Авторизация

Доб дунялалде кагъат

  Тажудинихъе

– Тажудин, хIежалде унеб мехалда, рокъоса къватIиве вахъингун, нахъе щай мун валагьичIев?
– Валагьанаха ГъазимухIамад дун нахъ… РикIкIалъанагIан гьитIинго бихьана дирго рукъ. ТIаса гьоцIабахъе щолаго берда цебесаги тIагIана…
– Росу тIагIинчIеблъидал…
– Валлагь, дун рикIкIалъанагIан дагь–дагьккун росуги тIагIана. ДорихIалиб иццухъе дун щвелалде тIагIана. Дуда ккоге дун нахъ–нахъ валагьичIого арав чийилан…
– Дие цIакъ бокьилароан, Тажудин, дагьавги рикIкIалъараб мехалда нилъер тIалъиги тIагIанилан дуца абизе…
– Гьебги гьитIинлъана ва берда цебесан тIагIана…
– ТIалъи гьитIинлъичIого букIине дун кьурун тIад вуссинаан, Тажудин…
– Мун вуссинаан… Гьединлъидалин  дур  киданиги БакьагьечIиса ЧIанкIа вахъунаро…
– ХIежалде щвараб мехалда Дагъистанги гьитIинлъун  батила…
– ГьитIинлъана…
– ЧIанкIа, дур рокъой эбел йикIана, мун вущараб кини букIана, рукъалда аскIор бекьечIдерил хобал рукIана…  Гьелги кин гьитIинлъулел?
– ГъазимухIамад, дур кIудаэмен гьавиладего гьел суалал  дицаго диего кьолаан. Мун ваккулеб кIкIал гуро гьеб…
– Гьанжеги нахъ вусса, Тажудин, дунялалъухъ валагье…
-    Валагьун вуго дун… ГьитIинаб жо буго ГъазимухIамад эб…

МахIмудихъе

Щайдай аб гIумру хъвадарулев чиясе захIматаб бугеб? Нилъедагойищ гIайиб гьабизе кколеб, чияде рехунищ телеб? НилъедагIан гIайиб гьечIогойищ батIиял ругел?
Нилъеда бадибе тураб хIацIу бацIцIунищ чIелел, нилъецагийищ тун биччазе кколеб? Нилъеца кIодо гьарулез щайдай, МахIмуд, нилъ инжит гьарулел? ГIадамал батIаго батIиялищ ругел, нилъер щай ал ракIал рецIцIизе кколел?
Щайдай, МахIмуд, аб гIумру захIматаб бугеб?
Я рокьи гуреб, я кьал гуреб, гIумруйищ хIехьелеб, нухал ралагьулелищ рукIинел? Гьединан таралъухъ Аллагьасе щукруйищ гьабилеб, гIадамазе гIоло нилъерго гIумру гъоркь цIаги лъун бухIизейищ бухIилеб? ГIадамаз щайдай, МахIмуд, цониги суал жидеего кьолареб, яги жавабал гьез нилъедаса балъгойищ гьарулел ругел?
КучIдул ахIулелищ, МахIмуд, рукIинел, рагъулелищ рукIинел? Гьекъолдизейищ гьекъолдилел, бокьоса ракищ бахъилеб? Нилъер  нухда бугеб кьодул сакIал щай тIолел, батIиял щай къел ракьанде кколарел? Панаяб хIухьелалъухъ гIенеккун кеп босарас нилъеда цебе лъураб чадил щай бицунеб?
Щзай, МахIмуд, аб гIумру захIматаб бугеб?
Эниб кин бугеб, роцIунищ, кьерхунищ?…

ЦIадаса ХIамзатихъе

Салам буго ХIамзатихъе.
Саламалда хадуб мурадги буго мун лъикI вати. Дуца дун гьикъиларо, нагагьлъун гьикъани, дунги квеш гьечIо…
Дуе бицине цIияб жо гьечIо, щибго хисичIо, дур заманаялъго гIадин гIадамал ричулелги руго, росулелги руго…
Цо–цо дур юбилеялги тIоритIун мун веццула нижеца.
Дур вас Расулги вуго анив.
КIуди–кIудиял хIакимзаби рукIуна дур юбилеязда, дун гIадав чи гьезда цеве чIаниги вихьуларо. Гьединлъидал дун ахирисеб юбилеялде ун вукIинчIо, гIайиб гьабуге… Дур кIучIдулги рикIкIунаро гьенир, нижерго руго кучIдул, цIияб къагIидаялъ хъварал, дуразде регIун гьечIо…
МагIарухъе ун вукIана дагьав цевегIан. Дур рокъовеги щвана. Квачан бугоан. ТIалъиялда кидаго гIунун букIуна Зугьра гIатIиракьалде гочаралдаса нахъе. Рищиязул заманаялъ гурони багъа–башариго лъугьунаро. Рищиязул хIакъалулъги бицинаан дица дуе, амма дуда ричIчIулел жал эл гуро…
Хъаладухъ букIараб доб базар биххана. Амма гIурусал тIадруссун рачIана. РачIана…я Василий гьечIо цадахъ, я Тимофей гьечIо…
Дун БакьагьечIиса ккола ХIамзат. Цо–цо хъвадарилевилан вукIунев чи вуго. Амма дие цIакъ захIматаб гьакинух батана гьеб. Нилъерго магIарулазул газеталда хъвадарилев вукIана, гьенисаги цо Сугъралъа чияс нахъе рехана…
МагIарухъе щвараб мехалда, ЦIолбокь рагIалда мун гIодов чIараб бакIалда гIодовги чIола дун, дуда бихьараб бихьилародаян… пайда щиб… кIудияв гIолев гьечIо.
Мун бицун божиларо,  ХIамзат, доб цо коммунист партияги, ЦКаги биххун ана.   ГIайбалде щив ккаравали лъиданиги бичIчIичIо. Цо батIиял чагIи рачIана цере кIанцIун, кутак бугоан эзул. Цо рахъалъ босани, Анжиялда бакI–бакIалъ бомбаги лъун, гIадамал кьвагьулел рукIин гурони, кIудияб зарал бугел чагIиги эл гуро… Нилъеца бицунеб эздаи бичIчIуларо, гьез бицунеб нилъедаги бичIчIуларо. ГIарацги кодоб ккун дагьабги щвелародаян рекерахъдулел рукIуна цо минуталъ чIечIого. Физкультурникал руго киналго, гугарухъаби. ЦIиял чагIи ругилан нижеца гьел цадахъ рахъун депутаталлъунги рищула…
ХIамзат мун ватила нилъер поэтазул щиб хIал бугебали лъазе бокьун. Нилъер поэтал  гьанже мунго гIадин киналго халкъиял руго. ГIадатияв поэт гьезего гьечIо. Ругезги щибго жо хъвалеб гьечIо. Хъвараб жо цIализе чи щоларого руго… Хъвадаризе гьадал цо спортсменазги квал–квал гьабулеб буго. Гьел реццун хъвадаричIони ракъулел руго…
Гьедин буго положение.
Доб заманаялъ гIадамал чIухIулеб букIараб жоялдаса гьанже нечолел руго, цере нечолел рукIараб жоялдаса чIухIулел руго… Киса–кибегоги квеш бугилан абизе бегьиларо, лъикI бугеб бакIги буго, мисалалъе лъикI буго ГьаракIунибехун…
Дица тана, ХIамзат, гIайиб гьабуге халалъунилан. Дица дагьабги хъвалаан, анир ругезги цIалулеблъидал аб – къокъ гьабун толеб буго.
Къо–мех лъикI, ХIамзат, лъикI хутIаги…

ГIабдулмажид Хачаловасухъе

ГIабдулмажид, дуе дун вокьулароан…
Щибха гьабилеб…
Дун гьитIинав чи вукIана, мун кIудияв чи вукIана. Жакъа къоялдаги щибниги хисичIо. Мун кIудияв чи вуго, дун гьитIинав чи вуго…
Дунги кIудияв гIела, дидаги гIумру бичIчIила, дие салам кьурав чи дица кIудиявлъун рикIкIина…
 Дуца гIайиб гьабуге… Дур адаб гьабулев чи нусго ватани, дир анцIгоги гьечIо, гьев анцIгоясда цебе наку чIвазе хIадургоги вуго…
Мажид, (гIайиб гьабуге ГIабдулмажидилан хъвачIогонилан, гьитIинав вацас гIадин хъвалеб буго) дун вачIараб мехалда мун тIаде вахъинчIо…
Гьелъухъ баркала.
Дуца гIайиб гьабуге духъе кагъат хъванилан. Цойгиги нухалъ такрар гьабулеб буго – дуе баркала кьун хъвалеб гьитIинав вацасул кагъат буго…
Дун гьитIинав чи вукIана, мун кIудияв чи вукIана… Жакъаги гьедин буго.

ХIажи Гъазимирзоевасухъе

Дур гIемер бицуна, ХIажи, ал гIолохъабаз. Дидаги гIемер ракIалде щола росулъ дуца абурал рагIаби.
– Гьаб щиб жодай? – илан хIатIица хъинтIизабуна цIорол цо кесек дуда аскIов чIарав чияс. Дуца цинги абуна:
– ГIодоб бугеб жогийищ нужеда бихьулеб, – илан.
– ХIажи, дуда абизе жо цIакъ гIемер бугоан дир, амма дунялалде цIакъ кватIун ккана дун. Дур чIужу ГьатIастанил гъварилъи бичIчIилелде гьей ана, нилъерго росу бичIчIилелде дида цевеса мун тIагIана.
Киса щибдайян ракьалде, гIодоре къулун хьвадулел ругел гIолохъабаз гIемер бицуна, ХIажи, дур.
Дицаги цо рагIи кьела дуе:
– ДорихIалиб чвердезе кканиги, ГъуничIи гохIде вахине кканиги, Зонохъ бакIалде кканиги, КIудагIодосан хъещтIезе кканиги, Рачимолъодасан вахине кканиги, ХIажи, дида мун кIочонаро.
Гьединго кIоченаро гьаб дунялалда гIодоре руссун ругел гIадамазда дуца абурал рагIабиги:
– ГIодоб бугеб жогийищ нужеда бихьулеб?


Шамиль Варисовасухъе

Ункъо маргъал камун букIана, Шамиль, дур курткаялдаса.
ВачIана къирщ–къирщизабулаго гIазугун мун   дида аскIове ва гьимана:
– ГъалбацIов вилъа цо пиво гьекъезе…
ЧIалгIаде гьекъана нилъеда ралъдал рагIалдеги ун доб пиво. Цо ургъел букIана дур дида бикьизе, амма бахчана дуца гьеб. БикьичIо ургъел. ЧIалгIаде гьекъана. КIиго къоялдаса ана мун дидаса… Лъида ургъел бикьизе?…
Жеги–жеги тIолел руго, Шамиль, анир курткаялдаса маргъалал. ГIадамазда аскIовейин къватIиве вахъани, гьезул чунлъиялда бан тIола цо маргъал, рокъове щвейгун щивниги тIаде вахъинчIеб мехалда, кIиго цадахъ уна бортун. Гьадин вугин дунилан бицине чи щвечIеб мехалда тIолоа ахиресеб маргъалги. Дур ункъабго букIинчIо.
Дир курткаялда гьел маргъалазул цонигияб хутIичIо, Шамиль. Дуего гIадин диеги щвечIо гьел рукъизе чи. Дицаги чанги пикру гьабуна маргъалалго къваригIунареб ретIел ретIине. КIолеб гьечIо, хьул буго цо…
Хьул буго, Шамиль, мун вачIинин къирщ–къирщизабун гIазугун дида аскIове ва гьимилин:
– ГъалбацIов, вилъа цо пиво гьекъезе…

ГъазимухIамад ГъалбацIов 

Автор: ГъазимухIамад ГъалбацIов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook