Авторизация

Тетрадалъул тIанчал

Кквезе рукъ кьезехъин йигей чIужугIадан дие йихьарайго рекIее гIечIо. Гьей йикIана йиццатай, михъалги рижарай, бихьинчиясул гьаракьги бугей, хъитIизе гьарун махIабигун бокьараб бакIалда гIодойги чIолей, дида цIализе лъачIеб хъвай–хъвагIайги гъажалда бугей, жиндаго сверухъе чагъиралъул махI тIибитIизабизе йижарай, цIакъ сурукъай гIадан.Дихъе гьелъ кьураб рукъ букIана, мокърукь тункулеб гьечIониги, жаниве лъугьаравго бетIер гIодобе къулизабизе тIамулеб. Къадал рукIана чIегIерал, цо бугеб горду букIана гьитIинаб. Гьеб рукъалда цебе хурхабун букIана, жаниб газалъул печги лъураб, хъаравуласул рукъалда релъараб жо. Бищунго дие рекIее гIечIеб жо ккана — гьитIинаб гьеб рокъобе жанибе кIиго нуцIа букIин. Цо нуцIа букIана, гьадаб цо хъаравуласе гьабураб гIадаб жоялъусан лъураб щибаб къоялъ жаниве–къватIиве дун вачIине кколеб нуцIа, цойгидаб, бокьичIеб, букIана дун вукIине кколеб рокъосан хважаиналъул рокъобе лъураб.
– Мун гIемерав гьаб нуцIихъ валагьахъдуге, — ян абуна гьелъ дие бокьичIеб нуцIиде килищги битIун. — Гьанисан къаси–къаси духъе хьвадизе цIуял жал гьечIо... Гьале гьаб рукъ... Гьадаба це¬бехун газги буго, дуда бихьун батила, кIалтIа лъимги бихьун батилаха... Гьале столги, кроватги, бакIги буго гьадаба къватIибехун, нуцIида нахъе рехун, рекъечIони босун вачIа... Ясалги рачунге, рокъосан квешаб махI бахъуна. КIурщизе бокьани гьа¬даб цолода нахъа хIажатханги буго... Рукъалъухъ кIикъоялда анцIго гъуруш...
Гьей гаргадилеб мехалъ кколаан гьелъ дун вухулев вугилан. Дир гьеб рукъалда разилъичIого рес букIинчIо, батIияб рукъ щолеб букIинчIо. Гьеб рокъоб гIемераб мехалъ вукIине ракIалдаги букIинчIо, рукъ балагьичIого тIубалареблъи лъалаан дида. Гьеб хважаиналдаги лъалеб букIун батилин ккола. Гьелъие сундулниги ургъел букIинчIо, дихъа щвезе бугеб гIарцул гурони.  
Кьураб кIикъоялда анцIабго гъурушги босун тIагIарай гьей тIокIай йихьичIо. Гьелъ дир цIарцин цIехечIо.
Гьеб къоялъго дица гьенибе баччана дирго бусен–къайиги, тIахьалги. Дагьа–макъаб рукъги бакIарун, гордада газеталги седон кьижизехъин вукIарав дида ракIалде ккана, хважаиналъ кровать лъикIаб бакIалда лъун гьечIилан ва вахъун тIадегун, гьеб бехъерхъана горда гъоркье.
Дир гIумруялда жаниб ккараб гьаб лъугьа–бахъиналда дунго божуларо. ГIадамасда бихьулеб гIадаб яги гIадамасул лъугьунеб гIадаб лъугьа–бахъинги гуро гьаб.
Гьеб рукъов кьижарав тIоцебесеб сордо бащалъулеб мехалъ дун ворчIизе гьавуна, амма дида сунцаяли бичIчIичIо. Дие рекIее гIун букIинчIеб, хважаиналъул рукъобе лъураб нуцIида нахъа чIун вукIана тIад хъахIаб жоги ххурав чи. Дун кроваталда тIад гьункьун, щиб ккананиги тIаде вахъине къачIан чIана. Амма нуцIида нахъа чIарав чи вагъарулев вукIинчIо. Гьев чи лъикI вихьизе, гордухъан бачIунеб загIипаб (къотIнор лъурал чирахъазул букIанилан ккола) канлъи гIолеб букIинчIо. Гьеб канлъи гуребги, дун тIаде гьункьулеб мехалъ кроваталъул бахъараб къир–къириги жегиги лъугIун букIинчIилан кколеб букIана дида. НуцIида нахъа чIарав чияс цебехун гали тIамуна.
– ГъазимухIамад...
Гьединан абулеб, нуцIида нахъа чIарав чиясул гьаракь букIана чIужугIаданалъул берцинаб гьаракь. Дир цIар лъазе гьанир ругел чагIазул рес букIинчIо, дица гьеб лъиданиги бицун букIинчIо. Дун хIинкъана.
Гьев чи, гьей чIужугIадан цере квералги ритIун ана цебе кро¬вать лъун букIараб бакIалде. Къеда тункизе кроваталъул манзил хутIараб мехалъ гьей лъалхъана ва накабаз кровать балагьизе лъугьана. Дица гIажаиблъи гьабуна гьелда жиндидаго цебе щиб¬го жо бихьулеб гьечIолъиялда, щайгурелъул дун вугеб бакIалъанцин бихьулеб букIана гьелда цебе щибго гьечIолъи, амма гье¬лъул гьумер бихьулеб букIинчIо. Рихьулел рукIана кидаго гIебеде ритIун ккурал кверал. Гьелда тIад букIараб хъахIаб жоги бусалъ ретIунеб руччабазул гурде букIин бичIчIана.
Кровать балагьулаго (тIокIаб гьеб къадал ракьанда щибго жо букIинчIо) гьелъул кверал къеда хъвана ва гьей дагьайги къеде аскIоегIан къана. Жиндирго черх къадада хъварабго гьелъул гьаракь кIанцIана ва кьурун юссун къеда мугъги чIван чIана.
– ГъазимухIамад, – илан гьанжесалаги абун, гьей кисан жа¬ваб бачIунебали гIенеккун чIана.
Дун гьанжесалаги вуцIцIун чIана. Дие гьелда кинаб букIаниги гьаракь рагIизецин бокьун букIинчIо, гьеб пикруялъ дун вагъаризеги толев вукIинчIо.
Кисаниги жаваб бачIунеб гьечIеблъи бихьигун гьей чIужугIадан тIурун ана жийго ячIараб нуцIида аскIое. Амма гьей битIун нуцIида тIаде ккечIо, дагьайго кваранидехун ккана. Гьелъ квер квалун нуцIа балагьана ва гьаракь бахъинаредухъ, бигьагьабун гьебги рагьун, нуцIцIихъан  тIерхьун ана.
Дагьаб мехалъ гIенеккунги чIун дица кроваталъул бетIералде рехун букIараб полотенцаялъ черхалдаса гIетI бацIцIана.
Дун щибго жоги бичIчIуларого, кьижизеги кIоларого гIабдал гIадин хутIана. Дида сундул пикрабазда дунго вугевалицин бичIчIулеб букIинчIо. Зама–заманалдасан кколеб букIана гьабсагIат дойго чIужугIадан жание ячIинилан. Дица гьей тана дир хважаи¬налъул яс ятилилан. Жийго гьей гурейлъи дида йихьарабго би–чIана, гьаракь рагIараб мехалъ гьеб дагьабги якъинлъана.
Макьихарав дица гьеб лъугьа–бахъин цебего ккараб жо бугеб гIадин тана ва ахиралда, гIемерав кроваталдаги кьуркьудун дун кьижун ккана. ВорчIана нахъияб къоялъ радакь гьеб иш дида нолъ макьилъ бихьараб жо букIиналда ракIги чIун. Гьеб къоялъ радал лъицаниги гьадинаб жо кканин дур нолъилан абун букIарабани дида гьедизе кIвелаан гьерсал ругилан. ГIумруялъ ракIалде щвечIогоги хутIизе бегьилаан хIалтIуде унеб мехалъ гьадинаб иш ккечIебани.
Рукъоса къватIиве лъугьунаго кIалтIа гIодой чIун ятарай хважаиналъ дида гьикъана:
– Дуда цIар ГъазимухIамад гуребищ? – илан.
– У.
– Гьа — а — а...
Дида гьанжеги бичIчIуларо гьелда дир цIар кисан лъазе кко¬леб букIарабали. ЦIидасан нолъ ккараб жо ракIалде щвана ва тIубараб къоялъ кIочон тезе кIолеб букIинчIо. Гьеб къоялъ дир хIалтIудаса лъугIун рукъове щвезеги гъира букIана. Нолъ ккараб жо макьу гуреблъи, хIакъикъаталдаги ккараб жо букIин дие тIадеялдаса–тIаде якъинлъулеб букIана. Дидаго ццинцин бахъине лъутьана нолъ хIинкъиялдаса. Къасиги дойго яс ячIани ракIалда букIана гьей кIалъазе гьайизе. Гьей къасиги ячIиналда, щаяли лъаларо, дир ракIцин чIолеб букIана.
Гьей ячIинеги ячIана. Дун ургъунго кьижун вукIинчIо. TIaca ретIелги бахъун, бусалъеги лъугьун, мокърукьеги валагьун вегун вукIана. КигIан данде къеркьаниги макьуялъги толев вукIинчIо. Цин кьижун кколаан, цингиги тIуркIун ворчIулаан. Кьижун ккаравшинахъе макьилъ тIугьдулги рихьулаан ганчIазукьан раккун. Ахиралда ворчIараб мехалъ гьадабго нуцIида нахъа чIун ятана гьадайго чIужугIадан, гьададинго тIад хъахIаб жоги ретIун.
Гьей нолъ гIадинан гIебеде квералги ритIун ана цебе кровать букIараб бакIалде, къеда тункизегIан.
– ГъазимухIамад, – илан абуна гьелъ ва къеда мугъги чIван чIана, данде жаваб кьезегIан.
Дун кIалъачIо. Дида щай кIалъачIевалиги лъаларо. Дица абухъего, дир къадго гьабураб нигат букIана гьей гаргадизе гьайи¬зе, хIадурун рукIана гьелъие кьезе суалал, амма кIалъазе кIолеб букIинчIо. Дида гьей чIужугIаданилан кколей йикIинчIо. БатIияв чиясдаги ккелароан гьадаб рукъой жаний гьединан ячIуней чIужугIадан йигилан. Гордухъан бачIунеб хъахIилаб ва загIипаб канлъиялъ гьелда тIад хураб хъахIаб жо гуронани бихьизе толеб букIинчIо. Рукъоб жаниб сундулниги гьаракьги букIинчIо. РекIее гIолеб букIинчIо гьелъул гIажаибаб рилълъинги. ГIебеде квералги ритIун, цIодорго, гIедегIинчIого хъуштIун ячIуней йикIана гьей. Гьаракь сурукъаб букIинчIониги цо батIияб, гIажаибаб букIана. Гьей кIалъарайшинахъе   кколаан дидаго нахъа чIун вугев чияс абулеб бугилан. БецIлъиялъул гуреб, гьеб гьаркьил цIун бугин рукъилан кколеб букIана.
ЧIужугIаданалъ дидехун кIиго гали тIамуна. Дун кровата¬лъул бетIерги ккун гьункьун, вагъаричIого чIана.
– ГъазимухIамад, дида дур махI чIвалеб буго, – янги абун гьей рукъ бакьулъ чIана. Гьелъул бетIерги, керенги, гордухъан бачIунеб канлъухъаги борчIун, рагIдукье ккана. Гьанже канлъи речIулеб букIана гIодобе биччараб цояб квералъул тIеренал, хварав чиясул гIадал килшаздеги, халатаб гордикьан раккарал гIицIцIал хIатIаздеги. Щаяли лъаларо, дида гьел хIатIал риччун ругилан кколел рукIана. – Дида дур махI чIвалеб буго, амма дуца дие жаваб кьолеб гьечIо... Щай? Мун гьединав вукIине рес гьечIо. Кив мун вугев? MaxI аскIоб буго, жаваб щай кьолареб? Гьале, гьале хIохьел цIалеб гьаракь... Дида ккараб гIайиб шиб? Дие мун вокьула... Дица дуе киданиги квешаб жо гьабиларо... Нолъ дие дур хIатIида къочизе бокьун букIана. Жаваб кье, гьарула дуда... Дие дур махI бокьун буго... (Гьей дагьайги дида аскIоегIан ячIана) Мун кив вугев? КIалъай, ГъазимухIамад. Гьарула дуда, хирияв... Дунги гIадан йиго, киналго гIадай rlaдан... Мун аскIов вукIин лъала дида, ГъазимухIамад...
Гьелъул цо рагIиялда тIад цун бачIунеб букIана цойгидаб рагIи. Кколеб букIана гьелъ хIохьелгицин цIалеб гьечIилан. Гьей дагьайги аскIоегIан къана.
– Гьале, гьанже дида дур хинлъигицин чIвалеб буго. ЧIаго, чIаго вуго. Кив вугев? Бихье, кье гьанжеги дурго хIетIе... Бокьараб гьабила, кIалъай. Бусада гIодой чIезе те, дица квалквал гьабиларо. Дур хIатIазда кверги лъун ягъаричIого гIодой чIун йикIина. Бокьани тIаса ретIелги бахъулаго ячIина...
Гьей аскIоегIан къарайго гьелъул гьумер ккана канлъуде гъоркье. Гьелда бер чIварабго дир черхалда гъар–гъар бана, кроваталъулцин къир–къири бахъанин ккола. Дида киданиги бихьичIо гьелдаса берцинабги сурукъабги гьумер. ЗагIипаб канлъукь гуребги къад канлъукьги хIинкъилаан гьелъул берал рихьарав чи. Гьел рукIана гIажаибго чIахIиял, чIваркьарал ва къаполарел. ГIажаибго сурукъ рихьулел рукIана гьел берцинаб гьурмада. Гьумер берцинаб букIана, цIакъ берцинаб букIана. Дида гьабсагIат кIолеб буго кинаб гьумер букIарабали бицине, амма доб мехалъ, доб мехалъ дица гьабуна дица лъиданиги бицинчIеб жо.
Гьей тIаде къулулаго, хIинкъарав дица гьелда чохьолъ мал бана. Амма чохьолъ щвечIо. Гьелъ гIодоеги къулун, щаяли бичIчIичIо, дир хIетIе кквезе гIамал гьабулеб букIун, гьелъул каранзулъ щвана. ГьабсагIатIги кколеб буго гъоркьа хIатIида тамахаб жо тункун чIун бугилан.
Гьей гIодой ккана. ТIокIай тIадеги яхъинчIо.   Накабаздаги хъуршун битIун дун вегараб кроваталде тIаде ячIуней йикIана. Дун цойгиги нухалъ мал базе хIадурун чIун вукIана. Хъурщун ячIунаго гьелъ цо рикIкIунеб жоги букIана. Щиб гьеб букIарабали аскIоегIан щвараб мехалъ бичIчIана.
– Баркала, баркала, барк... ХIатIида къочизегIан щайха мун чIечIев? Баркала, баркала, дие къочизе бокьун букIанаха, мун гIедегIизе бегьулароан...
Гьей дида цеесан, додинго накабаздаги хъурщун ун, жийго жание ячIараб нуцIида нахъа чIана. Циндаго тириго тIадеги яхъун кьурун юссун ялагьараб мехалъ дида гьей хважаиналда релълъун йихьана.
– Баркала, хирияв, – иланги абун гьей къватIие ана. Гьелда хадуб нуцIа къалеб гьаракьги бахъинчIо.
Дица тIадеги вахъун чирахъ рекIинабуна ва тIокIаб свине гьабичIого тезе къотIи ккана. Кьижизе ракIалдецин ккечIо, гьеб рукъоб вукIинего бокьун букIинчIо. Дица бусен бакIарана. гьединго ракIарун тIахьалги, гьезул гохIги гьабун гьезда тIад гIодов чIун сундулали лъаларел пикрабазда вукIана рогьинегIан.
Рогьарабго дун батIияб рукъ кквезе, гьеб балагьизе къватIиве вахъана. ХIалтIизе инеги дида ракIалдецин ккечIо. Дун гьеб къоялъ вигьунарого риччалъ гIадин вукIана. Амма кигIан шагьаралда женжеданиги дида рукъ батулеб букIинчIо, гьеб къоялъ батизеги батичIо. Дун вилъана дидаго цадахъ цIалулел рукIарал лъималазда аскIове обшежитиялде ва гьарана гьезда, кквезе рукъ щвезегIан, цо–кIиго къоялъ гьаниб бакI гьабеян.
Дун, бакъанигIужалъ дирго ретIел–кунги, тIахьалги нахъе росизе дицаго ккун букIараб рукъове тIад вуссана. Хважаин егун ятана. Гьелъул рукъобе нуцIа рагьун батаниги, вачIун вукIин рагIизе, дун кIетIана. Гьелъ жаваб кьечIо, ягъаризецин ягъаричIо. Цин дица пикру гьабуна, гьелда щибго жоги абичIого босун къайи–къоногун нахъе ине, хадубги ракIалде ккана рекъон    гьечIилан. Лъаларо, дида ракIалда букIун батизе бегьула гьелъ гlapaц   нахъе кьелилан. Доб мехалъ гIарцул иш лъикI букIинчIо. Амма кигIан дие бокьун букIаниги, кигIан   цIакъ   нуцIида кIетIаниги гьей йорчIулей йикIинчIо. Гьелъул рукъоб   жаниб тIадеялдаса тIаде бецIлъулебги букIана. Дица гьениб чирахъ рекIинабуна. ЙорчIичIо. Гьалъул жо кколарилан къватIивеххун унаго, гьей егун йикIараб кроваталъул къиркъири бахъана. Дун кьурун нахъ вуссана. Гьелъул гьумер батана дидехун буссун ва кваранаб хIетIе батана, бащадаб бусалъа къватIибеги баккизабун, гIебеде битIахъего ккун.
– Дуе щиб, ГъазимухIамад? – илан гьикъана гьелъ. Гьаракь букIана загIипаб, хIалуцун цIалеб букIана хIохьелги.
– Дун... Дие батIияб рукъ щун буго... Дун инехъин вуго...
Хважаиналъ кваранаб хIетIе дагьабги бусалъа къватIибе бегьана.
– Щай? Унге... Дир хьул букIана дида цадахъ чи вугин... нагагьлъун дун хванани юкъизегIаги...
Дида гIемер рагIун букIана херал чагIаз гьединан абулеб, амма хважаиналъул кIалдисан рагIизе гьеб гIажаибго букIана. Гьелъул «щаялъе» — кьезе дир жавабги букIинчIо.
–  Гьедин рехун тезе бегьилищ дуца дун... Нолъалдаса нахъе дир керенги буго унтилеб... Гьарула дуда, ГъазимухIамад, унге... – янги абун гьелъ бусалъа къватIибе баккараб хIетIе багъарахъдизе гьабуна.
– Дур яс кие арай? – йилан гьикъана дица, гьелъ кереналъул цIар бахъарабго нолъ ккараб жоги ракIалде щун.
—     Кинай яс? — илан гьелъ гIажаиблъи гьабуна ва гьункьун яхъун ячIана.
ХIакъикъаталдаги кинай яс? Гьелъие щиб жаваб кьелеб? Жа¬ваб кьечIогоги кинан телеб? Гьелъие гуреблъидал жаваб къваригIун бугеб, диеголъидал... Дой щий? Кисан гьей ячIун йикIарай ва хважаиналда щай лъаларей?
– Нолъ цо яс ячIун йикIана дида аскIое...
Хважаин, чорокаб рагIиги абун, елъанхъана ва елъун яхъарайго, кроваталда гIодойги чIун, дир бадие ялагьана.
– ГIабдал, дур бетIер сверун буго...
Дир тIомолъан, кинабгIаги чорхолъ бугеб би, хIатIаздаса бахъараб, гьурмалъе буссана. Гьеб къоялъ гIадинан киданиги ццин бахъун букIун батиларо.
– Дица бихьизабила дуда киназул бетIер сверун бугебали! – янги ахIун дун гьеб рокъоса къватIиве кIанцIана.
Дида ракIалде ккана къасиги гьаниб сордо базе ва ячIарайго дой яс къан ккун хважаиналъухъе швезайизе. Гьанже бичIчIулеб буго гьеб пикруялъул гIадаллъи, амма доб мехалъ гьедин гьабизе ккеялда дир кинаб бугониги щаклъи букIинчIо. Гьеб гьабизе ракIалде ккун букIана хважаиналда бахъараб цциналъ. Дида гьей дагьайги цIакъ рихана.
Сордо бащалъизегIан яхI гьабизе кIоларого вукIана дун. Нолъ кьижун вукIинчIониги, тIубараб къоялъ шагьар сверулев вукIаниги макьуги щолеб букIинчIо. ЦIакъ бокьун букIана дой яс ячIине. Дида кколеб букIана гьей ячIинчIони хадувцин инилан. Дилъ кинаб бугониги хIинкъиги букIинчIо.
Гьей ячIана. Додинго гIебеде квералги ритIун, добго ратIлилъ, додинабго хъущтIулеб рилъиналда. Амма къаси гьей къеде аскIое инчIо.
– ГъазимухIамад, гьале дун... Дида лъала мун дун ячIинегIан чIун вугевлъи... Дида лъала. Гьанжеги дида дур хинлъиги чIвалеб буго...
Гьей гIебеде квералги ритIун, кроваталда, вагъаричIого гloдов чIун вугев дида тIаде щолей йикIана. Дун битIахъе цIорона. Дир ботIрол расуда гьелъул кверал хъваралго гьей чIана, туркIун кверал нахъе росана ва накабазде йортун ана. Гьелъул гьу¬мер ккана канлъукье. Гьурмал берцинлъи букIана додинабго, гIадан хIинкъизавилеб гIадаб. Гьей дир накабазда хурхана.
– ГъазимухIамад, дуца тIаса ретIел щай бахъулареб? Дуда хьитал щай ругел? Дида мал базе бокьун бугеб батани, цин тIаса хьитги бахъун къочизе те. Дие мун вокьулевлъидал... хадуб малги бай... Каранлъ багеха... дида жегиги унтилеб буго... Гурищ?
Дида лъазецин лъачIо гьелъ дир кваранаб хIатIидаса хьит бахъараблъи. Дун риччалъе ккун вукIана. Риччалъ дицаго бараб заман лъаларо — вигьана гьелъул кIутIби гIицIаб хIатIида хъварабго. Вигьананиги дандечIей гьабизе кIолеб букIинчIо. Дихъ черхалда квершеллъи букIинчIо. Черхалъул цониги лага дир букIинчIо. Дида кколеб букIана дунго цо цIорораб бакIалъаги восун хинаб лъелъе виччалев вугилан. Лъалеб букIана дирго би хинлъулеб букIин. Заманаялдасан лъана гьелъул кIутIби квегIаб хIатIидаги хъвараллъи. Дун вегана. Сверухълъи букIинчIо, гьеб тIагIана. БукIана цо тIугьдузул махIги, батIи–батIиял кьералги. Кьерал рукIана мохъаххун рачIун рукъ свери гьабулел. ХIанчIазул гьаркьалги рукIана. Дида гьелдаса нахъе, гьабсагIатги, лъикI мехалъ гIенеккун чIани рагIула гьел хIанчIазул гьаркьал.
Бакъан букIинчIо.
Вигьана, хинаб лъелъа къватIиве вахъана дун рогьалилъ. Рокъоб жаниб рогьалил канлъиги, рогьалил квачги гуронани щибниги букIинчIо. Хадуб бихьана столги, дирго кроватги, гьелда тIад вегун дунги. Дир черхалдасан букIана, батIияб, гIечулалда релълъараб махI. Гьеб махI черхалдаса киданиги нахъе инчIо. Дун цIидасан кьижун ккана. ВорчIана къалъудаса араб заманаялда.
ТIокIав кьижичIо.
Дун кьижизе толев вукIинчIо дой яс ячIине бугеб гъираялъ. Гъираялдаго цадахъ дилъ букIана, гIемер кватIичIого хвезе кколилан бичIчIизабулеб асарги. Амма дие гьелъул ургъел букIинчIо. Пикраби рукIана дой ясалда. Дирго каранда унтулеб букIана дица доб сордоялъ долда бараб мал. Кколеб букIана долъ банин гьебилан.
Лъаларо, кин дица хIехьараб гьеб хутIараб бащдаб къояли. Кваназецин рокъоса къватIиве вахъинчIо. ХIажатханалде ине гуронани бусадаса тIадецин вахъинчIо. Гьей яс ячIинегIан вегахъего чIун вукIана. Амма гьей кватIулей йикIана. Дир яхI хвана. Дун вукIана гьеб нуцIихъан яс гурин, дирго хутIараб гIумру бачIине кколеб гIадин.
ЯхIго гьабизе кIвечIого дун турусикалда гъорлъго хважаина¬лъул рокъове ваккизе ана. Дида кIвечIо дой яс ячIунеб нуцIихъан ине. БокьичIо. Дида ракIалде ккана къватIисахун, гордухъан ва¬лагьизе. БецIлъиялъ квал–квал гьабичIонин гьенисан, гордохъан валагьун лъазе кколаан дида кисан ячIуней яс дояли.
Дун гордохъан къватIиве лъугьана. ТалихIалъ горда нахъа къватI букIинчIо, мадугьаласул азбар букIана. Гьениб бекьараб жоги букIанилан ккола. Гьеб, мадугьаласул азбар гуреб, бищунго гIемер гIадамал хьвадулеб къватI букIарабаниги, хважаиналъул гордохъан валагьизе инчIого дун чIолароан.
Хважаиналъул кровать букIана битIун горда гъоркь. Гордо¬хъан валагьарав дицаго тIаде рагIад ккезабулеб букIаниги кро¬ваталда егун йигей хважаин дида йихьана. Амма, гьелда дунго вихьичIого   вукIине, гьей тIаде яхъине   лъугьарайго, дун нахъегIан кIанцIана. КIиабизе, заманаялдасан, валагьараб мехалъ, бусада гьей ятичIо. Горда нодоги цун лъикI валагьахъдилев вукIарав дун хважаин кроваталде аскIое къалей йихьун нахъе кIанцIизе ккана. ГIодовеги къулун, гордал добцояб рахъалдехунги ун, дун цIидасан гьениве жаниве валагьана. Гьанжесала хважаин дида жиндирго бусен битIизабулей йихьана. Амма гьелъ гьеб тIаса–масаго гьабун тана. Заманалдасан кроваталда acкIoca гьей тIагIана. Мадугьаласул къадада тIасан бачIунеб къотIноб лъураб чирахъалъул канлъи  бадиб бачIого букIине гъурмада кверги цузабун хал гьабураб мехалъ бихьана, тIад хъахIаб, бусалъ ретIунеб гордеги ретIун, йицатай, гIебай хважаин   дир   рокъобехун лъураб нуцIиде аскIое уней. Жибго нуцIа   бихьулеб   букIинчIо, амма хважаин нуцIида аскIое иней йикIиналда дир кинаб бугониниги шаклъи букIинчIо. Жиндирго рокъоса хважаин тIагIарайго дун дирго   горда гъоркье векерана. Дир рокъое добго нуцIихъан ячIуней йикIана гIолохъанай яс.
– ГъазимухIамад, хирияв... Мун кив вугев? Дида махI чIвалеб гьечIо... хинлъи гьечIо... – ян рагIулеб букIана къватIиве кIанцIулаго рагьухъего хутIараб гордухъан жание ячIарай ясалъул гьаракь.
Гьелъ дир чIобогояб бусада кверал рахъулеб мехалъ дие бо¬кьун букIана жаниве, гьелда аскIове кIанцIизе. Дица гьедин гьабизеги гьабилаан яс тIурун инчIей ани. Гьей тIурун ана добго нуцIида аскIое. Дун векерана хважаиналъул горда аскIове ва гордохъа жаниве нуцIа бугеб рахъалдехун валагьана. Гьенисан, бецIлъулъан яккун ячIана йиццатай, гIебай хважаин. Гьелъ рукъ–свери гьабуна. Цин кроваталда гIодой чIана, хадуй тIаде яхъана. Гьелъие цо жоялъ рахIат толеб букIинчIо. Гьей цIидасан добго нуцIида аскIое ана ва дир рокъоехун тIерхьана. Дун гьанжеги дирго горда аскIове векерана. Гьенисан дида йихьана добго нуцIихъан жание ячIуней дойго берцинай яс. РагIана гьелъул дун ахIулеб гьаракьги. Гьанжесала дида яхI гьабизе кIвечIо ва дун гордохъа жанивеги кIанцIун, гьей гIадан хIинкъиларедухъ, гьелда хурхун чIана. Гьелъ дун цин нахъегIан тункана, хадуб накабаздаги чIун  гьей дир хIатIазда къочизе лъутьана.
Дида бихьулеб букIана дунго холев вукIин. Гьеб лъугьа–бахъин ккаралдаса дун кваналевго вукIинчIо. Дир хадусеб гIумро байбихьулеб букIана сордо башалъараб мехалъ. Дуня¬лалда щибниги букIинчIо гьей яс гурони. Дун хIалакълъана, тIом бакъвалеб букIана. Амма гьей яс ячIинегIан чIун кидаго яхI гьа¬бизе кIоларого вукIана.
Гьей сордойил ячIунароан. Гьей ячIине ккани, тIубараб къоялъ, хважаиналде аскIове ине кколаан, гьелъул хIатIада къочаризе. Дида лъалаан хважаиналъе бокьа–бокьараб дица гьабичIони дой яс дида аскIое ячIунарейлъи. Гьей гурони дунялалда тIокIаб къваригIараб жоги букIинчIо. Разияв вукIана метер хве¬зе, къаси дой яс дихъе ячIунейлъи лъани. Амма гьей ячIине кка¬ни гьабизе кколаан хважаиналъ абу–абураб. Гьеб букIана жужахI.
Дида ракIалде ккана хважаин чIвазе. ТIокIаб рес букIинчIо. Дида кIолароан дой ясалдаса инкар гьабизе. Дихъе яс щолей йикIинчIо хважаиналъул мурад тIубазабуни гурони. Цин цIадулъ цин лъелъ хвеялдаса дие хважаин чIвай бигьаяб букIана. Дица пикруго гьабулеб букIинчIо гьел цого чагIи рукIиналъул.
Цо сордоялъ, дой яс ячIине заман щвейгун, дица къадго xlaдурун букIараб гIащтIиги...

ТIокIаб жо букIинчIо. БукIун батизеги бегьула, амма тетрадалдаса тIамчал тIун ругоан.
Дихъе щвараб гьеб тетрадь ккола живго жиндицаго чIварав чиясул тетрадь. ГIемер ралагьана дица гьел гьоркьоса тIагIарал тIамчал, ратичIо. ГIагарлъиялдаги лъалеб батичIо.
ГIагарлъиялъе бокьуларо гьесул цIар бахъизе. Гьев гIадаллъарав чи вукIиналъ, гIадамазукьа нечон рукIуна гьел. ХIакъикъаталдаги, рагьун абизе кIолеб букIинчIониги, росого гьев чи хвезегIан чIун рукIана, киназго гьесие хвелго лъикIилан абулеб букIана. Ахиралдаги, бичIчIун батаниги батичIониги, гьев живго жиндицаго чIвана.
ГIадамазул киназулго бугеб жо батилаха гьеб, жидедаго бихьулареб жо бихьулев чиясда гIадаллъун вугин аби... щибха гlaдамазда гьабилеб?
Гьев, дир хIисабалда нилъеда кIигогIан гъваридгоги, лъикIги дунял бихьулев чиясул гIагарлъиялдехун адабги цIунун, гьезие гьев чиясул цIар бахъизе бокьунгутIиги хIисабалде босун лъураб буго гьесулалъул бакIалда дирго цIарги.
Гьебго тетрадалда букIана тIадехун рехсарабщинаб жоялъул магIна жаниб бугеб ахирисеб мухъги. Гьоркьосан тIамчалги тIун ругелъул дица гьеб мухъ рехсечIого тезехъин букIана, хадубги пикру гьабуна рехсезе. Гьале гьеб:

… амма дир черхалдасан бугеб гIечул махI лъиданиги чIвалеб букIинчIо.


Автор: ГъазимухIамад ГъалбацIов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook