Авторизация

Туркиялъул магIарулал. 2-абилеб бутIа

(Миллатцоязул саламгун цадахъ сапаралдаса хъвай-хъвагIаял)

Эсидия, Гуней-чIороголъун руго магIарулаз кьучI лъурал берцинал росаби..
Цебесеб бутIаялда бицун букIана Стамбулалда гьабураб къокъаб рещтIеналъул, Яловаялда бихьа-рагIаралъул. Гьениса ун аскIорго ругел магIарулазул росабалъе щвечIони такъсир букIининги абун букIана.

Рорхатал мугIрул щвечIониги щобаздегIан къараб, санагIатаб бакI бищун буго яшав гьабизе, дол цересел, Туркиялде гочарал нилъер миллатцояз. Гьенире щолаго цо нилъерго Казбек мухъалде, Буртунаялде рачIунеб хIисаб букIуна. Цебесеб нухалъго рокьи ккун букIана Гуней росдал тIабигIаталъухъ, гьелдаса нахъе ккараб берцинлъиялъул Шигьабутдинил Эседия росуги гьечIо.

Шигьабутдин Озден - жамгIияв хIаракатчи, хъвадарухъан, «Дагъистан» журналалъул редактор. Къокъго абуни-сахав, унго-унгояв магIарулав, халкъалъе хIажатав, метериселде ургъун пайдаяб ищ гьабулев. Аваразул интеллигенциялъул гьев лъаларев чи гIемер ватиларо. Гьаниса рачIунелги дораго ругелги магIарулазе годекIанлъун бугеб Шигьабудинил азбаралъур рещтIана нижер къокъаги. Нижей салам кьезе рачIарал бакIалъулал магIарулазул саламатаб горсвери лъугьана. Кванил нигIматал хисун остоладе рачIана магIарулазул цIваби гIадал цIарал, нилъерго мацI, тарих цIуниялъе риччалел басмаби. Гьанир рукIун нилъеца цIалуларел, цIиял рахъарал ва цересел тIахьал ругоан Шигьабутдинихъ. Гьезда тIаде цо чанго дицаги жубана (нилъер халкъияй шагIир, Залму Батировалъ саламгун гьесие сайгъаталъе ритIаралги рукIана тIахьал). Данделъараз лъай-хъвай гьабуна Шамил мухъалъул жакъасеб гIумру рагьулеб «ЦОЛЪИ» казияталъулгунцин.
 
Гьенисаги щвана Гунеялде, рихьана чIороголъун  чIахIиял минаби, тира-сверана, жамагIат гъункараб  мехалъ чIухIун къачIарал къватIахъ, лъалхъана Дагъистан ракIалде щвезабулел суратазгун алатаз къачIараб ашбазалда. Гьениб бицана, жеги балугълъилалде эменгун цадахъ Туркиялде ккарав, Гунеялда вукъарав дир кIудияв инсул вац Гьидалъа МухIамад (ХIотодаса ГIадайло) махщел камилав махул къебед, гIертIал гьарулев устар вукIараблъи, баянлъана гьесул наслуялъул лъалкIал. Алжанул гIаркьел гIадаб гьайбатаб росулъ цIикIкIун руго чIунтулел минаби, лъугIулел руго магIарул мацI бицунел, кIудияб кIвар гьечIо гьеб цIуниялъулги.  

ТIубан сапаралъул ва гьенир дандчIварал анцI-анцI магIарулазул  бицун гIатIидаб хабаралъе «Миллаталъ» бакI кьеларо, гара-чIварияздаса рекIелъ хутIарал цо-цо пикраби рагьила.

Гуней росдал годекIанир кIалъалаго.

Дагъистаналда бизнес гьабизе хIалбихьарав КIаратIаса наслуялъул Карим : « Даран-базаралда гьоркьоб ритIухълъи гьечIо Дагъистаналда. ХIабихьун букIана, амма цIакъ рекIекълъана. Гьобол-гьудулъиялъе лъикIал руго Дагъистаналъул магIарулал, цоги иш цадахъ гьабизе бегьулареблъи бичIчIана».
 Шигьабутдин Озден: « Дие бокьиларо дагъистаниял жидеда божизе бегьуларел гIадамал ругин абулеб рагIизе. Нижелълъ эбел-инсуца куцана магIарул чи лебалав, ритIухъав вукIине кколин. Киналго гьединал гьечIеб къагIидаха.»
 
Туркиялда данде ккун Дагъистан кин бихьулеб социалияб цебетIеялъул ва исламияб рахъалъин абураб дир суалалъе   Шигьабутдинил жаваб:  «Туркия Европаялдаса нахъе ккун буго кIикъогониги соналъ, гьедигIанабгосеб заманалъ Туркиялдаса  нахъе ккун бугин абизе бегьула Дагъистан. Россиялъул хIукуматалъ халкъалъул гIумру лъикIлъиялъе биччалеб гIарац, гьелъул кверщел кодобе щвараз бикъулеб букIиналъулъ буго гIиллаги. Бикъа-хъами кибго батила, амма доба цIикIкIун бугин ккола. Исламалъул бицани, гьаниб щибаб росдал, шагьаралъул имамлъун вуго тIадегIанаб лъай щварав, халкъалъул щибаб суалалъе жаваб кьун бажарулев чи. ХIукуматалъ харжги кьун тун тарал чи руго гьел. Мекъаб, хIукуматалъул политикаялде данде кколареб рагIи гьезул букIунаро. Бокьарав чиясе эркенго дин гьабизе рес буго, хIал гьабулев яги гьукъулев чиги гьечIо.» Гьелт гIажаиблъулел руго мажгитаздеги хьвадун гIаракъи гьекъолел дагъистаниязда. Чанги батIияб тепси гIуцIараб бакIалда гIодой чIана дун гьел къоязда, амма чайялдаса къвакIараб гьекъолеб жо рикIкIадасан балагьунгицин бихьичIо. Нилъер гьаниб гьобол вачIингун гьабулеб «хIурмат» гьезда лъикI лъалеб бугоан.

Яшарил гьакида Бурса къотIун Анкараялде.


РоцIцIараб зоб, камилго цIураб моцI, кваранихъе гIаздалал тIогьазул мугIрул, рохьаз сверун ккураб, ахазулъ щинкIараб некIсияб Бурса. ГIажаибаб асар хутIана гьеб шагьар къотIун унаго рекIелъ. Чан биги магIуги, рекIги пахрулъиги бихьараб гьеб чIухIараб Анатолиялъул ракьалда тIибитIараб гIусманиязул тIоцебесеб тахшагьараралда.  Гьениб бугеб кавказалъул наслаби цолъизарулеб гIуцIиялъул нухмалъулевги ватана нижее салам кьезе нухде вахъун. (Гьесул гьариялда рекъон Дагъистаналдаса росарал хунжрулги щвезаруна Анатолиялъул магIарулазе рикьизе. Нус-нус километраялъул нух нахулълъа рас цIцIалебгIанги лъачIого тана нахъе. Рогьалил гIуждеги гIагарлъун Анкараялде щун ратана, Асиятица жийго гIураб ватIан Закаталаялъул, къажаразда данде ккун миллиябщинаб цIунизе гьениб магIарулазе гьечIел ихтияразул, гьеб кинабго бихьизе Дагъистаналдаса гьенире гьоболлъухъ рачIунезул къанагIатлъиялъул бицунаго.

Анкара. Яшарилгун Асиятил гъаситухъ магIарулай Мелигьагун.

Гьереси гуро, унго-унгояб цIа бакулеб гъанситу буго ункъабилеб тIалаялъул рагъида. ЦIакъ ургъун, берцинлъигун санагIат рекъезабун ралел руго турказ ригьзал. БитIахъе бахиллъана сверухълиялъухъ балагьун, бакъул чIораз радал рагъиде ахIарай дун.

Гьалбал рачIине кколаян гIемераб рагъа-рашари бугоан нахъияб къоялъ хважаиназул. Бугеб-гьечIеб нигIмат хIадуризе журана гьел. Вабабай, дунги гьобол, цойги щалдай рачIинаян ургъел дида чIвана, чIваниги цоги бакIалде гьезги йиччачIо. Хас гьабун диргун лъай-хъвай гьабизе рикIкIадаб Кахраман-Мараш шагьаралдаса ячIуней Асиятил росасул гIагарай гIаданалда дандчIвазе ана шагьаралде. АнцIгогIан сагIатги нухда бан, анлънусгогIан километра нухлулги нахъе тун ячIуней гIаданалъул гьурмада свакалъул бакIалда цо француженкалъул гIадаб гьими бугоан. -Асият, гьанже дуца таржамачилъи гьабеха нижее,- ян абуна дица интеллигент гIадай  Мелигьа йихьидал. - Щиб жоя, гьай туркайищ дуе? -ян цIцIа-цIцIан бералгун балагьана дихъ Асият, - Мун гьалъухъ гIенекке, цин.
-Вай, ПатIимат, лъикI щварай! КигIан лъикI ячIарай! Дунги ячIана мун йихьизе...
 Дун гьакIкIан хутIана гьелъухъ балагьун. МагIаруллъи бихьичIей, турк гурони мацIалъ цIаличIей, 30 соналъ Стамбулалъул чIахIиял музеязда хIалтIарай гIадан дида кIалъана чваххулеб магIарул мацIалъ. Къуватаб жо буго генетика.
 
Мелигьаца бицана Марашалда гьабулеб, Туркиялда бищунго лъикIаблъун рикIкIунеб дондурмаялъул (мороженное) шагьаралда гIагарлъухъ бугеб жидерго Ортотепе росулъ тIобитIулеб оцбаялъул. РакIалде щвезабуна лъимерлъи,  харабазул биценал:  - Мун нижер росулъе ячIине ккола, гьенир гIемер лъикIал магIарулал руго. Херал чагIаз цIакъ берцин бицуна мацI, гъозда гIемер кици-биценалги лъала. Дун гIумруялъ Истамбулалдаги йикIун лъалебги кIочана. Дун гьанже хIалхьиялда йиго, гIемер щола росулъе. Исана оцбай дица гьабуна росулъ. Оцал щвечIо хурир разе, чуялъ бекьана. ЛъикIаб байрам букIуна, гIемер чи вачIуна, садакъа бикьула, батIи-батиял къецал тIоритIула. АскIоб бугеб росулъаги ахIула гIадамал. Гьенирги магIарулал ругелъул. Гьедин, цоцахъе хьвадула ниж байрамкъояз...
Цониги магIарул кечI лъалищин абидал Мелигьаца, кочIол рагIабазе баянги кьолаго, цо-чанго мухъ цIалана рекIехъе:
Нижер гIагарай гIадан йикIана ШугIайнат абун. Гьелъухъ рокьи ккун букIун бугоГIалиасхIаб абурав васасул. Гьасиеги кьечIого цогидазеги инчIого йигей гIолилалъул бицун гIолилас абун буго :
Ингишдерил рагъида
Щун бихьула багIар бакъ
Кодобеги щоларо,  
Щобдасаги унаро...
Ахир кьун йиго ШугIайнат ГIалиасхIабие, амма гъов аскаралде арав нахъ вуссун гьечIо.
Цоги, церегIанго соназ цо яс йикIун йиго нижерго росулъа васасухъ рокьи ккун, амма гъосие гъой къабуллъун  гьечIо. ГIолилал данделъараб, цо гвай бугеб бакIалда гьалъ васасе квешезего ахIун буго:
Щвайги, гьудул, щвайги, дуй чIужу щвайги
Катан бацIцIунарей, гъал битIуларей.
Щвайги, гьудул, щвайги, дуй чIужу щвайги
Гордил квенчIелалде рахъу бахъуней,
Къвалазул рагIалалъ къалал рацIцIуней... 
Гьевго вас балъго вокьулей цогидай ясалъ гьенибго ахIун буго:
Щвайги, гьудул, щвайги, дуй чIужу щвайги
Гъанситу цIвакарай, цIилицI гургинай.
Щвайги, гьудул, щвайги,  дуй чIужу щвайги
Катан гъизуларей, гъал бетуларей...
   Гъов васасги кIиабилеб кечI ахIарай яс ячун йиго чIужулъун.

Мелигьалгун дир накъитги гьоркьоб къотIизабун бугIун рукъ цIуна тIаде рачIарал гьалбаз. ЦIидасанги дун рещтIаралъуб бакIарана, цIи-цIиял лъай-хъваял ккараб, магIарул годекIан.
Гьелъул ва хутIаралъул хадуб бицина.

Суратал

Бурса. Кавказалъул наслабазул гIуцIиялъул бетIер жиндирго кумекчIужугун ва Яшаргун1. Бурса. Кавказалъул наслабазул гIуцIиялъул бетIер жиндирго кумекчIужугун ва Яшаргун 

ГIеретI дир гIагарав чияс гьабурабдай2. ГIеретI дир гIагарав чияс гьабурабдай

Гунеялъул къватIахъ3. Гунеялъул къватIахъ

Ингишоса ХIайбулагьил яс Мелигьа4. Ингишоса ХIайбулагьил яс Мелигьа

КIаратIаса Карим5. КIаратIаса Карим

Чороголъун чIунтулел Гунеялъул ригьзал6. Чороголъун чIунтулел Гунеялъул ригьзал

Чороголъун чIунтулел Гунеялъул ригьзал7. Чороголъун чIунтулел Гунеялъул ригьзал

Чороголъун чIунтулел Гунеялъул ригьзал8. Чороголъун чIунтулел Гунеялъул ригьзал

Шигьабутдинил азбаралъур9. Шигьабутдинил азбаралъур

Шигьабутдинил остолалдаса басмаби10. Шигьабутдинил остолалдаса басмаби


Автор: ПатIимат ГьитIинова

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook