Авторизация

15 сон барав хIафиз

15 сон барав хIафиз. Коло росулъа КъурамухIамадил вас ХIасан

Хунзахъ районалда вахъана кIиабилевги хIафиз (жинда Аллагьасул хирияб Къуръан рекIехъе лъалев чи).

Гьевги ккола Коло росулъа КъурамухIамадил вас ХIасан, 15 сон гурого жиндир гIумрудул гьечIев исламияб диналдеги, гIелму лъазабиялдеги гьитIинаб къоялдаса нахъе жиндир рокьи бугев гIолохъанчи. 2010 соналъ Лаваши мадрасаялда таджикав МухIидинида цеве цIалун лъугIизабула гьес таджлиб гIелму ва 6 жуз рекIехъе лъазабула, гьебго соналъ МахIачхъалаялда МахIмуд-Афандиясул цIаралда бугеб мадрасаялда мугIалим Муслимида цеве цIалунги лъазабула жеги 6 жуз. Хадуб ТIидиса шайих МухIамад-афандиясул цIаралда бугеб мадрасаялде лъугьуна ва мугIалим АхIмад-жамал Сакъада (гIарабав) цеве Абу-ХIафсил къирааталда, Аллагьасул хирияб калима тIубанго рекIехъе лъаялдалъун, лъугIула гIолохъанчиясул цIали.


ХIасанил бергьенлъабаздаса гIорхъи гьечIеб рохелги загьир гьабулаго гьарула ракьцояв хIафизасе, Аллагьги гIадамалги разияб гIумруги-ахиратги, ракIалда ругел лъикIал мурадал тIурайги, икъбал-талихIги.



Автор: ФатIимат МухIамадова

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook