Авторизация

Гьанжеги дун добго суалгун…

Цо саламатав магIарулав вуго дида, щибилаха нилъеца гьабилеб, пачалихъалъул нухмалъулезги гIин тIамулеб гьечIони, гьез гIурус мацI цебетIеялъе гурони квербакъулебги гьечIони, рахьдал мацIал церетIеялъе кьолеб гIарацги гьечIони, рахъулел законалги гьечIонийила… Чара гьечIого тIагIине ругила ал нилъер киналго рахьдал мацIал.

Досул хIукмуялда рекъон, исламияб культураги босарал (бусурбаби ругелъулха) гIурус мацIги бицунел гIажаибаб миллат букIине рагIула нилъер.

- Мун щиб миллаталъул чи, вац? – илан цIехани, - дир анкьумумул магIарулал рукIун рагIулаха, амма эзул дида лъалеб жо гьечIо, - илан абизе ккезе бугоха, нечон холаго, бацIцIадаб гIурус мацIалъ. МагIарулавги гурев, гIурусав вугилан абизеги нечараб бакIалде ккезехъин руго нилъ, нилъерго кIвар гьечIолъиялъ. Гьев вукIине вуго я магIарул мацI лъаларев, я тарих лъаларев, я гIадат-гIамал лъаларев, я магIаруласул рукIа-рахъин лъаларев… гIурусавги лъугьинчIев, магIарулавги хутIичIев, хIамаги гуреб, чуги гуреб, гIорцIеналда релълъараб цо гIажаибаб жанавар. Аллагьас цIунаги нилъ гьеб къисматалдаса.

Гьеле гьеб бакIалде нилъго ккечIого рукIине, къваригIун буго гIун бачIунеб гIелалда мацIги малъизе, щив чи кколев магIарулав ва кинаб тIабигIат букIине кколеб магIаруласулалиги бицине. Бицараб жоялдаса лъималаз бихьараб босулелъул, нилъецаго гьеб гIамалги гьабизе.

ГьабсагIат бугеб ахIвал-хIалалъухъ ралагьун, букIине бегьулеб жо гьеб букIинчIебани, гьадигIан цIакъ квешги букIинароан. ТIадчагIазеги нухмалъулезеги рахьдал мацIал къваригIинегIан гьакIкIан кIалалгун ралагьун нилъ чIани, гьедин букIинеги буго. Амма, кутакалда кIудияб хьул бугоха нилъ, гIадатиял гIадамал, гьедин чIеларилан. Жив-жив чияс жиндирго лъималазда мацIги бицани, магIарул гIамал гьабизеги малъани, магIаруласе кьезе кколеб тарбияги кьунани, нилъ регIичIелде тIаде школалда учителасги жубани, саламатал магIарулал лъугьинаанха нилъер.

Руго нилъеда гьоркьор росаби ва районал авар мацIалъе хIинкъи гьечIилан кколел. Амма, гIамгьабун росани, гIемерисев магIаруласе рухIгIан хиралъун буго гIурус мацI. МацI лъаларел гIисинал лъималазецин бадиреги ралагьун кIодоэбелаз бицунеб буго гIурус мацI. ГIурус бицани «модный бабуля» йигин жиндирилан кколеб батиларищха доб тIанчIида. БичIчIулеб гьечIо нилъер чIахIияб гIелалда нилъеца нилъерго миллаталъе гьабулеб бугеб зарар, лъималазда авар мацIги малъичIого.

Аслияб жо буго бокьи. Бокьулареб жо инсанас зулму-хIал гьабунигицин босуларо. БокьичIони лъалароха лъималаздаги авар мацI, кьвагь-кьвагьун нилъ хваниги. Бокьани – лъала. Бокьараб жо инсанас кигIан захIматабги гьабула.

Щибха гьабизе кколеб бокьизе ккани?

Гьале гьаб суалалъе жаваб балагьи буго аслияб эбел-инсудаги учительзабаздаги цебе чIараб масъала. ТIахьал гьечIолъи гуро, кабинетал гIунгутIи гуро, сагIтал дагь рукIин гуро, гIарац гьечIолъи гуро гьеб иш цебетIеялъе квал-квал. Авар мацI лъималазда лъангутIиялъе гIилла буго щай гьеб лъазе кколебали эбел-инсудагицин бичIчунгутIи ва бокьунгутIи.

Щай эб лъан къваригIун бугеб? ГIурусалъ бицани бичIчIуларогойищ бугеб? Гьеле гьединал суалал кьола улбуз, расги нечечIого. Лъималазда гIайиб щиб, чIахIияздацин лъаларо, щибизе къваригIараб жо нилъее рахьдал мацIали. Кинха бокьилеб щибизе къваригIунебалицин лъалареб жо?

ЦIакъго лъикI букIине бокьани, бокьизе кколаха киназего цадахъ. Лъималазеги, эбел-инсуеги, учительзабазеги, директорзабазеги, цIалул управлениялъул нухмалъулезеги, министерасеги, президентасеги. Амма, гьединаб талихI кисаха щвелеб?

ТалихIалъе гIологи къеркьезе кколин рагIун букIана. БитIараб жогIаги батила.


Педагогикиял гIелмабазул кандидат,

Тахо-Годил цIаралда бугеб гIелмияб

институталъул гIелмияй хIалтIухъан,

авар мацIалъул учительзабазул

Цолъиялъул пирсидатель

Баху МухIидинова


Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook