Авторизация

Заман берцин гьабулеб гьудуллъи

Ункъго-щуго сагIаталъ лъелго мугIрул къотIун сухъмахъаздаса, яги 160 километраялдасаги цIикIкIун манзилалъ  машинабазда рекIун  хьвадун, цоцазда гьоболлъи балел гIадамал нилъер заманалъ жеги хутIун рукIин  бицунеб буго гьаб гьумералда. Лъеберго  сон буго къелдерил ва къаралазул мугIалимзаби, цIалдохъаби дандчIвалаго. Гьел соназда жаниб кIиябго жамагIаталъул гьобол-гьудуллъи щулалъун гуребги, цоцалъ ригьналцин журана. 

Исанасеб гьезул юбилеялъулаб цадахъаб тадбир букIана чIарадисезул ракьалда. Къелеб школа-интернаталъул мугIалимзабаздаса, чIахIиял классазул цIалдохъабаздаса, культураялъулгун искусствоялъул хIаракатчагIаздаса гIуцIараб кIикъого чи вугеб къелдерил къокъаI4-I6 октябралъ рещтIана Гьочоб росулъ. Росдацаго гьабураб гьобол-гьудуллъиялъулаб дандчIваялдаса хадуб къелдерил мугIалимзабигун цIалдохъаби щвана Гьочоб росдал школалде, гIахьаллъана дарсазда. Гьеб букIана Гьочоса Дагъистаналъул халкъияв шагIир мунагьал чураяв ГIабдула Даганов гьавураб къо. КIиябго школалъул цIалдохъабаз хIадурун букIана шагIирасул творчествоялъул бицунел цадахъал церерахъиналги. Гьебго къоялъ росдал клубалда букIана кIиябго школалъ хIадурараб программа бихьизабулеб гIатIидаб тадбир. Гьеб нухда бачана ЧIарада районалъул лъай кьеялъул, спорталъул ва культураялъул отделалъул нухмалъулев Шамил МустIафаевас. Саламалъулаб кIалъай гьабулаго Шамил МустIафаевас  абуна жакъа, цебесеб гьоболлъиялъул гIадат лъугIулеб заманаялъ, кIиябго магIарул районалда гьоркьоб гьудуллъиялъулаб бухьен щулалъиялъе гьеб дандчIваялъул цIикIкIараб кIвар бугилан. Къелдерил коллективалъ бихьизабуна гьочосезулги жидергоги умумузул бухьен, цебегосеб гьудуллъи рагьулеб театралъул къагIидаялъ гIуцIараб сценка. Гьелъие кьучIлъунги къелдерица босун букIана хIакъикъияб лъугьа-бахъин. 

Октябралъул байбихьуда букIараб мугIалимасул къоялде хIадурараб букIана клубалда бихьизабураб гьочосезул школлъималазул церерерахъин. Къаралазулгун къелдерил юбилеялъулаб дандчIвай кIодо гьабун гьенир гIахьаллъана ЧIарада районалъул культураялъул машгьурал гьунарчагIиги. 

ГIадатлъун билъухъе, дандчIваялъул кIиабилеб къоялъ гьез аваданаб хIухьбахъи гьабуна тIабигIаталъул гIатIилъиялда. 

Лъеберго соналъ цебе къелдерилгун къаралазул букIараб дандчIваялъе тIубараб сипат-сурат кьолеб буго гьаниб гъоркьехъун лъолеб, Ругъелдаса гIемерал сонал мугIалимлъиялъе, росдал магIишаталъе кьурав захIматалъул ветеран, махщел бергьарав зурмихъан МухIамад ГъазимухIамадовас редакциялде битIун бачIараб ракIалдещвеялъул хъвай-хъвагIаязда.

П.ГьитIинова

 

 

Гьочобе тIоцебесеб сапар ва къелдерил зурма 

 

Гьайбатаб риидалил къо 27 абилеб июнь I986 сон. ТIогьиса полоп бан чваххулел роц1цIарал лъараз, берцинаб махIалъул батIи-батIиял тIугьдуз берцин гьабураб къелдерил тIалъи. Цояб рохьил гъутIбузул каралъан цогияб росдал рагIалда гъотIодаса ахIдолел гагудал берцинал гьаркьаз цоцаде салам кьолеб гIадаб дандерижиялъ, нужей нух битIагиян ахIулел хIанчIазул берцинал гьаркьаз, гIанчIал цIалдохъабазул рекIелъ лъуна кIочонареб асар. Хасго гьеб берцинлъи ва гIаламат загьир гьабуна «ТIогьода рохь» абураб тIегьги берцинаб тIалулъан бурун бачIунеб роцIцIараб лъецаги, бицун гIорцIуларел тIогьол майдабаз, бакъуе салам кьолеб гIадаб гьороца рахъ-рахъалде хьвагIезарулел тIугьдуцаги гьезул берцинлъиялъги.

Рохь лъугIигун батулеб тIогьол майданалде щведал, тIабигIаталъул тIокIаб берцинлъиялъ рохел чорхолъ босарал цIалдохъабазулги учительзабазулги. ГIамал-тIабигIат бихьарав школалъул директор ТIайгибил МухIамадица диде хитIаб гьабуна «МухIамад гьале нилъ щвана гьанже гъоб дуца зурмида бачулеб Рокъдалалъул бакъаналъ хIайран гьаруразул мурад тIубазего гIадин, гьаб берцинаб майданалде!! Бокьила цо лахIзаталъ гьеб бакъан бичIчIуларезеги нугIлъун букIинеги макъан бачине!» хIайран гьаре мугIрул гIодизаре щобал! Гьеб макъаналде дандерижилъун пулеб гьороцаги данде хьвагIулеб жергъеналъги асар гьабичIел чи хутIичIо гIисиназулгун чIахIиязул!

Гьаб тIогьол майдан бихьидал рекIел анищ ва хIасрат цIикIкIинабизе, гIодобе биччараб бихьиназул сапа кьурдул байбихьиялъги цIакъго цIикIкIана киназулго гIищкъу-рохел. Хадубго цун бачана «Рохьосеб» ясалазул сапа-кьурдул бакъан ва цоги гьелго кьурдабазда данде кколел зурмил бакъналги. Гьеб букIана гьочосезе бихьизабизе бугеб программаялъул байбихьиялъул цо бутIа. Къелдерил ясазул берцинал некIсиял бакъназги, зурмида бачунеб нухлулаб наккуялъги свак лъачIого нахъе тана Къелеса Къарахъе мугIрул, гIорал къотIун унеб лъелаб 4-5 сагIаталъул нух. Рахъана Гьочосезул мугIрузул тIогьире. Гьениб лъикIаб хIохь бахъун рещт1ен гьабизе гъирагун регулел рукIана мугIрул, щобал, рахъана гIоралгун лъарал.  ГIорал, щобал панаги гьарулел зурмил бакънал, кечI ахIи. Гьеб, сверухълъиго пана гьарулел зурмил бакънал, кочIол ахIиялъ борчIизабуна къаралазул улка- ракь, мугIрул каранлъ бугеб Гьочоб росу.

Гьелго бакъналгун лъугьана Гьочоб росулъе жанире. БичIчIана Гьочосезда  цебеккунго гьабураб къотIиялда рекъон Ругъелда школалъул коллектив тIаде гIунтIун букIин. ГIажаибаб чIаголъи багъарана росулъ гIадамазул. Нижго гIадин гьелги рукIун ратила дандчIваялъухъ урхъун. «КечI ахIизе Къарахъеги унге, зурма бачине Къелереги унгеян» умумузул аби буго нижер,  росулъ жаниса нижеда дандего байбихьана къаралазул гьайбатал гьаркьаз ахIулеб кочIол бакънал. КIиябго къокъа цолъана росда цебе бугеб  майданалда.

Гьенив вукIана гьанжер нилъгун гьечIев ГIумархIажияв –учитель,( мунагьал чураяв) дандчIваялде хIадурарал I0-абилеб классалъул цIалдохъабигун. Гьалбадерица салам кьуна, ва гьебги буссинабун ГIумархIажияс ва цIалдохъабазги берцинго лъай-хъвайги гьабун щивав цIалдохъанасда гьоболлъи рагIизабуна.

Гьенибго данде бачIана цере-цере цIалдохъабигун Гьочоб школалъул коллектив ва хадурго росдал жамагIат, ветеранал. ГIажаибго ракI боххизабулеб дандчIвай букIана гьеб. Къелесезул саламги буссинабун, цолъараб заманалда Гьочоб школалъе директорлъи гьабурав Исаласул МухIамадтIагьирица бицана кIиябго школалъул дандчIваялъул мурад. Гьединго кIалъана Рагъул Ветеран Абакаров М-дшапи, ва гь.ц. Киназулго кIалъай букIана рекIел ахалъуда Къел бачIиялъул рохалил ва гьел хиралъиялъул бицунеб. ТIоцебесеб дандчIваялдаго бичIчIана гьочосел, цIакъ кутакалда гьалбал хириял гIадамал рукIин. АхIулаго, бачулаго щвана цIияб школалъул азбаралде. Гьенир ирга бан гьаруна кIиябго жамагIатазул миллиял кьурдаби.  

Хадуб, жиндир мунагьал чураяв, Ченгелил АдухIица гьабуна кутакалда магIнаяб умумузулъго букIараб гьобол гьудулъиялъул бицараб кIалъай. Гьес абуна: Гьочосел къелдерица хьихьана богIол тIагIамалъ, Къел гьочосез хьихьана ретIел –хьиталъ тIимугъ, буртинаялъ, гьедин кIиязулго умумул цоцахъе щолаан лъагIалида жанир 2-3 нухалъ. Аслияб жо букIана нижее хирияб къелдерил «кан» цIа рекIинабизе. Гьелдаса хадуб Исаласул М-тIагьирица рачана басрияб школалда хIадурараб тепсиялде бисмилагь гьабизе. Бугоан гIемер заман бараб богIол чIагIаги лъикIаб хIадурараб квен-тIехги. Хадур рилъана росдал мажгиталде, цIакъ берцинго къачIан бугоан росдал мажгит, цеве росдал имам ХIасангун бана жамагIатги гьабун къаде какги. М-тIагьирица бицана:- Лъоле лъоб мокърукь бугеб хъахIаб лъугъур буго къелдерил рохьосан бачIараб, гьаб мажгит балеблъи лъайдал Къелесан бачIараб кумек. Роол къоялъ радалго къватIире рахъарал нижер умумузда бихьун буго мегIер къотIун эхебе бачIунеб цо гIажаибаб хъахIаб мухъ , аскIоре гIагарлъидал лъан буго къелесел рукIин. 20 хIамаги бачун лъугъургун рачIун руго гьел, мажгит базе кумекалъе. Къелеса гIолохъаби рачIун руго гвай гьабизе цадахъ вачун цIар арав зурмихъан ХIалимал ГIумар, къолохъан Мирзаласул ГIабдулкъадиргун. Гьедин лъагIелгун бащадалъ рокъоре риччачIого хьихьун бертин-туялъул гвагьабазулъ рукIун руго гьел мунагьал чураял Гьочор.

 Мунагьал чураяв ХIалимал ГIумарие Аллагьасул къадарги гьанибго щун буго.

Машина щибжояли лъалареб доб заманаялъ гьочосез тIаса магIардаса молодаги восун щвезавун вуго ГIумар Сомоде.

Нижее, хасго цIалдохъабазе кIудияб асар гьабуна гьеб хабаралъ ва Гьочоб мажгиталъул мокърокь бан батараб, къелдерил рохьахъа бачIараб чIоргIан битIараб лъугъур бихьидал.  Мажгиталдаса лъугIидал рачана цIияб школалъул минаялде. Хадуб гIодобчIей гьабуна школалъул клубалда. ГьитIинаб гIадаб черхалъул гIолохъанчияс лъай-хъвай гьабуна щивасда аскIове вачIун. Гьев ватана школалъул цIияв директор (гIолохъанго нилъедаса ватIалъарав)  МусахIажияв. Гьесул кIалзулъ пасихIлъиялъ, гьалбадерил гьабулеб адабалъ цIакъго рази гьаруна ниж.

2-3 къоялъ тIубараб гучаб бертин гIадаб тадбир букIана Гьочоб, гьалбазул хIурматалда

росдада цебе бугеб «цIа босулеб гохI» абулеб бакIалда. (ЦIа босулеб гохIалъул магIна буго нагагь тушман вачIунев вугони цIа гьеб гохIда бакулеб  букIун буго цебе.) Гьениб цIакъ кIудияб аваданлъиги гьабун къасиялде руссана росулъе. Гьеб сапар нижее гIумруялъе кIочонареблъун лъугьана. ДандчIваялъул ахиралда ТIайгибил МухIамадица абуна: - Хадусел соназ нилъер программа букIине ккела цIалиялда хурхараб, щивав предметник учитель ине ккела предметникасул дарсиде хIалбихьи цоцазе бикьизе. Къаси росдал клубалда букIана кIиябго школалъ хIадурарал концертал. Хасго гьезие рекIее гIуна бихьиназ , руччабаз гьабулеб Къелдерил цебесеб сапа-кьурди. Гьочосел ругьунлъана кIиязулго кьурдабазе. Узлипатицагун М-дТIагьирица цадахъ ахIулел кучIдуз, Узлипатица ва  ГIалил ПатIиматиматица тIадчIван биччалеб бакъаналъ  пана гьаруна гьочосел.

Хасаб бакI ккуна, Ругъелдаса учительница Муъминатица жинцаго махщалида цокIкIарал кочIол рагIабазги. Гьедин араб заман лъачIого рогьел гIагарлъулеблъи лъана, цIакъ гъира гьечIого ана хIухь бахъизе. Радалги гьебго тепси, цоцаздасан рорхулел лълъарал, аваданлъи.  Къалъул заман гIагарлъана тIад руссунеб сапар байбихьилалде. Гъобго нухлулаб зурмидаги бачунаго, кечI-бакъаналда рахъунел рукIана росулъа къватIире.  Росу рагIалде щолаго МухIамад ТIайгибовас чIезавуна дун. Гьес йихьизаюна цебесеб минаялъул гордухъа яккарай кIудияй гIадан. Щиб –кин абун гьикъидал, дов ХIалимал ГIумарил бакъан бачеян гьелъул гьари бачIун бугин баян кьуна нижер директорас. БахчичIого бадиса гьей  магIу бацIцIуней херай гьочоселъул хIал ккезегIан зурмаги бачун къо-лъикIги гьабуна Гьочоб росдае.  Ниж унеб нухда бакI-бакIалда чIун ругоан учительзаби богIол чIагIдал цIурал умумузул парчабигун  лъикIалдаса лъикIаб дандежогун, бокьарасе гIаракъи чагъиргун. Гьедин рахъана Гьочоб росдада тIаде битIараб мугIрул тIогьире. Гьенибги букIана къо-лъикI гьабиялъул, рохелгун пашманлъи жубараб асар кьолеб гIодобцIей.  Гьедин, хадуб квер хьвагIулел гьочоселги тун тIадруссана нижерго сухъмахъ ккун, мугIрулгун гIорал къотIун Къелере. Гьеле гьелдаса нахъе къотIизе течIо гьудуллъиялъул бухьен.

МухIамад ГъазимухIмадов

Ругъелда росу

 

 

       

 


Баяналъул кьучI: Казият "Цолъи". Шамил мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook