Авторизация

МагIарул мацIалда хъвай-хъвагIай бакки

  • 31.10.2016 03:10
  • Дин
  • 1 966
  • 0
МагIарулазда гьоркьоб исламияб дин тIибитIизегIан (XIII гIасру), жиндаго чIараб ханлъилъун букIананиги, нилъер миллаталъул хасаб хъвай-хъвагIай букIинчIеб гIадин буго.
ГIарабазул тарихчагIазул (Ибан аль Асир,  Аль –МасгIуди, Табари) баяназда рекъон Vll гIасруялдаго Дагъистаналъул мугIрузда батIи-батIиял ханлъиял рукIун руго, хIатта меседил тах бугев ханги.

Долго тарихчагIазул  ва ракь лъазабулел гIалимзабазул хъвай-хъвагIаязда рекъон меседил тах бугев ханасул чIел гьанжесеб Аравиялъул бакъулъ бакI кколеб буго.  БукIине бегьулеб жо буго доб ханлъиялда гIараб хъвай-хъвагIай хIалтIизабилеб букIин  сверухъ ругел ракьазулгун гьоркьорлъаби щула гьаризелъунги. МагIарулазда мадугьалихъ ругел лезги, табасаран, лак ва ц. миллатазул халкъаз Vll абилеб гIасруялдаго ислам босун букIана ва Халифаталда гъорлъе унаан. Дозги гIараб хъвай-хъвагIай хIалтIизабулеб букIун батила гьелго мурадазда.

Нилъеда магIарухъ гIемер данчIвала  батIи-батIиял гIанчIал тIад гIараб хатIги бугеб куфаялъул къагIидаялъ хъвараб. Гьениб букIанаро я накъишал я хъвараб къо-моцI.  Руго гьел къанал Аваристаналъул бакьулъ – Хунзахъги. Дица цIалана гьел ахираб нухалъ магIаруллъи сверизе индал. Лъалеб жо буго куфаялъулаб хъвай-хъвагIай Xlll-абилеб гIасруялдаса нахъе хIалтIизего гьабулеб букIинчIеблъи.  Гьединлъидал, дол тIад гIараб хатI бугел ганчIал ва къанал жеги цебесеб заманалда рукIарал кколел руго. Кинниги гьел хIужабаз нилъее рес кьолеб гьечIо гьеб хатIалда дол соназда магIарул рагIаби хъван рукIанин абизе, щай гурелъул доб хатI тIолго гIараб мацIалда букIун. Цоги рахъалъ босани Кавказалъул бакътерхьул рахъалда магIарулазул мадугьалихъ  даимго рукIана грузиялъул халкъ – жидеца насранияб динги босараб ва гьелъул хъвай-хъвагIайги хIалтIизабулеб. Гьел грузиялъул гиназаз зама-заманалдаса хIалал рихьулел рукIана лекIал, ай магIарулал жидерго сиясатиалда  гъоркье рачине  ва гьаниб насранияб дин тIибитIизабизе, гьелъие гIоло жидерго дагIватчагиги ритIулаан ЛекIиялде.  Цо-цо чагIаз гуржиязул хIарпалги  хIалтIизарун магIарул мацIалда хъвазе хIалбихьиял гьарун рукIун ратизеги рес буго, амма гьелъие цониги хIужа жеги  батичIо.  МагIарулазул ракьаздани дандчIвала гуржи мацIалда хъвай-хъвагIайги тIад ругел хъанчал. Дагьаб цебе батана гьединаб цо хъанч. Академик Чикобаваца цIалараб гьеб хатIалда дос абухъе магIарул ва гуржи мацIалда буго хъван. МагIарул мацIалда хъвараб бакIалда хъанч бекун букIун кIиго рагIи цIализе кIвана «цIоб»,  ва «лъеги». Гьаниб «лъ» хIарп хисун буго «гь» хIарпалдалъун – гьебги анцухъезул диалекталда бугеб хIалалъ. Академик Чикобаваца абухъе гьеб памятник кколеб буго XlV абилеб гIасруялъул. Гьесул пикру буго хъваялъул хаслъаби хIисабалде росун гьабураб, амма дидани ккола гьесул хIужаби гIей гьечIел ругилан. Доб памятник (хъанч) батараб бакI бихьизабун гьечIо. магIаруллъиялда гьел хъанчал раки букIине рес гьечIеб жо гуро, щай абуни гуржиялги лекIалги кидаго политикияб ва экономикияб бухьеназда рукIиндал. МагIарухъ XlX-абилеб гIасруялъул ахиралде щвезегIанги тIубарал росаби рукIиндал тархъан тарал лагъзадеридаса лъугьарал, гьелъ дозул умумуз гьел хъанчал гьарун рукIине рес буго, ай гуржиялъа рачIун гурел гьанир магIарухъго.  Гьединги нилъер гIураб хIужа гьечIо гIараб хатIалдаса цебе магIарулаз гуржи хIарпазда тIад магIарул хъвай-хъвагIай гIуцIун букIанин абизе.

Нилъехъе щун буго, нахъе цIунун хутIараб магIаруллъиялъул бергьараб  памятник, - гIараб мацIалда ГIандиса ГIали Мирзаца хъвараб  авар нуцал Ибрагьимил вас ГIандуникIил жиндирго ирсилав Булач-нуцалие гьабураб насихIат-васият.  Васият букIин лъалеб букIана жеги XlX-абилеб гIасруялдаго, амма жибго  гьеб  батана I94I абилеб соналъ Хунзахъ.  Гьеб хIакъикъаталдаги ГIали Мирзаца хъвараб букIин чIезабизе кIвана I945 абилеб соналъ СалтIа росулъ гьал мухъазул авторасда гьес (ГIали Мирзаца) I467 абилеб соналъ  хъвараб «ШархIул МухIаррар» абураб тIехь батидал. Гьеб кIиябго хатIги данде ккун чIезабизе кIвана цо чияс хъвараб букIин. Гьедин  нилъехъе щвана  XV-абилеб гIасруялъул хъвавул памятник жинда жаниб анцIила анлъго магIарул рагIиги бугеб.  

Фонетикияб рахъалъ гьел магIарул рагIаби магIарулазе хасиятал гьаркьаздалъун рихьизарун гьечIо, ай алифалда тIаде журарал хIарпалги лъун. Масала «кI» хIарп бихьизабун буго гIараб «каф» хIарпалдалъун (ГIандуникI- андроник). «ч» хIарп бихьизабун буго персазул «ч» хIарпалдалъун (Хучада, Булач), яги гIараб «джим» хIарпалдалъун (ГIалигъилиджилал). «г» хIарп хъван буго гIараб «каф» хIарпалдалъун  (джункут). «лъ» хIарпалъул бакIалда  хъван буго гIараб «лам», (бакълулал, бакълал) яги «цI» хIарпалъул бакIалда  хъван буго  гIараб «зал» (гьозал). «ц» хIарпалъул бакIалда хъван буго гIараб «сен»  (нуцал- нусал).

Хасаб кIвар буссинабулеб буго кIиго цIарубакI  цолъизабун лъугьараб рагIиялъ:  миясугьатIан (Мия гьатIан)

Заманалъул рахъалъ кIиабилеб хъвавул памятниклъун рикIкIине ккола XVl-абилеб гIасруялда Харахьиса ГIумарил вас ТIайгибил   квералъ гIараб тIахьазул тIанчазул рагIалъабазда   хъварал рагIаби ва калимаби.

Дагъистаналъул гIараб гIелму тIибитIизабулезда гьоркьов ТIайгиб машгьурав вуго гIараб мацIалъул магIаналъул (логика) ва цогидал гIелмабазе гIемерал баянал кьурав гIалим хIисабалда.  Нахъе цIунун буго I580 абилеб соналъул аваладла гьес хъвараб «Аль-ВафигIи шархIул аш- шафигIия»- абураб тIехь жив ТIануси вугев мехалъ.  Гьеб машгьураб тIехьалъул рагIалъабазда гьес таржама гьабун гIадин кьурал рагIабазул ва калимабазул хIисаб гьабуни нилъеда бичIчIула кигIан къадаралъ гIажам алиф камиллъун букIун бугебали.  ТIайгиб гьавуна I563 абилеб соналъ хвана I668 соналъ. ТIайгибил хъвай-хъвагIаязда нилъеда батулеб буго гьес киса- кибего «ч» хIарп хъваялъе персазул «ч» хIарп, ГIандиса ГIали Мирзаца абуни гьеб  хIарп цин гIараб «дж» яги персазул «ч» гIадин хис-хисун хъвалеб буго. ТIадеги «кь» хIарп нилъеда ТIайгибица хъван батулеб буго гIараб «къ» хIарпалдалъун тIад ташдидги лъун,  ГIали Мирзал абуни гьедин гьечIо.
XVll-абилеб гIасруялъул тIоцебесеб бащалъиялда (I639 ) машгьурав гIалимчи ГIободаса ИсмагIилил вас ШагIбан   ГIарабустаналдаса тIадвуссун вачIуна ва магIарулъиялда тIоцебесеб мадраса рагьула жиндирго росулъ. Гьеб мехалде гIажам хатIалда хъвай-хъвагIай къанагIатаб жо букIинчIо. ШагIбан-къадил гIажамалда хъварал кагътазул нусхаби гурого нилъехъе щун гьечIо,  гьелъ мухIканалъи чIезабизе кIвечIо ва гьаб суалалда гьоркьобе бачинчIо. ШагIбан –къадил мутагIилзабазул  бищунго гIемераб хъвавул ирс нахъе тана ГIаймакиса МугIавиятил Абубакарица ва Кудалиса КIудияв ХIасаница. Гьел руго шигIриял назмаби, насихIатал. Гьел гIалимзабазул хъвараб гIажам алифалъул Харахьиса ТIайгибица хъваралдаса кIудияб батIалъиго гьечIо. Гьаниб абуни нилъеда «г» хIарп хъваялъулъ гIараб «каф» хIарпалда тIад лъабго тIанкI батулеб буго. Гьеб къагIида хадур ругел гIалимзабаз – катибаз хIалтIизабун гьечIо.

Амма, гIажам хатIалъул гьаркьилал ва гьаркьикъал  хIарпал аскIор хъваялъул камилаб хIалтIи гьабуна Дибир-къадица.

Дибир-къади гьавуна I742 соналъ Хунзахъ росулъ, ва къадаралде щвана I8I7-абилеб соналъ. Гьев тIоцеве цIалана Дагъистаналда, хадув ана Персиялде, Турциялде, Шамалде. Гьесда рагIа-ракьанде щун лъалаан  парс, гIараб, турк, лак ва гуржи мацIал. Дибир-къадица нахъе тана гIезегIан бечедаб рухIияб ирс. Гьес бахъана парс-турк-гIараб мацIазул  къамус (словарь). Хъвана парс мацI малъиялъе тIехь «Тибян-ул лисан ли-тагIлим-ис-сибъян», азербайжан, гуржи ва парс мацIазул кIалъазе малъулел тIахьал дандего магIарул мацIалда таржамаги бугел. Дибир-къадица магIарул мацIалде буссинабуна дунялалдаго машгьураб Калила ва Димна къиса. Гьединго Дибир-къадица хъвана магIарул, гIараб ва парс мацIазда гIезегIанго назмабиги. Гьелдаго цадахъ Дибир-къади гIемерал соназ Аваристаналъул хан кIудияв ГIумаханил мирзалъун хIалтIана. Гьес гIажам алиф камил гьабуна гьаркьилал хIарпазе хIаракаби лъун цIалулеб хIалалда.

Дибир-къадица камил гьабураб гIажам алифалдаса магIарулаз, кIудияб хис-басго гьабичIого, пайда босана хIуригатги бахъун замана хисизегIан. Имаматалъул заманаялъ абуни имам Шамилил  амруялдалъун «лъ» хIарп хъвалеб цого къагIида тIаде жубана. Дибир-къадица гьеб хIарп цо къагIидаялда хъван гьечIоан. Гьеб хъвай – хъвагIаялда тIад хIалтIизе хасаб комиссия бихьизабун букIана имамас. Гьел руго Шамилил мугIалим ХIариколоса Лаченилав, КIулзебалдаса ГIали ва цогидалги. Авар миллаталъул хъвай-хъвагIай баккиялъул бицунеб бугелъул мацIазда хIалтIулев    ва кавказ лъазабулев вукIарав гIурусав П.К. Усларица ва гьесул кумекчи ЧIикIаса Айдемирица  XlX-абилеб гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда (I863 с.) гIуцIун букIараб алфавиталъул рехсей гьабичIого гIеларо.  Кинниги доб Усларил алфавиталъ магIарул хъвай-хъвагIаялда щибго бакI кквечIо, щай гурелъул гIажам хатI машгьурлъун ва киса-кибего тIибитIун букIун.

ГIажам мацIалда XX-абилеб гIасруялъул авалалда цIакъ гIемерал тIахьал рахъана  Темир–Хан Шура (Буйнакск) М-М Мавраевасул басмаханаялда. Киналгоязде гIунтIун дол тIахьал рукIана диналъул хIакъалъулъ хъварал. Гьебго гIажамалда Констонтинополалда (Стамбул) I902 абилеб соналъ басмаялде бахъун букIана МухIаммад аварагасул (с.гI.в.с.) гIумруялъул хIакъалъулъ бицунеб гьитIинабго тIехь. Гьеб хъван букIана Миякьоса ГIадул вас ГIумарица.

Гьединлъидал нилъеда кIола Дибир-къадица  бахъараб гIажам алиф магIарулазул миллияб хъвай-хъвагIай букIин чIезабизе.

ХIуригаталъул авалиял соназда хIалбихьиял гьарулел рукIана доб гIажам камил гьабизеян жибго алифалда жаниса гьаркьилал хIарпазе хасаб гIаламатал гьарун. Кин бугониги добго гIажам алиф I928 абилеб соналде щвезегIан школаздаги малъана, гьеб мацIалда тIахьалги рахъана. I928 абилеб соналъ абуни Дагъистаналъул тIолго миллатазул хъвай-хъвагIай  хIукуматалъ латин алфавиталъул кьучIалде бачIана. Гьебги  магIарул мацIалда данде ккечIо, щай гурелъул гьеб букIана батIи-батIиял алфавитаздаса жубан гьабураб.  Школазда латин ва гIурус алфавитал малъулеб жо данде ккечIо, лъималазе захIмалъулеб букIун. I938 абилеб соналъ тIолго миллатазул хъвай-хъвагIай бачана кириллицаялде. (гьанже бугеб хъвай-хъвагIай). Гьеб букIана киналго гIурус миллатазги хIалтIизабулеб алфавит.

Автор: М.С. Саидов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +10
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook