Авторизация

Туркиялъул магIарулал. 1-себ бутIа

Щай Туркиялде? Шайгурелъул, дораги нилъерал рукIун
(Миллатцоязул саламгун цадахъ сапаралдаса хъвай-хъвагIаял)

Цо бакIалда йикIун чIезе кIолареб хасият буго дир. Дагьалъ цее яхъун ана Туркциялде. Даран-базаралъ гуро, гьадинго, тира-сверизе. ГIарац базе бакI лъугIун ятилинги ккоге, гьел командировкабазе гIураб  харж главред йигониги дие щоларин. Аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул гIадат буго нилъер миллат цIакъго бокьулел гIадамазе сайгъатал кьечIого толареб. Щаялиго дунги халлъула гьезда мех-мехалъ. ГIарцуца хIалтIи малъулелъул, дирги хиял ккана автономиялъ конверталда жаниб лъун кьураб «баркалаялъухъ» норковый шуба босичIого, пикрабазе цIилъи кьолеб цо сапар гьабизе. Щай Туркиялде? Шайгурелъул, дора гIемерал магIарулал рукIин рекIелъа унарого букIун.

2004 соналъ тIоцебе Туркиялде бухьараб сапаралдаса хъвай-хъвагIаязул халгьабидал цIакъ мукъсанал жал ратана. Дагьаб гIатIидго рагьизе бокьана, батIияб улкаялда ругел магIарулазул гIумруялде нуцIа. Гьелъие  гьанже фейсбукалъулги бергьун кIудияб кумек буго, чияр ракьалде къисматалъ рачарал магIарулазул наслуялъулгун гьудуллъи щулалъун гуребги, дирго гIагарлъицин батана гьениб. Сундулха бицинеб берцинаб Туркиялдаса юссарай дица? Къокъго бицина гьенир дандчIварал магIарулазул, гIасраби хисаниги умумузул ракьалде хинлъи  цIунарал  наслабазул, гьезулгун дандчIваязда ракIалда хутIаралъул.

Стамбул

Щунусгоялдасаги цIикIкIун километра нухлулги нахъа тун, дида дандчIвазе Анкараялдаса рахъун Стамбулалъул аэропорталде щун ратана дир гьудулзаби Яшаргун Асият. Яшар- Анкараялда бугеб магIарулазул жамгIияб гIуцIиялъул цевехъан, Туркиялда ругелщинал  дагъистаниязул бухьен щулагьабиялъе хIаракат бахъулев, Ингишосагун ГIандиса умумузул вас. Асият- гьесул лъади, Бакуялъул университеталда филологиялъул лъайги босун, гьенибго гIелмияб хIалтIи цIунарай Къабакъчолиса магIарулай (нилъер гIемерисезда гьей лъала Бакуялда цIаларай мацIазул гIалимчIужу, Асият Тинаева хIисабалда).

Стамбулалда рещтIана гIолохъанал рос-лъади Вулкан ва Делтахъ. Вулкан- Яшарил яцалъул вас, вацIцIадав магIарулав магIарул мацI лъаларев, ралъдал транспорталъул инженер. Делта-туркай, турк мацIалъулгун адабияталъул мугIалим. БитIахъе хIайранлъана гьел гIолилаз чIахIиязул гьабулеб адаб, гьезул берцинаб яшав бихьун. Гьездаса разилъи загьир гьабулаго ункъго-щуго магIарул рагIи малъана дицаги радалиде Вулканидагун Делтада.

Ялова
Стамбулалде щварав магIарул чи Яловаялде ваккичIого чIчIей мекъи буго, гьенисаги ун аскIорго ругел магIарул росабалъ гьоболлъи бачIони, гьеб такъсир буго. Яшарил машинагун цадахъ кIудияб гамица швезаруна, ралъдал рагIалда, щобил каранда парахалъараб гьайбатаб шагьаралде. Машааллагь, анцIила цо соналъ цебего дир лъай-хъвай ккарай, Туркиялъ машгьурав, Дагъистаналда лъалев хъвадарухъан, шагIир, таржамачи ЖахIбар Барласил, нусиде яхарай эбел ячIана кавудахъ дандчIвазе. Жинцаго хьухьарал хинал щватабиги кьуна нижее сайгъаталъе. КъосичIеб чIикIасезул мацI бугоха гьез бицунебги. ЖахIбарил рокъоре ниж лъугьун мех балелде партIан тIаде щвана Яловаялъул машгьурал «гIолохъаби», бакIалъулал аваразул жамагIатчагIи, миллаталъул хIубал Шигьабутдин, Пахрудин ва Жагьид.

- Нужер бицунеб берцинаб магIарул мацIалъ дир ракIалъе кьолеб бугеб рахIат, роххел,-ин яхъана Асият гьезие рец-бакъ гьабизе.
- ВахI, ниж магIарулаллъидалха!,- ян аваданго жаваб гьабуна хIурматияб ригьалде рахъунел «гIолохъабазги».
БахIсалде сверараб гара-чIвари ккана Дагъистаналдаги Туркиялдаги магIарулаз бицунеб гIурус, турк жубараб мацIалда тIасан.
Пахрудин: - АнцIго сон баралдаса нахъе магIарулал ругеб бакIалдаса вахъун шагьаралда вуго дун, амма нилъерго мацI кидаго бицуна. Мисалалъе, гьанжеги мижеца рокъоб турк мацI бицунаро..
Шигьабутдин: - Цебе гьедин букIанин абе, Пахрудин.
Пахрудин: -Цебеги хадубги батIалъи гьечIо бицунев чиясе..
Жагьид: - Я, вац, те! Нилъер лъималазда, лъималазул лъималазда лъалеб бугищ магIарул мацI бицине?
Пахрудин: - Буго, дир наслуялда лъала.
Валлагь баркала, битIахъе паналъана гьезухъ балагьун.  ГIасругун бащдаб заманалдаса цIикIкIун цере ватIан тунун арал наслабаз махсаро-хочIалда чваххун бицунеб магIарул мацIалда бахиллъичIогоги рукIинищха .

ГIемерал соназ тIад хIалтIун Дагъистаналъул тарихалъул, магIарул адабияталъулгун маданияталъул баянал ракIаризе хIаракат бахъулеб буго Барласица:

- Дица цIияб мина бан бахъунеб буго, гьениб букIине буго дир кIикъого сонил хIалтIи жанибе бачараб, нилъер тарихалъул, магIарулазул  рухIияб бечелъиялъул бечелъи данде гьабураб  кIудияб библиотека. ГезегIан харжал гьаруна гьеб бакIарулаго, гIуцIулаго. ГIарац хажатаб жо буго амма щибаб жо гIарцуца борцине бегьуларо. Иншааллагь, гьеб нужедаги бихьила. Мурадги буго, Туркиялда гIолел нилъер наслабазда Дагъистан лъай. Гьеб рахъалъ умумуз нижее
 гьаниб щибго ирс тун батичIо.

Шагьар бихьизе ячичIого гьез гьобол телищха, тирана «МахIачхъала» паркалда, лъалхъана гьенир имам Шамил ва Расул ХIамзатов ракIалдещвеялъе лъурал  памятниказда цере. Къадекваназе ана шагьаралъул мэриялда цебе бугеб, магIарулгулгун даргиязул би жубарай ГIаблулмукъсимил яс ПатIиматил ашбазалде. Гьенирги цо-цо ккун рачIун саламатаб магIарул годекIан лъугьана. Ашбазалъул хважаиналъги лъим гIадин бицунеб бугоан магIарулгун дарги мацIал. Гьелъ салам битIана жиндир умумузул росаби КъулецIма ва Хважалмархьи росабазул жамагIатазде.

БакI чияр бугониги чагIи нилъерго ратана. БакIги чиярин кинха абилеб, сверухълъиялъго Дагъистан ракIалде щвезабулеб букIаралъул.

Жиндир чIужу Мадиналгун лъай-хъвай гьабичIого бегьуларинги абун, ХIажимурадин абурав, черкессазулгун би жубарав вугониги живго дагъистаниявлъун рикIкIунев цо къапIарав бихьинчияс хъамуна рокъоре. Мадина ятана Россиялдаса ячарай черкесай. Кутакалда йоххана гIурус мацIалъ кIалъазе лъалел ясал (Асиятги дунгиха) рачIун. ХIажимурад вугоан дунялалъул гIемерал фестивалалда гIахьаллъарав, Америкаялъулгун Израилалъул ракьалда кавказалъул бакънал рачарав, кьурдаби малъарав искусствоялъул машгьурав чи. Нижееги рачана аргъаналда, жинцаго гьарурал пашманал бакънал. Гьел ругоан Кавказалдаса гочун Туркиялъул ракьалде рачIунел умумул ракIалде щун хъварал бакънал.
Ниж гьанже росабалъе щвезе инин рахъидал ХIажимурадица абуна:- Гуней росу туркиязул росдаде сверулеб буго, магIарулал гьенир цIакъ дагь руго..

АнцIго къоялъул сапаралъул ва гьенир дандчIварал анцI-анцI магIарулазул  жакъа бицун лъугIиларо. Бищунго интересаб, магIарул росабалъе, Анкарагун Стамбулалда бихьа-рагIараб, абиял, кици-биценал хадусеб нухалъ бицина, иншаАллагь.

Суратал

Асият ва Яшар гамида1. Асият ва Яшар гамида 

Барлас, ПатIимат, Шигьабутдин, Жагьид, Пахрудин, Асият2. Барлас, ПатIимат, Шигьабутдин, Жагьид, Пахрудин, Асият 

Барласил азбаралъур3. Барласил азбаралъур

Барласил эбел, Ч1ик1аса Зайнаб4. Барласил эбел, Ч1ик1аса Зайнаб

Вулкан5. Вулкан

ГIабдулмукъсимил ПатIиматил ашбазалда6. ГIабдулмукъсимил ПатIиматил ашбазалда

ГIабдулмукъсимил ПатIиматил ашбазалда7. ГIабдулмукъсимил ПатIиматил ашбазалда

Жагьид, Шигьабутдин, Пахрудин8. Жагьид, Шигьабутдин, Пахрудин

ЖахIбар-Барлас9. ЖахIбар-Барлас 

МагIарулазул нус Делта10. МагIарулазул нус Делта

МахIачхъалаялъул цIар кьураб паркалда 11. МахIачхъалаялъул цIар кьураб паркалда

ХIажимурад12. ХIажимурад

Яшар, Асият, ХIажимурад, Жагьид. Расулил памятникалъухъ13. Яшар, Асият, ХIажимурад, Жагьид. Расулил памятникалъухъ

Яшар, Асият, ХIажимурад, ПатIимат. Имамасул памятникалъухъ14. Яшар, Асият, ХIажимурад, ПатIимат. Имамасул памятникалъухъ


Автор: ПатIимат ГьитIинова

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий
Яловалда гурелги руго гури,маг1арулал ,Турциялъул цоги регионазде щай унарел?


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook