Авторизация

«Халкъалъул лагъзадерил» лагълъиялда буго халкъ!

 

ЦебегIан заманалъго цо нилъер вузалъул профессорас абун буго, вабааабай гьаб нилъер хIалтIул санагIалъиялдейин, моцIи-моцIие кьолеб харжгийин, свак лъалалдего щолел гIодоркъоялгийин, багьа-багьана батун байрамкъоялгийин,  тIубараб рииялъ отпускгийин, амма гьал цо студенталги рукIинчIелани, кигIан цIакъаб бакIдай аб нилъер институт букIинеб букIарабилан. Гьединго, гьал нилъер тIадчагIазеги гIадатияб халкъалъул кIудияб квал-квал буго. Щиб багьана батунги гьеб дагьлъизабизе, дагьлъичIони, гьаз квер битIаралъубе гIиял рехъен гIадин бекерулеб бетIергьечIазул ва гIинккунбачазул улка къваригIун буго азие. «Халкъалъул лагъзадерил» лагълъиялда буго халкъ!

Гьенин букIинчIого букIине щибха халкъалъ гьабулеб бугеб ва щиб хIасил кколеб бугеб?

Щибниги кколеб гьечIо! КIкIалахъги рукIун магIарда тIад ругезда гаргадун, щиб хIасилха ккелеб? Дозда нилъ рагIуларо. РагIизе гIингицин тIамуларо. Дозие нилъ руго квал-квалалъе рижарал чагIи.

ХIакимзабиги халкъги буго кIиго батIияб дунялалда ругел, кIиго батIияб нухдасан унел, кIиго батIияб бербалагьи дунялалде бугел ва киданиги цоцазда рихьуларел ва дандчIваларел чагIи.

ТIасаги рукIун жидерго напсалъе, чехьалъе, черхалъе, чвантаялъе данде кколебщинаб гьабулел тIадчагIи. Гъоркьаги рукIун, леееейила, гьедин гьабугейила, нуж гIанталищила ругел, гьеб бакIалда нужеца гъулбасани, нижее квартираялъухъ кьезеяли кин гурин, квине жоялъецин гIоларо аб харжила, леееее, мун гIадаллъунищ вугев, лъоге гьеб гъулбас, гьаб рокъоса къватIиве гъуни, дун киве инев, площадалде вачIинаха палаткаги чIван хъизан лъималгун энив вукIине!!! Леееее, дуца гьабулеб щиб, цойги нухалъ цIале гьеб кагъааааат!!! Гьеб жо БетIерас тасдикъ гьабуни, чIванаха нужеца дагъистаналда ругел щинал миллатал!!! ЧIаааа, леееее, цойги нухалъ цIале, ургъе, хъваге гьедин, бегьуларооооо!!! Нижеда гьеб унтула, речIчIуге халкъалда, унтизабугееее! Гьабуге дагъистаналъул гIакъилаб, бахIарчияб, махщалилазул цIураб, берцинаб, гьайбатаб халкъалъул, жал кисан рачIарал ва щалали лъалареб цо пикруги бугеб, цо мацIги бицунеб, цокьерал чахъабазул рехъен… ГIакълу гьечIеб дегIен ккани, кьурса гъоркье ине хIинкъи буго мугIрузул улкаялъул.

Халкъги бугоха батIи-батIияб пикруялъул, даражаялъул, лъаялъул, гIакълуялъул, тарбиялъул, сабруялъул гIадамаздасан данде гьабураб могьол хьаг гIадаб жо. Цо-цо ккун мугь эхеде кIанцIунилан хьагихъанасе бугеб зарал щиб? ТIад тIалъелги лъун телаха…

Нужеда киданиги гьедин хьагиниб гьалделеб могьол хьаг бихьарабищ? Цо лъалеб лъалареб хIалалъ багъа-бачарилеб гIадин букIуна доб. Цинги цо бакI-бакIалъан тапппилан речIчIун бачIуна ва добсагIат речIчIараб бакI лъачIого тIагIуна. Гьедин букIуна  халкъги. Жибго жиндаго жаниб гьалделеб. Цо-цо жиндир пикру къватIибе загьир гьабулев чиги камуларо, амма хIасил кколаро. Хьагил бетIергьанас цIа рекъезабула ва тIад тIалъел лъола.  Щайха асие хьагил гьаракь, гIиндалъелазда (наушниказда) жаниб берцинаб бакъанги тун. Мугь тIасан чваххунги бачIун сверухълъиго хвезабизе лъугьани, хехго цIа свинабула, щибдай гьалъие гIолеб-гIолареб рахъилан хал-шал гьабула. Гьединго: дозда нилъ рагIизе ккани ахIизе ккола кинабго халкъалъ цадахъ. Гурони рагIуларо.

Цо рагIиги рагIуларо дозда. Дозул гIинда чIван рукIуна доздаги тIад ругез абураб гурони рагIуларел гIиндалъелал. Зама-заманалдасан ГIаршин-Маллаланил кечIги букIуна гьел гIиндалъелазда жаниб: «ГIарац бугищ? Буго! Буго!» - йилан. Халкъилая? Гьелдаса санагIалъи гьечIеб жо щибго дандчIвачIо «халкъалъул лагъзадерида».

Зама-заманалдасан, жидеего ракIгъеялъе, рищиялилан цо тиятир хIала аз, халкъги цадахъ хIазе бачунеб ххвелги гьабун. Гьале гьанжеги, халкъалъухъа гьаркьал ракIаризе санагIалъаби гьаризейилан кIудиял гъурщазул танкги кисиниб лъун, байбихьана аз тиятир. Гьебги гьечIищха захIматаб хIалтIи, щибалиго лъалареб халкъалъе гIоло гьабизе кколеб. Гьелъги бахъинарищ азул халкъалда ццин.  ХIалхьиялда рукIине рес букIарал чагIи, халкъалъе тиятир бихьизабизе цере рахъине кколел ругелъул. Цо жидеего кIудияб зарал кколарел гIадал чагIи, халкъалда жидер хIалтIул кьогIлъи бихьизе, жанир тIамула, ахIи-хIур гIодобцарабго къватIире риччазе. ЦIакъго кьариязда хъвазеги кIоларо, кIвараб жогIаги гьабичIогоги чIоларо. Халкъалъе гIоло)).

Тиятир лъугIарабго рукIалиде ккола ва лапан гIодобе биччала кинабго. Дораааа тIасаги рукIун халкъалда опытал лъолел, цIа рекъезабулел тIадчагIиги рукIуна, цин гьалдон, ахIдон, хадур гIодоре риччан, лъиего зарал гьечIеб багъа-бачариялда халкъги букIуна.

Ал кIиялго руго кIиго батIияб дунялалда ругел чагIи. Цоцазда я рагIуларел, я ричIчIуларел.


Автор: Баху МухIидинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook