Авторизация

Гьал рекIаразда рещтIаян абизе заман щвана

ЦерегIанго саназ цо пуланав чи цойгидаб росулъе вачIунев вукIун вуго дарс кьезе. ВачIуневги вукIун вуго гьев чодаги рекIун. Гьеб чодаги рекIахъего гордухъан ваккулев вукIун вуго классалде жаниве ва гьикъулеб букIун буго:

- Лъимал, ругелищ нуж? – илан.

- Руго, учитель, - илан жаваб кьолеб букIун буго цIалдохъабаз.

- ЦIалулеб бугебищ? – илан гьикъулеб букIун буго учителас.

- Буго, учитель, - илан жаваб кьолеб букIун буго лъималаз.

- ЦIалеха, - иланги абун, добго чода, тIадвуссун унев вукIун вуго учитель жиндирго росулъе.

«Гьав рекIарасда рештIаян абизе заман щвана» - ян абураб цIаралда гъоркь, гьев хIикматав учителасул хIакъалъулъ макъала батана дида цо районалъул цебегосеб газеталда. ТIанкIан ботIролъе бачIана гьадинаб суал: «Гьадав рекIарав рещтIунев вукIаравани, досул хайирдай букIине букIараб цIалдохъабазе – заралдай?»

 

Нилъер заманаялъул гIемерав учителасухъ ялагьун абизе бокьун букIуна дие «рещтIинчIого а, бетIерчIахъад» - илан, гьелъулго зарал дагь букIиналда ракIчIчIун.

Дида бичIчIизе кIолареб жо! Цо кутакаб харж-маржги щолеб, бигьаяб, бокьуларев чияс гьабилеб гIадаб жоги гьечIо гьаб учителасул хIалтIи… туснахъчагIазда тIад вугев хъаравуласул гIадин куцги ккун, ццидал кутакалъ загьру къватIибе гьелчолел бералги росун, щиб гьабичIого гIолареб жо гьабизе, гьудулзаби, нуж ошколалде рачIунел? Жиндирго хIалтIиги бокьуларев, лъималги рокьуларев, жиндаго тIадги хIалтIуларев, щиб мурадалда жив школалде вачIуневалиги лъаларев учителасда ракь тезабизе ккола гьеб школалъул азбар бихьулеб бакIалдасацин.

Цойги гIажаибаб халкквей… Жедерго хIалтIи рихаралгIан, ццидалалгIан учительзабазухъе щола гьаб хIакимлъиялъул хIалтIиги. Рагъун-семун бахъулеб батизеги бегьула… Яги, хIакмилъи гурони гьабун бажаруларо, вац, кье дихъе кьер-кьеризаризе гьел учительзабийилан вачIунев ватила, дагьавги тIадегIанав хIакимасе хIелизе… Лъаларо. Амма, хIалтIиги бокьулел, лъималги рокьулел, хIалтIул хIасилалги кколел, цойгидазегицин мисалги бихьизабулел учительзабазе гIакъуба кьола гьел ццидалал хIакимзабаз. Кинабалиго отчет кьезе анкьго минуталъ кватIанила, кинабалиго планалда кIиго тIанкI лъун гьечIила, дарсил заманаялъ гордухъан валагьун вихьанилан…

ТалихIалъ киналго гуро гьединал рукIунел. Руго бахъараб хвалчен гIадин жедерго учительзабазда аскIорги чIчIун, гьезие хIалтIизе ва лъималазе цIализе шартIал чIезарулелги. Аллагь разилъаги гьездаса.

Лъималаз нилъги, нилъер хьвада-чIвадиги такрар гьабулеблъи, учителасда гуребги, дагьабги лъикI эбел-инсудаги лъазе ккола. Цодагьавниги лъималазухъ рагьун бералгун валагьулев учителасда лъала гьев цIалдохъанасул рокъоб бугеб ахIвал-хIал ва кинал чагIи гьесул эбел-эмен ругелали. Квердаса лъимал унел рихьигун, гьезие гIадлу гьабилалде цебе, жидерго гъалатIазда тIад хIалтIизе ккола эбел-эменги, учительги… киналго лъималазе тарбия кьолел чагIи. Киб бакIалдадай дица гъалатI биччана ва киндай гьеб битIизабилаян ургъизе кколеб бакIалда, жедерго, лъималазда тIад бугеб кверщелалдаса ихтиярги босун, гьелгун рагъизе лъугьуна чIахIиял.  Те гьеб рекъечIеб гIамал!

ЛъикIав цIодорав учителасул – лъикIал цIодорал цIалдохъаби. Щвалде щвечIев, ццидалав учителасул – хIаладаса арал двоищникIазул цIураб класс! Лъималаз нилъ такрар гьарула!

Нилъеда лъала гIемераб гIелмуги, гIакълуги, гIумрудул дарсалги нилъее кьурал учительзабиги… ГIабдал вугилан абуралдаса гьуинаб рагIи абун бадиве валагьичIев, бадиб чIвазе магIгIанги рокьуларел учительзабиги лъала. КIиязго лъуна нилъее къиматал. Кин лъурал ратаниги – лъуна. ЦIалдохъанасулги букIарабани учителасе къимат лъезе ихтияр ва гьелъул хIасилалда рекъон кьолелани учителасе харжида тIаде кепкал, щибдай хисилеб букIараб нилъер школазда? Гьеб мехалъ хисилаанха гIемерисев учителасул цIалдохъанасдехунги, жиндирго хIалтIудеги бугеб бербалагьи. Гьеб мехалъ ккелаан кIиялго ращад. Гьеб мехалъ чанги рещтIарал рекIинаризе ккелаан.

Пайда щибха.


Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий
Доб заманалъ ай,совет заманалъ,учитель вук1ана росулъ бищун х1урматияв чилъун,жакъасеб г1елалъул авторитетал щал кколелали бицине кколаро,доб заманалъ ц1ияв советияв инсан г1езавизе школаздасаго байбихьи лъолалаан,гьанже киналго руго жалго жидеего г1ун...


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook