Авторизация

Цо сахаб хабар рагIуларо…

«ЛъикIалдасан – лъикIлъи, квешалдасан – квешлъи»

МагIарулазул кици

 

Гьаб щиб заман ва щиб заманалъул гIадамал? Цо сахаб хабар рагIуларо!

Щай нилъеда лъазе кколеб дунялалда бугебщинаб къварилъиги, чороклъиги, къваригIел гьечIеб щинабги? Сундуе гIоло гьеб кинабго нилъеде тIаде тIолеб бугеб? Нилъ рохизейищ, лъикIлъизейищ, лъикIал пикраби рижизейищ? 

Дунялалда лъикIаб хабаргойищ гьечIеб?


Бадисан ваккана гьав Малаховги

Гьадав Малаховас гьедабгощинаб чороклъи къватIибе чIвазегIан дида гIурусалги «нармални» чагIи ругилан кколаан. Культураги бугел, тарбияги бугел, рацIа-ракъалъиги бугел, нилъедагицин хьвада-чIвадизе малъарал чагIи ругилан йикIунаан дун. Эдин малъун букIанаха гьитIинаб мехалъ. Лениндадаца ошколалги рагьун рукIинчIелани, гIурус учительницабаз лъайгун гIакълуги кьун букIинчIебани, нилъ хъвай-цIалиго лъаларел бецIал гIадамал рукIунаанилан.

 Гьадаб передачаялъ кинавго чиясул гIурусаздехун пикру хисизабуна. КIудиял шагьаразда лъайги тарбияги щварал яги наслабиго цIодорал рукIарал интеллигенциялъул чагIи лъикIал ратаниги, нилъеда бихьулеб бугоха рикIкIадал росабалъ гIурусазул бугеб яшав. Чорклъиялъулъги, язихълъиялъулъги къан, гьекъолеб жоялъул гурони ургъел гьечIел, гIадамаздаго релълъинчIел чагIи… Мехтарал ригьинчIого, яс батIалъи гьечIого, яц батIалъи гьечIого, эбел батIалъи гьечIого бихьинал… Рос батIалъи гьечIого росу батIалъи гьечIого руччаби… Хадур лъилали лъаларел лъимал… Ригьарал лахIзатазда рачIарал щакдарабазе ДНКги хIалтIизабун жавабал ралагьулев Малахов… БитIараб бицани, дидани ккола нилъер боцIи-панзалъулго берцинаб яшав бугин гьел гIурусазулалдасайин.

Киналго гьединал ратичIого букIинеги бегьула. Амма нилъеда жиб-жиб къойил бихьизабулеб бугелъул хIисаб гьабуни, гьеле цебе чIолеб сурат. Гьеб буго гIурусазе щвараб Малаховасул баракат.

Бице, гьудулзаби, щай нилъеда лъазе кколеб киялиго Сибиралда йигей Катяе лъидасан ккаравали лъаларев вас гьавун вукIин ва щаклъи букIин инсудаги, вацасдаги, ункъавго имгIаласдаги, щуявго инсул гьудуласдаги, анлъавго мадугьаласдаги, киналго классцояздаги??? Гьеб мехалда, гьей Катяги йиго, кIудияб бахIарчилъи жинца гьабураб гIадин, гьимгьимиялда йосун, ячIун студиялдегун ккараб-таралъул, цо-цо йигьараб мехалъ жинда ракIалда чIарал жал рицуней. БахIарчилъи гьабун букIинчIебани, дунялалда бищун кIудияб хIукуматалъул бищун аслияб тIоцебесеб каналалда бищун машгьурав Малаховасда аскIойищ ай йикIиней йикIарай? БахIарчилъи букIинчIебани, дунялалдаго йихьизеги гьаюн, Малаховас гьадигIан кIодойищ ай гьайилей йикIарай?

Гьадав Малаховас, дол гъосолъ къан ругел гIурусаздаги цойгидаздаги, мекъаб нухалъ унел чагIазда, берцинаб гIумру бихьизабулеб букIарабани (бечедаб гуроха – берцинаб) цо-цогIаги чи, гьебги берцин бихьун, битIараб нухде рачIиналде хьулгIаги букIинаан. Щиб мурадалда дос Россияго дунялалда суризабулеб бугебали Аллагьасда лъала.

Щолеб-толеб жоялъул пикруго гьабичIого, гIумру лъималазе лъай ва тарбия кьолаго арал унго-унгоял учительзаби, гIадамазул гIумру хвассар гьабулел ругел врачал - гьадингоял чагIи, гIадамазул гIумру цебетIеялъе гIелмуялда тIад хIалтIулел гIалимзаби, гIадамал кваназе нигIматал гIезарулел рекьарухъаби, хурухъаби, агрономал, ахихъаби - чIанда, рукъзал ралел чагIи, гьецIо бахъулел, кирпич къотIулел, чабах баччулел чагIи - гIабдалзаби… Гьай Катяца гьабуралде бахунеб бахIарчилъи гьел цонигияз гьабичIо, гьединлъидал хIукуматалъги Катя гIадин кIодо гьаричIо.

ХIукуматалъ кIодо гьаризе ккани ва кинабго гIаламалъе мисаллъун рихьизаризе ккани, цIа рекIун бухIулеб лъимер жаниб бугеб краватги тун, мадугьалихъ гьекъолдилел рукIине ккола. Яги киналго лъималги жанир тIамун, гьекъолеб жоялда хадур ине ккола, рукъ бухIун бахъингун гурони руссунареб бакIалде. Яги дунялалда бугебщинаб рищни-къул бакIаризе ккола рокъобе, сверухъ авалго махIцинеги гьабун. Яги гIадамасул гIакълу хадуб гIунтIулареб гIадаб чороклъиги, чIунтиги букIине ккола рокъоб… ГIадатав чиясул гIакълу хадуб гIунтIулареб гIадаб инжилъиги, вахIшилъиги гьабуни, гьеб цIакъго беццараб буго.  Гьеб мехалъ лъугьуна дур дунялалда цIаррагIарав бахIарчи. Гьеб мехалъ дунялалъул рагIалдеги вачIуна Малахов, хадур рехъерхъун микрафоналгун, автобус цIурал операторалги рачун ва гьаб «рохалилаб», кинавго чиясда лъачIого чара гьечIеб, хабар дунялалда рагIизабула ва бихьизабула.

Гьаб хадубквад телевизорни биччачIого тезе бегьилаан, чвантинибе бачIунги чIоларо квешаб хабар. Гьанже лъикIаб хабаралъул модаго гьечIо. Гьелъ инсанасе асарцин гьабуларо. Квешаб буго модаялда. Киб ккарабги, рагIарабги, бихьарабги, гьадабсагIаб телефоналдеги бахъун, чIинкIилан рехула нусго чиясухъе цадахъ, дол нусазгоги, цойги нус-нусазухъе цадахъ. Пирхараб пири гIадин тIибитIула квешаб хабар. Квешаб хабаралъ квешаб асар гьабула рекIее.

Нужецаго хIисаб гьабеха, жиб-жиб къойил, кIикъоялда анцIила щуго квешаб хабар хIенсолеб ракI квешлъулебищ букIунеб, лъикIлъулебищ, согIлъулебищ букIунеб тIеренлъулебищ?

Гьеб цо рахъ.

КIиабилеб…


Кинабго нилъер гIайиб

Нилъ (чIахIиял чагIиха) квешаб-лъикIаб батIабахъизе лъалел чагIи рукIиналъ, нилъее цо кIудияб зарал гьабичIого букIинеги бегьула гьеб тIаде чваххулеб бугеб, ракI гъанцIулеб, чороклъигун вахIшилъи жубараб хабаралъ. Лъимал? Лъималазул ракIал? Дол щиб гьабулелдай ругел? Данде рагъилелдай ругел, ракIал ругъналъдай ругел яги рекIелъе гьебги биччан, киназго гьабулеб гьадингояб жо бугилан, дозда хадур ине хIадурундай ругел?

КIудиял чагIаздагицин киназдаго гуро квешаб-лъикIаб батIабахъизе лъалеб. Лъималазда гIайиб щибха. Пачалихъалъ цIаррагIарал ва жидедаса мисал босизе кколел чагIи кинал рукIунелалиги бицунеб букIаго.

БитIараб буго, кигIан гIодой биччарабги рохьдолъ цо гIачIиххараб хIайван камуларелъул, цо-цогIаги ракъ унтизабулеб жо ккечIого хутIуларо. Нужее талихI кьегийин, битIуге нужер хъизаналда, тухумалда, росулъ, районалда, шагьаралда, республикаялда ккараб ишалъул рокьукъаб хабар къватIибе! Жанибго битIизабе ва тIокIаб такрарлъулареб ва лъидаго рагIулареб хIалалъ лъугIизабе. Гьеб киназдаго лъазе кколеб ва цойгидаз мисал босизе кколеб жо гуро. Лъазе ккола мисал босизе бегьулеб лъугьа-бахъин. Гьеле гьеб тIибитIизабе ва бищун борхатаб магIардеги рахунцин ахIи бай, дол гIурусаздацин рагIилеб хIалалъ. Щиб лъалеб нилъер лъикIал мисалаздаса пайдаги босун, долгицин рачIине бегьула рекIеде.

ГIун бачIунеб гIел батIияб бугилан зигардула нилъ. ГIайибиял щал? Сунца лъалъан дол кIудиял гIолел ругел? Кинабго нилъер гIайиб! Лъица гьукъун бугеб нилъер телевидение, Малахов, жинца гьадинаб передача бихьизабизе бугилан телевизоралъул бокIнилъан ваккигун, валлагь вац ГIандрей, баркала дуе кIудияб, амма, гьеб къватIулъа жо лъидасан ккун батаниги нижее гьечIеб ургъелхайиланги абун, нилъерго мисалиял дагъистаниял рихьизаризе ва гьез гьарурал пайдаял ишал рихьизаризе? Дагъистаниялги рукIине ккеларо кидаго, бокьараб, дунялалда бугеб лъикIаб пайдаяб иш бихьизабеха. Бищунго цебе, телевизоралдасан щибниги жо бихьизабилалде, гьаб передачаялъул мурад щибдай ва сундуе гIоло бихьизабулеб жодайилан суалалъе жаваб букIине ккела.

Цодагьаб цебегIан бихьана интернеталда, цо беццав ва цойги кверал гьечIев, кIиго китайцасила жиб-жиб къойил гъутIби чIолел ругила жидерго росдада сверун. Цойгидазул иш лъаларо, дун лъугьана хантIан пикрабалъ цо гъутIби чIезе бегьулеб гIадаб бакI балагьизе. Жеги батичIо. Гьеб гуро аслияб. Аслияб жо буго, дир ботIролъ гьединаб пикру бижи ва нагагь санагIалъи ккани, дицаги гъутIби, тIугьдул, хъархъал чIезе ва сверухълъи берцин гьабизе хIаракат бахъизе букIин.

Гьединго, кIудиязецин асар гьабулеб лъикIаб мисалалъ, лъималазе дагьабги кIудияб гьабула асар. ЛъикIаб бихьизабуни – лъикIалда тIад ургъула лъимал, квешаб бихьизабуни – квешалда тIад ургъула. Квешаб гуреб мисалго сверун гьечIони, лъикIал пикраби рижизего рес бугищ? Квешал пикрабаз цIураб ботIрол бетIергьанас лъикIаб иш гьабизе рес бугищ?

Лъималазда расги гIайиб гьечIо! Нилъ руго гIайибалъул бутIрул!



Автор: Баху МухIидинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьелъие г1аибиял нилъго руго Баху,ралагьугеха эзухъ,лъица х1ал гьабун т1амулел?Г1адамазе бокьула чияраб бихьизе,хас гьабун гьесул квешаб,ничаб,цинги эбги къват1ахъ гьурщизе,гьале гьеб киналъулго балъголъи!)


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook