб мина, гьеб буго Лаваша мухъалъул УхIли росдал школалъул жакъасеб хIакъикъат. 

Араб г1асруалъул авалалдаго УхIли росулъ школа-интернаталъе бараб гьеб мина бихьизабун букIана 120 лъимер цIализе. Жакъа гьенир цIалулел руго 350 цIикIкIун школлъимал. Басрияб тIуцаб школалда аскIобго эхетун буго тIад тIох гьечIеб, г1емерт1алаяб, къват1исел къадал х1ах1аб кирпичалъ ч1ух1ун къач1араб мина.  минаялъул къадал. КъватIисан хъахIаб кирпичалъ чIухIун къачIараб гьеб мина кколеб буго цIияб школа. Росдал гIадамаз баян гьабухъе, ц1ияб школалъе бараб гьеб мина х1алт1изе биччазе кколеб бук1ун буго 2012 соналдаго, амма…

Школалъул нухмалъиялъ бицаралда рекъон, цIияб школалъул проект хIадурун букIун буго 1987 соналдаго, амма хадубго улкаялда ккараб багъа-бачариялъ цIияб школа бай секьизабун буго.  Гьезги бицунеб буго араб г1асруялъул 90 соназул ахиралда базе байбихьараб  цIияб школалъул мина проекталда рекъон хIалтIизе кьезе кколеб букIун буго цин 2010- 2012 соназдаса кват1ич1ого.

«ТIохцин тIад бачIеб нижер школалъул мина кагътазда рекъон, некIого хIалтIизе биччан батила хIакимзабаз. Чанго классалъул ц1алдохъаби руго росулъ маркIачIуда школалде хьвадие колел, кида гьеб масъала т1аса инебали лъаларо», - ян абулеб буго росдал школалъул библиотекарь ГIайшатица. ГIайшат кколей йиго школалда бищун цIикIкIун заманалъ хIалтIулезул цояй. Гьелъ нухмалъи гьабулеб библиотека буго тIуцаб, жанибе канлъи гьечIеб, турараб хъарщи гIодоб ва мокърукь кьабураб чIунтел г1адаб рокъоб. ЦIиял тIахьалги школалде къанагIат гурого щолел гьечIо, ругелги гьединаб чIунтараб бакIалда жанир цIунизе захIмат бугин гIарз гьабулеб буго библиотекаралъ.

Школалъул спортзалалъулги гIодоб кьабураб хъарщи турун, бортун ун букIун буго. Роспотребнадзор бачIун хадуб гьениб ч1абар ц1игьабизе чIаголъи   гьабун буго Лаваша мухъалъул нухмалъиялъ. Гьединго ч1унтелиде ккун бук1иналъ тIубан къан буго школалъул байбихьул классазул лъимал цIалулеб рахъ. Къойида жаниб лъабго бут1а гьабун хисун хьвадизе кколел руго цц1алдохъаби школалде.

Жакъасеб лъай кьеялъул даражаялда ва т1алабазда рекъон дарсал кьезе санаг1алъи бугеб цох1ониги кабинет гьечIо ухIладерил школалда: лъималаз дарсазда хIалтIизарулел руго церего рукIарал дарсил тIаде ралагьулел (наглядный)  материалал.

Киг1анго захIматал шартIал ругониги, ух1ладерил цIалдохъабаз лъикIал хIасилал рихьизарулел руго цIалъулъ жидерго мухъалъул школазда гьоркьор.

Дагъистаналъул бетIерлъуде Рамазан ГIабдулатIипов вачIиндал, даргиязул районалда гъорлъе унел магIарул росабалъ дагьабниги чIаголъи бижилин хьул букIанила жидер,  амма цебего гIадин жал кIочон тун ругин абулеб буго гьеб маг1арул росдал г1адамаз. УхIладерил аслияб пиша, бет1ербахъи буго росдал магIишаталдасан: бахчаби, хур гьабун, г1и-боцIи хьихьун г1уц1ун буго гьезул яшав.  ГьечIо росулъ лъималазул ахги.  Рес ккарал улбуз жидерго лъимал кьолел руго аскIоб бугеб КъулецIма росдал лъималазул ахалде. Амма гьенибги киналго бокьаразе бак1ал г1олел гьеч1о. Хурул хIалтIабазул заманаялъ, умумузул заманаялъ гIадин,  раччун лъималгун ине кколел руго руччаби магъилъе.

Гьебго заманаялъ, Дагъистаналъул школазда цо къоялъ лъабго хиси гьабун цIали 2017 соналъул ахиралде тIубан лъуг1изабизе бугин лъазабун букIана цебеккун республикаялъул Лъай кьеялъул министерлъиялда. Амма 2017 соналъул авалалда гьез лъазабуна 2018 соналде гIицIго 13 школалдаса гурого лъугIизабизе гьечIин гьеб низамин абун. ТIубанго лъабго хиси гьабун цIали 2025 соналде тIагIинабизе ракIалда буго тIалъиялда. Жакъа Дагъистаналда 3 сменаялда цIалулел руго 2370 цIалдохъан. Гьезул аслияб къадар, УхIли росдал лъималго гIадин, хьвадулел руго басриял, чIунталиде ккарал школазде.

Республикаялъул цо-цо мухъазда дандчIвалеб буго т1убанго гIаксалда суратги, мисалалъе советияб заманаялъ школаго букIинчIеб, гьитIинаб росулъ бан буго цIияб школа. Гьенире хьвадулел лъималазул къадарин абуни гьеч1елъуса рахъун т1аде ц1аралги хъван х1алицаго бахинабулеб буго 50 цIалдохъанасдде. Гьелдаса бичIчIулеб буго, росдал ва мухъалъул бетIерасе бокьанани, школа гьезие къабулаб бакIалда балеблъи.

Бихьа-раг1аралъул х1исаб гьабураб мехалъ УхIли росулъ цIияб школа баялъул агъаз Лаваша мухъалъул тIалъиялъе гьечIилан кколеб буго. Гьеб пикру щуллалъулеб гьеч1ищ мухъалъул Лъай кьеялъул идараялъ УхIли росдал школа кида хIалтIизе кьезе бугебали баянал жидехъ гьечIилан абиялъги?


Автор: Алиса Алдашева

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Цоял школа, ай мактабги, жанисан кинаб бугониги х1ажалъулеб къаялдалдалъун хьезабураб бугел,амма ц1алуларел,цогидал эб гьеч1ониги ч1унт1арал рукъзабахъ ц1аланиги,ц1алуде гъира бугел г1ажаиблъи((


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook