Авторизация

ХIасил… хIасил… абула…

ХIасил. Щиб жоха хIасил? ХIасил буго, тIад пуланаб хIалтIи гьабилалде букIаралда данде ккун, хIалтIудаса хадуб ккараб цебетIей. Гьебги гIемерисеб мехалъ борцуна процентаз.  

ХIасил гьечIеб хIалтIи кинаб жоха букIинеб? Щиб гьабулеб бугониги хIасил тIалаб гьабизеги ккела. Амма, гIадамазул иманалъулги яхIалъулги загIиплъиялъ гьедигIан хIажатаб ва чара гьечIеб жогицин щибго гуреб бакIалде ккезабун буго. 

Щибжоха хIасил нилъер заманаялъул къагIидаялъ? Гьеб буго гъоркь ругез тIадругезухъе кагътида хъван кьолеб отчет. Я хIалтIул гьечIо азие ургъел, я хIасилазул гьечIо ургъел. Ургъел бугеб жо буго цохIо, гьел отчетазда кинабго, СалихIица жергъен гIадин, рекъезабун букIин. Гьеб гIола.

Дица дунгоги лъалел дидаги лъалел рахьдал мацIалъул дарсазул мисаладалъун бицинин.

Рахьдал мацIалъул дарсазул мурад буго, цIалдохъабазул гьеб мацIалде рокьи бижизаби, гьеб бицине лъай, миллаталъул адабияталъул ва маданияталъул кьучIчIалда, лъималазе тарбия кьей, гьел миллат жидедаса ва жалго миллаталдаса чIухIулеллъун ва цойгидал миллатазул адаб гьабулелъун лълъугьин. Пикру гьабеха, тарбияги щварав лъай гьечIев чийищ лъикIав, лъайги бугев тарбия щвечIев чийищ? Диени тарбияги щварав лъайги бугев вокьила, амма, гьадал кIиязулго тIоцевесев вищилаха. Тарбия щварав чиясул лъикIав хIалтIухъан: хурухъан, гьабигьан, лъетIахъан, чотIахъан, вехь… вахъина ва гIадамаз лъикIавин абулев чи лъугьина. Лъай бугев тарбия щвечIес гIемер къваригIел гьечIел жалазе лъай хIалтIизабизе бегьиялда хIинкъи буго.

Гьанже сундеха гьал рахьдал мацIазул дарсал сверизарурал, хIасилазда ва процентазда хадур рекерулаго? Процентаз тарбия борцунаро, мацI лъайги рагIа-ракьанде щун борцунаро, грамматика лъай борцинеги бегьула. Гьебги буго гIага-шагарго батизеги бегьулеб, батичIого букIинеги бегьулеб хIасил (сентябралда диктант гьабуни анцIгоялдеги бахинчIого букIине бегьулеб, март-апрелалда гьабуни – ункъоялда анцIгоялдеги бахине бегьулеб, аздагьо гIадав учитель вугеб классалда). ХIасилалги рукIине ккола, мониторингалгун срезазул хIасилада процентал гурелги, олимпиадаязда, конкурсазда, дора гьанир бергьенлъи босарал кагътаздалъунги. Кагътал гIемер ругогIан, борхатаблъун рикIкIуна учителасул даражаги, хIалтIул хIасилги. ХIасилалда бараб буго харжги. (Кин хIаракат бахъулеб учительзабаз гьеб кагътал данде ракIаризеяли цойги нухалъ хъвала).

ТIадчагIи ахIдола учительзабазде, нужер гьел миаслиял дарсал гурин къваригIун ругел, гьел тIаде чагIи рачIингун рихьизаризе тейин, кье проценталилан! Гьеб мехалъ учителасул рес букIунаро дарсил даражаялдаги, тарбиялдаги, гьоркьоблъабаздаги, дол лъималазул психикаялъул хаслъабаздаги тIад ургъизе. Гьас, жужахIалъул гIакъуба жиндагоги лъималаздаги бихьизабун, биун тIезе ккола лъималазул ботIролъе контролалъулал диктантал хъвалаго ва цойгидалги мониторингазе хIалтIизарулел алатазда борхатаб процент бихьизабулеб лъай. Гьадаб нилъеца цебехун бицарал берцинал ва лъикIал гIамалазде регIун рукIунаро ал. Лъимал зарукь чIезаризе ккола хIасилалъун кIудиял процентал кьезе ккани ва учительзаби сверула аздагьабазде.

Лъималазул лъаялда (лъайищха эб) проценталда бараб жо буго учителасул даража, учителасул хIалтIул проценталда бан буго школалъул даража, школазул хIалтIул проценталда бан буго лъайкьеялъул Управлениялъул даража… гьедингоха добе тIогьибе щвезегIан. Кин лъугьинабулеб жо гьеб процентали ургъел бугев чиги гьечIо, бищун кIудияб зарал гьелъул нилъер лъималазеги буго.

Гьале гьанисан бачIараб жо буго дица чанцIулго макъалабаздаги борхараб доб лъималгун рагъулел учительзабазул суалги. РагъичIого рес гьечIо учительзабазул, тIасан гьуссун ругелъул.  Дуца лъималазда хIанчIичIони, дица дуда хIанчIилилан руго учителасда тIад ругелщинал хIакимзаби, гьакIкIан кIиго кьер гьабураб гажазул цIураб кIалгун. Рес щиб ав пакъирасул. Малълъараб гьабичIони, гьадинги мукъсанаб харжил рачI къотIилиланги хIинкъизавулев вугони, рокъор лъималги ругони… Гьедин гурониги, гIемерисел директорзабазул ва лъайкьеялъул Управлениялъул нухмалъулезул хъастIу багъарула рахьдал мацIалъул учительзабазда бер чIвайгун.

ТIадежоялъе, гьадинги бекараб мугъзада михир бачине, цоцазда берцинрихьиялъе гьарулел данделъабазда, школаздайила бищун аслиял чагIи ругила цIалдохъанги учительгийилан, гьацIул цIураб кIалалъги кIалъала дол загьрудал гажал ругел.

ЦIалдохъабиги учительзабиги руго, гьезда тIад ругелщинал, кумекалъейилан тарал, квал-квал гурони гьечIел хIакимзабазул тIелалъул, къурбанал.


Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий
Муг1алим,совет заманалдаги,жакъаги к1иго бат1ияв чиилан ккола,балагьараб мехалъ.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook