Авторизация

«Лъабгояз» къисмат бигъинабурал

«Лъабгояз» къисмат бигъинабурал 30 октябралъ тIолабго улкаялдаго ракIалде щвезарулел руго политикиял репрессиязул къурбанал. Федералияб роцадул жидеда гьоркьоб цониги гьечIел, памятниказухъе тIугьдул лъезе ун, цIалул идарабазда ракIалде щвеялъул дарсал кьун «мунагьал чуризарула» гьел, хIакъикъаталдаги (ин ша Аллагь), шагьидаллъун хварал, тIагIинарурал миллионал гIадамазул. Амма гьеб гьитIинабго бербалагьиялъ кинго бецIизе рес гьечIо тIалъиялъул гIадалаб ццим бахъиналъул карачаликьеги ккун, унго-унголъунги кьучI гьечIеб рецIалица ракьул сураталдаса рацIцIун арал диниял, офицеразул чин бугел рагъулал, гIелмиял, иш бажарарал гIадамазда цебе. БецIун лъугIизе рес гьечIо гIайиб жакъа улкаялда 800 азаргогIан чи жидер ругел, жалги респрессиязул къурбаналлъун рикIкIарал, гьезул лъималазда цебеги.

«Тройкаян» цIар тараб (дица абилаан «бидулаб тройкаян») партгIуцIиялъул нухмалъулесдасан, НКВДялъул начальникасдасан ва прокурорасдасан гIуцIараб бакIалъулаб къокъаялъ «Сталинил репрессия» ян цIарги лъун, жидерго «квешаб бералда» рихьаразе 1928-39 соназ (репрессиязул бищун хIалуцараб заман) кьуна бищун хIал кIолареб, цебе чIезабизе захIматаб гIакъуба-бугебщинаб магIишатги бахъун, жанир тIамуна, цинги гIемер заман гьоркьоб балелдего, чIвана ва хобцин гьечIого цебе ккаралъуре ран тана. Жакъа гьел пакъирзаби ракIалде щвезарулеб къоялъ щивасда цеве вачIунев ватила жидерго кIудияв эмен, эмен, имгIал, вац. Дидайин абуни берда цебе вуго дирго дада (мунагьал чурад)-эбелалъул ургьив гьев вукIаго, цевеса вачунги ун гьоркьов инавуна дир кIудияв эмен, багIарав партизан Хъайтмазов МухIамад (КIудияв МухIамад). Репрессиязул къурбанлъун рикIкIаниги, жиндие букIине кколеб я материалияб, я моралияб рецIел пачалихъалдасан щвечIев дир инсул тIолабго гIумру ана «инсуца тарбия кьечIев, гьес бетIералда квер бахъичIев пулан вугин живан» анищазда. ДРялъул совнаркомалъул председатель Нажмудин Самурский (доваги ватугеяв) тIалъиялде вачIиндал, «Мун щай чIухIараб хъабарчаги ретIун вукIине кколев, бихъ-бихъарабги ретIун язихълъиялда дун гIадалги тунилан», гIурдада бахъараб кьурдул свери цIакъ хираго чIана дир кIудадае. Гьев живго махIрумлъана кIикъойилъ вукIаго гIумруялдаса, лъималги хъизангийин абуни хутIана чияда рагьда хIалтIун чадие жо балагьун, цIакъ захIматаб яшавалда. ЦIакъ рекIее асар гьабуледухъ гьеб вахIшилъиялъул хъван буго А. Солженицыница жиндирго «Архипелаг ГУЛАГ» асаралда. 257 жанив тIамурасул кагътаздасан, ракIалдещвеяздасан ва живго авторасул къисматалдасан гIуцIун буго тIехь.

Дол рикIкIадал 1918 соналдаса байбихьун I956 соналде щвезегIан соназда жаниб бадибе абураб рагIиялъухъ батаниги, хъвараб макъалаялъухъ батаниги, бихьизабураб цойгидаздаса лъайгун квешалъе къимат кьезе бажари батаниги, магIишат гьабизе махщел батаниги сабаблъун тIалъиялъ гьоркьор инарурал лъикIаздаса лъикIал гIадамал ракIалде щвезарулеб къо буго жакъа. 30 октябрь. Щибха гьабилеб, тIадчагIазе киданиги рокьичIо ва рокьизеги гьечIо жидедаго бадибе рагIи абулелги, цIодоралги, бажараралги. КъабуллъичIо доб мехалъ нужги, репрессиязул къурбанал, додигIан гIумруялъго эменги, ниж киналгоги гIащикълъун, урхъун арав дие дахIадада…

Аллагьас Алжан кьун рохизарун ратаги нуж, бихьараб гIакъуба рикIкIун даражаги кириги хъваги нужееги, гьелъул ричIчIиялъ къисмат бигъинабурал нужер наслабазеги.

Миллионал къурбаназе дугIаги гьабулаго, доб дунялалда тIобитIизесеб Аллагьасул «чисткаялъукьаги» мискинхалкъалъе жидедасан зарал-зиян ккарал тIадчагIи рорчIизе гьечIолъиялда щукруги гьабулаго, лъугIизе толеб буго иргадулаб редакторалъул каламги.

Автор: ФатIимат МухIамадова

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook