Авторизация

30 октябрь-политикиял къурбаназул къо

Бихьарасул бераздалъун

Халкъалъулгун рагъ


30 октябрь-политикиял къурбаназул къоЦентралиял газет-журналазги телевидениялъги цIакъго гIемер бицуна политикияб репрессиялде гъоркье ккаразул, ракIалде щвезарула, памятникал ран кIодо гьарула гьеб бичIчIизе захIматаб вахIшилъиялъул къурбанал. Живго В. В. Путиница репрессиялде гъоркье ккарал ракIалде щвезарулеб 30 октябралъул къоялъ абуна: «ЛъикIаздаса лъикIал, улкаялъе хIажатаздаса хIажатал тIагIинаруна 30-абилел соназул репрессияз»-ан. Аби буго «Жиндаго бихьичIесда чиясул къварилъи бичIчIуларилан», гьединлъидал, жакъа диe бицен гьабизе бокьун буго тамихI гьабулебилан эмен цевеса вачун араб гIечIого, нижее, «халкъалъул тушманасул» лъималазе кьолеб букIараб гIакъуба-гIазабалъулги.


ТАРИХАЛДАСА:

... Хунзахъ округалъул киналго росабазул вакилзаби данделъараб кIудияб мажлис унеб буго хIархъадерил «ГIурдада» абулеб бакIалда. Гьеб ахIун буго Дагъистан Республикаялъул Совнаркомалъул председатель Нажмудин Самурский Хунзахъе вачIиналъул хIурматалда. Киналго кIалъалезул кIалъай, рецц гьабулезул рецц гьабун лъугIидал, жиндаго тIад ретIараб хъабарчаги бахъун рехун, къимат тIокIал гьалбал нахъа гIодор чIараб столалда цебе свериги бахъун, Самурскиясе кьварараб критика гьабизе байбихьула багIарав партизан МухIамад Хъайтмазовас( КIудияв МухIамад). Партизанас бицен гьабула «къиматав гьоболасухъе» Муслим Атаевасул кагъат босун живго щведал, гьев Дарада-Мурада вахчун ватиялъулги, нухдасан ккун бандаз жиндиего кьураб гIазаб-гIакъубаялъулги, жидеда цадахъ большевиказде данде вагъизе вилъаян жиндиего бицараб къабихIаб хабаралъулги. Гьоболасда магIарул мацI бичIчIулеб букIинчIелъул, партизанасул кьварараб кIалъай таржама гьабула. Самурский: «Не может быть, в Хунзахе таких партизан немного» -ян жиндиего гьарурал бадирчIваяздаса гIажаиблъун лъугьуна...


Гьеб киналъулго хIасиллъун ккана Хъайтмазов ккун туснахъалъув тIами. Лъабго моцI барав дунги 7 сон барай яцги кодоре кьун тана нижер гIазизай эбел. Цевеса вачун ин гуреб, тIокIаб я хабар, я инсул хвараб-вукъараб бакI лъиданиги лъачIо. Анирго хутIарал нижееги расги бигьаго букIинчIо: учительзабилъун хIалтIулел рукIарал кIиго кIудияв вас инсудаса инкар гьабизе тIамун руго, ниж, гIисинал эбелгун цадахъ гъутаналде гочинаруна (школалда гьабулеб букIараб цIалиги хвезабун), гьитIинго (8 сон) кквезе ккана дица чед-хинкIалъе гIоло пурцил гIоркь. «Халкъалъул тушманасул» хъизам-лъималазе кумекгун вачIунев чиги вукIунароан. Инсуда хадур нижги ритIизе бегьулилан, цо лъикIав чияс гIакълу кьун, эбелалъ инсулгун ригьин биххизе гьабуна. Лъилниги кверчIвайги гьечIого хутIарай эбелалъ къад колхозалда хIалтIун-къаси жиндирго хур-хер гьабун, щвараб мехалъ чияда рагьда хIалтIун ниж, битIахъего абуни, хвалдаса хвасар гьаруна. Гьайгьай, букIана заман ракъун-къечон хутIарабги. Хасалоги школалде унаан хIатIида гIицIго, дарсиде щведал дидаго гъоркь лъолаан хIатIал, хинлъизелъун. Школалда рагъда тIагIаразулин,партизаназулин лъималазе хьитаздалъун, тIажу-гурде гьабизе ххамидалъун кумек гьабулаан, амма цониги нухалъ дун гьеб кумекалде гъорлъе ккечIо, ккелевги кинха, «халкъалъул тушманасул вас»?! Чанги квалквал гьабуна нижее цIалулъги. Квеш-лъикI вахъана I0 классалде. Гьениб гьитIинабго гъалмагъир дарсида гьабунилан школалдаса нахъе рехизеян къеркьана директор. Гьебго къоялъ собраниеги ахIун, «предателасул василан» гьоркьовги лъун, 20 къо сентябралъул ун I0 классалда цIалулев чи дун рокъове витIана. МоцгIан заманаялъ рокъовги вукIун дун школалде вачине рачIана ИмангIалиев ХIамид ва  ГьитIинова Залму. ЗавОНОлъун вукIарав МухIамад ГIамирхановасда кIвана 10 классалдаса цIалдохъан нахъе рехизеяли щай гурин, цойгидаб школалде перевод гьабун вачинецин бегьунгутIиялъул директорасда бичIчIизабизе. Амма принципиалияв директорас гIураб хIаракат бахъана дир аттестат «бигъинабизеги» тIадегIанаб цIалул заведениялде дие нух къазеги. РиччачIо ниж партиялъул мухъилъеги. Партиялде дун восана армиялда, дир мисалияб хъулухъги бихьун. Гьениб лъалеб букIана щибизе дун гIумру гьабун вугеб бакIалда гьениве восичIевалиги. Унго, хIехьезе ккарабщинаб бадибчIвайги, инжит, хIакъир гьариги, тIокIцIаралги нижеца лъимерлъудаги гIанчIаб гIолохъанлъудаги!...


Партизанасул хъизан хIисабалда эбелалъе кьезе кколеб харж-мухь тIалаб гьабун республикаялъул КГБялде кагъат хъвайдалги, дихъе бачIана «Политикиял такъсирчагIазе кинал ругониги бигьалъабиги, кумекги букIунарилан» кьогIаб жаваб. Ццим бахъарав чияс дица Верховный Судалде гIарза хъвана гьединал «такъсирчагIазул» хIакъалъулъ тIахьаздаги хъвазе ккеларин, гьелги тIагIинареян. (Мунагьал чураяв инсул хъван буго ГIабдулкъадир Атаевасул «КIочонарел къоял», Заид ХIажиевасул «БагIараб отряд» абурал тIахьазда). 1965 соналъул 17 апрелалъ РСФСРалъул Верховный Судалъ гьабураб хIукмуялдалъун I937 соналъул 21 марталъ гьабураб приговор хвезабуна ва дир эмен, Хъайтмазов МухIамад ритIухъ гьавуна. Кидаго кIоченаро РК КПССалъул бюроялда редакциялъул парторганизациялъул секретарь ГIабдуразакъов Камалудиница эмен ритIухъ гьавиялъул баян цIалулеб букIараб куц. Гьеб мехалъ райкомалъул тIоцевесев секретарь гьалмагь Махулов МухIамадица абуна: «Дур эмен халкъалъ некIого ритIухъ гьавун вукIанилан», ва хадубккунги партбилет кьолелъулги МухIамадица абуна: «Эменго гIадав ритIухъавлъун вукIа»,-ян. Гьесул амру дица дирго 50 сонилаб захIматалъулаб нухда кьуричIого тIубана ва гIадамасе дихъа бажаранщинаб кумекги гьабуна. Макъалаялъул ахиралдаги дие абизе бокьун буго: жакъа къоялда политикиял Репресиялде гъоркье ккаразе гьезул хъизан-лъималазе пачалихъалъ гьабулеб гIезегIан кIудияб кумек бугилан (ФЗ № 1761-1 от 18.10. 1991), амма щаяли, бакIазда гьеб гьединазда гIужда лъазе толеб гьечIо, доб «бецIаблъун» рикIкIунеб букIараб заманалъго гIадин, нахъе цулел, квербакъи гьабичIого, улкаялда ругел репрессированниязе щваралдаса махIрум гьарун толел руго доб вахIшияб репрессиялъул къурбаналлъун кколел ниж.


КАМИЛ МУХIАМАДОВ, захIматалъул ветеран, политикиял репрессиязул къурбан.

 

P.S. Дов нижер инсуца какулев вукIарав Самурскиясул намусалда вуго 7000 гIан араб бакI лъачIого тIагIинавурав дагъистанияв (гьев живгоги ккана гьезда гьоркьове), нилъер районалъул Гиничукь росу тIаде гIарада бан щущахъ биххизаби ва киниялда бугеб лъимералде гIунтIун чIварал гинчадерил 74 чи гъовго Нажмудинил xlалтIи ккола. Гьелда гIей гьабун чIечIого Сталинихъе гьоркьор инаризе кколезул къадар кIиго нухалъ цIикIкIинабизе ихтияр кьеян гьарун гIарза хъваравги гъовго ккола. Аллагь гурхIаги гъоб гIассилъиялда гIумру тIамурав гьев пакъирасда.

 

 

Хунзахъ хабзалалъ бугеб росулъа хIукуматалъул зулмуги инсанасул загIиплъиги бергьун гIагараб ракьалда хоб щвечIел, репрессиязул къурбаназе бараб мемориал (жеги лъугIичIеб).


БАЯН:

Постамент-ункъбокIон, 2 метр кьучIдасан борхалъи, 2 метр гIеблъи, 2 метр халалъи. Бакьулъ бахъун чIараб цогояб стелла, жиндир борхалъи 2 м. 30 см. бугеб. Гьелда сверухъ руго щивав чи рикIкIун хъахIал ганчIал, кIудияб гамачI-цогояб халкъ, гьенир цIарал хъварал (тIолгохалкъалдаса тIезарурал магIнаялда). Гьумераб рахъалда бакьулъ мраморалъул хъарщазда гъоркь тарих «1937». Гьеб ккола репрессиязул аслияб сон. Цебесеб рахъалда мегIели-тIугьдул тlaд лъезе гьабураб.


Хунзахъа репрессиялде гъоркье ккана 20-гIан чи, 4 кIудияб хъизам кулакал гьарунги ритIана. Районалдасаго репрессиялде гъоркье ккаразул тарих бахуна гIага-шагарго 60-70 чиясде.


Автор: ФатIимат МухIамадова

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook