Авторизация

ДагIбадулал къола, къадар бергьуна…

ДагIбадулал къола, къадар бергьуна…

Кинавго чи цIодоравги вукIунаро, цIодорал гьечIогойилан гIадамазде гIайибги гьабизе бегьиларо. Амма, киназго цIодоралилан, гIакъилалилан, хIатта, гIалимзабийиланцин рикIкIунел чагIаз, гIакълу гьечIел, гIиссинлъималаз гIадинал жал гьарулел рихьулаго, юцIцIун чIезе гIакълу дирги гIолеб гьечIо.

Дидани кколаан, гIемераб жо лъай бугин доб гIакълуян… Лъайги гIакълуги батIи-батIияб жо букIун буго.

БичIчIуларого буго, чед-хинкIалда хадур арал ратаниги, ВатIан рихун арал ратаниги, батIияб гIиллаялъ арал ратаниги, рикIкIадеги ун, ГьаракIуниб кIал лъун, КIикIуниб гIин лъун, гьаз-доз бицаралда хъваралдаги божун, Балалълъ вукIун ХIуртIилав гIадин, ВатIаналдеги, БетIерасдеги рехтIелел рукIунел чагIазул мурад щибали.

Щиб гIиллаялъе гIоло, гьесул кIалъаялдаса жиб-жиб предложениеги батIа гьабун, гьелги жамгIиял гьиназдаги лъун, тIад релъулел, бахIсал гьарулел, гьарай-гьурай бачунел ругел магIарулал? Гьезул мураб щиб? ВацIцIадав чиясе бокьулеб киналго гIадамал рацIцIадал рукIине, хъубав чиясе – киналго хъубал рукIинейиланги буго нилъер аби. Хъублъи жаниб цIунизеги къваригIунеб батила доб гIакълу.

Велъулесда гурони, гIодулесда гьикъугейилан абула магIарулаз. Нужер гIодиялъул магIна щиб? Нуж гIор щун букIаго цIул бахъулел, какизе бегьулев чи щун вукIаго, нужеего цIар гьабулел чагIийищ? Рас хIеренаб бихьунила хIанчIица руз бетIулеб… ТIокIаб гьабилеб гIадаб пайдаяб хIалтIигойищ батичIеб, ВатIаналъе лъикIлъи бокьаразда? Гьадал Сибиралдаса гIебеде ругел ЦIоралъул магIарулазухъгIаги ралагье, нужго нечоларищали бихьизе.

Нуж ГIабдулатIиповасе гIакълу кьолел, Республикаялда лъикI букIине бокьун, ракI унтун кIалъалел чагIи ратани, абеха досда, гьабги гьабги дуца кутакалда лъикI гьабулебги бугин, амма гьаб жо рекъон гьечIин, гьадинаб гIиллаялъе гIоло. Досда абун бажарулеб гьечIони, жамгIиял гьиназде, «Милат» казияталде хъвай магIарул мацIалъ. Дандбай. Цойгидазул пикруялъухъги гIенекке. Цониги малаик гьечIо гури нилъеда гьоркьов, дов щай малаик вукIине кколев?

Щиб мурадалда нужеца тIубараб Россиялдаго нилъер Республикаялъул БетIер суризавулев?  Гьелъ щиб пайда кьелин нуж ругел?  Бокьараб бицунел рукIаян тезе бегьилаан, гьурррааа ахIарасда хадур рекеризе хIадурарал гIинккунбачазул аскарал рукIинчIелани. ГIемерисев чиясда лъикIилан бицани, лъикI бугиланги ккола, квешилан бицани, квеш бугиланги ккола.

Цойги суал. Гьаб буго гIицIго нилъеего бугеб суал. Нужеда жегиги цониги даргияв вихьаравищ ГIамиров яги МухIамадгIали какулев? Дозул заманаялъали щай гурин, гьанжегицин рихьанищ нужеда гьединал чагIи? Дол ГIабдулатIиповасдаса лъикIалищ рукIарал? Дозул гъалатIалгойищ рукIинчIел?

Гьанже киналго ругоха, кIалдиб лъим ккун, ГIабдулатIипов какулел? Щай? Щайгурогоха, гьел какдолезул цебесеб кьерда магIарулал рукIун. Нилъер миллаталъул чи бетIерлъуда вукIин хIехьезе кIоларого ругел чагIаз, гIарцуда барахщичIого, ГIабдулатIипов гIакълу гьечIев чилъун вихьизавизе гьарурал сураталги нодо бакьулъ чIван, чIухIдае хьвадилел руго магIарулал!!! Щивха гIакълу гьечIев ккарав?

ВатIан тун арасе талихI кьоларилан буго нилъер умумузул кици. ТалихIкъосиналъ батизеги бегьула, къватIир ругел цо-цо нилъер чагIи, ВатIаналде загьруяб лъим щвалел ругел.

ХIайван бакъидал гIергIедулебила, гIадан гIорцIидал гIергIедулевила. ГIадамазул гIергIедиялъухъ гIенеккани, гIадамал гIорцIун гьечIо, гьел ццулъун, хIаладаса ун, гьабизе жо тIагIун, гIомо борлълъулел руго. ГIабдулатIипов какизе хIалтIизабунщинаб гуч, жигар, хIаракат бахъи, сурсат цо цIияб шагьар базе хIалтIизабун букIарабани, кигIан берцинаб, парказулги цIураб шагьардай букIине букIараб.

ГьитIинаб жо кIодо гьабуни, кIудияб нахъа цулилан абула магIарулаз. ГьитIинал жалги кIодо гьарун, кIудиял тIаде цIаге, нужее талихI кьеял.

Умумузул кици цониги гIодоб хутIуларо ва гьезул нухдасан ани, мекъиги кколаро.

ДабгIадулал къола, къадар бергьуна.

Аллагьас лъикIаб хъван батаги!



Автор: Баху МухIидинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +7
  • Нравится
Оставить комментарий
ЛьикI абуна дуца эзда, хIалчIахъаги!
Гьабизе жо  т1аг1араз,г1омо борлъула т1ок1аб щиб эзда абилеб Баху,т1убараб къо экраназда нахъе т1амулаго,гьабизе жо гьеч1ого ратила эл.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook