Авторизация

ГIатIидаб росулъ гьитIинаб школа.

Лъай кьеялъул бутIаялда

ГIатIидаб росулъ гьитIинаб школа.

ГIемерал чIахIиял школазде щвана дун чIорогоял классал ругеб, гIарзалги гIемер рагIана класс къачIого цIунизе гIурал цIалдохъаби гьечIолъиялъул. ЦIияб ГIурада ахIвал-хIал тIубан батIайиса бугоан.

Росдал магIишаталъул хIалтIухъабазухъе щвезе бухьараб сапаралъул дица газеталъул цебесеб номералда кьун букIана. ЦIияб ГIурада росулъе щвеялъул бицунаго гьениб гьоркьоб биччараб гьаниб мухIкан гьабилин. 

Щибдай абилаан араб гIасруялъ советияб улкаялъе гIоло колхозалгун совхозал лъарагI авлахъаздегун рикIкIадал мугIрул мучIдузде хьвадун, гIетI тIун гIуцIараз гьаб росу бихьани- ян бижана хиял, берцинго щобазул ахалъиялда тIибитIараб ЦIияб ГIурада росулъе жание лъугьиндал. Кидаялиго Исису-ян абулеб гIурадисезул хъутан букIана гьаниб. Дида лъалеб мехалъгицин расги бокьичIого унаан гIадамал гьениб совхозалъул хIалтIи гьабизе. Хасалихъе тIад тIупараб накIкI, щенонго бахъунареб цIад, гьороца хъамун кIалдиб бетулеб сали, риидал бакъул бухIи, бетIер бегьизе гьечIеб гъотIол рагIад, гурхIел гьечIого би цIцIулел кIкIурби. Гьеб мехалъ бижун батила, гъоб цебеги дица рехсараб «Чурун гурде бакъвалареб, бакъул горду бихьулареб лъарагIлъи»- ян аби. Исису хъутан букIараб бакIалда батIияб сипат-сурат буго жакъа. Росда сверухъ рихьулел гIи-боцIул, чуязул, батIи-батIиял рукъалъул хIанчIазул  тIелаз  гьеб росдал халкъалъул яшав лъикI бугин бицунеб буго жанире раккун балагьичIониги.  Беричго ахаз сверун ккурал чIухIарал ригьзал, больницаялъе, ясли-ахалъе, мажгиталъегун спортзалалъе ран хIалтIизарулел цIиял минаби, республикаялъул бокьараб школа бахиллъизе бегьулеб къагIидаялъ гIуцIараб школалъул гIатIидаб азбар.

ГIи-боцIул къайиялдаса руссунаго маркIачIул какде гIагарулеб букIана заман. Школалъул азбаралда халлъараб чIаголъиялъ жание лъугьинчIого ракIго букIинчIо. Сверухълъиялъул суратал рахъулел ниж рихьидал -ЛъикI юссарай, мун щий,-йинги абун гьайбатал гьитIичаз сверун ккуна дун. –Лъимал, нужер гьаниб щибниги байрамищ бугеб жакъа? –ГьечIо, нижер дарсал ругоха. Жеги кIиго дарс буго… ГьитIинаб тIуццабго школалъул минаялда жанибе гали тIамидал гвангъи бачIана жанахIалъубго. Камилаб квали бугоан кибе бер щвезабуниги. Амма цIакъ къанагIлъи буго классазул, бакIалъул. КватIараб гIуж бугониги директор ГIабудало Халитов жиндирго кабинеталъув ватана. ТIадего щвана 16 соналъ школалъул завучлъун хIалтIулей ГьитIинехадижат МухIамадоваги.  –ПатIимат, нужецаги рехун тана ниж, газеталъулгунги бухьенго къотIана. Гьабго минаялъур добго пишаялда ругоха ниж. - Школалъул мина басрияб, гьитIинаб бугониги хIалтIи лъикI гIуцIун букIин бихьулеб буго нужеца, ГIабудало. Районалъул газеталъулгун бухьен къотIиги цохIо рахъалъул гIайиб букIунаребха,- янги абун, дирго вукIарав мугIалимас чIвалеб гIайиб къабул гьабизе ккана. ГIезегIанго заман букIана гьезул школалде щвечIого. Амма гьезул цIалул, спорталъул, маданияталъулгун адабияталъул рахъалъ цебетIеялъул хабар гIемер рагIунги, республикаялъул тадбиразда бихьунги букIана.

 Басрияб школалъул минаялъур хIалтIи лъикIлъизабиялъе гьечIел ресазул бицана ГIабудало Халитовас:  -Дица кидаго абула кабинетная система обучения-гьеб цIакъ хIасил кьолеб къагIида бугин лъай кьеялъе. Дун ХIотода школалда хIалтIулеб заманаялъ букIана гьеб къагIида. ЛъикIаб лъай щварал цIалдохъаби, хадуб гIумруялда лъикIаб бакI ккурал гIадамал рахъине квербакъана гьеб къагIидаялъ дол соназ. ЛъикI гъункараб, кIвахI тун хIалтIулел, цIи-цIияб жо лъазабизе хIаракат бахъулеб коллектив буго нижер. Гьеб киналъего ц1акъ к1удияб х1алт1и гьабула завуч, Гьит1инехадижат Мух1амадовалъ.  МаркIачIул гIуждаса инегIан цIалдохъабиги нижги школалдаго рукIуна.  

160 ялдасаги цIикIкIун цIалдохъаби жанир хIебтIизеги заманалъул тIалабазда рекъон лъай кьеялъул цебетIей букIинабиялъеги  гIураб цIияб школа ЦIияб ГIурада росдае хIажат букIин якъинаб жо буго. Бугоан директорасул столалда цIияб школалъе хIадурараб проектги, гьеб хIажат букIин бицун хъван батIи-батIиял идарабазде живго хьвадун ритIарал кагътазул, документазул бугIун цIураб папкаги.

-Мунагьал чураяв Суракъат Асиятиловас цIакъ гIемер хIалтIи гьабуна нижер гьаб росдае чара гьечIого хIажатабщинаб букIинабиялъе- ян абуна ГIабудало Халитовас, Суракъат Асиятилов ракIалде щвеялъе стенд гIуцIараб кабинеталъуре щведал, - ЦIияб школаги тIалаб гьабизе пикру букIана гьесул. Гьанже Суракъатил МухIамадида бугоха божилъиги хьулги.

 Къо бахъанагIан гIатIилъулеб буго Дагъистаналъул тахшагьаралда гIагарлъухъ, Гъизилюрт шагьаралдаса рикIкIад гьечIого бугеб ЦIияб ГIурада росу. Къад шагьаразда хIалтIун къаси рокъоре руссине санагIатаб бакI букIиналъ цIикIкIунел руго гьенир гIолохъанал хъизаналги. Гьелдаго рекъон цIикIкIинарищха школалда цIалдохъабиги.


Баяналъул кьучI: Казият "Цолъи". Шамил мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook