Авторизация

Инхоса ГIали-хIажиясул гIакълудал ралъад

   


 Къалам, дуца щуре щакъиялдехун…


Инхоса ГIали-хIажиясул гIакълудал ралъад


«Цо дир кIалъаялдаса кIиго магIна бичIчIулев кIал пасихIав чиясе чан жавгьар гьаниб бугеб», - абун хъвана Инхоса ГIали-хIажица. Дун щибаб сардида тIаде къулула гьесул тIехьалъул тIанчазде ва жугьабазулъ бахчараб жавгьар кенчIолеб бихьула щибаб кочIолъ. Гьесул шигIрабазул даимал дарсал аслияллъун лъугьунеб заман бачIун буго жакъа:

«ХIамий сарин ахIун мун сверданиги,

Дур сариналъ хIамил хIал хисиларо»,

…«Гьересияв гьоролчи чидае басралъула.

БитIараб бицаниги, божи гьечIев вукIуна».

…«РекIелъ жахIда ккуразда жамагIат божуларо».

_ «Хвалил къвалазулни ургъел дуда чIваларин,

Мун анив телин абун, аятищ духъе щвараб?

Дуде щвараб иргаялъ инсан хабалъ лъеларин,

Лъай-гIакълу батанани, къачIазе гIамал гьабе».

…«Дуца нахъе танани, тушманас босун унеб

БоцIул ургъелги гьабун, ахират щай кIочонеб?»

…«БетIергьанасде гуреб хIелун гьари гьабуге,

Гьесдаса хIинкъарав чи халкъалдаса бергьунин».

…«КъвачIа-тIилго рекъараб ракъул xlaл бергьанани,

КъабихIаб пиша гьабун, рагьтIателлъун чIезегIан».

….. «Бихъ-бихъараб тIагъур лъун, тlyтlypaб peтleл peтIун,

Черхалда нацI баниги, цIар буго гIалимасул.

ГIарцулъе тIерхьинавун, тlaдe ярагъ баниги,

ТIунцур-хIамилгIанасеб си гъечIо жагьиласул».

… «Бусурманав инсул капурал лъимал,

Кинаб наслуялъул рижарал нужго?

ГIантаб гIанкIуялъул гIадалал ханал,

ГIакълу кьезе варис восилев киса?»

… «Дунялалъул гудур гарбидаги бан,

Гвангъарал къоязул къотIана канлъи.

Канлъуде ругьунал беразда цебе,

БакIаб хъазан гIадаб, заман бачIана».

… «Щобда гочунаго чабхилъе ккараб

Чанил тIинчI гурхIила аб дир хIалалда,

ГохIде бахунаго хIарщулъ хутIараб

ТIинчIаб най гIодила дир гIумруялда».

   

      ГIали-хIажил щибаб рагIи гIасруялъул къадада кьабгIараб кьури гьечIеб магI гIадин буго. Гьесул кечIалъ пикраби камил гьарула, калам гIакъил гьабула, гьунар чIухIизабула.

    Аллагьас кьуралда гIейги гьабун гIодове вуссине, сабру гьабизе лъаларев чиясда бицараб рагIул пайда гьечIо, гьесие щиб щваниги, кьуниги гIоларо.

Дагьаб гIемераблъун бихьизе кIвей талихI буго. ГIемераб кидаго дагьаблъун бихьи даимаб талихIкъосин буго.

    Бечелъизе бокьун, машгьурлъизе бокьун гIадамаз гIумруялда гьабизе нахъе хIалихьалъи толаро. БечелъанагIан хIалихьалъула, хIалихьалъанагIан бечелъула. Бечедги кIочон тун бечелъиялъе какал ралел хутIула цо-цо, гIадамазда цIакъго-цIакъ лъикIго ругин кколел чагIи даимаб квешлъиялъул кверщаликь рукIуна. Гьединлъидал ГIали-хIажица абулеб буго:

«Надилъ гleтl цIиричIеб боцIухъ балагье,

Багьана дуйги щун, щиб кколебали.

Щаклъи гьечIеб далил, дуда гьеб бичIчIа,

Гьобо гIадин дунял даим сверулеб.

     Нилъее баракат щваяв Бакълъухъа КIудияс абун буго: «РахIатаб жо буго мискинлъи», - абун. Амма гьеб бичIчIизе ккани, цохIо ракьалъул гIумруялъул гуребги пикру гьабизе ккола, гьоркьо-гьоркьовниги хабалазухъги валагьизе ккола.

     Хвалил пикру гьабунщинахъе гIакъиллъи цIикIкIунеб гьечIони, гьев чиясул киданиги гIакъил вахъунаро. Нахъеги гIенеккилин ГIали-хIажиясухъ:

«Хвалил хиял гьабуни, черхалъухъ гIенеккани,

ГIакълу камилас дунял дандего гьабиларо.

Ай, байтулман дуниял, дудасан гьечIеб пайда,

Гьабулаго гIумру ун, гIазаб цIикIкIин гурони».

Яги дунялалъул хIакъалъулъ:

«Дудаса чIухIарасда чIолохъжо хехго бала.

Хиралъун мун ккарасда къо-мех лъикIан абула.

Дур ричIарал каваби макруялъул ратула.

Квана-гьекъолеб рикъзи – къоритIа лъурал мугьал».

  ТIубараб гIумруялъ дунялги хачан, чанги чагIазул магIуги бичун магIишатги гьабун, щибниги цадахъги босичIого, хачадилаго, унелги, Аллагьас ракьалда кьуралда гIейги гьабун, ракьалда гъоркь щвезе бугелда божиги лъун, намусги напсги цIунун рукIаралги рекIунеб ахираб «цIулал чу» цо букIин буго цIакъ кIудияб талихI. Нагагьлъун хвел гьечIолъи бичун босизе щолеб букIарабани, щибдай гIадамаз жеги цоцазе ургъилаан, гьадигIан пайда гьечIеб, шагIирас абухъе, «гьоболасул рукъ гIадаб, гьогьомизе гъоркь чIараб гъветIалъул рагIад гIадаб» дунялалда даимаб жахIдаялдаги жужахIаб рагъдаги ругел.

…     Гьалагаб ралъдада полоп кинигин,

Пикраби цIикIкIиналъ, мацI кIочон буго…

 Кваназе квенги кьун гIорцIизавидал,

ГIасилъун ккана дун дир Аллагьасде,

РетIине ретIел кьун вохизавидал,

Хилиплъана дир черх БетIергьанасде.

Аставпируллагьин абун пайда щиб,

Жаниб бугеб дир paкI бухIун гьечIони.

АбичIогоги дун кинан вукIинев,

Квешабщинаб гIамал гIемер бугелъул.

     Дуе рецц, БетIергьан, бетIерги ракIги цоцалъ рекъараб гIумру кьуралъухъ, хIалалаб чадил бакъвараб кесекалда тIаде тIокIкIараб, бацIцIадаб, цIорораб лъим гьекъезе иццал къине течIелъухъ, гьезул тIагIам тIагIунарел жугьаби дир кочIолъ цIунаралъухъ! Дуе рецц, БетIергьан, ритIухълъиялъул тIутIураб ретIел букъизе кIолел шагIирзаби рижаралъухъ!

…ЧIарбида тIадги лъун турулеб дур черх

ГIасилъиялде ин буго гIаламат.

БецIаб лахIтуялъур рецIцIулел берал,

ХIарамалде  балай -  кIудияб хIикмат.

Хвалил хъарчигъаялъ хъат бараб мехалъ,

Калам толеб дур кIал кIалъай - тамаша.

Йокьарай чIужу тун, лъимал-хъизан тун,

Къокъине кколесул чIухIи, гIадаллъи.

    Гьаб ГIали-хIажица абунги бугеб мехалъ, мех- мехалъниги гIамалалъул гIадалаб мехтелалдасаги вигьун, мунго духъгоги валагьун, дунялалъул ахIи-хIурги рикIкIад гьабун, гьайбатал зобалазухъги валагьун, гьунар чорокабщиналдаса цIунулев, цIар бацIцIунев вукIине ккола шигIир.

Чан чIухIарасулдай михъал хIулана?

Чан бахIаралъулдай гъалал турана?

Чан гIалимасулдай гIелмудул керен,

Дуда жаниб бачун, ракьде буссараб?

Чан устарасулдай меседил кверал,

Каранда тIадги лъун, хIуруй руссана.

Чан чIухIарав хандай, пахрулъи цIакъал,

Жиндир сихI-махI къотIун, жанир турана?

Чан гIакъиласулдай рекIел хиялал,

Хвалица xlop гьарун, духъе руссана?

    Гьадинал пикрабазул чIумал щибаб къойил къоцIул цIализе ккола.

… «ГIакълу - дур чIаголъи, чIухIи - дур сури,

Сипат гьабунани, нурги бецIлъиги

Лъай бугез гъанкьулеб, къо гьечIез кколеб.

КъватIул гьой гIадаб жо – гIамал кIодолъи».

… «Лочнол гьумер гъунин гъадил гьунаралъ

Гъулдухъ рахчун ругел хIанчIи кквеларо».

     БитIараб буго, ГIали-хIажица абухъе, «цо гIакъилаб рагIиялъ гIадлуялде рачуна, цо тIамураб кициялъ канал берал рагьула». Кицилъун лъугьарал мухъазги, Аллагьасде вуссун хъварал алфазазги, гьунаралъул месед тIад бекьарал кочIол хIурупазги цоги нухалъ нугIлъи гьабула Инхоса ГIалихIажи хIажалъичIеб къо аваразул адабияталда букIине гьечIолъиялъе.

…«ЗахIмат бихьичIого, paxlaт бокьарас,

БекьичIого, лъилъе, нилъ гьечIого, хур».

…«Лъураб бугьтан рихун хвезе вахъунге,

Пихъ гьечIеб гъотIода тIил речIчIуларин.

ТIадагьаб къавмалъул къил-къвал цIехоге,

ЦIамул гьирал рецIцIун, гьоцIо кьоларин».

…«Унеб буго дур гIумру, хьонда ботIил чIор гIадин,

Толеб буго дуниял, юргъачуялъ нух гIадин».

… «Чидай хIелиялдаса вакъи рекъон букIуна,

ЯхI тун тириялдаса мискинлъиго рикIкIуна».    

   Дица Инхоса ГIали-хIажи рикIкIуна гьаб ракьалда рижарал шагIирзабаздаса бищун гьунар тIокIал шагIирзабазул цоявлъун, дие, шагIирасе гIадин, бищун хирияб буго гьесул гьаб васият:

«Мун гьитIинав чиясда гурхIел бугевлъун вукIа,

Горбол гьод къулун хадуб къо кинги кколин гьесде.

ХIежалъул гъветIалда тlaд тIагIамаб пихъил гIадаб,

ТIегьалеб гIумру бугин гIисинал гьал чагIазул».

… «Мискинав пакъирасул къимат кIодого гьабе,

БакIаб xlaл дуде ккани, кумек гьесул цIакъабин».

   Бечелъиги, бечедал чагIиги, тIадчагIиги реццараб цониги мухъ дида Инхоса ГIали-хIажил асаразулъ батичIо. Гьелъги нугIлъи гьабула гьев бищун лъикIал шагIирзабазул

цояв вукIиналъе. Жакъасел къоязул къадада хъвазе кколел жугьаби руго гьал:

«Найица тIегь кванала, тIотIоца гъвес квакала,

Бичасул къисматалда дун цIакъ тамашалъула.

Гъосолъ букIун тIотIоца тIогьолъ бугеб найиде,

Дун лъаларищ, гьвелроцан, рогьо къабихIаб бала».

     ГIали-хIажил рухIияб поэзиялъул - диниял асаразул хIакъалъулъ хIакъаб, букIине кколеб рагIи абизе гьанжего-гьанже байбихьун буго. РухIияб поэзия ккола инсанасул рухIалъе къуватги, кIодолъиги кьолеб, КIудияв БетIергьанасдеги гьесул Аварагасдеги (с. т. гI. в.) бугеб рекIелаб божилъи щула гьабулеб поэзия. Гьеб рахъалъ Дагъистаналда Инхоса ГIали-хIажиде вахарав шагIир гьечIо. Гьесул вагIзабиги, туркабиги, мавлидалги магIарул халкъалъул рекIелъе риун тIун ругин абизе бегьула... Гьезулъ буго цо гIажаибаб берцинлъи, кIодолъи, чIухIи, иллагьияб кунчIи. «Дунял холарезе те, хазинадуй ХIабиб ккве, цересел нилъер вацал гьеб нухалдасан анин», - гьаб буго ГIали-хIажил нилъее тараб аманат.

«Замана чарлъидал, чи пасалъидал,

Чара хварав мискин халваталда чIа.

Чороклъи цIикIкIиндал, бацIцIалъи хведал,

МацIги paкIги хьихьун, вехьлъуда вукIа», -  рагIабазул берцинлъиялъги бицунеб хабаралъул  гъварилъиялъги кверде росула нилъ ГIали-хIажил асараз.

«Мадинатул наби, нур бараб шагьар,

Щвезе гIагарлъидал, гIамал хисана.

ХиравХIабиб вугеб ХIарамалъул ракь,

Дуде xleтle чIейдал дун хIайранлъана.

-Дуде кIанцIарасде цIуни бугев мун,

ЦIуне цIаялдаса дир гIасияб черх.

Халкъалъул хирияв, нижер авараг,

Аман дуде гьари, гьаре Бичасда».

  ГIали-хIажица дунялалде гьабулеб хитIабалъ тIубараб гIумруялъулги гIадамазулги хIакъикъат рагьула, хIакъалдаса, квешаб гIамалалдаса, гIадалаб гIумруялдаса рикIкIалъизе нилъер рекIеца гьесул жугьаби рикIкIизе байбихьула.

«ВорчIа макьидаса, къижун чIечIого,

Кьили чIван квегъулин квешаб гьаваялъ.

Гьанже дур гIумруги гIуруца анин,

ГIоде гьелда ходув, хабар лъалелъул».

     Ахираталде къачIаялъул ахIи ккола яхIалде мун ахIи, бигьаго цIунуларо ракьалда напсги намусги, гьелъие къваригIуна щибаб къойилаб бахIарчилъиги чилъиги цIунулеб бихьинчилъиги, бихьарабщинаб бокьун, бокьарабщинаб рихун, чохьолги рокьулги пикруялда араб гIумруялъ гIадан гIаданлъиялдаса вахъула. БетIергьанасе гьаб ракьалда гъоркье ине хIадурлъизе кьураб гIумруялъул магIна, магIна гьечIолъиялдеги сверун, гIадада гьоркьоб уна.

«Къуват бугеб чорхол хIал дагьлъилалде

ХIеле Аллагьасе, радакьги вахъун,

Кутак махIабазул лъугIун ккелалде

Как базе вахъун чIа Бичасда цеве».

…«Пайтунаца ваччун, Халикъ кIочон тун,

ТIеренаб CиpaтI тун, мун ворчIиларо.

Бакъудаса лъутун, цIадакъа ворчIун,

ЧIегIераб жужахI тун, киндай ворчIила?

Бечелъи балагьун, мискинлъи рихун,

ХIурулгIинзабазда дур къвал баларо.

БетIер чарлъун буго, черх чIунтун буго,

Чан къо балеб дуца гьанжеялдаса?

КIкIарадул кваркьилъун хIисаб гьабичIеб,

ЧIунтаяб дунялалъ нилъ гуккулел куц!

Нухда рекIун арал чуяхъ балагье,

Чанги чIухIарав чи чалица къарал.

Гьез гьанирго тарал рукьзахъ балагье,

Балагьазул рокъов живгоги рещтIун».

                                   

   ГIусман-ХIажи МухIамадовас (дир ракI-ракIалъулаб баркала буго гьесие ГIалихIажилги МахIмудилги асарал данде гьаризеги, гьезул хIакъалъулъ ругел хIакъикъиял биценал ракIаризеги гьабураб кIудияб хIалтIухъги, гьезул поэзиялде бугеб даимаб рокьухъги) хъвалеб буго гьадин:

    «Жеги мутагIиллъун вугеб мехалъго ГIалихIажил жиндицаго гIелму босизеги ва жиндилъ бугеб гIелму цогиязе кьезеги кIудияб гьунар махщел букIун буго. Рузман сордоялъ, жидеего нигIматал кьеяв гIадамазул рукъзабахъе унаго, киналго мутагIилзабаз цеве тIамулаанила ГIалихIажияв. Гьев, хасаб макъангун, назмуялда рекъезабун, хитIаб гьабун кIалъалаанила: «ГIадамал-чагIи, хирияб сордо буго, кири батила, нигIматал гьарза гьареги, балагьал рикIкIад гьареги, халагаб гIумру, чорхое сахлъи, рукъалъе бечелъи, боцIуда баракат, цIогьодаса рахъи, хъурмидаса цIуни, цIа рикIкIалъаги, лъим гIагарлъи, иманалда хвей, ахират лъикIаб, бокьун кье, кьун босе, кьолелда разилъе, малъулел гIемерлъаги, лъалел гьарзалъаги. ЛъикIаб - аскIоб, квешаб - рикIкIад, бихьаралда - щукру, щваралде - иман, Аллагь гурхIи, хIадис бокьи, хIакъаб битIун, тIекъаб нахъе, хъвараб бихьи, кьураб боси, ахIи-хIур гIодоб, гIодор риччан халат, балагьаздесабру, рахIматазда рохи, рекIелъ иман, аскIов вали, босизе гIедерлъи, бичизе кIвахIаллъи, аскIоб гьуинлъи, гьобол хиралъи, херазе талихI, бахIаразе рохел, хъизан рекъон, рукъ бохун, абурай йокьи, йокьарай щвей, щибав мурадалде щвей, мунагьал гьарунгутIи, гьарурал чури, мурад тIубай, тIаде цIикIкIин, цIияб эркенлъи, ахIизе талихI, тухумазе рохел гьарула».

     Гьал рагIаби ГIали-хIажияс абулел рукIараздаса дагьа-макъал хисун ратаниги, гьесул гьунаралъул филосо­фия босарал руго, гьесул жугьабазул пагьмуялъул мисал тарал руго, гьесул насихIатазул яхI босарал руго.

Жакъа нилъее батIияб заман кьун букIаниги, кьури гьечIел руго ГIалихIажиясул дарсал:

«РекIел ургъел чучизе чи тIагIараб замана,

Чорхол унти бицине гьалмагъ гьечIеб дуниял.

ХIадисалда бицуна цо заман бачIинилан,

ЧIаго xyтlи рихараб, хваразда нилъ урхъараб.

…Эбел-инсуе адаб лъималаз гьабулареб,

Лъадиялъул росасе расги мутIигIлъи гьечIеб,

Рибаъ гIемер кваналеб, как-диналъул кIвар гьечIеб

Капурлъи-бусурманлъи батIалъиго лъалареб.

Питнаби тIиритIараб, батIулаб берцинлъараб,

Биял гlодоpe тIолеб, гIадада чагIи чIвалеб.

ХIалал -хIарам жубараб, жахIда-хIусуд гIемераб,

ГIадамал щайтIанлъараб ахирзаманаялда,

ТIад вугев хан ци гlaдaв, гIалимчи хъумур гIадав,

Муъминчи чахъу гIадав, цогидал гьаби гIадал.

Огь, бухIаяб дуниял, диналъе гьечIеб тавпикъ,

Тушман щайтIан тIаделъун, тlaдe ракь хъвай гурони.

Вай, бухIаяб замана, зулму-мункар гIемераб,

Дуниял хараблъидал халваталда чIелаан,

Гьал чIунтарал ракIазе гьечIебищха дарманго?»

  ЧIунтарал ракIазе дарман гIадин дунялалда хутIана Инхоса ГIали-хIажил хIеж борхарал ва борхалъуде рахарал назмаби. ШагIирзабаздаги гIалимаздаги кIочон тезе бегьуларо ГIали-хIажиясул дарсал:

«ГIелму гьечIев гIабидги гIиприталъул гIел вуго,

ГIамал гьечIев къадиги щайтIаналъул вехь вуго.

Живго жиндиего гIун, гIамал берцинлъун бихьун,

 Хьвадизе лъарав чиги Бичасул тушман вуго».




Автор: МухIамад АхIмадов

Баяналъул кьучI: Журнал "Гьудулъи". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +65
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook