Авторизация

Зани бокьиларо, памятникго лъикI!

ЦIалана МухIамад БисавгIалиевасул «МацIазе – памятникищ яги занийищ?» - абураб макъала ва квеш букIана…

Квеш букIинарищ, дунгилъидал, авар мацIги хIалай ккун, тIубараб моцIалъ хIалтIарайго, тIубараб анкьалъ квине чедги чайги щолей гIадан.  Руго цойги чедги, нахги, гьанги, мохмохги, ччугIаги, цIурачадалги, тIад чIчIикIизиге урбаги, гьелдаги тIад икраги, тIадежоялъе ананасгин камитал столалдаса камуларелги.  БисавгIалиевас хIисабалде босун гьечIо гьел мацIаздасан кваналел чагIи чанго батIияб тайпаялъул рукIин.

Гьел гIемер кваналез, жедецаго кваналеб жо, нилъеда хIалалаб бугилан ккезе, гьаризе кколел руго рикIкIен тун гIемерал тадбирал. Вабабаааай, кутак – илан ккезеха.

Жедецагойищха ал гьарилел? Гьел гьаризе тIамула нижгIадинал, анкьие гIураб гурони квание жо щоларел, щвечIониги хIалтIулел чагIи. Щай ал хIалтIулел? Щайгурогоха, ракI унтун букIун!  РакI унтун букIинчIебани, моцIрое гIурабгIаги чеб балагьизе инчIогоги чIолароан. Гьелго чагIи руго авар мацIалъул учительзабиги.

Авар мацI лълъаранибе инеб бугилан ракI унтараб гIечIого, букIине кколеб хIалалда гIун бачIунеб гIелалда гьеб малъизе ва гьелъие шартIал чIезаризе тун ругищ ниж? ГьечIо. Рихьдае жо гьабизе тIамун руго. Гьаре конференциял, форумал, съездал, конкурсал… Щиб букIаниги гьабе! 

 Рагъа-рачаре! Гьелда тIадеги мониторингалила, лъабго моцIалъул отчетила, бащдаб лъагIалил отчетила, лъагIалил отчетила, командировкабазул отчетила, бихьараб-таралъул отчетила, ракIалда бугелъул отчетила, тIаде-ххариялъул гьабизе бугелъул отчетила… Кидалха аслияб хIалтIи гьабилеб? Кидал ва лъица? ГIемерав чийищ вачIунев гьел шартIазда хIалтIизе?

Киналдаго тIадеги, гьадинги унтараб ракI унтизабизе, нуж букIине кколеб хIалалда хIалтIулел гьечIиланги абула… Нужеда жиндагIадин хIалтIул цIа рекIун гьечIин абизе бегьилищ, цойги тIадкъай кьолаго тIад вугес… 80 азарго гъурущ моцIрое щолев чиясдаги, 8 азарго щолесдаги цого цIа рекIинищ? Цо гьитIинаб ракул рекелги цIадаб лъун, кидаго сунареб цIа щай дуда рекIунаребилан лъугьине бегьилищ нухмалъулев, жиндирго рокъобе рогIрал лъун нартги чваххизабун. ЦIатари батIи-батIияб бугелъул.

Гьеле, МухIамад, дуе бугеб ахIвал-хIал. ТIад ругезе гIарацги, цIарги, цIаруе щолел шапакъаталги, кечI ахIулеб ракIги… ГIадатиял хIалтIухъабазе ва учительзабазе хIалтIиги, тадбиралги, тун-хун инеб бугеб мацIалда хадуб унтараб ракIги, лъугIиго гьечIел отчеталги, лъималазда мацI малъулеб гьечIилан бадире регьулел гIучIалги… рокъор ракъарал жиндирго лъималги. Гьеле мацIаздасан кваналел чIагIиги, гьезул тайпаязул батIалъиги.

ЦохIо хъизан хьихьиялъулги, гIарцулги гурони ургъел гьечIев чи рахьдал мацIалъул учительлъун яги гIелмияв хIалтIухъанлъун унаро. Хъизан хьихьизе гIураб жоги гьеб хIалтIухъ, гIемерисел гьенир хIалтIулел чагIазе, щоларо. Щолел, нухмалъуда ругел чагIазеги, щаялиго, ургъел гIарцул гурони букIунеб гьечIо. ГIемерисезеха. ГIарац гIемерлъанагIан, къиямасеб къо гьеб мацIалда чIаниги ургъел гьечIел цоял… гIарацго щоларел, ракI унтун мацIилан хIалтIулел цойгиял… Цо гIажаибаб математика буго гьениб. БетIер хIалтIизабуни, гIаксалда букIине кколаанха.

Цо иргадулаб тадбиралдаса рокъое ячIунаго дирги бачIана пикру, киналго мацIалда хурхун гьарулел тадбиразда нилъеца данде гьарулин, нилъго гIадин гьел мацIазда тIад хIалтIулел, гьелда тIад ракI унтарал чагIи ва бицунин гьеб цIунизе кколин ва щиб гьелъие гьабун лъикIилан. Гьеб буго гурищ бицинчIониги гьенир ракIарун рукIунел чагIазда лъалеб жо. Лъаларезда, долде данде чIаразда, мацI лъаялъе ва цебетIеялъе квал-квал гьабулезда гурищ бицинеги бичIчIизабизеги кколеб рахьдал мацIалъул кIвар ва хIажалъи. Гьелъул хIасилалда, авар мацIалъул учительзабазул Ассоциациялъ Хасавюрталъул педколледжалда тIобитIараб семинаралда хIукму гьабуна, гьанже гьеб мацI нилъер лъималазе къваригIун гьечIин ахIделел ругел улбулги данде гьарун, гьезулгун гьабизе гара-чIвари. Ва гьединго, кигIан нилъ нечаниги, цо-цо школазда букIине кколеб къагIидаялъ авар мацI кьеялъе квал-квалалъе ратулел районазул ва шагьаразул лъайкьеялъул Управлениязул начальникалгун ва школазул директорзабигун дандчIвазе, рицине нилъерго унтабазул, гьезда гьабизе кIолеб ва гьез гьабизе кколеб дарудал… Хьул халатаб жо гьечIищха.

БитIараб буго дур, БисавгIалиев, кьибилгун аслуги мацIги цIунизе нилъее бокьани, цIунизе ккола дингун гIадат-гIамал, лъазе ккола нилъерго тарих, адабият. Гьелъие квербакъизе ккола, диниял идарабаз, школаз, авар мацIалда рахъулел газет-журналаз, театралъ…

«Ахиралда тIубанго миллияб культураги къаникь лъун, къаданиб зани чIвазейищ ал тун ругел абурабги буго суал интеллигенциялъул» - илан хъвалеб буго дуца. Гьебго суал ниж-гIадатияб интеллигенциялъулги буго дадил гIоркьги оцол лълъарги  ккураб интеллигенциялъе…

ТIубанго кваначIого чIайилан чIейги, дур битIараб гьечIоха, МухIамад!


Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook