Авторизация

Анкьазарго хъулухъ тIубазабуна


Халкъалъул ургъалида


 Анкьазарго хъулухъ тIубазабуна


МФЦялъул Гумбеталда бугеб гIуцIиялъул бетIер  


ГIумар МухIамадовасулгун накъит


2012 соналъул 29 сентябралда рагьана Гумбет районалда гIемерфункциялъулаб центр. Гьеб рагьаралдаса централъул Гумбет районалда бугеб филиалалъул нухмалъулевлъун хIалтIулев вуго ГIумар МухIамадов. «Гумбет»  басмаялъул хIалтIухъаналъул гьесулгун гьадинаб гара-чIвари ккана.


- ГIумар, араб соналъ нужеца кигIан къадар хъулухъазул тIубараб?


- 2016 соналда Гумбет районалда бугеб гIемерфункциялъулаб централъул филиалалъ районалъул гIадамазул тIубан буго анкьазаргоялдаса цIикIкIараб хъулухъ. Щибаб хIалтIул къоялъ «Дир документал» централъул специалистаз, махщалилаз къабул гьавун вуго 30-ялдаса цIикIкIун чи.


Районалъул гIадамазул араб соналда тIурарал хъулухъал рехсани: комплекснияб хъулухъ – 213, ракьалъул бетIергьанлъиялъул хъвай-хъвагIай гьабун буго – 279, цIияб паспорт босиялъул 207, паспорт хиси – 397, лъималазул батIи-батIиял пособиял чIезари – 443. БатIи-батIиял идарабазул справкабиги кьун руго 1177, буголъиялъул хъвай-хъвагIай гьабун буго 741, ракьазул гIорхъаби чIезари (межевание) ва буголъиялъул техническиял планал гьарун руго 164. Гьединго хIукуматалъул кадастралъулаб учеталда лъун буго 768 объект.


«Дир документал» централда лъезе бегьула гIадамазда тIад ругел налогал, гIакIа, судебниял приставазул бугеб налъи, платежнияб терминалалда гIарацги лъун. Араб соналда терминалалдасан кьун буго 2 миллионгин 90 азарго гъурущ. Гьелдасан миллионалде гIагарун госпошлина лъун буго. Гьелъул республикаялъулаб бюджеталде бачIун буго хайир 450-азарго гъурущ.


Электроннияб къагIидаялда, интернет - бухьеналъул кумекалдалъун гIадамазул рес буго рокъор чIун къваригIел тIубазе. Электроннияб къагIидаялъ къваригIел тIубазе гIарза кьуни, гьеб хъулухъалъухъ кколеб госпошлинаялъул 70 процент гурони, гIарац кьезе кколаро. Электроннияб порталалда МФЦялдасан хъвай-хъвагIай гьабун буго 1012 чияс.


ГIемерфункциялъулаб централдасан цо бутIа хъулухъалъул щвезе рес буго предпринимателазеги. Гьезие цIикIкIун буго хасаб программа «МФЦ бизнесалъе», жинда гъорлъги 100-ялдаса цIикIкIун хъулухъ бугеб. Гьелда гъорлъе ккола росдал магIишаталъул министерствоялдасан кьолеб субсидия, дотация, грантал кьей, бизнес – планал гьари ва гь. ц.


Гьединго гIадамазе бигьалъиялъе Аргъвани, ЧIиркъатIа, Игьали, Гъоркь Инхо, Килалъ, ТIад Инхо, Гьарадирихъ, ЦIиликь росабалъ гIуцIун буго, нижер хIалтIухъанас, гIадамал къабул гьарулеб къагIида. Къабул гьарулеб заман лъазе бегьула росабазул администрацияздасан, яги кIалъазе бегьула гIемерфункциялъулаб централде, цогояб телефон: 89387778292.


- Араб соналда гIадамазе бигьалъиялъе тIаде бачIараб батIияб хъулухъ гьечIищ?


- Буго. Районалда субсидиялъул отдел къаялда бан, токалъухъ, газалъухъ, цIулахъ ва тIорччохъ харж гьабураб гIарцул бутIа нахъбуссинабиялъул хIалтIиги нижеда тIаде ккана. Араб соналда субсидия гьабизе нижехъе вачIун вуго 41 чи. Гьезие рехун буго 50 азарго гъурущ.


- Буголъиялъул хъвай-хъвагIай гьабиялъулъ батIияб хиса-баси кканищ?


- 2017 соналъул тIоцебесеб январалдаса хIалтIизе байбихьана 2015 соналъул 13 июлалда бахъараб № 218 бугеб «О государственной регистрации недвижимости» Федералияб законалда рекъон. Гьеб законалда рекъон гIадамазе гIемерал бигьалъаби руго. Рес буго кадастровияб учеталда лъейги ва хъвай-хъвагIай гьабиги цадахъ гьабизе. Кадастровияб учеталда лъеялъе чIезабун буго 7 хIалтIул къо, буголъиялъул хъвай-хъвагIай гьабиялъе 9 къо. Цадахъ гьабулеб бугони 12 къо. Гьединго хъвай-хъвагIай гьабизе рес буго, буголъи киб бугониги, гIадамас гIумру тIамулеб бакIалда гIарзаги кьун.


- Бицунеб рагIана гIемерфункциялъулаб централда сбербанкалъул банкомат лъезе бугин. Гьеб битIараб бугищ?


- Буго. Банкомат бачIун буго ва гьеб централда жаниб лъун рекъезабуна. Гьанже рачIине ккола, хасал программаби  лъун, гьеб рекъезе гьабулел сбербанкалъул специалистал. Хадуб «Росинкос» учреждениялъ банкоматалда жаниб лъола гIарац ва хIалтIизе биччала. Божи буго кватIичIого гьеб хIалтIизе биччалин.


- «Гумбет» газета гьоркьоб ккун, щиб дуца абилеб  гIадамаздехун?


- ХIурматиял гражданал! Нуж ахIулел руго гIемерфункциялъулаб централде нужер гIумруялъул, рукIа-рахъиналъул ва цогидалги суалал ва гIунгутIаби дандразе ва тIуразе. Нижер хIалтIухъаби хIадурал руго нужер гIарза бихьизабураб болжалалда тIубан нужее жаваб кьезе. РачIа нижехъе.


Гара-чIвари гьабуна ГIайшат Исламбиевалъ



Автор: ГIайшат Исламбиева

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +108
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook